Авторизация

Ахириялги гуро аваразул яхIалъул


Къалам, дуца щуре…


Ахириялги гуро аваразул яхIалъул


«Миллаталъул» агьлуялде хитIаб


Ассаламу гIалайкум, магIарулал, «Миллат» газета цIалулелщинал! ТIоцебесеб иргаялда, кIудияб баркала загьир гьабула нужее – нилъер миллияб суалалъ рахIат хвезабулел, халкъалъул мацIалъулги, цIаралъулги, къисматалъулги, тарихалъулги, адабияталъулги, маданияталъулги ургъел бугел унго-унгоял миллатцоязе, саламатал аваразе! Нилъер халкъалъул яхIлъун лъугьараб «Миллат» басмаялъул кагътилаб къагIида бахъи чIезе толеб буго, редколлегиялъул хIукмуялдалъун. Гьелъие ккарал гIиллабазул бицен гьабун буго газеталъул гIуцIарухъан МухIамад БисавгIалиевасул макъалаялдаги. Цадахъ хIалтIарал соназ нилъеда кIвана таманал суалал рорхизе, гIемерал кIвар бугел ишал, проектал гIумруялде рахъинаризе. Жакъа «Миллат» къаниги, нилъер бахIарчияб ва гIакъилаб халкъ буго ва, Аллагьасул хъваялдалъун, букIинеги буго.


Цоги нухалъ кIудияб баркала загьир гьабулеб буго нижер мухъал цIализе, гьезул магIна босизе, нилъер халкъалда хъинтIулелщинал масъалабазда гъорлъе лъугьине нужеца, «Миллаталъул» гьудулзабаз, бахъараб хIаракаталъухъ. Аллагьас нужер гьеб бацIцIадаб нигатги сахаб гIамалги къабул гьареги. «Миллат» хъвазе харж гьабураб щибаб капекги садакъалъун батаги, цIадирабазул лъикIаб рахъалдеги ккезабеги.


Бигьаяб иш букIунаро эркенал пикрабазул гIадамазе цо годекIанисан, цо трибунаялдасан кIалъазе, цоцазда ричIчIизе, цадахъ хIалтIизе. Кин букIаниги, микьго соналъ «Миллат» газеталъул редколлегиялда гъорлъ хIалтIана магIарулазул жавабиял, иш лъалел, машгьурал хIаракатчагIи. «Миллат» басма гIуцIи бигьаяб жо букIинчIо. Гьелдасаги захIматаб иш кколаан 8 соналъ гьеб газета къватIибе биччай. Газета бахъиялъул аслияб бакIлъи тIаде ккана гьеб гIуцIарав чиясда – магIарулазда лъикI лъалев журналист, хъвадарухъан, Дагъистаналъул маданияталъул мустахIикъав хIаракатчи МухIамад БисавгIалиевасда.


Баркала буго гьал соназда «Миллаталъулгун» гIаммал проектазда, ишазда гIахьаллъаралщиназеги. Нилъер бахIарчияб тарихалъул бицунел макъалабигун, гара-чIвариялгун «Миллаталъул» гьурмаздасан нилъер халкъалда кIалъана тарихчагIи ШагIбан ХIапизов, Тимур Айтберов, МахIач Мусаев, «Адабияталъул сагIат» абураб телеочерказул проекталда гIахьаллъана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул, РАНалъул ДНЦялъул МацIазул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул гIалимзаби ва цоги хIаракатчагIи. Редакциялде гIемер рачIунаан авар мацIалъул мугIалимзаби, цIалдохъаби, халкъалъул агъаз бугелщинал гIадамал.


2011 соналда рагьаралдаса щибаб номер «Миллаталъул» букIана унго-унгояб къеркьей – авар миллат рихаралщинал къуватазда данде, квешлъиялда данде, тIекълъиялда данде.  Жакъа газеталъ, жиндир роржен гьоркьоб къотIизабун, магIарул кьурда рещтIен гьабуниги, авар миллаталъул яхI хутIизе буго, гьеб щула гьабулел, халкъ цебе бачунел гIадамалги камизе гьечIо, иншаАллагь.


«Миллат» басмаялъул номеразул цIех-рех гьабун, диссертациял хъвалел къоялги рукIина. Гьаб басма ана тарихалде мустахIикъаб куцалда, гIагараб халкъалъе унго-унгояб хъулухъги гьабун.


«Миллаталда» сверухъ рижун рачIана нилъер халкъалъе кIвар бугел гIуцIаби – МагIарул мугIалимзабазул ассоциация ва Авар басмабазул цолъи. Нилъер миллатцояз гIумру гьабулел районазда ва шагьаразда 15-гIун газета бачIуна авар мацIалда. Гьезулгун ва республикаялъул басмабазулгун хIалтIи гьабулеб идара ккола Авар басмабазул цолъи. Аллагьас хъван батани, гьеб цолъиялъул ва мугIалимзабазул идараялъул хIаракат жеги цебетIезабизе буго.


Авар мацIалда хъварал регIерал макъалаби, лъугьарал харбал, кучIдул ва цоги мухъал ритIизе бегьула нижехъе «Аварпресса.ру» ( http://avarpressa.ru/) сайталде. Пайда босизе бегьула гьал мухъазул авторасул электроннияб адресалдасанги: araderih@mail.ru. Аллагьас хъван батани, лъикI лъугьарал нужер пикраби ва рекIел асарал гьеб сайталда рахъизе руго.


«Миллаталъ» гIумруялде рахъинаруна « МагIарулазул росаби», «Тарихалда лъалкI тарал магIарулал», «Балъгояб даптар», «Аваразул пашманлъи – авар мацI лъачIел лъимал» ва цоги гIемерал, нилъер халкъалъе бергьун кIвар бугел проектал, ишал. Гьезул цо-цоязухъ нуж ралагьизе бегьула «Ютуб» видеохостингалда гьаб адресалда: https://www.youtube.com/channel/UCYry9AanrFtw7JR4qV0_m_A/videos?view=0&sort=dd&shelf_id=1


«Миллаталъул» хIакъалъулъ бицана редколлегиялъул гIахьалчагIаз нилъер улкаялдаги улка бахун къватIирги рукIарал форумазда, фестивалазда, конференциязда, данделъабазда. «Миллат» букIана хIакъаб рагIиялъул, магIарул къвакIиялъул ва гъварилъиялъул басма. Пикру бугел гIадамаз, тIад-тIад руссун, цIалула газеталъул подшивкаби. Нижер редколлегиялда хIалтIана гьунар кIудияв хъвадарухъан, публицист, драматург ГъазимухIамад ГъалбацIов ва цоги нилъедаса арал магIарулазул маданияталъул хIаракатчагIи. Аллагьас гьезул мунагьал чураги. МагIарул халкъалъеги лъикIабщинаб хъван батаги Аллагьас.


«Миллаталъе» нух битIаги тарихалда гъорлъе. Гьабурабщинаб хIаракат лъикIалъеги хъван батаги. Баркала киназего. Аллагьасул цIобалъ цIунаги нилъер халкъ. Амин.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +21
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook