Авторизация

Адигазул цевехъан, аваразул бахIарчи


Тарихалда лъалкI тарал магIарулал


Адигазул цевехъан, аваразул бахIарчи


МухIамад-Амин Асиялав гьавуралдаса 200 сон тIубай кIодо гьабуна Гьонода


  Гъуниб районалъул Гьонода росулъ 2018 соналъул 14 июлалда тIобитIана машгьурав пачалихъияв ва динияв хIаракатчи, хIапиз, гIалим, Шамил имамасул наиб, халкъалги цолъизарун, БакътIерхьул Кавказалда пачалихъ гIуцIарав МухIамад-Амин Асиялав ракIалде щвеялъул мажлис.


ХIапиз, наиб, гIадил, гIакъил, гIалим…


  Мажлисалда кIалъазе вахъана машгьурав гIалим, республикаялъул гIемерал гIалимзабазулги мугIалим, районазда гьоркьосеб  Гьонода бугеб исламияб централъул нухмалъулев ХIажи Ашаханов, Гъуниб районалъул имам МухIамад ГьитIинов, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадов, жамгIияв хIаракатчи, анцI-анцI документалиял тIахьазул автор Каримулла МухIамадов, МухIамад-Амин Асияласул цIаралда бугеб фондалъул нухмалъулев МухIамад Расулов ва цогидалги.


  …МухIамад-Амин Асиялав (1818-1901) ккола машгьурав, цеветIурав инсан, Кавказалъул халкъазул миллияв бахIарчи. Кавказалда ккарал тарихияб кIваралъул лъугьа-бахъиназулъ гьесул кIудияб бутIа буго. Лъимерлъудасаго мисал бихьизабун цIалулев, гIелмабазде машгъуллъарав чи вукIана МухIамад-Амин. ГIолохъанлъуде вахиндал, гьев ккана Шамил имамасул божарал чагIазул кьеразулъе. ТIоцеве МухIамад-Амин тIамуна ГьитIинаб Чачанлъиялда наиблъун. Гьеб заманалда Асияласулъ загьирлъана нухмалъи гьабиялъул, гIуцIарухъанлъиялъул ишазе бугеб бажари. Халкъалда гьоркьоб гьесул цIар тIибитIана ритIухъав наиб хIисабалда.


Халкъал цолъизаруна


  Чанго соналъ Асиялас лъазаруна БакътIерхьул Кавказалъул халкъазул батIи-батIиял мацIал, гIадатал, гьезул яшав. Шамил имамас гьев хIадур гьавулев вукIана бакътIерхьул фронталда Кавказалъул халкъазул миллиябгун эркен гьариялъул къеркьеялде. 1848 соналда Асиялав ана Черкесиялде. Гьесда кIвана къокъаб болжалалда феодалиял зулмабазда рукIарал адыгазул халкъал цолъизаризе ва гучаб пачалихъ гIуцIизе. Гьеб пачалихъалда кIвана, би гIодобе тIураб рагъ дунялалъул бищун кIудияб улкаялъулгун бугониги, 11 соналъ жибго цIунизе.

Цереккунги ритIун рукIана Черкесиялъе Шамил имамас жиндирго наибзаби. Адигазул миллатаз имамасда гьарулеб букIана жал гъункизаризе ва чияда рачIолъи цIунизе къеркьей гIуцIизе цевехъан витIеян. ХIажи-МухIамад (1842-1844) ва Сулайман-апанди (1844-1846) дагьаб мехалда гурони БакътIерхьул Кавказалда хутIичIо. Гьазда кIвечIо цоцазулъ дагIба-кьалалда ругел халкъал нухда рачине. МухIамад-Аминицайин абуни бачIинахъего таваккалго ва гIакъилго исламияб пачалихъ гIуцIиялъул иш билълъанхъизабизе байбихьана.


АнцI-анцI мажгитал рана, нус-нус вагIзаби гьаруна…


1849 соналъул авалалда МухIамад-Амин вагIза-насихIатгун абадзехазул ва адигазул халкъазда цеве кIалъазе вахъана. Гьес гIалам исламалде ва шаригIаталде ахIана. XIX гIасруялдаги ислам босичIел гIадамал гIемер рукIана Шималияб Кавказалда. БакътIерхьул Шималияб Кавказалда мажусиял, гъветI-хералъе, тIабигIаталъе лагълъи гьабулел чагIицин рукIана. Асиялас дагIваталъул хIалтIи гIумруялде бахъинабуна. Шамил имамас гIуцIараб, дунялалда тIад цоги букIинчIеб Имамат абураб пачалихъалъул мисалалда, гьелъул низамги кьочIое босун, улка данде гьабизе квер бана гьес.


Абадзехиялда 12 махIкама гьабуна, щибаб махIкамаялда вищарав щуго чи толаан, гьезул кIудияс хIукмабиги къотIулаан. Гьедин 12 вилаят гIуцIана ва гIадлу-тартиб билълъанхъизабуна. Гражданиялги диниялги суалазул халгьабулаан гьел махIкамабаз.


МухIамад аварагасул (с.т.гI.в.) асхIабзабаз кинигин, Аллагьасул (т.гI.ж.ж) калам гIаламалъухъе щвезабулеб букIана Асиялас ва гьесул муридзабаз, рахъкколез. АнцI-анцI мажгитал рана, нус-нус вагIзаби гьаруна, БакътIерхьул Кавказ бусурбан гьабуна.


Ваамма, хирияв Аварагасда (с.т.гI.в.) данде гьесулго кьибилалъул къурайшиял рахъарал гIадин, адигазул миллатазул чангиял МухIамад-Амин Асияласдаги дандеги рахъана. ХIатта гьев чIвазеян гъоркьчIелалцин гьаруна. Асияласул гIадлу-тадбир бокьичIел такъсирчагIазул чорокал ишал рукIана гьел.


Исламалда киналго бусурбаби ращадал ругилан абун, гIемерал лагъзал тархъан гьаруна Асиялас. Гьеб сиясат рекIее гIечIо лагъзадерил хIалтIудасан пайда босун ругьунал гиназзабазе, уздензабазе ва цоги тIадчагIазе.


Крымалъул рагъ, султIанасул рекIкI, ЧIегIерралъдал угьди


Крымалъул рагъ (1853-1856) багъаридал, цо рахъалъ босани, гъазават цебетIезабизе лъикIал шартIал загьирлъана. Амма гьеб рагъ байбихьаралдаса ГIусманиязул империялъул султIанас МухIамад-Амин Асияласул нухмалъи жагъаллъизабизе лъугьана. БакътIерхьул Кавказалда султIанасул асар цIикIкIана ва гьесие бокьичIо Асияласухъ кинабго кверщел букIине. Натухаязул гиназ Сефер-бей Занги вукIана султIанас рахъккурав чи. Гьадин рикьи ккезабуна гьес адыгазул къеркьохъабазда гьоркьобе. Кин букIаниги, гьанжесеб Анапа, Сочи ва цогидалги шагьарал ругел бакIазде гIунтIараб, кIудияб пачалихъ гIуцIизе кIвана къокъаб заманалда жаниб МухIамад-Амин Асияласда.


 Шамил имамасе кумек гьабизе 1855 соналъул августалда Асиялас боялгун сапар гьабуна Гъарачаялде. Имамасул анищ букIана Шималияб Кавказалдаго къеркьей багъаризаби ва киналго гъазаватчагIи цолъи. БакIалъулал халкъаз рахъкквечIолъиялъ, гьел мурадал тIурачIого хутIана.


БатIи-батIиял тарихчагIаз, цIех-рехчагIаз батIи-батIияб куцалда хъвалеб буго МухIамад-Амин Асияласул хIаракаталъул хIакъалъулъ. Амма гIемерисез, хIатта тушбабазул генералзабазцин, мустахIикъаб къимат кьолеб буго гьесул гьунаразе, бажариялъе, гIакъиллъиялъе ва кIодолъиялъе. XIX гIасруялда Шималияб Кавказалда Шамил имамасда хадусев чи вукIанин гьевилан хъвалел авторалги руго. Къеркьей чIезе тун хадуб, 1859 соналдаса бахъараб, адигазул халкъал ГIусманиязул империялде гочине тIамуна, ЧIегIерралъдалъ гумиги гъанкъун, нус-нус чи хвана, цIияб бакIалда гьава-бакъ рекъечIогоги аза-азар чи хвана. Гьединаб пашманаб ва вахIшияб къисмат насиблъана БакътIерхьул Кавказалъе.


БакътIерхьул Кавказалда 

БакътIерхьунеб гIуж буго…


Адыгазул халкъазул рахъалде щведал, гьадинал мухъал херхун рукIана гьаб махъалаялъул авторас:

1.

БакътIерхьул Кавказалда

БакътIерхьунеб гIуж буго.

Биялъ белъараб гIадин,

Ралъад багIарлъун буго.


ГIагарал кавказиял,

Черкесиялъул халкъал,

«Хвасар гьаре!» - ян абун,

АхIи рагIула нужер.


Жакъаги ЧIегIерралъдал

НигIматал росуларо

Черкесазул наслабаз –

Инсул гьан квинарилан.


Гьазул умумуллъидал

ГIурус ханас хъвехъарал,

Росу-ракьги тезабун,

Исиблъуде къотIарал.


Гъанкъанщинав мугьажир,

ЧIегIераб ралъад, дуца –

Зани чIвачIел, хоб гьечIел

Бичасул шагьидзаби.


БакътIерхьул Кавказалда

БакътIерхьунеб гIуж буго.

Биялъ белъараб гIадин,

Ралъад багIарлъун буго.


ГIагарал кавказиял,

Черкесиялъул халкъал,

ХIакълъунго чIегIерлъана

Нужее ЧIегIерралъад.


2.

Ццидаца чIегIерлъараб

ЧIегIерралъдал квачIаца

ХъачIго хачалел руго

 Шапсугазул кьураби.


Кьвагь-кьвагьун гъугъадана

Гъалараб чIегIераб зоб –

Бихъ-бихъун рехана гьеб

БилбагIараб пириялъ.


Панаяб гьури буго

Адыгазул мугIрузда.

МагIу гьабулеб буго

Сагьвилаб гьаркьица гьелъ…


Кьабулеб буго къали

Къавкъазалъул хобазда.

Кьурдулеб буго улка

Черкесазул заназда.


Угьи-зигара буго

БагIараб Талаялъул.

Бидул махI тIагIинаро

ТIолго гIасрабаз гьаниб.


Гьонодаса Аминил

Иллагьиял гъазиял,

Ругънаца хIалбергьарал

Руго тIаде рахъунел:


– ТIокIаб бакIищ батичIеб

Ихтилат-кеп гьабизе,

Черкесазул АхIулгохI –

БагIараб Тала гуреб?...»


Мугьажирзабазул къисмат гIахьал гьабуна


  Цо-цо тарихиял баяназда МухIамад-Амин рикIкIунев вуго Абхазиялъул ва Черкесиялъул имамлъун. Асиялав имам Шамилил цIаралдасан хIалтIулев вукIана, амма Имаматалдаса рикIкIад вукIиналъ, киналго хIукмаби жинцаго гьарулаан, бергьенлъаби щваниги, квалквалал кканиги, гьесда жиндаго тIаде бегун букIана нухмалъиялъул бакIаб борч. 1859 соналъул риидал имам Шамилица къеркьей гьоркьоб къотIизе тедал, МухIамад-Амин Асиялавас, гьесдасан мисалги босун, лъазабуна БакътIерхьул Кавказалда жиндирго хIаракатчилъи танилан. КIудияб Кавказалъул рагъдаса хадуб ГIусманилазулаб империялда рещтIарал адыгазул халкъазул мугьажиразда гьоркьов вукIана гьев. Хвана 1901 соналда, вукъун вуго гьанжесеб Турциялъул Армуткой росулъ.


  … МухIамад-Амин Асияласул наслуялъул чагIаз баркала кьуна мажлис гIуцIаразе ва киналго гьалбадерие. Гьонодисез мажлис тIобитIана тIадегIанаб даражаялда. Гьенир гIахьаллъана сверухъ ругел росабазул гIадамал, республикаялъул районаздаса ва шагьараздаса гьалбал. ЛъикIаб гьоболлъи, ракI рагьараб дандчIвай гьабуна гьонодисез. Аллагьас МухIамад-Амин Асияласул баракаталдаса махIрум гьаругеги нилъ. Амин.                                


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +31
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook