2019 соналъул 16 декабралда Х1акъикъат казияталъул редакциялде данделъун рук1ана Маг1арул Маданиябгун Адабияталъул Автономиялъул нухмалъулелги маг1арул интеллигенциялъул вакилзабиги, миллаталъул ургъел бугел цогидал жигарчаг1иги. Гьениб аслияб суал бук1ана Автономиялъул нухмалъулев Шаг1бан Х1апизовасул (Маркъо Шаг1банов) жив х1алт1удаса эркен гьавеян абураб г1арза гьоркьоб лъей ва ц1ияв нухмалъулев вищи. Маркъоца жиндирго х1алт1ул х1исабги кьуна ва г1елмияб х1алт1иялде к1вар кьезе бокьун бугин гьарана. Гьеб гьариги къабул гьабун данделъараз ц1ияв нухмалъулесда ц1ар ч1вана. Профессор Мух1амадов Мух1амад Ибрагьимович киналго т1ад рекъон гьеб х1алт1уде вищана.
Гьал киналго соназ Авар Автономиялда цадахъ рекъон х1алт1и гьабуна Маг1арул мац1алъул учительзабазул Ассоциациялъ ва Маг1арул СМИ-ялъул Ассоциациялъ.
Нижеца рак1-рак1алъ баркулеб буго Мух1амадида гьеб хъулухъ. Кинабго гьабулелъе ниж дуда аск1ор руго Мух1амад. Аллагьас квербакъайги.