Авторизация

Дун данде чIаразул гуро – ритIухълъи балагьулезул

Дун данде чIаразул гуро – ритIухълъи балагьулезул


Кинабго-цебеккунисеб анцIила микьабго соналъ букIахъе, чIара-хьараб ва рагъде хIадураб (къабуллъуларо дие гьаб пикру, хIажат гьечIо жакъасел балагьпатриотазе рагъги лъилгунниги тушманлъиги. Щайгурелъул, цIаларооооо!) ахIвал-хIалалда. ГIажаибаб хIужа-дица цIех-рех гьабурал гIадамазул сверулъ хиса-басиял рокьарал щибал кIиабилел рукIана. РикIкIиндалин абуни, пикругIахьалал, Хунзахъ гIадаб кIудияб (20азаргогIан жидеца гьаракь кьолел ругеб) районалда, гIицIго 1600 чи ватана. ТIаса йихьизайизе махсарадейищ халкъалъ дун ккун ятараяли… Ялъуни, Сталин-дадаца абухъе, гьаркьал кьурал гурел, рикIкIаралищ бергьун ккаралали. Гьебали бигьаяб иш, къотIизеги къотIун гирун унеб ботIроца гьарухъе-«Гьаб кIочараб бихьугеги». Амин. Путин гурищ макьилъ вихьарав?! Рищиязда цебесеб сордоялъ пачаяс дида гьикъулеб буго щайин мун киналдасаго разилъи гьечIого йикIуней, жиндица хIалтIулъ щиб хисизабуни, дуца гьаракь жиндие кьезе бугебилан. Агьиялда гIодизе ячIуней йиго дун ургъел батун тIоцевесес кьураб суалалъ ва «гIагараб, недегьаб Ильичил(гъалатI! Владимировичасул)» гвангъараб сипаталъухъги ялагьун,байбихьулеб буго дирго унтаби гьесде рикьизе. Щибго течIо гьоркьоб! Бадиса канлъи инегIан хIарпаздеги къулун щвараб моцIрол харж-20азарго гъурщил, бокьараб квананги эбелалъе къо бахъанагIан хиралъулел ругел дараби росунги, нахъе жо хутIичIолъиялъ, пахруяб «бетIерай редактор» цIарги гIодобе рехун, къаси-къаси цIилцIил хъулухъ  гьабизе дунго иналъулги бицана,гьал соназда жаниб  рукIа-рахъиналъулгун коммуналиял хъулухъазухъ 50-70 % багьаби рахиналъулги бицана, бащдаялдаса цIикIкIун халкъ, дунго гIадин, харжидаса харжиде, хъарцинлъиялда рукIиналъулги баян гьабуна. 22 миллион чи мискинлъиялъулги гIорхъуда дорехун ругилан статистикаялъул рихьизарияздаги килищ тункана, хутIа-кучIараб бахIарчилъиги данде бакIарун. 


БетIер ккуна ВВПяс, жинда гьеб лъазеги течIин, гьанже жив гьеб суалалда тIад ургъизе вугилан. «Кинха дуда эб лъалеб, цо рагIулъ щуго гъалатI гьабун гурого хъвазецин лъаларел, ва амма мугъ чIвазе бакI бугел цере туркIараб, IQ гьоркьохъелдасаги гIодобегIаназ тахбакIал ккураб гьаб улкаялда-ян, синкъиялда, кьолеб буго дица нахъойги жаваб.- ГьечIо гури жакъа«Щивасе-бажариялда рекъон!»ахIи гIумруялда хIалтIулеб!» ЦIакъго нечон лъугьун  макьил гьобол вихьидал, гьесул ракI батизабизелъун бицунеб буго дица хьуцIилъе ине букIараб Сингапур хIукуматалда Ли Куан Ю багьадурас 25 соналда жаниб гьабун тараб цебетIеялъул, цо чиясде кколеб къадар хIисаб гьабун, 400ялдаса 12,2азарго долларалде гьениб бахинабураб ВВПялъул, гIадатаб ва бичIчIулеб мацIалда хъван гIумруялде рахъинарурал законазул, тIадчагIазда ришватчилъиялда цIа лъезе лъиданиги бачIеб комиссия  гIуцIиялъул. 


 «Дур хъулухъалъулги жеги гIасруялъул ункъил бутIаялде вахине заман бугин, ничего»-ян гIодове виччазавулев вуго цинги ургъалилъе ккарав дандияв. Гьесул рекIекълъиялда гурхIун, хIалицаго гIадин цIехечIого толеб буго,тIабигIияб газ ва нарт бичун щвараб, хIатталдаса ун гIемераб 3 триллион доллар 76 соналъ улкаялда ругелщиназ бечедго гIумру тIамизе гIезе букIараблъи уяб жойищилан. Къаламалъ гIедерго хъвай-хъвагIай гьабулеб буго президентас месед тIад бекьун Кремлялъул кIалгIа тIад бахъараб къохIол тIехьалда дица бицарабщиналъул.Хьимхьидулаго гъоркьа-гъоркьан бералги тIамун, битIун дида кIвар бугеб жо абизехъин Путин вукIаго, къватIиб бахъараб дир ханазул инвестор, Федя хIелекудал гIергIериялъ дун макьидаса йорчIизаюна. Вай, дабгIадилаго, бищун кIвар бугеб абичIого хутIана гури Досда! Дун дандечIаразул гурин, ритIухълъи балагьулезул йигилан. «Миллаталдасан»хъванниги бит1илин. Яхъа тIаде рищиязде къокъине. РагIи кьун бугелъул гIазизас щивасул гIумру лъикIлъизабиялда тIад ургъизе, гьебги, гIагараб анлъго соналда жаниб. Нахъисеб къоялъул къасилухъалде цIияв вищарав, амма басрияв президент цеве вахъун вихьулев вуго дида телевизоралдасан. ГIажаибго гIинзуе лазатал, цо бакIалда гьанжег1агар рагIарал жугьаби ругоан досул кIалдисан чваххулел…

Хунзахъа Камилилай.


Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook