Авторизация

Халкъияб азархана хIалтIизе буго


Дагъистан – «Миллаталъул» бераз


Халкъияб азархана хIалтIизе буго


МахIачхъалаялъул лъабабилеб азарханаялъе гIоло къеркьей


   2017  соналда МахIачхъалаялда рагьана «Шагьаралъул №3 азархана» – 150 чи вегизе рес бугеб, хирургиялъулги терапиялъулги отделалги ругеб, цебетIураб аппаратураялдалъун хьезабураб, азархана. Гьеб балеб букIин лъарал гIадамал, жамагIалго цадахъ рачIун, хIалтIана ва халкъияб абун цIар щвана гьелъие. 


ЛъагIалида жаниб – щунусго операция


Дагъистаналъул Исламияб институталъул ясал цIалулеб щуго тIала бугеб мина букIараб бакIалда, Муфтий АхIмад-апандиясул хIукмуялда, унтарал чIобого сах гьарулеб, Дагъистаналдаго гьечIеб гIадаб, социалияб проект рагIалде бахъун, 2018 соналда хIукуматалъул лицензияги щун, 39 млн гъурущ гIарацги биччан, хIалтIулеб букIана азархана.


Нилъер заманалда гьелдасаги лъикIаб жо щибха букIинеб, бугеб-гьечIеб гIарацги хвезабун, Ростовалдеги Москваялдеги унел чагIи гьанирго къабул гьарун, сах гьариялда бащалъулеб жо букIинищ. Цониги чи нахъчIвачIо гьениса – цIакъ гIемерал магIарухъа рачIаралги регана. Тохтурзабиги гьенир руго Россиялъул батIиял регионазда хIалтIун хIалбихьи щварал, Муфтиясул ахIиялда рекъон, гьанире рачIарал, нилъерго ракьцоял. «Миллаталъ» хъван букIана гьелъул хIакъалъулъ цебеги.


Хирургияб отделениялда лъагIалида жаниб гьабун буго батIи-батIияб захIмалъиялъул.500 операция. ГIицIго полисги паспортги босун вачIарав чи вегизавун, тIалаб гьабула гьениб.


ОМСалъул сихIраби


     Гьале исана 2019 соналъул  республикаялъул больницабазе гIарац бихьизабулаго, Дагъистаналъул ОМСалъ гьеб больница гьоркьоб биччана, щибго кумек гьабиларин абун.  Гьез инкар гьабиялъ больница къаялде кколеб букIана иш. Щибго кумек нахъаса гьечIого кинха гьеб халтIилеб?


Гьеб халкъияб азархана къазехъин бугин рагIарал гIадамаз жамгIиял гьиназда цIакъ кIудияб ахIи бахъинабуна. Дагъистаналъул бетIерасде кагътал хъван, Россиялъул президент Путиниде гIарз бахъун (петиция гIуцIун), #живибольница абураб цIаралда гъоркь аза-азар чияс гъулбасана. Гьединго, гьеб больница къазе бегьуларин, кумек гьабеян, Россиялъул премьер Медведевасухъе, улкаялъул сахлъи цIуниялъул министр Скворцовалъухъе, Дагъистаналъул бетIер Васильевасухъе хитIабал гьаруна Россиялъул Муфтиязул Советалъул бетIер Равил ГIайнудиница, Москваялъул Муфтий Албир Кргановас ва цогидалги жамгIиял хIаракатчагIаз.


Дагъистаналъул депутатазул руцIцIунчIей


Бищунго гIажаибаб жо – Пачалихъияб Думаялда ругел Дагъистаналъул 9 депутатасул цонигияв кIалъачIо, больницаялъул рахъ ккун, Башкириялдаса вищарав депутат  ХIажимурад ГIумаровги Крымалдаса вищарав депутат Ризван Къурбановги кIалъана ва хъвадарана. Гьев кIиявго вукIун вуго цIикIкIун нилъер ургъел бугел ракьцоял-депутатал.


Киназдаго бичIчIулеб букIана больница къаялъ халкъалъе зарал гьабулеблъи, цо-цояз социалиял гьиназда рикIкIунеб букIана унтараз хвезабичIого хутIараб гIарац: цо операция 15 азарго гъурщиде гьабулеб батани, 500 операция гьаниб гьабиялъ 7 миллионги бащдабги нахъе цIунун бугилан. ТIолго Россиялдасаго ва Дагъистаналъул жамагIатазулги рачIунел рукIана хитIабал, больницаялъе кумек гьабеян. Гьединаб хIалуцин цIикIкIунеб букIана, къо бахъанагIан.


Халкъалъ халкъияб азархана цIунана


 2019 соналъул 6 марталда Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул министрасулгун больницаялъул нухмалъулезул дандчIваялда цогояб хIукмуялде рачIун, «Шагьаралъул № 1 больницаялъул» филиал гIадин хIалтIизабизе бугин лъазабуна гьеб.  Гьениб лъабго отделение рагьулеб буго – терапияб, неврологияб ва паллиативияб, ай рак ва цогиги сах гьаризе захIматал унтаби ругезе кумек гьабулеб.  Гьеб хIукмуялда Дагъистаналъул Муфтийги рекъанин хъвалеб буго сахлъи цIуниялъул министерствоялъул сайталда.


      Больницаялъул нухмалъиялъ жидерго рахъалдасан жамгIиял гьиназдасан баркала кьолеб буго гьал къояз жидер хьолбохъ ратаразе, кумек гьабуразе ва министр ХIажикъурбановасе, халкъалъул гьари къабул гьабуралъухъ. Халкъияб больница халкъалъе цIунун хутIанин ва кидаго унтарал къабул гьаризе хIадурун бугилан абулеб буго гьез.


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +5
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook