Авторизация

КъватIул харбазул ва гьерсил гъоркьлъалида Дагъистан


 

ХIасилал


КъватIул харбазул ва гьерсил гъоркьлъалида Дагъистан


ГIабдулатIиповасул, «гIачиязул» ва форумалъул хIакъалъулъ


Гьаб анкьалъ нилъер республика нахъеги  букIана гьерсил ва ургъунго тIибитIизабулеб мекъаб информациялъул гъоркьлъаликь. Гьеб информацияги секундалда жаниб дунял цIун тIибитIана, кIудабаздаса байбихьарал гIисинлъималазде щун, ругьунлъун руго, «Ватцап» абураб гIурччинаб тIанкIалда жаниреги лъугьун, гьениб килищги чIван, гьерсал хъуризе ва цоцазухъе рехизе. Гьаб нухалда информациялъул бомба кьвагьараб гIадаб жо ккана араб мугIалимзабазул форумалда Рамазан ГIабдулатIиповас абурал рагIабазул. Гьев рихарал рохуца холел рукIана, балагьейинха гьав чияс абун тараб жойин. Гьесул рахъккурал чара къосун руцIцIун чIана, ритIухъ гьавизе бегьулеб рагIиго батуларого, хIасил калам, кинабго гIалам цIана гьел рагIабазда ва гьезда сверухъ унел бахIсазда гъоркье.


ТIоцересел рагIаби рукIана, ГIабдулатIиповас жинца Россиялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъе ришват кьун букIанин вузалъул ректор вугеб мехалда, гьединаб хвараб система бугин тIубараб улакаялдагоян абураб. КIиабилеб букIана, цо санагIат гьечIеб, нижер цо цIалдолес абухъе, мехтарал чагIаца рохьоб бицине бегьулеб анекдот, форумалда рекъечIеб гIадаб. Лъабабилеб букIана, ГIабдулатIиповас абунин гIолохъанал ясал, руччаби тейин школазда хъулухъалда, дида гьениве щваравго, цохIо гIачиял (коровы) гурони ратулел гьечIин абураб. Гьеб информация кьуна «Черновик» газеталъ, «ОнКавказ» сайталъ ва тIибитIана киса-кибего социалиял гьиназда.


РачIаха хIисаб гьабизе щибин абулеб бугеб ГIабдулатIиповас гьаб лъабго санагIат гьечIеб калимаялъулъали. ТIоцебесеб, жинца лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъе ришват кьунин абураб калам буго гIунги тIокIаб бихьинчилъи, гьес жинда лъан абун батаниги, лъачIого абун батаниги. Москваялдаса хIинкъичIого, коррупциялъ федералиял министерствабазулцин  щекъер ккун бугин абураб пикру. Дунги нужго гIадав гIадатияв чи вугин, нужеца гаишникасе, тохтурасе кьезе ккараб гIадаб ришват дицаги кьун букIанин абураб, ракI рагьараб калам. Гьел рагIабиги кьолон, «Черновик» газеталъ Россиялъул Генпрокуратураялде хитIаб хъван буго, ГIабулатIиповасе тамихI гьабеян. Щал гьелда хадур ругелали лъазеги захIматаб иш гуро, гьез щив вукIине кколев республикаялъул бетIерлъунилан абун тIоритIулел рищиязухъ ралагьун. Гьеб буго ГIабдулатIипов нужеда данде вугин, дун виччай Москваялъул йокьулей лъадул роль хIазе, нужеца абураб ришватги кьелин, нужеца гьеб босичIинги гьедилаян абураб пикру, газеталъ бугIулеб. Гьел рагIабазухъ ГIабдулатIипов гIаданиб нах бугев чияс какизе кколаро. Гьелго рагIаби Рамзан Къадировас абун рукIаралани, гьоркьоса къотIичIеб къва-къвай букIинаан, унго, досул бихьинчилъийин, Рамзан  Москваялъукьа хIинкъулев гьечIин абураб. Вугищ гьелда щакав чи? ГьечIо, гьерсихъаби гурони.


Анекдоталда хурхун тIадехун абуна, мехтараб компаниялда абизецин рекъечIеб жо рехана форумалда. Гьеб тема бусурбабазул республикаялда руччабиги бихьиналги ругеб бакIалда борхуларо, гьеб буго власталда ругел чагIазда гъорлъ гIуруслъи цIикIкIиналъ бугеб жо. Гьеб жо абизе кколароан республикаялъул бетIерасул даражаялда вугев чияс.


Лъабабилеб, «школазда гIачи ратулел руго» абураб жоялъ букIана тIубанго тату хун. Гъолъие кьезе бегьулеб баянго батуларого. Киса-кибего хъвана гьелъул, какана автор, рехана цоцахъе. АрбагI къоялъ Табасаран районалдаса парламенталда вугев депутат абун цо хIара вахъана площадалда транспарантгун, ГIабдулатIиповасдаса руччаби «цIунун». Гьенир хъварал Расул ХIамзатовасул мухъазда гъорлъ къазарурал «жирные коровы» абурал рагIабазда хIуччги цIан, «женщина гор» абун хъван бугоан. Гьеб ишалъул баян лъазабизеян лъугьаралго, гьеб «коровы» абураб рагIи яги гьелда релълъараб жоцин абун букIун гьечIо ГIабдулатIиповас. Дида нухда ятарай цо мугIалималъ абуна гьаз тIиритIизарулел гьерсал кинал, букIинчIин гьединаб рагIиян абун. Дун гьей мекъи ккун ятиялда щакдарана, щайгурелъул, нужго гIадин, дунгилъидал вукIарав анкьалъ гьерсил гъоркьлъаликь. Я республикаялъул бетIерасул пресс-хъулухъалъ, я пачалихъиял СМИяз, я информациялъулгун аналитиккияб управлениялъул нухмалъиялъ цо хIухьел бахъулеб гьечIо тIибитIизабураб гьерсида тIасан. «Черновик» ва «ОнКавказ» ресурсал руго гьерсазул фабрикалъун.


Дун гIенеккана, байбихьудаса ахиралде щун, форумалъул стенограммаялъухъ. ГIабдулатIиповас абулеб буго жинца районазул ва шагьаразул бутIрузе амру кьунин руччаби росейин заместителаллъун. «Дида руччабазда гъорлъ дандчIвачIо цониги террорист, цониги бандит, коррупция гьел ругелъуб дагь буго, гьел намус бацIцIадалги руго, руччаби те хъулухъалда. Берцинал руччабаца лъикI нухмалъи гьабула бихьиназе...» , - ян абулеб буго махсарогун уяб жубараб къагIидаялда. Залалда релъулел ва хъат чIвалел руччабиги руго. Гьеб жоялдаса ургъун бахъун, гьереси тIибитIизабуна «Черновик» газеталъ, тIаде «ришват кьуна» абураб жоялда хурхун Генпрокуратураялде хитIабги хъвана. Органазе доносги халкъалъе гьересиги гIадин хирияб жо букIунарелъул, гьеб хъулухъалда руго «намусалъул асирал ва яхIалъул хIубал». КъваригIаразе къваригIараб кьолеб буго, лъаларо гьелъ Дагъистан бергьинейищ бугеб яги къезейищали. Харбал лъикIал рагIаги. КъватIул, гьерсида руцарал гурелха, хIакъикъиял, пайдаял, лъикIал ва рохалилал хабарал рагIаги.


Автор: МухIамад БисавгIалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +48
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook