Авторизация

XIX гIасруялда – Шамил имам, XX къарнуялда – ГIабдурахIман Даниялов

Аралда таманча речIчIани…


XIX гIасруялда – Шамил имам, XX къарнуялда – ГIабдурахIман Даниялов


 ГIабдурахIман Даниялов: 30 соналъ Дагъистаналъул тIалъиялда


2018 соналъул 21 сентябралда Дагъистаналъул бищун кIудияб залалъуб – ГIурус театралда жаниб – тIобитIана бергьарав пачалихъияв хIаракатчи ГIабурахIман Даниялов гьавуралдаса 110 сон тIубаялъул хIурматалда данделъи.


Гьаб макъалаялда авар мацIалда ГIабдурахIман Данияловасул биографиялъул цо-цо хIужаби ракIалде щвезаризе бокьун буго.

ГIабдурахIман Даниялов гьавун вуго Дагъистан областалъул Гъуниб округалъул Ругъжаб росулъ 1908 соналъул 22 августалда. Даниялов хIалтIана Дагъистан АССРалъул ракьул суалазул наркомлъун (1937 – 1939), Дагъистан АССРалъул Совнаркомалъул нухмалъулевлъун (1940 – 1948), КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул тIоцевесев секретарьлъун (1948 – 1967), Дагъистан АССРалъул ТIадегIанаб Советалъул Президиумалъул нухмалъулевлъун (1967 – 1970).


Даниялов къадаралде щун вуго 1981 соналъул 24 апрелалда, 72 сонил ригьалда.


Бищунго захIматал соналда тIаде ккана гьесде Дагъистаналъе бетIерлъи гьабиялъул суал. Гьес хвезе течIо жиндирго гIаданлъиялъул нух, кумекалъе ватана репрессиязукье кколезеги цоги къварилъи тIаде бачIаразеги. КIудияб ВатIанияб рагъул соназда гьес дагъистаниял фашизмалда данде кьалде рахъинаруна, гьелдалъун гочинариялъул кьогIлъиги хъвачIо нилъер халкъазда.


Рагъда хадусел захIматал соназда гьес гIуцIана нилъер республика. Данияловас 110 сон тIубаялъул дандеруссиналда гьарурал кIалъаяздасан бичIчIулеб букIана кигIан кIудияб хIалтIи гьес Дагъистаналда гьабурабали. Гьанжесеб Дагъистан ГIабдурахIман Данияловас гIуцIун бугилан абуни, мекъи букIинаро. Севералда цIиял ракьал тIаде рачIун руго, анцI-анцI заводал, фабрикал ран руго, ГЭСал эхетун руго, росабалъе ток бачун, нухал рахъун, бицун хIалкIолареб, кIудияб хIаракат нахъа тун буго.


Рагъул соназда дагъистанияз кIудияб кумек гьабуна фронталъе, нилъер гIадамаз, кигIан ресукъго ругониги, данде рехана бугес бугеб ва гIуцIана «Шамил» абураб танказул колонна, рагъде ритIана ретIел-хьит, квен-тIех ва цоги хIажатабщинаб, рухъана хандакъал, кьалда бихьизабуна дунял хIайранаб бахIарчилъи. Гьеб кинабго хIаракаталда нахъа вукIана ГIабдурахIман Данияловги.


МагIарул мацIги, маданиятги, адабиятги цIакъ рокьулел рукIун руго мунагьал чурадие. Гьес бергьараб квербакъи гьабун буго Дагъистаналъул хъвадарухъабазе, артистазе, художниказе ва цоги хIаракатчагIазе. Гьесул гIумру лъугьана хIикматаб, кигIан кIудиял захIмалъабазги къуркьизабизе кIвечIеб гIасрулъун. ГIабдурахIман Данияловасул дарсал, сонал анагIан, жеги цIикIкIун ричIчIизе руго дагъистаниязда.


Данделъиялъул гIахьалчагIаз кIалъаязда абуна Дагъистаналъул тарихалда XIX гIасруялда Шамил имамас гIадаб кIудияб бакI кколин XX къарнуялда ГIабдурахIман Данияловасилан. Доб заманалда гIумру гьабичIезда бичIчIуларо гъол соназул бакIлъиги кьогIлъиги. Гьединаб захIматаб ахIвал-хIалалда чилъи цIунизе кIвей букIана Данияловасул киналго бергьенлъабазул бищун аслияб ва кIудияб. Аллагьас ахират лъикIаб кьун батаги гьесие. Амин.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +38
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook