Авторизация

ТIандо, дур къадазда бакъваладай би?


Рорхатал мугIрузда руго гIадамал. ЦIех-рех


ТIандо, дур къадазда бакъваладай би?


Рагъ ккаралдаса 18 сон сверидал, ТIандо росу ва тIандосел


«Миллат»  халкъалдаса батIа тIураб басма кколаро. «Миллат» суалал рорхизе нахъе къаларо. «Миллат» темабазукьа, гIузрабазукьа хIинкъуларо.Туснахъалъур кинигин, кабинетазда жанир тIамурал хIалтIухъаби гьечIо «Миллаталъул». Щибаб анкьалда, щибаб моцIалда нижеца сапарал гьарула, магIарулазул росабалъе щола, гIадамазул масъалаби къватIире, бакъалде рахъула, гьел тIуразе бажарарабщинаб гьабула. «Миллаталъ» бихьизабула унго-унгояб гIумру, ургъун бахъараб гуреб. «Миллат» буго сиясиялгун жамгIиял лъугьа-бахъиназда бакьулъ, халкъалда цадахъ, хурибги ахикьги, гьоробги бокьобги, некIсиял сияздаги хъутабаздаги, гIораздаги кьурабалъги, нохъаздаги сиртаздаги, гохIаздаги щобаздаги, мажгитазухъги хабалалъги – гIадамал ругеб бакIалда.


ЦIияб ТIандо: жеги тIабигIияб газ щвечIо


Гьеб цIатари гIадамазе щвеялъе квекIен гьабулеб буго газалъул идарабаз


ТIандо росдал жакъасеб ахIвал-хIалалда тIасан бегавул Назир-хIажи Баширхановасулгун гьабураб гара-чIвари кьолеб буго «Миллаталъул» жакъасеб номералда.


– ТIандо росдал администрациялда гъорлъе чан цIараки унеб?


– ГьабсагIат нижер росдал администрациялда хъвай-хъвагIай гьабун буго 221 хъизаналъул, ай 750  чи, рухI.

 – Школалда чан цIалдохъан вугев?


– ЦIияб ТIандо росулъ хIалтIулеб буго аслияб (ичIго классалъул) школа, гьенив цIалулев вуго 65 цIалдохъан.


– 1999 соналъул августалда рагъ ккезегIан ва росу щущазегIан, НекIсияб ТIандо чан класс бугеб школа хIалтIулеб букIараб?


– Аслияб лъай кьолеб мактаб букIана.


– Цоги кинал идараби ругел ЦIияб ТIандо росулъ. Фельдшерлъиялъул пункт бугищ?


– Рагъдаса хадур рана ФАПалъул, школалъул, спортзалалъул минаби. Гьел гIуцIаби хIалтIулелги руго. Гьединго росулъ руго Маданияб рукъги библиотекаги. 35 лъимер жаниб бугеб ясли ахги буго.


– ТIабигIияб газалдаса пайда босулищ тIандосез? Бачун бугищ гьеб гIадамазул рукъзабазухъе?


– ТIандадерие жеги тIабигIияб газ щун гьечIо. Цо-цояз абулеб буго, батIи-батIиял газил идарабазда гьоркьоб бугеб къецалъ, гIадамазе газ бачине квал-квал гьабулеб бугилан.


– ТIандо росдал колхозалъул нахъе хутIараб жо бугищ? Гьел идараби руссинаруна СПКабазде. Нужер колхозалъул къисмат кинаб ккараб?


– Лъабнусго гектар бугеб хъутан буго тIандадерил «Тандовский» гIаммаб магIишаталъул  (СПКаялъул) Бабаюрт мухъалда.


ГурхIел гьечIеб рагъул гъаримаб къурбан…


64 сон барай  Шагьират АхIмаднабиевалъулгун НекIсияб ТIандо росдал чIвадназухъ гьабураб накъит. 


 –1999 соналъул рагъалъ кинаб зарал гьабураб нужер хъизаналъе?


– Мина бухIана дир, 1999 соналъул рагъ ккедал.


 – Гьелъухъ рецIел (компенсация) кьечIищ дуе пачалихъалъ?


– ГIураб къадаралда щвечIо рецIалил гIарац. Нижер биххараб минаялъул ва хвараб магIишаталъул 30 процентцин бецIичIо нижее хIукуматалъ.


 – Рагъдаса хадуй мун НекIсияб ТIандое тIадюссиналъе щиб гIилла ккараб? БоцIи-панзищ хьихьун бугеб дуца гьаниб? Кинаб бетIербахъи бугеб?


  – У, дун нахъюссана инсул росулъе. Гьанив дида цадахъ вацасул вас ГIабдулхIалимги  вуго кумекалъе.


– Рагъалъ пасат гьабураб росу буго нужер. Гьединаб тарихияб лъугьа-бахъин кIочене бегьуларо…


 – КIочонеб жо гьабичIо росдае. Террористал тIаде кIанцIиялъ бачIана гьаб балагь росдаде. ЧIвадназде нижер росуги сверизабун, тIадруссун Чачанлъиялде ана хъачагъал.


 1999 соналъул августалда рагъ байбихьараб заманалда, росулъ йикIанищ мун?


 – ЙикIана. Хъачагъал тIаде гIунтIидал, росдал гIадамазда цадахъ дунги Болъихъе гочана. Болъихъ районалда беженцал раккана.


 БоцIи-панз хванищ дур? 


– ЧIван, хун батана нижер боцIи. Гьелъухъ букIине кколеб рецIелги щвечIо.


Умумузул хобазда хурдузул сас кIочонге


76 сон барай Хадижат ХIабибовалъулгун ТIандо росдал биххараб мажгиталъул кIалтIа ккараб гара-чIвари.


 – Токни бихьула НекIсияб ТIандоб. Кьиндал рукъ сунца хинлъизабулеб дуца?


– ЦIулги бичIун, ракги лъун, умумузул къагIидаялда печьги бакун, чIезабула рокъоб хасало хинлъи. Мех-мехалда вачIун, васасги кумек гьабула дие.


– Рагъалъ дур мина-карталъе къварилъи гьабунищ?


– Гьабуна. Росда цебе бугеб Щулалъуда абулеб бакIалда аскIоб букIараб цояб мина рагъалъ чIунтизабуна. Дагьаб тIадегIан бугеб гьаб гьитIинабго рукъ цIигьабун къачIана нижеца.


 – ВатIанилан ахIарабила хIинчIицагиян бицен буго умумузул. ГIураб ракьалде бугеб рекIел цIаялъ ячун ятила мун тIадюссун НекIсияб ТIандое…


– У. ГIагараб ракьалъ тIаде цIала, ругьунал бакIазде щвезе бокьула. Умумузул заназухъ эхетизе, гьезие дугIа-алхIам гьабизе уна.


– Дур лъималги гьезул лъималги ЦIияб ТIандорищ гIумру гьабун ругел? Мунго цохIо, янгъизго, рекIелгъей гьечIого йикIунарищ мун гьаний?


– Лъимал ЦIияб ТIандорги, гIатIиракьалдаги, шагьараздаги  яшав гьабун руго. Цо-цо лъималазухъеги уна дун. Ниж, НекIсияб ТIандор хутIарал херал руччаби, цоцазда тIаде-гъоркье уна, хабар-кIалалъе. ГIатIиракьалде лъималазда аскIое ун йикIана дун дагьалъ цееги. Унгеян хадур ахIдолел лъималги тун, щвана НекIсияб ТIандое. «Вай, баркаман, дирго рукъ», – илан абун, рещтIана гIагараб ва ругьунаб гъасда. ГьедигIан хириял рукIунел руго нилъерго росуги рукъги.


– Рагъалъ риххизарурал минабазухъ ва хвараб боцIухъ мустахIикъаб ва рекъараб куцалда рецIалил гIарац щванищ?


– Нижее кьураб компенсация дагьаб букIана. ЧIунтизабураб ригьалъухъги гIураб къадаралда рецIел кьечIо. КъогогIан чIегIерхIайван хьихьун букIана нижеца. Гьелги рагъул къурбаналлъун ккана. Гьезул щибалъухъ азарго гъурущ кьун тана пачалихъалъ. Цо оцохъ къоазаргоги гъурущ щолеб заман букIана доб.


– Чан цIараки бугеб гьанже НекIсияб ТIандоб?


–  ГIемерисел руго гьанире тIадруссарал дун гIадинал кIодаби, хараби. Анлъго цIараки буго гьаниб.


– Цо-цо оборал, согIал гIадамаз абула, рагъ ккеялъ нужее компенсациял щванилан ва гьелдасан пайда баханилан. Гьединаб хабаралда щибилан абилеб дуца?


 – ГIицIго рахъу бахъулеб жо гурони гьечIониги, чIунтичIеб нижерго росулъ лъикI букIана нижее. Гьеб рагъги хIажат букIинчIо, чIунталихъ кьурал кепкалги хIажат рукIинчIо. Рагъдаса хадуб кинабго жоялдаса баракат ана. Росу биххаралдаса баракат дагьлъана.


 – ЦIияб ТIандо росулъаги хварал гIадамал рукъизе НекIсияб ТIандоре росулин нужецайилан абуна…


 – БитIараб буго. Анкьумумулги рукъун ругеб некIсияб хабалалъ бокьулеб буго тIандадерие ахирисеб руссен батизе. Вали вукъун вугилан абулел жеги некIсиял хабзалалги руго росдал рагIалда.


– РецIалил гIарац кьолелъул, ришватал тIалаб гьарулел рукIанилан нугIлъи гьабулел гIезегIан гIадамал рукIана…


 – КамичIо ришватчилъиги. БукIараб жоялда букIанилан абизе ккола.


– Гьанже дунял цIилъулеб буго, ихдалил хIанчIазул бакънал рагIула…


 – Ихдал цIакъго берцин букIуна гьаниб... Цо цIадгIаги балеб анищ… Ракь бакъван буго…


ТIандобе хадуб цIад бана…


 ТIандо тарихалъулъе ана. Амма ТIандо жеги чIаго буго. ВатIан хириял харабаз свине тун гьечIо гьаниб цIа… КидалъизегIандай?...


1999-2000 соназда гьадинал мухъал хъван рукIана:


…БичIчIулареб рагъул гъаримаб къурбан,

ТIандо, дур къадазда бакъваладай би?

…АнцI-анцI соназ мугIрул мискинзабаца

СокIкIана гьаб росу, наяз хIе гIадин.

ГIетIги тIун, бессана къадахъабаца

ГIасрабаз гьаб росу, халича гIадин.

…Бихьула дида мун гьаб цо гохIдасан –

ТIегьалеб пихъил гъветI, пириялъ чIвараб,

Бихьула дида мун, гама гIадинан,

Экипаж хвасарлъун, жибго гъанкъараб.

Бихьула, хIоралъул тIинда хутIараб

Басрияб ЧIикIаблъун, чIобоголъараб.

Гьелъни канлъи кьуна Дагъистаналъе,

Дуца кантIи тIечIищ тIолго ракIалълъе?


ГIизудинил ХIамзат,

ТIандо – МахIачхъала


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +65
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьединаб бук1ине ккола,жидерго росдадехун,бук1ине кколеб рокьиги,адабги,х1урматги,къулула бет1ер,гьел чаг1азда цебе.
МагIарул росаби риххани, магIарул халкъги биххула. Гьединлъидал, бищун цебесеб кIвар кьезе ккола росабазде.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook