Авторизация

КIкIуяда: 73 росу



МагIарулазул росаби


КIкIуяда: 73 росу


  2018 соналъул 15 июлалда Гъуниб районалъул «Сельсовет “Куядинский”» росдал поселениялъул ракьалда бугеб спортивиябгун сахгьариялъул «Сахлъи» лагералда хъвадарухъабаз дандчIвай тIобитIана гьитIинал цIалдолезулгун. 



120 лъимер…


Дагъистаналъул районаздаса ва шагьараздаса 120 лъимер каникулазул заманалда «Сахлъи» лагералда хIухьбахъулеб буго.


  Лагералда ругел лъималазулгун дандчIваялда гIахьаллъана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель, Поэзиялъул театралъул художественияв нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадов, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член, «Гумбет» газеталъул ва «Аварпресса.ру» порталалъул бетIерав редактор ХIамзат ГIизудинов, поэт, педагог МухIамад ХIасанов ва цогидалги.


  МухIамад АхIмадовас цIалана жиндирго цIиял кучIдул, лъималаздехун малъа-хъваялъулал рагIаби абуна, тIад хъвай-хъвагIаял гьарун, гьезие тIахьал сайгъат гьаруна. Лъималазе кучIдул цIалана ва пайдаял кIалъаял гьаруна ХIамзат ГIизудиновас, МухIамад ХIасановас  ва цогидазги.


  Гьеб тадбиралда гьединго гIахьаллъана Кьогьоб росдал библиотекаялъул нухмалъулей Гулжагьан ГIалибулатова ва ГIурала росдал библиотекаялъул нухмалъулей РайхIанат ХIасанова.


Хьоподаго кьурейила…


  «Лъимерлъиялдасаго тарбия кьезе ккола гIолеб гIелалъе. ХIадисазда хъван буго, кинидаса бахъараб лъималазе тарбия-лъай кьеян. Хьоподаго кьурейин жулилан абиги буго аваразул. Лъимал гIезе ккола ритIухъаллъун, ракIбацIцIадаллъан, лъай щвараллъун, кинабго рахъалъ церетIураллъун. ТарбиячагIазул, мугIалимзабазул, умумузул, тIолго жамгIияталъул масъалалъун ккола лъикIал тIабигIатал, хасиятал лъималазулъ куцай. Гьеб масъала тIубаялъе цо рахъалъ квербакъи гьабула художественнияб литератураялъги. ЛъикIалщинал хасиятал лъадарула чиясулъ искусствоялъ. Лъимерлъуда лъола кьучI вукIинесев инсанасул. Лъимал ругьун гьаризе ккола ургъизе, цере суалал лъун, гьел тIуразе, битIараб нухдасан церехун ине», – ян абуна ХIамзат ГIизудиновас.


  Спортивиябгун сахгьариялъул «Сахлъи» лагералъул нухмалъулев Мурад ГIалиевас гьалбадерида лъикIаб дандчIвай гьабуна, бицана гьезда гьеб идараялъул хIалтIул низамалъул, лагералда гIуцIарал шартIаздаса лъимал рази рукIиналъул.


КIкIуядерил расалъи


КIкIуяда ккола бечедаб тарихалъул ракь. КIкIуядисезул эркенаб жамагIаталда гьоркьобе уна 73 росу-кули. Цо-цо рукъ бугеб кули рикIкIани, 77-ялде бахуна гьезул къадар. БакътIерхьудасан КьилимегIералъ ва бакъбаккудасан ГъунимегIералъ сверун ккураб жаниблъиялда буго КIкIуяда. ТIабигIат берцинаб бакI буго гьеб. КIкIуяде хъилги тIун буго, лъаразда тIасан кьоялги ран ва ралел руго. КIкIуядаса ккола Россиялъул халкъазул мацIал школаздаса рачахъиялъул законопроекталда данде вахъине кIварав Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад КIудиявмухIамадовги. «Сахлъи» лагералъул нухмалъулев Мурад ГIалиевас рагIи кьуна гьениб авар мацI лъазабулеб роолаб мактаб хIалтIизе биччазе. Гьеб иш гIумруялде бахъинабизе гьесие хIажат буго миллияб мацIалъул, адабияталъул ва  маданияталъул хIаракатчагIазул квербакъи. Тавпикь кьеги лъикIал ишал гIумруялде рахъинаризе. Амин.


Автор: Информациялъул «Гумбет» гIуцIи

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +17
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook