Авторизация

Хабалалъ гIадинаб сихIкъотIи буго росдал годекIаниб. – БакIлъи щиб алъул?!

Аралда таманча речIчIани…


Хабалалъ гIадинаб сихIкъотIи буго

Росдал годекIаниб. – БакIлъи щиб алъул?!


Харбал, биценал, рекалаби…


«ГIакълуялъул дандерижи»


МагIарулазул гьунар тIокIав шагIир, хъвадарухъан, публицист, жамгIияв хIаракатчи, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар адабияталъул секциялъул нухмалъулев, «Гьудуллъи» журналалъул редактор, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Дагъистаналъул Пачалихъалъулаб ва ХъахIабросулъа МахIмудил жамгIияб шапакъатазул лауреат МухIамад ПатахIовасул «ГIакълуялъул дандерижи» абураб цIияб тIехь къватIибе бачIана. «Миллаталъул» редколлегиялъ баркула МухIамадида ва тIолалго магIарулазда гьеб лъикIаб мажмугI къватIибе бачIин. МухIамадие гьарула хадубккунги гьединал саламатал тIахьаздалъун цIалдолел рохизаризе сахлъиги, тавпикъги, рекIелъ асаразул цIа гьелегьинги.


Биценаздасан ва рекалабаздасан данде гьабураб гьеб тIехь лъугьун буго кIудияб даражаялъул адабияталъул мажмугIлъун. КIудиял, гъваридал, пасихIал ва гIужилал пикраби жанире росун руго рекалабаз, кIижугьабаз. Авар адабияталда Инхоса ГIали-хIажиясго кьучI тIамураб гьеб къагIида, жанр жеги цебетIезабулеб буго ПатахIовас. ЦIияб тIехьалъе мустахIикъаб къимат кьун, цеберагIи хъван буго Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас.

Чанги магIарул росдае гIаммаб гIузру загьир гьабулеб буго МухIамад ПатахIовасул цIияб тIехьалда бугеб гьаб кIиго мухъалъ:


Хабалалъ гIадинаб сихIкъотIи буго

Росдал годекIаниб. – БакIлъи щиб алъул?!


МагIарулазул жакъасеб хIалалъул цо кIвар бугеб рахъ бихьизабулеб буго гьеб кIижугьаялъ. Росаби чIороголъиялъул, риххиялъул, рехун теялъул унти ккун буго МагIаруллъиялда. Гьеб суал борхулеб буго шагIирас ва нилъер миллат хирияв гражданинас. Гьединал, пикру гъваридал, рекIелъе рортулел, такрарлъи гьечIел, гIицIго МухIамад ПатахIовасе хасиятаб къагIидаялда хъварал асарал руго «ГIакълъуялъул дандерижи» тIехьалда. «Миллаталъул» жакъасеб номералда рахъулел руго цIияб мажмугIалдаса чанго биценги рекалабиги.


«Миллаталъул» редколлегия

 

 

Сабру

(ункъо бицен)

1.

    БукIанила мадугьалихъ бугеб кIиго росу. ДагIба-рагIи кьалде сверун, цояб росулъа гIолохъанчияс чIванила цогияб росулъа гIолохъанчи. Рахъанилаха чIварасул гIагарлъиги, гьеб росдал цоги гIолохъабиги ахIуд. Дол цоялги гIенеккун чIелищ, рачIанила гьезулалги. Гьоркьоб дагьаб гурони манзил гьечIого, гьанже гурони гьанже цоцазде инин кколеб хIалалъ хIалуцун букIанила кIиябго къукъа. Циндаго, дов чIаго хутIарав гIолохъанчиги цадахъ вачун, цевегIан вачIанила гьесул эмен ва абунила:


    - Дир васасул квердасан хун вуго живго гlaдав гIолохъанчи. Гьелдаса вохарав чи, нужерго гIадин, нижерги гьечIо. Дица дирго вас кьолев вуго чIварасул гIагарлъиялъухъе къисас босизе. Гьелдалъун ккара-тарабги кIиябго жамагIаталда кIочон те, Аллагьасул хIукмуялдаги разилъун, цебего гIадин, гьудуллъи-божилъиялда нилъги рукIине руго.


    Боржунеб тIотIол сас рагIулеб гIадаб сихIкъотIи лъугьанила сверухълъиялда. Киназдаго ккун букIанила, гьес абуралдаги разилъун, дов чIварав васасул инсуца яги гьесул вацазул цояс гьадав гIолохъанчи чIвалилан. Амма кканила гьезда ракIалда букIинчIеб жо. Инсудаги васасдаги аскIове вачIанила чIварав гIолохъанчиясул эмен. Гьес ракIчIараб, борхатаб гьаракьалдалъун абунила:


      - Вагъизе ккун вуго кIиго гIолохъанчи. Гьелъие гIилла щиб букIарабали лъаларо. Лъазабизе нилъги лъугьинаро. Квер цебе ккун, гьав гIолохъанчиясдасан дир вас хун вуго. Гьесдаса гьав васасул щибниги тIокIлъиги дида бихьулеб гьечIо. Рес букIана дос гьав чIвазеги. Дир васасул талихI къун буго, гьав цоясе икъбал ккун буго. Гьанже гьелда гьабизе жо гьечIо. Дун гьасда тIаса лъугьарав вуго, цоцазда тушманлъи лъазабизеги хIажат гьечIо. Бокьиларо дие, гьаб лъугьа-бахъиналъе гIоло нилъер жамагIатазда гьоркьоб кьватIел ккезе. Нилъер кIиябго росу, цебего гIадин, божарал мадугьалзабилъун хутIизе ккола.


КIиявго инсуе баркалаги кьун, гьеб къотIиялда киналгоги разилъанила, кIиябго жамагIаталъ лъикIаб адаб-хIурматалда дов гIолохъанчиги вукъанила.


2.

    Доб, магIарулал гуржиялъе чабхъад хьвадулеб заманалда, Унсоколоса вукIун вуго ГIусманил НурмухIамад абулев, сверухълъиялдаго бахIарчилъиялъул цIар рагIарав, цIакъ лебалав бодул цевехъан. Гьесул багьадурлъиялъул xlaкъалъулъ гIемерал биценал руго халкъалда гьоркьор тIиритIарал.


     Цо тохаб бакIалдасан НурмухIамадида раг\yлa, гьев чабхъаде араб мехалъ, лъади пуланав гIачивехьасулгун бухьеналда йикIуней йигилан. Божилареб гIадаб жоялда божизе кIвечIониги, кисан гьеб хабар бижарабали мухIканлъи лъазабизе хIукму ккола гьесул. РикIкIадаб сапаралде унев вугилан лъадудаги абун, къоялъ гIешдерил рохьов свера-тирулевги вукIун, къаси сордо бащалъараб гIадаб мехалда щола ГIусманилав рокъове. Рос тIадвуссинарилан ракIчIарай гьей гIаданги, вокьулевги аскIове ахIун, парахат йикIуна. Доб хабар чIобогояб гьури-муч гуреб, ракIгъанцIизабулеб хIакъикъат букIин баянлъарав НурмухIамадица, кигIанго жанисан воркьулев вугониги, живго кквезе хIаракат бахъула.


Жийго хадуйги йитIун, ахIула лъадул эменги, вацалги, росдал дибирги. Гьезда цебесан жинцаго цIарги тIамун, гьадав гIачивехьасе гьелъул магьари лъеян буюрула дибирасе. Балъгояб рогьоялъухъ рагьараб къисматги щун, гьел кIиялгоги къватIире уна, расги лъугьинчIеб гIадин рокъов ГIусманил НурмухIамадги парахалъула. (Гьеб биценалъул кьучIалда хъвараб «Сабру» абураб гIезегIан кIудияб поэма буго Мух\амад Патах\овасул. - Ред).


3.

    Жиндир гIелмуялдалъунги гIакълуялдалъунги цIар рагIарав Сугъралъа ГIабдурахIман-хIажиясул вукIана лъабго вас. Лъабабилев, бищун гьитIинав вас МухIамадхIажи Дагъистаналъул ункъабилев имам вукIаравлъиги гьесул къисматги киназдаго лъала. КIиявго кIудияв вас - ХIажимухIамадги АхIмадибирги, тIадегIанаб динияб цIалиги гьабун, цояв Турциялда, цояв ЦIоралда рукIуна шаригIат тIибитIизабулел. Гьоркьор дагьалго къоял гурони инчIого, хун руго гьел битIун завалаб ригьалда ругел гIолохъаби. Гьеб захIматаб камиялъул ругьел бараб кагъат бачIуна ГIабдурахIман-хIажиясухъе. Кагъат цIалулелъул, гьесда аскIор рукIуна гIезегIанго мутагIилзабиги. Устарас абула:

  - Дир кьер хисанищ, гIолохъаби? - илан.


  - ХисичIо, - ян жаваб кьола гьез.

  - Аллагьасе рецц бугоха, - ян абула гьес, гьурмада кIиябго кверги бахъун. - Дун хIинкъун вукIана, кьер хисун батилилан. Дир васал къадаралде щун ругоха, дир лъимал. Иманалда ккун ратаги гьел. Аллагьас кьун рукIана дие гьел, Гьес нахъе рачунги ун руго. Разиго, тIадаб иш гIадин, къабул гьабизе ккола нилъеца гьеб.


    Хадуб гьев лъадухъе рокъове жаниве уна ва абула гьелдаги:

- ПатIимат, цо пуланав чияс нилъехъе цIунизе кьун рукIарал хириял жал нахъе кьеян гьев вачIани, кьезе ккелаанищ?

  - Ккела, - ян жаваб кьола гьелъ, росасул гьел рагIабазда нахъа балъголъи букIинги бичIч\ун.


   - Гьединго буго Аллагьас нилъее кьолеб рахIматги. Кьурал гIадин, лъималги бечелъиги нахъе росизеги хIалкIолъи буго Аллагьасул. Нилъ гьелдаса пашманлъизе, яги рихха-хочизе бегьуларо. Нилъер ХIажимухIамадги АхIмадибирги Аллагьас жиндихъего ахIун руго. Гьелда сабру гьабеха дуца. ГIодиги кIваричIо, гIасиял жалги гьаруге.


     КватIичIого сугъулдерил жамагIат бакIаранила гьесул азбаралде. Гьездаги ГIабдурахIман-хIажияс абунила:

   - ГIалимзаби хвани, эбел-инсуе камуларо, росдае камула. Дир васалги эбел-инсуе камичIо, росдае камуна. Гьанже нуж парахатго рукIа.


4.

     ХIажимурадил цIар киса-кибего цIакъ машгьурлъараб мех букIун буго гьеб. Лага-черх битIарав, лъикIаб жигар-жаналъул цо гIолохъанчиясда ракIалде ккун буго гьевгун вагъун бергьине ва гьелдалъун, гьесул бугеб машгьурлъи-цIар жиндиего «босизе». Гьеб мурадгун ХIажимурадихъе щведал, гъасда гIодов чIун ватун вуго гloлохъанчиясда гьев.


   - ЧIалгIана дида, ХIажимурадго ХIажимурадилан, киназго, кидаго дуе цIар-рецц гьаби. Дудаса къураб жо дир щиб бугеб, - ян абун буго гIолохъанчияс гьесда. - Дица бихьизабила кинав нилъер бахIарчияли. Бокьани заруд, бокьани хвалчад вагъизе вахъа дунгун.

- БахIарчилъи борцине ккани, батIаго рагъизе кколаро, гьудулавчи, - ян гIодове виччан жаваб кьунила ХIажимурадица. - РачIа кIиясго гьале гьаб цIадуде цого къагIидаялъ килщал кквезе. ЦIикIкIун мехалъ бухIи хIехьезе кIварав вукIина нилъер бахIарчи.

Гьеб къотIиялда гIолохъанчиги разилъун, ккунила кIиясго цIадуде килщал.


Заманалдасан гIолохъанчияс туркIун нахъе босанила килищ.

- Гьелеха, дир диналъул вац, - ян абунила ХIажимурадица. - Цоги лахIзаталъ дур сабру гIун букIарабани, дица нахъе босизехъин букIана килищ. Гьеле гьеб цо лахIзаталда бараб жо букIуна бахIарчилъи.


Ккаралъуб бицараб берцинаб рагIи


(кIиго бицен)

1.

   «Ширазалъул берциналъ дун къираллъун гьавуни, 

     Дица гъелъий кьелаан Самаркандгун Бухара...»


   ГIага-шагарго гьединал жугьаби руго анцIила ункъабилеб къарнуялда вукIарав Ширазалдаса Хафизин абулев шагIирасул.

      РагIун руго гьел рагIаби дунялго кверде босизе анищалда вукIарав Рекъав Тимурида. ХIаталдаса ун ццидахун вуго гьев. Бокьаралъуса валагьун, гьел жугьаби ургъарав чи жиндихъе вачеян буюрун буго Тимурица. Гьев вачIинелде боркьун, гьелегьинабун цIаги букIун буго. Вачун вачIун вуго Хафиз. АхIдон вугоха гьесде Тимур, гьалщинал биялги тIун, хIалхьезегIан гIадамалги гъурун, дица рахъарал Самаркандги Бухараги цо щияли лъаларей гIаданалъул кIветIалда бугеб тIанкIалъухъ кьелин абизе мун щив чийин. Гьединаб ихтияр лъицайин дуе кьураб. ГьабсагIат гьагъаб цIадавеги рехун, дица дур рахъу гьабилин.


     Хафизица, щибго хIал хисичIого, гьимизеги гьимун, жиндаго тIад букIараб тIутIу-хъухъураб ретIелги бихьизабун, рахIму-цIоб лъаларев гьев чиясда абунила:


— Я, бетIерчIахъаяв ханзабазулги хан, гьединав сахаватав вукIинчIевани, дун гьадинав мискинав вукIинаанищ, — илан.

    Бицуна, гIумруялда жаниб тIоцебесеб нухалъ гьадаб къоялъ гьиманила Рекъав Тимур. Гьадинал гIадамал цIунизе кколилан, къали меседилги кьун, кIудияб адаб-хIурматалда нахъе витIанила гьес Хафиз.


2.

     Бихьарабила макьилъ цо ханасда, жиндирго киналго гIусал-цаби рахъун. Гьебги рекIее гIечIого, жиндирго улка-ракьалда ругел киналго макьаби къотIулел чагIи данде гьарунила гьес. Цо-цоккун гьелги ахIун, макьу бицине хIукму кканила ханасул. АхIанила цояв. Бицанила макьу.


    - Валлагь, цIакъ квешаб макьу бугоха гьеб, дур бетIерчIахъаяв, - илан абунила гьес. - Кинабго цебесеб гIагарлъиги хун, мун цохIо хутIизе вугин абураб магIна бугоха гьелъул.

  - КъотIе хIамил бетIер, - абун ахIданила хан.


   КIиабилесулги, лъабабилесулги, хадусезулги къисматалги гьединалго кканила.


    ВачIанила ахиралдаги цо хутIарав макьаби къотIулев чи ханасухъе вачун. Бицанила гьесдаги гьадабго макьу.

  - Гьеб цIакъ лъикIаб, мун вохизе ккараб макьу буго, бетIерчIахъад, - ян абунила гьес ханасда - Дур хъизан-агьлуялда, гIага-божаразда гьоркьоб бищун гIумру халатав чи мун вугин абураб магIна буго гьелъул. Гьелдасаги кIудияб талихI щиб букIинеб чиясе.

Г\емераб гIарац-меседги кьун, нухда peг\aнила ханас гьев чи.


Ханго хан вукIаниги, гIажаибав чини вугоха мун, - ян абунила вазирас ханасда. - Дол цояз бицаралдаги гьадас абуралдаги гьоркьоб батIалъи щиб бугеб? Дозул дуца бутIрул къотIизаруна, гьадав чиясе баркалаги гIарац-меседги кьуна.

-Досда бицинениги лъана, - илан къокъаб жаваб кьунила ханас вазирасе.


ТIутIазда тIадцин ихтияр гьечIев хан


    БухIараб бакъукь, гIицIаб авлахъалда, тIад тIагъур, гурде яги хьитал гьечIого, гIодов чIун вукIанила гIетIуда вецIцIулев язихъав, унтарав цо чи. ТIадежоялъеги, тIад рещтIун тIутIазги цIакъ лазатбахъи гьабулеб букIанила гьесие.


    Жиндирго чукъа-ракъангун тира-сверизе вахъарав гьеб улка-ракьалъул хан щванила гьесде тIаде.


  - Дур мурад бице, лъикIав чи, - ян абунила ханас гьесда. - Щиб абуниги, тIубазе буго дица. Гьаб дунялалда дида гьабизе кIолареб жо щибго гьечIо. Дидаса хIинкъулареб жоги цониги гьечIо.


  - Дун гIадав пакъирасул кIудияв ханасда гьаризе гIемер жоги щиб букIинеб. Аллагьасе гIоло, гьал тIутIал дида аскIоре къалареб хIал гьабе. БитIахъе чIвалев вуго дун гьаз, - илан гьаранила гьес.


    Хан валагьанила гьесухъ, цинги абунила:


   - Гьеб гьари тIубазе дида кIоларо. ТIутIазда тIад ихтияр дир гьечIо. Гьел дудаса рачахъизе дида кIоларо.


- ТIутIазда тIадцин ихтияр гьечIев дуда дунялалда бокьараб жо гьабизе кинха кIолеб? – илан, бачIинчIониги, гьиманила гьев чи.

    Гьесул рагIаби рагIичIеб ххвелги гьабун, ханас гьеб бакIалдаса хехго нух босанила.

 

ГIурччинал кагътазул кунчIи чIварабго, 

ЧIахIиял чагIицин гIисинлъулел куц

* * *

ГIурччинал кагътазул кунчIи чIварабго,

ЧIахIиял чагIицин гIисинлъулел куц.

* * *

БитIараб бицине бегьулеб гьечIо,

Гьереси бицине рекъараб гьечIо.

***

Бертин магIирукъалде гIемер бихьана сверун,

 МагIирукъ бертинлъараб биценалъцин рагIичIо.

* * *

Унти я рогьо гуро,

Ялъуни гьунар гуро.

***

ХIаким лъикIав ккола, вачIараб къоялъ,

 ВачIаравго гIадин, уневлъи лъалев.

* * *

Дие бокьаниги, бокьичIониги,

Кьураб суал бихьун, бижула жаваб.

* * *

Гьаб дуниялалъул пайда гьечIолъи

ГьечIеб ритIухълъиялъ бицунеб буго.

* * *

ТIегьлъун бижичIолъи зазил гIайибищ?

Зазлъун батичIолъи тIогьол гьунарищ?

* * *

Рохел чиясухъе гьикъун бачIуна,

Къварилъи, бацI гIадин, балъго речIчIула.

***

Бицунареб гьикъун щай,    

Гьикъулареб бицун щай.

***

Дуца веццичIони, дун квешлъиларо,

            Дуца какунилан, дун лъикIлъиларо.

* * *

Дун вокьулездаса, вокьулареца

Кьурал дарсаз гIемер гIакълу щвана дий.           

***

МатIуги, рагIадги, дандерижиги –

Божизе бегьула гьел лъабаздаго.

* * *

Чиясе гьабураб лъикIлъиялдаса

РакIбухIизе ккараб бачIунгеги къо.

            Жинда хIакъирлъиялъ хIал гьабурасин

ХIакъирлъи бецIизе бакI балагьулеб.

* * *

ГьечIелъуб божилъи балагьулев чи –

Гьорода бадиве тударулев чи.       

***

ЧIван хваравщинав чиги

 БахIарчи вукIунаро.

* * *   

Заманги къисматги тIасабищизе

ТIадегIанас лъийго кьечIо ихтияр.

***

            ГьитIинаб рукIнив вукIун, кIудаб рагIи бицунев,

 ГIужгьечIуда борчIараб тIинчIхIелкида релълъуна.

 ***

ДандчIвана дидаги чанги лъалаби,

ЛъачIеланищилан ракIалде ккарал.

* * *

Данде гьечIеб рокьул кьалбал къотIизе

 Къуват батизе кIвей кIодолъи буго.

* * *

ЛъикIалин ккаразул лъикIлъи батула,

ЛъадатIе тIинкIараб тIатIи гIадинаб.

* * *

РагIи лъугIаралъуб магIу баккила,

ЛъикIлъи камуралъуб квешлъи рещтIина.

* * *

Гьелъийги долъийги гIилла бугони,

Багьана балагьи гьадингояб жо.

 ***

СихIругун хIалихьалъи вацлъиялда хIалтIараб

ХIасил буго цIодорлъи - цIакъаб жо кколебдай эб?

***

Дуде хIакимасул бугеб балагьи,

Гьесул кIихIатIилаб гьоялъ бицуна.

* **

Байрам баркулаго абурабщинаб

 Уябин кколелги ратула чагIи.

***

Намус хIакимасул хIурудахъ уна,

ХIелхIелчагIи сверухъ ракIараралго.

***

Гьудуллъи бижула божи бугелъуб,

Гьудуллъи гьабула пайда щолелъуб.



Автор: МухIамад ПатахIов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +31
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook