Авторизация

Лъукъарал кьураби

«Миллаталъул» проект

Лъукъарал кьураби


Адабияталъул сагIат: Муса МухIамадов (1926 – 1997)


2017 соналъул 26 октябрялда «Миллат» басмаялъул редакциялда тIобитIана щибаб моцIалъулаб «Адабияталъул сагIат» абураб гургинаб стол, гара-чIвари. Гьаб нухалда гьоркьор лъуна Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан, бергьун тIадегIанаб гьунаралъул, гъваридаб, кIудияб, камилаб литературияб нахърателалъул бетIергьанчи Муса МухIамадовасул гIумруги къалмил ирсги.


Хъвадарухъанасул холареб лъалкI


Адабияталъул гъасде, «Миллаталъул» годекIанире данделъана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадов, Республикаялъул газетазулгун журналазул идараялъул бетIер, Муса МухIамадовасул вас МахIач МухIамадов, «Гьудуллъи» журналалъул редактор, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар адабияталъул секциялъул нухмалъулев МухIамад ПатахIов, Россиялъул ГIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул МацIазул, литератураялъул ва искусствоялъул институталъул директор, филологиял гIелмабазул доктор Ибрагьимил МухIамад, гьебго институталъул цIех-рехазул гIуцIиялъул нухмалъулев, филологиял гIелмабазул кандидат ГIабдулкъадирил МухIамад, Республикаялъул тIахьазул издательствоялъул авар мацIалда биччалеб литератураялъул редактор ГIайшат ГIалиева ва «Миллаталъул» редколлегиялъул гIахьалчи Ашахан Юсупов.


Гургинаб столалъул гIахьалчагIаз цIалана Муса МухIамадовасул кучIдул ва къисабаздаса кескал, бицана магIарулазул ва тIолалго дагъистаниязул рухIияб гIумруялъулъ, маданияталда ва адабияталда гьесул асараз кколеб кIудияб бакIалъул ва тараб холареб лъалкIалъул.


Театрал щай руцIцIун чIарал?


МухIамад АхIмадовас абуна, Аваразул театралъ, Муса МухIамадовасул асаразда рекъон, спектаклял лъуни, лъикIаб букIинаанилан. «Къисас», «Кьалбаз ккола гъветI», «Лъукъарал кьураби» абурал романаздасан гIуцIараб трилогия Михаил Шолоховасул «Сасараб Дон» эпопеялда релълъулилан бицана АхIмадовас. ГIурус литератураялда жаниб «Сасараб Дон»  асаралъ кколеб бакI авар адабияталда жаниб гьеб трилогиялъ кколилан пикру загьир гьабуна гьес.


Ибрагьимил МухIамадица баян гьабуна РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялда Муса МухIамадовасул асаразул хIакъалъулъ диссертация хъвалев вугин АсхIабгIали ГIабдусаламов. Хъвадарухъанас 90 тIубаялде 2016 соналда гIелмияб конференцияги тIобитIун букIана ИЯЛИялъ. Гьеб данделъиялъул гIелмиял докладазул тIехь бахъизе хIалтIи гьабулеб бугилан абуна Ибрагьимил МухIамадица.


МухIамад ПатахIовас Муса МухIамадовасул асаразул бугеб кIудияб кIваралъул рехсей гьабуна, цоцахъа рахъун, ирга гьабун, цIалулел рукIанин жиндир лъимерлъуда гьесул асарал, магIаруллъиялъул, Дагъистаналъул гIумру ва тарих рагьулел къисабиги харбалги танин гьес нахъейилан абуна шагIирас.


Шамил мухъалъул Гьандихъа рагIул устарасул вас МахIач МухIамадовас инсул хъвадарулеб къагIидаялъул, гьесул букIараб гIамал-хасияталъул бицен гьабуна. ХIарпал рищулеб алаталда нахъа хIалтIулеб гIадат букIун гьечIо хъвадарухъанасул, 70-гIан тIехь Муса МухIамадовас хъван буго квералъ. Гьесул хъвай-хъвагIаялъул тIанчал, даптарал ва цоги тIагIел-гIучI Гьандихъ бугеб гьесул музеялда цIунун руго. Гьеб музей гIуцIиялъе хIалтIи гьабурав чи ккола Гьандихъ школалъул мугIалим МухIамад Гъазалиев.


«КIудадал гIанса», «Ханжар», «Бакъдасел», «МагIарул къисаби», «Борч», «ЧIегIераб гамачI»…


ГIабдулкъадирил МухIамадицаги, ГIайшат ГIалиевалъги, Ашахан Юсуповасги Муса МухIамадовасул асараздехун бугеб жидерго бербалагьи загьир гьабуна. Гьесул киналго тIахьал цIидасан къватIире риччазе (полное собрание сочинений) хIажат букIиналъулги бицана гургинаб столалъул гIахьалчагIаз. Хъвадарухъанасул прозаялъул кинофильмал рахъизе лъикIаб букIинаанилан, гьесул асарал рахъизе къайимлъи гьабулел чагIи ралагьизе ккелин, къватIазда, библиотекабазда, школазда ва цоги идарабазда гьесул цIар лъезе рекъараб бугилан абуна «Адабияталъул сагIаталъул» гъасда.


ХIакъикъаталдаги, унго-унголъунги халкъияв хъвадарухъан вуго жиндир мунагьал чураяв Муса МухIамадов. Гьесул  «МугIрузул иццалги», «КIудадал гIансаги», «Чагъанаги, «Ханжарги», «Бакъдаселги»,  «МагIарул къисабиги», «Борчги», «ЧIегIераб гамачIги», цоги асаралги даим магIарулалгун, адабият бичIчIулел гIадамалгун цадахъ руго.


Муса МухIамадовасул хIакъалъулъ телеочеркалъухъ ралагьизе бегьула «Ютуб» видеохостингалда бугеб «Миллат» басмаялъул хасаб гьумералда гьаб адресалда:


https://www.youtube.com/channel/UCYry9AanrFtw7JR4qV0_m_A/videos?shelf_id=0&view=0&sort=dd


Цереккун «Адабияталъул сагIаталда» гьоркьор лъуна Игьалиса Чупаласул, Инхоса ГIали-хIажиясул, ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажиясул, ЦIадаса ХIамзатил ва ХIамзатил Расулил асарал.


Мусал къисабазде тIаде къулидал,

КъулгIадухъ вугилан кколаан дида…

Мусал асаразул годекIанире

РакIарун хутIана дир магIарулал, – гьедин хъвана МухIамад АхIмадовас. Нилъее тавпикъ кьеги Муса МухIамадовасул асарал цIализе, ричIчIизе, гьезда жаниб бугеб цIакъ берцинаб, бечедаб, беричаб, тIагIамаб, гъваридаб, камилаб, унго-унгояб магIарул мацI нилъер мацIалдаги, пикрабалъги, рекIелъги, макьабалъги бессине. Амин!


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +65
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook