Авторизация

Иххица араб магIишат


РикIкIадасаб, чияраб чиясе балагь гьечIо


Иххица араб магIишат


Горогун бараб чвахунцIадалъ лъугьинабураб иххица росун ана 51 хIайван, 4 машина, 8 мотороллер, зарал ккана нусидаса цIикIкIун минабазе, хвана пихъ


2019 соналъул 9-абилеб маялъул бакъанида речIчIараб кутакаб чвахунцIадалъул хIасилалда Бакълъулазул мухъалъул чанго росдае кIудияб ками ккана. Бакълъулазул районалъул бетIер ХIажимурад МухIамадовас данделъи тIобитIана, гьеб тIабигIияб балагьалъ гьабураб заралалъул суал цебе лъун.


Комиссиялъул ункъо къокъа


   2019 осналъул 13 маялда районалъул администрациялда тIобитIана горо-цIергун чвахун цIадалъ, кIкIабатIгун иххаз гьабураб заралалъул ва гьеб рукIалиде ккезабиялъул суалгун данделъи.


   Данделъи рагьана ва бачана Бакълъулазул районалъул бетIер ХIажимурад МухIамадовас. Муниципалитеталъе нухмалъулес къокъго бицана тIабигIияб балагьалъул хIасилал лъугIизариялъул бугеб хIалалъул  ва Дагъистан Республикаялъул бетIер Владимир Васильевас, МугIрузул улкаялъул районалъул бутIруз, росабазул вакилзабаз гьабураб кумекалъул хIакъалъулъ.


   «9 маялда къуватаб чвахун цIадалъ, горо-цIералъ, иххаз Бакълъулазул районалъул чанго росуялъе зарал гьабуна. Гьединаллъун ккола Гъоркь Инхо, ТIад Инхо, Килалъ, ЧIикь, ИчичIали, ЛъаратIа, Ингишо росаби, «Сельсовет “Арадирихский”», «Сельсовет “Игалинский”», «Сельсовет “Мехельтинский”» росабазул поселениял. Бищун цIикIкIун зарал Гъоркь Инхо росдае ккана.

   Бокьун буго баркала загьир гьабизе Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевасе, киналго федералиял ва республикаялъулал ведомствабазул нухмалъулезе ва хIалтIухъабазе, къварилъиялде ккаразе хехаб кумек, ахIвал-хIал рукIалиде бачиналъе  тадбирал гьаруралъухъ.

   Бищун аслияблъун ккола гIадан хвеялъул хIужа ккечIолъи, тIабигIияб балагьалъул хIасилал лъугIизаризе кIола. Бакълъулазул районалъул администрация хIалтIулеб буго федералиял, республикаялъулал органазулгун щулияб бухьен ккун, зарал ккарал гIадамазе компенсация щвеялъе хIажатал документал тIураялда тIад. 12 маялда Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильев, тIабигIияб балагьалъ къварилъи кьураб зонаялде вертолеталда воржана ва гьениб бугеб хIал бихьана. 11 маялда районалде бачIана оперативияб къокъа ДРялъул бетIерасул ва ХIукуматалъул Администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановасул бетIерлъиялда.

   Гъоркь Инхор риххарал бакIал, жаниб яшав гьабизе бегьиялда арал минаби руго. Щибаб хъизаналъул масъалаби дагь-дагь ккун тIуразаризе ккола. Республикаялъул бетIерас рахъккуна, чвахун цIадазул лъим гъоркь инхдерил минабахъе кIанцIиларедухъ цояб рахъалде лъим чвахизабиялъул предложениялъул. Гьеб проект гIумруялде бахъинабизе бегьула ДРялъул тIабигIаталъул министерствоялъ.

   Щибаб къоялъ къварилъи ккарал росабалъ хIалтIулеб буго районалъул администрациялъул КЧСалъул 4 бригада, щолел руго рукъзабахъе, халгьабулеб буго кигIан зарал ккун бугоян, къабул гьарулел руго гIарзаби, кумек гьабулеб буго компенсация щвеялъе документал хIадуризе», - ян абуна ХIажимурад МухIамадовас.


   Федералияб казначействоялъул управлениялъул Гумбеталда бугеб № 19 отделалъул нухмалъулев ТIад Инхоса АхIмад Мансуровасги баркала кьуна республикаялъул ва районалъул нухмалъулезе, инхдерие кумек гьабуразе.


Кьураби тIезе рес руго…


   Районалъул бетIерасул заместитель МухIамад Хъарагишиевас бицана росабалъе газ бачиналъул иналъул ва цогидалги кIвар бугел суалазул. ЦIадал ран МахIачхъала-Кьохъ шагьранухлул 107-абилеб км Гъоркь Инхо ва Кьохъ росабазда гьоркьобакIалда нухде гамачI-ракь ччукIкIун бачIана 12 маялъул къаси сагIат 9-ялда. «Гумбетовское ДЭП № 10» ОАОялъул техникаялъ сагIатгун бащдалде республикаялъул кIваралъул шагьаранух бацIцIад гьабуна ва автотранспорт хьвадизе рес щвана. Гьениб хутIун букIараб 30 ялдаса цIикIкIун машина цебехун ана. Хасавюрт-Кьохъ шагьранухлул 48 – абилеб км ХIаримагIарда машинабазул хьвади гьоркьоб къотIун букIана ракь ччукIун. Гьеб нухги рагьизабуна ракь нахъеги хъван. 12 маялда къасимехалъ Гъоркь Инхо – Гьарадирихъ ва Гъоркь Инхо – ЧIикь нухаре рачIана чIахIиял ганчIал.  Транспорт хьвадиледухъ чIедерабго нух гьабуна, авария ккелареб хIалалъ гьел нухал жакъа къачIазе руго», - ян абуна нухазул идараялъул нухмалъулев Малачи Сурхаевас.


   13 маялда «Гъоркь Инхо» росдал поселениялъул администрациялда бугеб районалъул администациялъул КЧСалъул штабалде вачIана ДРялъул «Дагестан. Берегозащита» ГКУялъул нухмалъулев Абакар МухIамаев. Гьес хIисабалде босун буго тIабигIиял балагьал гьукъиялъе, гIадамазул сахлъи цIуниялъе тадбирал гьаризе кколеб чанго росдал халгьабизе. Бакьулъ Гьарадирихъ росдада тIаса бугеб кьуро лъеца жагъал гьабулеб буго ва росдада тIаде тIун бачIиналъул хIинкъи буго. Гьединго МелъелтIа аслияб школалда тIаде тIезехъин буго кIиго кIудияб гамачI (гирицI). Халгьабизе буго Лъанлъарибе унеб кьоялъул, ЧIиркъатIа росдада аскIоб МахIачхъала – Болъихъ нух гIоралъ чурун унеб бакIалъул.


   13 маялда районалъул администрациялъул КЧСалъ обходал гьаруна гIадамазул рукъзабахъе, цебе букIараб къадар 30-ялъ цIикIкIана. Гъоркь Инхо зарал кканин гIарза кьуразул къадар 160 чиясде бахана. КIиябго Инхо росабалъ хIалтIулеб буго 4 бригада.


     Данделъиялда рехсана зарал ккаразе кумек гьабун кьезе районалъул бетIерасул резервалъулаб фондалдаса гIарац батIа гьабиялъул суал. ХIукму гьабуна гIадамазе ханжуялдалъун ва тIоцебесеб хIажалъиялъул кванил нигIматаздалъун кумек гьабизе. Районалъул администрациялъул хIалтIухъабаз цо къоялъул гIарац кьолеб буго. Эргъвендерида хадубго гьарадирицаги бакIарана 80 азарго гъурущ, мадугьалихъ бугеб росдал гIадамазе кумек гьабун кьезе.


   Данделъиялъул хIасилал гьарун, районалъул бетIер ХIажимурад МухIамадовас, киналго ахIана цадахъ рекъон хIалтIизе, тIабигIияб балагьалъул хIасилал лъугIизариялъе ва гражданазул цогидалги масъалаби тIуразариялъе гIоло.


Зарал борциналъул суал


     Дагъистан Республикаялъул бетIер Владимир Васильевасул тIадкъаялда рекъон, 11 маялда Бакълъулазул районалде бачIана оперативияб къокъа, ДРялъул бетIерасул ва ХIукуматалъул Администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановасул бетIерлъиялда. Гьеб къокъаялда рукIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул тIоцевесев заместитель СайгидахIмад АхIмадов, ДРялъул ХIукуматалъул председателасул заместитель Рамазан Жафаров, МугIрузул территориалияб округалда Дагъистаналъул бетIерасул ихтияр кодосев вакил МухIамад Камилов, гIадатияб гуреб ахIвал-хIалалъул (ЧС) рахъалъ министр Нариман КазимухIамадов ва цогидалги.


   Гьез халгьабуна горо-цIергун чвахун цIадал ран, иххал рахъун тIабигIияб балагьалъ зарал кьурал минабазул, социалиял учреждениязул.

   Хадуб РДялъул бетIерасул ва ХIукуматалъул Администрациялъул нухмалъулес гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевасул нухмалъиялда тIобитIараб гIадатияб гуреб ахIвал-хIалалдаса цIуниялъул ва зарал рукIалиде ккезабиялъул, цIаялдаса хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул комиссиялъул данделъиялда видеоконференциялда. Данделъиялда Дагъистаналъул бетIерасухъе щвезаруна Бакълъулазул районалда бугеб ахIвал-хIалалъул, тIабигIияб балагьалъ кьураб зарал рукIалиде ккезабиялъе гьарулел ругел тадбиразул хIакъалъулъ баянал.


   Бакълъулазул районалъул бетIер ХIажимурад МухIамадовас бицана 9 маялда горо-цIергун, къуватаб гьуригун рарал чвахун цIадаз кIудияб зарал кьун бугин районалъеян.


   «Нижер районалъе захIматал гьал къояз, горо-цIергун чвахун цIадал ран, кIкIабатI гъорлъгун иххал рахъун, муниципалитеталъул росабазе тIабигIияб зарал кьедал, нижер рахъккун гIемераб хIалтIи гьабулеб буго республикаялъул нухмалъулез ва Дагъистаналъул халкъалъ. КIалъаялъул байбихьудаго ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабула, рагIудалъунги ишаздалъунги тIабигIияб балагьалъул хIасилалда ккараб зарал рукIалиде бачиналъе кумек гьабулел ругезе. Республикаялъул нухмалъи байбихьудасаго жавабчилъигун ралагьулел руго нижер къварилъабазде, киналго ведомствабазда ва хъулухъалъулал идарабазда лъазабун буго тIабигIияб балагьалъул зарал рукIалиде бачиналъе кумек гьабеян», – ян абуна ХIажимурад МухIамадовас.


   «10 маялда, тIубараб къоялъ республикаялъул министерствабазул, гIуцIабазул вакилзаби хIалтIана тIабигIияб балагьалъ зарал кьурал росабалъ. АнцI-анцI чи кIалъана рахъкквеялъул ва кумекалъул квер бегьизе хIадур рукIиналъул хIакъалъулъ. Баркала буго киназего Гумбеталде лъикIаб бербалагьи, нижер тIалаб-агъаз, ургъел гьабуралъухъ, тIабигIияб балагьалъул зарал рукIалиде бачине кумек гьабизе хIадур рукIиналъухъ. Горо-цIергун бараб чвахун цIадалъ, кIкIабатI гъорлъгун иххал рахъун зарал кьун буго Гъоркь Инхо, ТIад Инхо, Килалъ, ЧIикь росабазул поселениязе, шагьранухазе ва цогидаб магIишаталъе. ХIалтIулаб комиссиялъ щибаб цIаракиялда халгьабулеб буго ккараб заралалъул», – ян абуна муниципалитеталъул бетIерас.


   Росабалъ цIикIкIараб зарал ккун буго росдал магIишаталъе, гIадамазул минабазе. Нусидаса цIикIкIун мина буго батIи-батIияб роценалъул зарал ккараб, лъим кIанцIана футбол хIалеб байданалде, иххица ана 51 хIайван, жагъал гьабуна мажгит, хвезаруна трансформатор, кIиго бакIалдасан лъим бачарал рогIрал, 1,5 км манзилалда шагьранух.


   ЛъаратIа-Ингишо шагьранух 2 км. манзилалда, Ингишо росулъ жанисеб нух хвезабуна, горо-цIералъ пихъил ахазе зарал кьуна,  кIиго мина жагъаллъана.


   Гьебго къоялъ районалъул администрациялда, Владимир Ивановасул нухмалъиялда, тIобитIана активалъул данделъи. Владимир Ивановас жавабиял хIалтIухъабазе тIадкъаял кьуна ккараб заралалъул къадар хехго лъазабиялъе хIалтIи гьабеян.


   «Гъоркь Инхо росулъ азбаразда горо-цIералъул гохIазул борхалъи 70 см бахана. Бихьулеб буго гьеб росуялъе тIабигIияб балагьалъ цIикIкIараб зарал гьабун букIин. ГIадамазе кумек гьабиялъе, рахъкквей букIиналъе, захIматаб ахIвал-хIалалдаса гьел рорчIиялъе кинабго хIажатабщинаб гьабизе ккола. Россиялъул МЧСалъул Дагъистаналда бугеб ГУялдасан кIола, гIадамазе лъим гIолеб гьечIони, 12 тонна гьекъолеб лъим унеб  транспорт бачIинабизе. Росдал гIадамаз лъабго сордо-къоялъ гьалараб яги шушбузда жаниб бугеб лъим гурони хIалтIизабизе бегьуларо, Роспотребнадзоралъул управлениялъ лъел анализ гьабулеб буго. Хадуб баян гьабизе буго гьеб лъим гьекъезе бегьи-бегьунгутIи. Электроканлъи рукIалиде бачана, кванил нигIматал ругел объектазе зарал ккечIо.


   Гьарула гьоркьоса къотIичIого гIадамазда гьава-бакъалъул хиса-басиязул баян лъазабеян», – ян абуна Владимир Ивановас.


ТIабигIияб балагь ккаразе – кумекалъулаб квер


   9 маялъ сагIат 18:05 ялдаса гIадатияб гуреб ахIвал-хIал лъазабураб Бакълъулазул районалъул гIадамазе дагъистанияз кумек гьабулеб буго. 12 маялда цIикIкIун зарал ккараб Гъоркь Инхо росулъе, Лаваша районалъул бетIер Шамил Дабишевасул хIаракаталдалъун, КамАз машинаялда бачIана шушбузда жанибе тIураб лъим.


    Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъ халгьабулеб буго Гъоркь Инхо росдал гIадамаз пайда босулеб лъел. Гьелъул анализ гьабун лъугIизегIан, инхдерие лъикIаблъун бихьизабун буго гьалараб яги шушбузухъе тIураб лъим хIалтIизабизе. Лъел анализ ва экспертиза гьабизегIан, заманаялъе къан буго «Гьими» ясли-ах. Спортзалалъул тIохалъеги зарал ккана тIабигIияб балагьалъ, гьенибе жанибе цIадал лъим чвахана ва гугарулел ургал, спортивияб къайи ва цогидабги биччана.


   Зарал ккаразе финансовияб кумек гьабулеб буго. Эргъвендерица бакIарана 100 азарго гъурущ ва зарал ккаразе бачIана, цIакъго хIажатал ишазе пайда босизе. Гьарадирицаги битIун бачIана 80-азарго гъурущ. Россиялъул МЧСалъул ДРялда бугеб ГУялъул хвасар гьарулез кумек гьабуна рукъзабахъе, азбаразде бачIараб кIкIабатI, горо-цIер, рищни-къул нахъе баччизе. Гъоркь Инхо росулъа 140 чияс, ТIад Инхоса 51 чияс гIарза хъвана ккараб заралалъул хIакъалъулъ.


   10 маялдаса хIалтIулеб буго, Россиялъул МЧСалъул Дагъистаналда бугеб ГУялъул нухмалъулесул заместитель подполковник Муслим Девришбековасул нухмалъиялда, МЧСалъул оперативияб группа. МЧСалдасан 14 чи ва техникаялъул 4 единица, гIадатияб гуреб ахIвал-хIалалъул республикаялъулаб системаялдасан 11 чи ва техникаялъул 3 единица хIалтIулел руго.


   Цереккунисел баяназда рекъон, ГIандигIорулъе иххица централияб къотIноса ун буго 4 тIадагьаб автомашина, 8 мотороллер, 50 ялдаса цIикIкIун хIайван.


   12 маялда Дагъистан Республикаялъул бетIер Владимир Васильев чвахун цIадалъ зарал кьурал районазда ва росабазда, гьездаго гьоркьоб Гъоркь Инхо росдада тIадги вертолеталда воржана.


   Бакълъулазул районалъул бетIер ХIажимурад МухIамадовас бугеб хIал жиндирго хъаравуллъиялде босун буго ва баркала загьир гьабулеб буго къварилъиялде ккарал бакълъулазул ургъалида, тIалаб-агъазалда ругезе.


   «Горо-цIергун чвахун цIадал ран, кIкIабатIгун иххал рахъун зарал ккарал бакълъулазе жиндир заманалъулаб рахъкквей ва кумек щвана республикаялъулаб нухмалъиялдасан. Баркала кьола ДРялъул бетIер Владимир Васильевасе, тIабигIияб балагьалъул зарал рукIалиде ккезабиялде кIвар буссинабуралъухъ. Республикаялъул гьеб иш тIаде кколел министерстваби ва ведомстваби районгун хIалтIулел руго. Районалде рачIана ДРялъул бетIерасул ва ХIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов, цо-цо министрал ва цогидалги жавабиял хIалтIухъаби. 12 маялда Лаваша районалдаса гьекъолеб лъим, ГIахьвахъ районалдаса лъим баччулеб машина бачIана. Гьел районазул бутIрул Шамил Дабишевасе ва МухIамадзагьид Муслимовасе, цогидал районазул ва росабазул жамагIатазе баркала буго гьабураб кумекалъухъ», – ян абуна ХIажимурад МухIамадовас.


ТIабигIияб балагьалъул къурбаназе пачалихъалъ зарал бецIизе бугилан абулеб буго хъулухъчагIаз. Заманаялъ бихьизабила кин ккелебали.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +8
  • Нравится
Оставить комментарий
о чем стихотворение н а некрасова железная дорога http://www.openkrokzo.ru на какой слог падает ударение в слове каучук sensorfaq.ru https://www.snotolkovatelnyi.ru какой новый титул принял иван 3 webgraal.ru https://www.openkrokzo.ru какой товар производят предприятия легкой промышленности mirtetriks.ru https://www.frutilupik.ru к скольки или ко скольки как пишется


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook