Авторизация

МагIарулас бетIер къулуларелъул…

«Миллаталъул» гъасда


МагIарулас бетIер къулуларелъул…


Адабияталъул сагIат: ГIабасил МухIамад


Дагъистаналъул халкъияв шагIир, машгьурав драматург, прозаик ГIабасил МухIамадица нахъе тараб адабияб хазинаялъул хIакъалъулъ бицана араб анкьалда «Миллаталъул» редакциялда тIобитIараб, «Адабияталъул сагIат» абураб проекталда рекъон, гIуцIараб гургинаб столалда.


Дуца гьудуллъун ккве квер гIатIидаб тIехь


«Миллаталъул» адабияталъул горсверуда ракIарана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадов, «Гьудуллъи» журналалъул редактор, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар адабияталъул секциялъул нухмалъулев МухIамад ПатахIов, «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор ва «Миллат» басма гIуцIарав журналист, литератураялъул цIех-рехчи МухIамад БисавгIалиев, Россиялъул ГIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул МацIазул, литератураялъул ва искусствоялъул институталъул директор, филологиял гIелмабазул доктор Ибрагьимил МухIамад, МагIарул мацIалъул мугIалимзабазул цолъиялъул нухмалъулей, педагогикиял гIелмабазул кандидат Баху МухIидинова ва Республикаялъул тIахьазул издательствоялъул авар мацIалда биччалеб литератураялъул редактор ГIайшат ГIалиева.


ГIадалабщиналде чIор речIчIулелъул…


1982 соналда къватIибе бачIараб ГIабасил МухIамадил «Асарал» абураб тIехьалъе цеберагIиялда Расул ХIамзатовас хъвалеб буго:

«Аваразул поэзиялда ГIабасил МухIамад вуго гIицIго ГIабасил МухIамадида релълъарав поэт. Гьесул буго жиндирго нух, жиндирго хатI, жиндирго рагIи. Гьесул кучIдул цIалулаго, нилъеда рагIула ГIабасил МухIамадил гьаракь, бихьула ГIабасил МухIамадил къисмат, якъинлъула ГIабасил МухIамадил гIумру, рагьула гьесул рухIияб дунял, кIалъала даимаб хIалхьи гьечIолъи, хIакълъула рекIел бахIарчилъи, бичIчIула чилъи цIунизе, инсан инсанлъун хутIизе поэтасул жугьабаз балеб ахIи», - абун.


Мунагьал чураяв ГIабасил МухIамадие цIакъго рекIее гIагарал ва гьес гIемер рехсолел рукIарал асараздаса цояб ккола «Дир тIагъур» абураб кечI:


Рорхатал мугIрузда гIадра кванарал

ГIиял рехъабалъа буго дир тIагъур,

ГIатIидал хасалил мучIдул мерхьарал

ГIухьбуца бачIараб буго дир тIагъур.


МугIрул улкаялда яшав гIолелъул,

Цадахъ гIун бачIараб беричаб тIагъур,

МагIарулас бетIер къулуларелъул,

Умумуз гьабураб борхатаб тIагъур.


ГIищкъул бахчабахъе чапун унелъул,

МахIмудица лъураб магIарул тIагъур,

ГIадалабщиналде чIор речIчIулелъул,

ХIамзатица лъураб магIарул тIагъур.


Рохалил бертабалъ гIанчIал гIолилаз

ГIинтIа лъун букIараб гурищ дир тIагъур?

Ккани къо борхулел хIакъал бахIарзаз

Бекун лъун букIараб гурищ дир тIагъур?


Умумулъ батараб формияб чIухIи –

ЧIалгIинаро дида магIарул тIагъур.

Сурун бихьараца инсулги бухIе,

Бек-бекун тIад лъела магIарул тIагъур.


Гьаб асаралда жаниб буго тIолабго магIарулазул тарих, халкъалъул миллияб хасият, арабги, жакъасебги, бачIунесебги. ХIакъикъаталдаги бек-бекун тIад тIагъур лъураб, унго-унголъунги халкъияб адабияб ирс нахъе тана ГIабасилас. МагIарул тIагъур лъезе бетIерги халкъалъе шигIраби рикьизе кIудияб ракIги насиб гьабун букIана ГIабасил МухIамадие Аллагьас.


ЧиякIаби гIемерлъун руго


Гъваридал, батIи-батIиял магIнаби жанир лъурал асарал руго ГIабасиласул. Гьесул мухъазулъ рукIуна ракIалдаса унарел, цIиял, гIужилал сипат-суратал. Гьес асар хъвачIеб жанр къанагIат буго. Сатираялдаги рагIи абуна шагIирас. ЦIакъ кIудияб ва нилъер гIумруялъул цо-цо рахъал рихьизарулеб сипатияб магIна буго «ЧиякIо» абураб кочIолъги:


Бахчаялда чиякIо

чилъун буго эхетун,

Сивул тIохалда некIо

хъаравуллъун буго тун.


ГIаг тIураб тIажу буго

тIилил бохдузда ретIун,

ТIох гьечIеб тIагъур буго

гьечIеб ботIрода гьетIун.


Гъуждузе цо мокъги чIван,

чIартил къвалал руго ххун,

Эхебехун кIиги чIван,

горде буго чIалаххун.


Багъаризе рухI гуро,

ахIдезе хIухьел гуро,

Бихьизе берал гуро,

рагIизе гIундул гуро.


Бахчаялда чиякIо –

чи гIадин, эхетун чIун,

Сивул тIохалда некIо

хъаравул гIадин борчIун.


Амма гъаримал хIанчIи

хIинкъула, гьебги бихьун.

Цинги хIанчIазул чIичIи

дагьлъула, гьелъ кIал бухьун.


Бахчаялда чиякIо –

чвахун балеб цIадакьги,

Бахчаялда чиякIо –

бухIун щвараб бакъукьги.


Сордо бачIунин абун,

бегун аб кьижуларо,

Заман щунилан абун,

щибниги гьалъ квинаро.


Огь, дун вуго гурхIулев

рухIго гьечIеб гьалдаги

Гьалъ тIуризе гьарулел

гьитIинал хIанчIаздаги.


ЧиякIаби гIемер руго дунялалда, хасго ахираб заманалда Дагъистаналда ва магIарулазда гьоркьор цIикIкIунел руго гьезул руккелал.

ГIабасиласул асаразда гъорлъ дие бищунго хириязда гьоркьоб буго «ЧиякIо» абураб шигIру-сатираги.


ЧIахIиял асарал: «Камалил Башир», «ХъахIабросулъа МахIмуд», «Саба-меседо», «Хунзахъа Ахъбердилав»…


Гургинаб столалда гьоркьор лъуна ГIабасиласул чIахIиял, халкъалда гьоркьор цIакъго машгьурал асаралги: «Камалил Башир», «ХъахIабросулъа МахIмуд», «Саба-меседо» абурал трагедиял ва къиса «Хунзахъа Ахъбердилав»…Киналго гьел асарал руго тарихияб кьучIалда хъварал. ГIабасиласул пьесабазда рекъон, Аваразул театралъ лъурал спектаклял цIакъ лъикI къабул гьарун рукIана гIадамаз.

 

Квеш ккараб жо буго гьанже гьел спектаклял нилъер театралъул репертуаралда гьечIолъи. Гьел драмаялъул асаразда жаниб буго лъикIлъиялдаги квешлъиялдаги гьоркьоб къеркьей, рихьизарулел руго пачалихъалъулги инсанасулги гьоркьорлъаби, цересел гIасрабазул гIумру ва киналго гIасрабазе гIаммал, инсанияталъего кIвар бугел рухIиялги, жамгIиялги, цогидалги суалал рорхулел руго.

Шамил имам хисизе бегьулев чилъун, Имаматалда гьесда хадусеб даражаялъул, кIиабилев чилъун рикIкIунев вукIарав наиб Ахъбердил МухIамадил хIикматаб гIумруги, рагъги, хвелги – кинабго хIакъикъат цебечIезабулеб къиса буго «Хунзахъа Ахъбердилав».


ГIабасил МухIамадил хIакъалъулъ «Миллат» басмаялъ хIадурараб телеочеркалъухъ ралагьизе бегьула «Ютуб» видеохостингалда гьаб адресалда:


https://www.youtube.com/watch?v=Fe7fOVQZYp4


Цебеккун, «Адабияталъул сагIат» проекталда рекъон, къватIире риччана Инхоса ГIали-хIажиясул, Игьалиса Чупаласул, ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажиясул, ЦIадаса ХIамзатил, Расул ХIамзатовасул, Муса МухIамадовасул хIакъалъулъ передачаби.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +74
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook