МагIарулазул росаби
«Гьаб росу гьаниб букIине кколароан»
Гиничукь: граждан рагъул къурбан
Пири речIчIараб гъветI
Кьерхен нилъеда гьикъун бачIунаро. БакI-бакIалдасан раккун рачIуна накIкIул парччаби. Квасул нухиял гIадин, кьурул хъинсалда гьел хурхун рихьи гурони, гьезул раккиялда хадув щивго гъоларо. Хадуб балагьилалде гьел кIодолъун ратула. РагIалаздасан хъахIаб кунчIиялъул гуржиба ккурал гIадин рукIаниги, гьел чIегIерлъула ва накIкIазул лъугьуна, гIорхъулъа ун ццим бахъарав чиясул лахIчIегIерал, керчал кьунсрузул гIадинаб сипат. АскIорго лъугьуна цойги гьединалго чIегIерал риццатал кьунсрул.
Гьел, ццидалъ данд тункарал, рагъизе къачIарал, кIиго чиясул кьунсрул гIадин, цоцалъ журала. Данд тункаралго, ццим бахъарал беразул къуватал чIорал цоцалъ речIчIула. РагIула дагIбадул гъугъаялъул гьаракь. Циндаго бахъуна цо кIудияб хъатица дагьабги кIудияб кIаркьен чIвалеб гIадаб гIассияб гьаракь. НакIкIазул кьунсрулги рикьизарун, ццидаца гьалаглъарал берзадаса къватIибе кIанцIун бачIуна цIадул пири ва гьелъ тIолабго тIабигIат, сверухълъи гвангъизабула.
Гьеб гIасияб рагъул балагьги чIезабизе кIвечIого, чвахун тIун гIодула накIкIазул боял. Щибаб къатIра борхалъудасан кIанцIула ракьалде ва гIемерисел ракьулъе, жидеего хIадурараб хабалъе лъугьуна. Хвезе къадар гьечIел, къватIахъан, бакI-бакIалдасан чвахун, лъаразде сверула.
МагIица чурула тIолго тIабигIат, гъутIби, хурдул, мугIрул. Гьале нахъойги, кIиго ццидалаб жанавар данд ххурхинехъин бугеб гIадин, гъулгъудизе лъугьана накIкIал. Нахъойги рахъун цоцалъ кьабана пиридул хвалчаби. Жибго бомба кьвагьараб гIадаб гьаракь бахъана. Гьанже пиридул цIал щвана, гIемерал соназ рохьил рацIцIалъи берцин гьабун букIараб гъотIода. Бицатаб рохти тIезабуна. Рихъ-рихъизарун, инжит гьарун, рухIун реххана гъотIол кьалбалги. ГъотIол ахирисеб, ракI унтараб угьи рагIана аскIор рукIарал гъутIбуздаги. Гьел тIуркIана, сородана, амма гьабизе кIолеб жо букIинчIо. Гьеб гъотIол къисмат гьединаб букIун бугилан, сабру гьабун чIана. Зани гIадин эхетун хутIана, чIаголъи лъугIараб, бухIараб, бихъ-бихъун чIалал рахъараб гъотIол рохти. Ракьулъ рукIарал кьалбаздацин гурхIун гьечIоан пири. БукIана гъветI – гьечIо гъветI! – ан, пашманго гьеб букIараб бакIалде ралагьун хутIана сверухъе мугIрул.
Заманалдасан магIил гIоралъ цадахъ бачун бачIараб гIадин бахъана ракълил гьури. Рахъ-рахъалде хъамун ана ццидал накIкIал. Зодир загьирлъизе лъугьана талихIалъул хъахIилал хурзал, рацIцIалъаби. ТIурун унел накIкIазда нахъасан, берал рухIиледухъ, гвангъун баккун бачIана бакъ. Кибго ханлъи гьабизе лъугьана хинлъиги парахалъиги. ЧIаголъун бачIана кинабго сверухълъиго. ГъутIбузда тIад роржанхъун кьурдизе, расандизе лъугьана хIанчIи. Гьез, гьунар тIокIал кочIохъабаз гIадин, ахIизе лъугьана хIикматал кучIдул, рачине лъугьана ракIал цоцазда къочизарулел бакънал. КигIан гьунар тIокIал композиторалха гьезда гъорлъ рукIун ругел!
Амма пири речIчIун бухIараб гъветI гIемераб мехалъ чIаголъичIо. Гьеб хутIана, мисалалъе тарихалъ нахъе хисизабичIого тараб Сталинградалда Павловасул рукъ гIадин. ГIемераб заманаялъ къалароан гьелда аскIоре, я хIанчIи, я цогидаб рухIчIаголъи. Цо-цо нусиречалъ речараб хъанхъра букIунаан бихъ-бихъараб рохтиялдаги бигъун, ахIмакъал тIутIал кколеб.
ЧIаголъиялъухъе гурони чIаголъи бачIунаро. Ана сонал. Пири речIчIун бухIараб гъветIалъул бихъ-бихъараб кьибилалъул цо чIилиялда чIаголъи хутIун букIараб къагIида, баккана гьелдасан цо чIор. Къо бихьун бижана гьеб ракъварал кьалбазул чIилазда гьоркьосан. Амма бижана. ХIубиги букIана, гIемерал захIмалъабигун къеркьеялъ кIичI-кIичIараб. Хъалги букIана, корониб гIемераб мех баялъ бухIун чIегIерлъиялде сверараб, кьватI-кьватIараб чед гIадаб. ГIаркьалабиги рукIана загIипал, тIанхалги рукIана кьергъварал. Амма бижана!
Зодибе накIкIул парча баханщинахъе гIодулаан гьеб. Гъугъаялъул гъулгъуди рагIанщинахъе сородулаан. Пири пирханщинахъе тIуркIулаан ва къухьун, тIепун унаан. Жиб бижараб кьолбол кьогIаб къисматги ракIалде щун, щакърахунаан ва магIу кквезе кIолароан гьелда. Хасго ракI ссудулеб асар гьабуна гьелъие цо накIкIул парча гIемераб мехалъ жиндихъ балагьун чIун бихьараб мехалъ. Гьеб букIана гьалъул кьалбазде доб пиридул хвалчен хьвагIараб накIкIул цо бутIа. Гьалда ракIалда букIана гьаб гъотIол къисмат. НакIкIул парчаялъул гъулгъулиялда гьоркьосан бичIчIизе захIмат букIинчIо: «ВахI, гьаниб гъветI букIине кколароан. Гьеб дица цебего бухIун ва щущазабун букIана» - ян абулеб калам.
Гьанже гьалда ракIалде щвана жиндие кьалбаздасан щун букIараб, гьез бицараб, пириялъ гьабуралъул ракI гъанцIизабулеб хIакъикъат. ГIемераб гIодана, ракIбакъваялъги ццидацаги заз-хъарахъ гIадин лъугьана. Амма замана индал, гIодобе биччачIого рес букIинчIо. ГIумру гьабизе кколеб букIана. Къо бихьун гIуниги, гъветI кIудияб гIуна. Гьелъул кумекалдалъун аскIор цоги-цоги чIоралги кIанцIана. ГIаркьалабиги кIанцIана. ТIанхалги парпадана.
ГъветI лъугьана гIаркьалабазда жиндирго ва жиндир кьалбазул кьогIаб къисматалъул бицине, гьезухъе кьолеб гIеналда (сокалда) цадахъ кьалбазул хасиятги, иман-ияхIги кьезе ва гьел сунда тIад рижаралали бичIчIизабизе. Кисса!!! ГIинцин тIамуларо гIаркьалабаз. ТIамхал шуршудула, релъанхъула. РоцIцIараб гуреб къоги бихьичIел, цIадалъги - гьумер чурун гуреб, зарал гьабичIел, пири-гъугъайги хъатIичIел гьезие, рохтиялъ бицунеб жо маргьулъун букIана. ГIаркьалабиги зоб гъугъараб мехалъ, роххун данде хьвагIолаан. ГIицIго рохти букIуна сородилеб. Гьелда кьалбазул къисмат гьебсагIаталъ ккараб гIадин цебе бачIуна. Кьибилалъги гьелда тIад бижараб рохтиялъги гIадин, пириялъ рухIун янгъизго гIумру гьабизе гIаркьалабазде ккечIелъул, гьезие ургъел букIинчIо.
КкечIолъини, хIакъаб жо, лъикI буго. Амма рохтиялда кинго бичIчIизе кIолеб букIинчIо, жиндир кьалбалги рихъ-рихъун реххун, жинда дунялалда букIаго жужахIалъул гIазаб чIамизабураб накIкIул парча гьоболъухъги ахIун, пиригун расандилел гогьдарилел гIаркьалаби рихьараб мехалъ, щиб гьабилебали. ГIаркьалаби лъикI ругилан боххизейищ боххилеб, кьалбаздаса гьел ратIа гьарураб тушмангун рекъон ругилан къварилъизейищ къварилъилебали. Хабалъейищ лъугьинеб, гьанжесеб гIумруялъе мутIигIлъун, кьалбалги кIочон тун, кьурдизейищ лъугьинеб? Щибго бичIчIулареб гIантаб ххвелищ гьабилеб? Бицун кьалбазда ва тIанхазда бичIчIиялде бугеб хьулги къо бахъанагIан мигьлъулеб буго. ЛъикIищ гьеб квешищалиги шакдараби рачIунел руго. Гьеле цо хIикматаб къисмат.
1921 соналъул цIорораб февраль
Россиялъул гIатIидал ракьазда гIумру гьабун рукIана гIадамал. Ракь кIудияб букIаниги, ракьалъ кьолеб хайиралда тIад бечелъи цояз жидеего цIикIкIун ккун, гьел бечелъун, цогидал мискинлъун, ращалъиялъулги ритIухълъиялъулги хIубал рекун рукIана. Бечедазда щвараб боцIи жидерго гьунарин ккун, мискинал инжитлъун рихьун, зулму-хIалалъул рахъ хIехьезе кIолелдаса цIикIкIун букIана.
Халкъалъул зур-зур гIемерлъидал, гьезие цебехъанлъиги гьабун, гьезие хIуригат (эркенлъи) бахъизе тIаде босула болшевиказ. Цоязухъа бахъулеб ва цогидазухъе кьелилан лъугьун ругелъул, кьал камилищха? БукIана гурхIел гьечIеб кьалги, рагъги. Цоял, жал ратухъе теян, цоял эркенлъиян, лъугьана кIудияб хIапу-чапур. Кинабго тарихалда хъван буго, такрар гьабун щай. Квеш ккараб жо буго эркенлъиялъе гIоло рагъулел большевиказги цо-цо бакIазда, цидае бокьараб гьабун, жидеца бицунелъул гIаксалда, зулму гьаби.
Рукъ биххулелъул бахъунеб хIурулги рохь гъурулелъул лъугьунеб цIулалхараялъулги хведералъулги бицинчIого тезеги бегьилаан. Амма Хунзахъ районалъул Гиничукь росдае 1921 соналъул квачараб февраль моцIалъул сордоялъ Тодорскиясул ва Самурскиясул аскараз гьабураб зулму хведер букIинчIо.
Тодорскиясул, большевиказда данде чIарал чагIи ругин гьеб росулъилан рагIарабго, кутакаб ццим бахъуна ва гьел, цохIо данде чIарал гурел, росуго ракьалдаса тIагIинабейин, киналго гIадамалги гъурейилан, амру гьабула. Гьесие мутIигIав Самурскияс гьеб амру ракI бацIадго тIубазабула.
ЧIвана руччабиги, лъималги, харабиги
Балагьги гьикъун бачIунаро. Парахатго кьижараб росу рогьалил какде ахIулеб будунасул гьаракь гьоркьоб къотIизабула кьвагьарал гIарадабазул хъуялъ. Щибго бичIчIуларел гIадамал рахъ-рахъалде рекерахъдизе лъугьуна. Росдада аскIор ругел санагIатал гохIаздасан кьвагьделел рукIарал гIарадабазул гьаракь лъалхъарабго лъазабула, киналго руччабиги 12 соналде рахинчел лъималги росулъа къватIире лъугьаян, бихьинал киналго чIван гурони риччаларилан. РачIун росулъегун солдатаз гIадамал чIвазе, рукъзал рухIизе, вахIщияб талавурчилъи гьабизе байбихьула. Руччабиги лъималги, чIвачIого хутIарал, тIурун, аскIор ругел росабалъе лъутула. Гьел, мадугьалихъ ругел росабазул гIадамазул гурхIелалъ жанире рачуна. Амма росулъ кьвагьа-гIанхъи гIемераб заманаялъ къотIуларо. ЧIван бак-бакIалде ран рукIуна лъималги, хералги, руччабиги. Руччабазул ретIелги ретIун тIуризеян 12 -13 сон бараб бихьинаб рухI лъугьаниги , солдатаз гьел тIад кколел ва чIвалел рукIуна. Солдатазул хъубал квераз квашичIого чи виччалев вукIунаро. Гьедин, чIваралъур цIорон, жаназаби рукъизецин риччачIогоги заман бала. Росулъе тIад руссине лъабго моцIидасан гурони лъиего изну кьоларо. АскIор ругел росабалъ гIакIабиги ахIун, киналго рахъун чIварал рукъула.
Заман индал ккана росулъе тIадруссунел. Сверухъ ругел росабазул сахаватчагIазул кумекалдалъун ва нахъе хутIарал лъималазул ва руччабазул ва гьеб балагьаб сордоялъ росулъ рукIинчIел жалго гинчадерил жигаралдалъун, санал анагIан росу буцIцIине лъугьана ва магIишаталде рана. Амма Гиничукье тIадвуссинчIо, гьеб балагьаб сордоялъ чIварал, 12-ялдаса 97-ялде щвезегIан гIумру бугел, 80 бихьинчи ва 10 чIужугIадан. Ва гьеб балагьаб сордоялъул асаралда, хадусеб кIиго соналда жанибги Гиничукь хвана кIикъоялда анцIгогIан чи.
ГIумру буго гIумру. Гьанжего гьанже гIумру гьабизе байбихьулеб бугин ккараб мехалъ, нахъойги бецIлъана гинчадерие гIумру. Гьаб нухалъ цохIо гьезие бецIлъун хутIичIо, бецIлъана киналго Совет хIукуматалда гIумру гьабун рукIанщиназе. Амма, жидер росулъа гьевгощинав чиги чIван бахъараб хIукумат цIунизе, росулъа, лъимер вукIун чIвачIого хутIарав, ва хадув гIурав 61 гIолохъанчи рагъде витIизе гинчадерие бигьаяб амру букIинчIо. Гьезул бухIи батIияб букIана.
ВатIан буго ВатIан. ГIумру рукIалиде ккезе хьул бижараб мехалъ гьеб теларилан лъугьарав тушман гинчадерие вокьизе рес букIинчIо. 29 гиничукьес жидерго хирияб рухI кьуна КIудияб ВатIанияб рагъда. 32 гIолохъанчи рагъдаса руссана орденал медалалгун ва сакъатлъарал рукьабигун бохдулгун, ругъналгун. 24 гиничукьев вахъана кадровияв офицерлъун.
Гьеб рагъда цого тушманасде данде рагъилел рукIана гинчалги, гинчадерида 1921 соналъул михир бачаразул цо-цоялги. Гьай-гьал гьел цоцада лъалел рукIинчIо. Гьеб лъикIги букIана. ВахIщияв тушманасдаса бергьине хIажат букIана цолъи.
РитIухъав наиб Инквачил Дибир…
Рагъ лъугIун хадубги ана сонал. Гинчал сундуего цогидал росабаздаса нахъе ккараллъун рукIинчIо. Гиничукьа цереги рукIана машгьурал гIадамал, ХIайдарбег-ХIажияв, Инквачил Дибир гIадал. Хадурги рахъана. ХIакъикъияв Аллагьасго учителлъун вукIине вижарав гIадав гIалимчиги, учителги, хъвадарухъанги ХIайдарбегов Мансур, Дагъистаналлда машгьурав гIалимчи, исламиялги дунялалъулги гIелмаби лъалев гIарабист, магIарул – гIурус ва гIурус – магIарул словарал, цIалул тIахьал рахъарав СагIидов МухIамадсагIид. Дагъистаналъул халкъияй, дунялалдаго машгьурай поэтесса Фазу ГIалиева, киналго рикIкIун хIал кIвеларо. Гинчадерил тарихалъул тIехь цIаланиги бичIчIула кинаб гьунар Аллагьас гьезие кьун бугебали.
Нахъеги парахатаб гIумру. Рагъалъ лъурал ругънал регъолел гIадамал. Гьездаго гьоркьор гинчалги. 70 абилел сонал. Хунзахъ ОРВКаялда военкомлъун хIалтIилев вукIана Гиничукьа ХIажиев МухIамад – Дибир. Гьесул заместителлъун хIалтIизе вачIун вукIана гIолохъанав лейтенант БакьайчIиса Мажидов АхIмадбег. Парахатаб гIумру, щивас тIубалеб жинди-жиндир иш. Амма МухIамад-Дибирил эбелалъул рекIелъ бикIун ва зама-заманалдасан ссудулеб букIана доб балагьаб сордоялъул ругъун. Гьелда ракIалда букIана гIарададул тIоцебесеб кьвагьиялъ жиндирго эмен чIвараб куц. ГIемераб мех иналде чIварай эбел. КIочене рес букIинчIо бихьанщинаб къо. ГIумру гьабулеб заманго букIана захIматаб, магIу ххун мичIчI кунеб. Амма гIезавуна вас. Гьев гьанже военкомлъун хIалтIулев вукIана.
Генерал-полковник Иван Чистяков: «Амру букIана, гIарадаги бан, росу тIубанго тIагIинабизе»
Военкомасухъе амру щвана, гIумру армиялъе кьурав херав рагъул генерал-полковик Чистяков Гъуниб районалда вугила, хадув Хунзахъеги вахине вугила, гьесда районги бихьизабейила гьоболлъиги гьабейилан. Гьеб гьабичIого военкомасул рес букIинчIо. Военкомасда генераласул хIакъалъулъ лъалеб жоги букIинчIо. МухIаммад-Дибирица гIагарал гIолохъабиги кумекалъе ахIун хъуна куй ва рокъой йикIарай хъизан Сайгибатида ва эбелалда тIад къана гьелъул бежа-белъун тадбир гьабизе, квен хIадуризе. Живго военкоматалде генераласда дандчIвай гьабизе вилълъана.
Генераласда дандчIвай гьабизе рачIун рукIана районалъул хIакимзабиги. Гьезда гьоркьов Хунзахъ райисполкомалъул председателлъун вукIарав ХIариколоса Сулейманов Каримулагьги. Генераласда цадахъ рукIана цогидал офицералги, генераласул чIужуги. Генераласул чIужу йикIана кар-рас гьурщарай, къокъай, чIинчIикъай, ригь арай йикIаниги, жигарай гIадан. Гьей йохун руччабаздаги бихьиназдаги батIалъи гьабичIого къочаризе лъугьана. Каримуллагь вукIана гьелда данде ккун цIакъго ворхатав. Генераласул чIужу къочизе гьесарай мехалъ Каримулагь гьебги бокьичIого, нахъе гьетIун, дагьавги ворхалъун лъугьуна. Гьелъухъа гьесда къочун бажаруларо. Сверун рукIаразда гьеб бихьичIогоги хутIуларо.
Генераласеги чукъа-рахьаналъеги магIарул букIунеб гьоболлъи гьабула. Гьел тIоритIиялъул квен-тIех гьабизе, сурпа гIуцIизе пикру ккола бекьечIдерил ДолахIари иццухъ. Гьениве цудунго военком МухIамад-Дибирги ун, генераласда тIалъиялъул росаби рихьизарулев, гьесда цадахъ вукIуна заместитель Мажидов АхIмадбегги. Циндаго Гиничукь росулъехунги валагьун, генералас, гIажаиблъи гьабун, абуна: «Гьадаб росу гьадаб бакIалда букIине кколароан. Дун, гIолохъанав лейтенант, вукIана гьадаб кIиябго гохIда рекъезарурал гIарадабазул командирлъун. Амру букIана росу, гIарадаги бан, тIубанго тIагIинабизе. Гьабунги букIана. ГамачIалда гамачI лъураб рукъ тун букIинчIо. Феникс гIадин, цIадулъан баккун бачIун буго гьаб. Гьаб гьаниб букIине кколароан».
АхIмадбегица гьелда гIажаиблъи гьабула. Гинчал гъуриялдасан байбихьараб гьев рагъухъанасул карьера КIудияб ВатIанияб рагъулъ генераласул чиналде бахун буго. Генералги чукъбиги ДолахIариреги ритIун АхIмадбег, МухIамад-Дибирил амру тIубан, гьесул рокъове хъураб жоялъул квен босизе вилълъун вуго. Гьесда разиго дандчIван йиго МухIамад-Дибирил эбел. Пикруго гьабичIого гIолохъанав АхIмадбегицаги гьелда, генералас гьаб росу гьаниб букIине кколароанин, жинца гIарада бан биххизабун букIанилан абунин бицун буго. Гьеб мехалъ МухIамад-Дибирил эбелалъул гьумер кьерхараб куц бицун бажаруларо. Гьей агьиялда гIодизе лъугьуна. АхIмадбег гьей гIодой юссинайизе лъугьуна. Гьесда жиндирго гъалатI бачIинахъего бичIчIула. ХIалицаго гIадин, кIалъазе кIолеб хIал гьелъул лъугьараб мехалъ гьелъ абула: Кинха, дир вас, дун гIодиларей, гьесул гIарададул тIоцебесеб кьвагьи рагIарай нугI йиго дун. ТIоцебесеб кьвагьиялъго чIвана дир эмен. Хадуй чIвана эбелги. Гьеб букIана бищун дида дунялалда бихьараб ва кIочон толареб балагьги вахIщилъиги. Гьев тушманасе хъун куйгун квен гьабун буго дица. Гьесие гьоболлъиги хъулухъги гьабулев вуго дир вас. Гьелдаса чара къосараб жо щиб букIинеб, - илан нахъойги чваххун тIезе лъугьана эбел. АхIмадбегилги ракI махIги лъикI букIунаро. ХIаллица эбелги гIодое юссинаюн, МухIамад-Дибирил хъизаналъ кьураб квенги машинаялда лъун АхIмадбег ДолахIариве уна.
АхIмадбегил гьалбадеридехун цебе букIараб гьуинлъи букIунаро, гIемерисеб вуцIун чIун вукIана. МухIамад-Дибирида лъалеб жо букIинчIо. ТIоритIула гьалбал. ТIалъиялда хисараб жо букIинчIо. Амма Гиничукьа эбелалъул гIемерал саназ ссудилеб букIараб рекIел ругъун, цIидасан рагьун, бида бецIцIун, чваххулеб букIана. МухIаммад-Дибиридаги росдал балагьаб тарих лъаларого букIинчIо. Гьабизе бегьулеб ва кIолеб жо букIинчIо. Гьелъие битIараб хIакъаб къимат кьезе хIукуматалъеги къваригIун букIинчIо. Кьеялъцин кьелеб жоги лъалеб букIинчIо. Гьев генераласул рокъобе гьединабго балагь биччаялъул гьанже магIнаги букIинчIо.
Киналго доб дунялалде ана. МухIамад-Дибирги, эбелги, цогидал доб балагьаб хIужа, бицалъ гуреб, хIакъикъаталда лъалелщиналги. Генералги хвана. Гьанже киназго жаваб, ритIухъав Судиясда, Аллагьасда цебе кьеларищха. Балагь бачаразе дандрекъон кколеб гIазабги, балагь бачIун хIехьаразе, данде кколеб ужраги кьезе кIолев Аллагь гурони гьечIелъул, Аллагьас рекъезабеги. Ракьулъе арал зулмучагIазе гIадлу гьабизе лъугьин, нилъерго ракIалги унтизарун, нилъеего тамихI гьабиялде сверизехъин буго. Аллагьасде рехун тун лъикIин ккола дида. Гьеб пикру къабуллъуларелги рукIина. Къисматгун рагъун щибха ккелеб?
Зулмуяб амру тIубангутIи – бахIарчилъи
Дарсал росизе бегьила, лъалеб бугони: хIалкIун зулмуяб амру тIубаларин чIезе бахIарчилъи букIине кколеблъи. Чияе зулму гьабилалде, нилъеего гьабуни щибдай букIинаян пикру гьабизе ккей. Кинаб хъулухъалда вукIаниги, чиналда вукIаниги, лахIтуялъул карцералъув тIамуларев ва жаваб кьезе тIаде кколарев чи вукIунаревлъи лъай ва гIемерал цогидалги.
Аллагьас зулмуялде гъоркье ккаразул мунагьалги чурун, алжаналда бакI гьеб кIочон толеб кьеги. ЗулмучагIи роххун тогеги. Къисматги Аллагьас лъикIаб гурони кьогеги, къадарги лъикIаб хъван батаги. ГIумру щивасул иманалда, Аллагь разилъулеб гIамалалда аги. Нилъер тIалъиялъул жавгьаразда, нилъер росабазда, баракат лъеги. Ракълилаб гIумру хвезабичIого хадусел гIелалги таги. Чучулареб ццим кьогеги, чурулареб мунагь ккогеги, нилъедалъун чидае зарал ккогеги, чи тушманлъун ккараб къо бачIунгеги! Исламияб вацлъиялда нилъ киналго даим гьареги! Амин!
Автор: Шамил МухIидинов
Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала