Авторизация

Инсанас гIамал-хасият лъикIлъизабиялъул бицунеб пайдаял калимабазул тIехь

[1]Гьаб тIехь хъваялде дун кантIизавуна кIудияв гIалимчи Абубакар-хIажи ГIаймакиясул гьитIинабго «МажмугI ал-авбаш» (Лъавукъазе мажмугI)[2] абураб тIехь цIалиялъ. Жегиги «Ал-Минан»[3] абураб тIехьалда хъван батараб жоялъги. ТIадегIанав Аллагьас тавпикъ кьеги киназего, хъвараб жоги пайдаяблъун гьабеги, рагIа-ракьан гьечIеб Аллагьасул рахIмуги рещтIаги киназдего. Амин!


«Ал-истислахI» гьеб ккола «битIизабиялде хIаракат бахъи» абураб магIнаялъул рагIи. «Ал-истифсад» – «хвезабизе хIаракат бахъи» абураб  гIаксаб магIна жинца кьолеб раг1и ккола. БатIайисахун абуни, инсанас жиндирго гIамал-хасият кIварабгIан къадаралда лъикIлъизабиялде хIаракат бахъи, гьеб лъикIлъизаби[4] абураб магIна. /гь.1а/


Аллагьасул цIаралдалъун байбихьула, Жив дунялалда муъминзабаздаги капураздаги гурхIулев, ахираталда муъминзабазда гурони гурхIуларев.


Бищунго хирияб свалатги саламги лъеги цIакъго тIадегIанал гIамал-тIабигIатал кьун Аллагьас жив вижарав, нилъер саййид МухIаммад (с.т.гI.в.) аварагасда, гьесул агьлу-хъизамалда, асхIабзабазда ва гьесда нахърилълъараздаги.


Гьелда хадуб:


Гьаб буго ТIадегIанав Аллагьас дие кьурал нигIматазул къокъабго баян. Дица гьаб данде гьабуна, кив вугониги ва кидал бугониги инсанас жиндир гIамалги ниятги лъикIлъизабураб мехалъ щолеб лъикIаб хIасилалъулги, гьелда тIад балеб пихъалъулги пикру гьабизе бокьарасе ракIалде щвезабилъунги ва квербакъилъунги жиб букIине. Жив квешлъи бокьаразул гIайибалдасаги тIадецуялдасаги хIинкъичIого, бакIги заманги цIехечIого, жинца ракIги чIезе гьабун, захIмалъабаз квалквал гьабизе кколарин дидаго бажарулеб жоялъейин абун. Жеги жиндир ракIги чIарав, цогIаги жо рагIа-ракьанде щун тIубазабизе бажаруларинги абун, гьеб ишалде гъорлъе лъугьунарев чиясулги гIузру къабул гьабизе мустахIикъаб гьечIин абун.


ТIадеги аби буго: «Дуца дурго лъикIлъаби рехсе ва квешал рахъалги рахчеян


Гьединго хирияб Къураналда бицун буго: «Цинги дуца рице Аллагьас дуе кьурал нигIматазул», – абун. (93:11, Къуръан)[5] ТIадеги абун буго: «Цинги нуж лъугьани Аллагьас нужее кьурал нигIматал рикIкIине, гьел нужеда рикIкIун хIал кIвезе гьечIо». (16:18 Къуран)


ГьитIинаб къоялдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас дир рекIелъе тIуна ритIухълъиялде рокьиги зулму рихинги. Дида бихьун, яги рагIун лъани, цо чияс цогидасдехун ритIухъаб иш гьабунин абун, дун гьелдаса цIакъ вохула ва дир рекIее гьелъ кIудияб асар гьабула. Гьелъул гIаксалда, дида я бихьун, я рагIун лъани, цо чияс цогидасдехун зулму гьабулеб букIин, яги гьесдехун ритIухъаб гуреб бербалагьи букIин – дир кутакалда ццим бахъуна ва дун хIалагъула. Дица кIвараб къадаралъ хIаракат бахъула жинда тIад зулму гьабулев чиясе кумек гьабизе, гьесдаса зулму нахъчIвазеги.[6] Аллагьасе рецц буго, гьединаб гурхIел-цIоб хиралъи Жиндир рахъалдасан дие кьуралъухъ.


Гьединго Аллагьас дие кьурал нигIматаздасан ккола гьитIинаб къоялдаса нахъего гIелму тIалаб гьабиялде рокьи кьей. «ГIелму тIалаб гьабизе дир рес рекъеларо, эбел-инсул цого бугеб лъимер дун вукIиналъ», – ин абулеб букIаниги,[7] дица дирго росулъ цIалун рагIалде бахъинабуна «ал-Джами»[8] ва гьелде щвезегIан киналго гIелмиял тIахьал. Гьелдаса хадуб хъизанги гьабуна.


Цинги дица «кверчIел ккуна»[9] Гьунухъа гIалим ХIажидибирасул[10] (къ.с). Чара гьечIеб къваригIелалъ дове-гьаниве ине ккараб мехалъ гурони дица гьесулгун бухьен хвезе течIо, диего гIуpaб къадаралда гIелму щвезегIан.


Цо дагьаб заманаялъ гьев устаразасухъ цIалулел рукIана МухIаммад-Апанди Ярагъиясул[11] (къ. с.) кIиявго васги. Дун гьелгун кIварабгIан куцалъ хIеренлъиялда, гьезулгун гьалмагълъиги берцин гьабун вукIана. Цинги саликиназул[12] цояс дида абулеб букIана: «Дуда хадуб цо хасаб бербалагьи буго», – ян. Дир хIисабалда, гьеб букIине ккола шайх Ярагъиясул баракат, гьесул кIиявго васаздехун дир букIараб ритIухъаб, ракIбацIцIадаб бербалагьиялъул баракат.


Дир устар ХIажидибирас Аллагьасул рокъобе[13] сапар бухьун хадуб, дун ахIана мударис хIисабалда хIалтIизе НицIовкIра[14] росулъе. Цинги дун гьенив чIана Аллагьас кьураб ризкъиялда гIейги гьабун, бетIерлъи-тIадлъиялде, ялъуни цоги боцIи-малалде щибго хьулги лъечIого.


Гьебго заманалъ дун хьвадулаан Гъазигъумекиве Жамалудин устарасухъе[15] (къ.с). Гьезул [НицIовкIра росдал жамагIаталъул] ракIчIун букIана дир ритIухълъиялда. Цо нухалъ МахIмуд-ханас[16] дир хIакъалъул гьездехун абунцин батана: «Гьав МухIамммадтIагьирица жив авараг вугин абуни, нуж гьебгицин ритIухъ гьабизе хIадур рукIа», – ян.


Гьеб букIана АхIулгохIда имам Шамил (къ.с.) /тI.1б/ сверун ккураб,  гьенисан хвасарлъун, Чачаналде араб заман.

Нахъияб сон цIакъго ракъдалаб бачIана, гIемер бакъ бухIиялъ ракь бакъвана, рижиги хвана, ракьалдаса баракатги ана.[17] Гьебмехалъ, квен-тIехалъе жо бичун босизе, дун ине ккана ЦIадахIариве[18]. Гьеб букIана тIоцебесеб нух ниж ТIадегIанав Аллагьас квен-тIехалъе жо бичун босиялде ккезарураб. ТIокIалъ ниж гьединаб хIалалде ккезе течIо. Гьебги ТIадегIанав Аллагьас нижее кьурал нигIматаздасан буго.


Гьеб соналъ гьавуна ХIабибуллагьги[19] ва гьебго соналъ Чачаназул рахъалъан Шамилил къуват-гуч борхизе байбихьана. Дицаги гьарулеб букIана ТIадегIанав Аллагьасда имамасул къуват Къарахъе щвезабеян ва нижехъ наиблъун Гьочоса ГIабдурахIманги[20] ккезавеян. Дир анищазда рекъон, хадуб гьедин ккезеги ккана. ГIабдурахIман нижехъ наиблъун тана ва гьесул чIей Кьорош[21] росулъ букIана. Цинги дун гьевгун дандчIвана. Дун гьесдаса гьитIинав вукIаниги, гьев дир инсудасагицин кIудияв вукIана. Дица гьесда абуна: «ХIакълъунго мун жанив вугеб рукъ байтулмалалъул боцIул бакI буго. Гьединлъидал дуца гьеб дурго боцIигун жубазе биччаге», – ян. Гьес дир насихIат къабул гьабуна, гьелъиеги хилиплъичIо жиндирго росулъе нахъвуссинегIан.


ГIабдурахIманица дун Кьорош росулъ къадилъун тана, дир разилъиги цIехечIого ва кигIан дие бокьичIониги дида гьелдаса хвасарлъизе кIвечIо. Цинги дие цIакъ бокьун букIана Гьунухъа НурмухIаммад[22] наиблъун вукIине. Гьелъул хIакъалъулъ дир божарав гьудуллъун вугев, цо лъикIав чияс дида абуна: «Дида ракIалде ккола, НурмухIаммад наиблъун тани, нужер цоцадехун бугеб бербалагьи хисилин», – абун. Гьедин ккезеги ккана, щибго гIилла гьечIеб бакIалда.


Гьев наиблъун тун хадуб, дун гьевгун ва гьесул лъикIав гьудул Нурасул Дибиргун[23] данделъана, цинги дица абуна: «Киналго хIакимзабазул жагъаллъаби, гьезул боцIи-магIишаталде бугеб рокьиялдасан буго. Байтулмалалъул боцIи дуца хIалтIизабизе бегьула дуего бокьухъе, кинниги дуца гьеб дурго боцIи-малгун жубазе бичаге», – ян. Дир насихIаталда гьел разилъана.


Гьелдаса хадуб, диего бокьун ва гьесул [наиб НурмухIаммадил] изнуялдалъун, Кьорош росдал къадилъиядаса нахъе ана. ГIемер заман иналдего гьес дун витIана ТIелекье,[24] Къебед-МухIаммадил[25] бербалагьиялда гъоркь къадилъун хIалтIизе. Амма дица гьеб хъулухъ тIаде босичIо ва рокъове тIадвуссана. Гьоркьоб заман иналдего, наиб НурмухIамадил амру бачIана Гьочоб росулъ къадилъун хIалтIеян. Гьебмехалъ дун ана Имамасухъе ва гьесда гьадин абуна: «Наибзабаз къадизабазул хIукмаби жидейго бокьухъе тиризе-сверизе гьарулел руго! Дуца изну кье дие рокъов чIезе, ялъуни амру гьабе шаргIалда рекъон хIукмаби къотIизе. Дица тIад тарав наибасе щибго квалквал гьабизе гьечIо, гьелдалъун тIолго жамагIаталъе къварилъи ккезе бегьулелъул». Цинги гьес абуна: «Дуца хIукмаби къотIе Къуръаналъ малъухъе», – ян.[26]


ГIемер заман гьоркьоб инчIого нижехъ наиблъун тана Даниялбек[27]. Имамасул амруялдалъун дие «муфтий» абун цIарги кьуна[28]. ТIоцебесеб дандчIваялда дица Даниялбекидехун абуна: «Дун духъе гьоболлъухъ вачIиндал, дун дур кванда нахъа гIодов чIезе вуго, ва амма мун нижер росулъе вачIани, дида тIадаб гьечIо дуе гьоболлъи гьабизе», – ян. Дир каламалда гьевги цIакъго разилъана.


Цинги дица нижерго ЦIулда росдал къадиясул хIалтIиги цадахъго тIаде босана, батIи-батIиял росабалъе кагътал ритIизе гьенисан бигьа букIиналъ. Гьебго заманалъ нижер росдал гIадамаз, дир амруялда нахъги рилълъун, киналгоги разилъун, Кьолонуб[29] абураб бакIалда щулалъи базе байбихьана. Гьеб балаго гIемераб гIакъуба-къоги бихьана. Гьединго ХIажидибирасул вас ХIажияв[30] наиблъун вугеб заманалдаги сверухълъиядасаго бихьинал кумекалъе рачIинарун, гьениб хъала базе гIемерал хIалтIаби гьарун рукIана /тI.2а/. Амма гьеб хъалаялдаса цо кIудияб пайдаго босичIо. Кинниги хьул буго, ТIадегIанав Аллагьас щивав чияcул жиндир нияталда рекъон, ажру-кири хвезе теларин абун.


Даниялбекил бодул бетIерлъун Нурасул Дибир[31] вугеб мех букIана доб. Цо живго гурев гьечIеб бакIалда дица гьесдехун абуна: «Дуца гьаб байтулмалалъул боцIуе хиянатлъи гьабуге», – ян. Цинги гьес дида гьикъана: «ГьанжелъагIан гьабуралда щиб дица гьабилеб?» – ан. Дица гьесие жаваб гьабуна: «Цебе гьабураб кIочон те, ваамма, гьанжеялдаса нахъе рацIцIалъи гьабизе хIаракат бахъе», – ян. Гьелда гьевги разилъана.


Дун муфтилъун вугебгIан заманалъ дица дир бугебщинаб хIал кьуна, кIвараб хIаракатги бахъана нижер нухмалъиялда гъоркь бугеб вилаяталда закат[32] щолел чагIазда гьоркьоб, шаргIиял къануназда рекъон гьеб бикьиялъул иш рукIалиде ккезабиялъе. ЦIакъ бахъана данде кколарел жалаздаса мажгитал рацIцIад гьариялъеги, мажгиталъуб гьукъараб ва гьел хъуб гьарулел жал гьенир жанир рикьичIого теялъе, хIатта хьитал рахъулеб бакIцин къватIибехун бахъинабуна. Гьукъана къадизабазе ва мутагIилзабазе жанир чIезе хIужраби гьенир жанир разеги. Гьеб кинабго гIадлу-низам цIакъ захIмалъун букIана къадизабазеги гIадатияб халкъалъеги. Жинда ругьунаб ва гIадатлъун билълъараб жо тезе инсанасе цIакъ захIмалъулелъул, жидерго чурхдуздаса цо лага къотIулеб кинниги захIмалъун букIана гьезие гьеб.


Жеги гъазаваталъул хIажалъабазе хвезабизе бечедал гIадамазухъа боцIи-малалъул босулеб низамалъул[33] къагIидабиги чIезаруна дица.


Цо нухалъ, жинда Аллагь гурхIаяв, ГIуриса гIалимчи ШугIайб[34] диде насихIат гьабун кIалъана: «Щай дуца дурго хIалтIуда хурхарал суалал данд раларел, ай мушавара гьабулареб, дурго чIахIиял мугIалимзабазулгун?» – абун. Дица гьесие жаваб кьуна: «Дица гьезда данд рала дидаго ричIчIуларел, лъаларел суалал. Амма дица гьезда данд рани дидаго лъалел суалал, дида лъалелъул гьез гIаксалда ишараги гьабун, гьез малъаралда дица гIамалги гьабуни, дида лъалелъул дун лъалеб гIелмуялъул гIаксалда хIалтIулев чилъун кколевлъи. Дица дирго лъаялда нахъвилълъун гIамалги гьабуни, гьез абуралдаги нахъвилълъинчIони, гьезул дидехун ракIхвей лъугьине бегьула», – ян. «Мун витIарав вуго», – ян ШугIайб дида тIад рекъана.


Цо нухалъ Даниялбекил чуял кваназарулев чияс бицана, жинца гьесул [Даниялбекил] чуял закаталъул боцIул лъабил бутIаялдасан кваназарулин. Гьелъие жавабалъе дица абуна: «Гьеб гьукъараб бугогури», – ян. Гьебмехалъ Даниялбек хIинкъун виха-хочун лъугьана: «Мугьажиразул чуял кваназаризе бегьуларебищ закаталъул боцIудаса?» – ян. Дица жаваб гьабуна: «Мунги гьелги цого хIалалда гьечIо. Щайгурелъул дуда кодоб гIураб боцIи-мал буго, закаталъул боцIуде ккараб хIалги дур гьечIо», – ян. Дир рагIабаз гьев кантIизавуна, ва тIокIалъ закаталдаса жиндирго чуялги кваназаричIо.


Мех-мехалъ мугьажирзабазда[35] жидедаго гьоркьоб, ялъуни мугьажирасдаги бакIалъуласдаги гьоркьоб кинабгIаги дагIба-рагIи ккани, Даниялбекица абулаан: «Унго дие бокьилаан гьав пуланас абухъе букIине ва гьев ритIухъ гьавизе, рес батани», – ян. ТIадегIанав Аллагь нугI вуго, дица гьединал гьесул рагIабазда нахъги вилъун щибниги жо гьабичIолъиялъе.


Цоги нухалъ дунги Даниял-султIанги, гьесул таржамачиги цадахъ рукIаго гьес дидехун вуссун абуна: «ГIемерав чи бодулъа рокъоре лъутулел руго. Гьез абулеб буго жидеца туснахъ гьариго тIаса бищилин гьаб гIаскаразул захIмалъаби ва гIакъуба хIехьеялдасаян. Дие бокьун буго гьединал чагIазухъа, тамихI хIисабалда, боцIи бахъизе, цогидал лъутиларедухъ», – абун. Гьелъие дица гьадинаб жаваб гьабуна: «Мискинав, ресукъав чисухъа боцIи бахъизе дур щибго ихтияр гьечIо», – абун. Гьеб суалалда хурхун гъосулги дирги кIудияб бахIс ккана, ва ахиралда гьес цехана: «Цо тIеренабгIаги нух батизе рес гьечIищ гьелъие?» – ян. Дицаги жаваб гьабуна: «Гьелъие кинабгIаги нух гьечIо», – ян. Цинги Диниялбекица буюрухъ кьуна тамихI хIисабалда мискинчагIи туснахъ гьаризе ва бечедазухъа боцIи бахъизе!


(Дир рахъалдаса) цо кинаб бугони лъикIлъи гьабурасде дица абулаан: «Гьеб наиб Даниял-султIанил баракат буго нужее», – ян. Кьварараб тамихIалъе хIукму къотIарасдаги абулаан: «ХIакълъунго, дуе гьаб шаргIалъул хIукму буго», – ян. Гьеб кинабго дица гьабулеб букIана тIад тарав хIакимасда хадуб халкъ билълъиналъул ва гьесдехун гьезул ракIал гьетIиялъул мурадалда.

Дица киданиги, балъго ялъуни тIатун, хIилла-рекIкI гьабичIо дирго халкъалъе ялъуни тIад тарав хIакимасе – бусурманав вукIа, капурав вукIа.


Дица дирго цевесев чиясул (гIагарасул) хьул лъезе течIо жиндир тIекъаб иш ва гьереси дир кумекалдалъун билълъанхъизабиялде, жиндир ритIухълъи чIезабулев рикIкIадасев чиясул (ай, чиярасулги) хьулги къотIизе гьабичIо. Дица тушманасдаги гьудуласдаги бихьизабуна хIакъаб жоялъул кьогIлъиги, ритIухълъиялъул гьуинлъиги. Дица киданиги малъичIо батIулаб дагIба гьабизе, гьересияб нугIлъи гьабизеги, гьединго рекIкIаб гьа базеги. Дун кидаго ракIбацIцIадав вукIана дида аскIор гIакълу данд базе рачIаралгун. Гьединлъидал диргун гIакълу данд базе рачIунаан ритIухълъи бокьарал, амма дида аскIоре къалароан гьереси ритIухъ гьабизе къваригIаралги, зулмучагIиги. Аллагьасе рецц буго. АлхIамдулиллагь!


Дица киданиги дихъа гIелму босулел мутагIилзаби дирго мурадазде цIачIо, кинниги, хIаракат бахъулаан гьезда бичIчIизабизе, дир хIисабалда гьезие пайда гьабилин абун ккараб жо. Дица киданиги балеб какилъги цIалулеб хутIбаялъулъги кIарчанлъи-такъсирлъи биччачIо, даимго дидаса мустахIикъав цевеги виччалаан.


Дун киданиги дагIбаялде лъугьунароан гIелмиял суалазда тIасан, дир хIисабалда, дунго витIараб гьечIеблъи лъалаго. БатIияв чиясул ритIухълъиги дица къабул гьабулаан, гьелъиеги дун мукIурлъулаан. Гьелда жанибги дида ТIадегIанав Аллагьасул кIудияб баракат батана.


КIиго дагIбадуласда гьоркьоб рекъел-маслигIат дица хIалица, кIал гьикъун гьабизабулароан, дицагоги гьелда гьоркьоб гIахьаллъи гьабулароан. Дица гьезухъе рекъел-маслигIат гьабизе батIиял чагIи ритIулаан.

Киданиги дица хIукму къотIичIо, дир гIелмуялда ва лъаялда данде кколареб, лъалареб хвелги гьабун. ХIакъикъаталдаги гьеб буго, гьаб заманаялъул гIемерисел къадизаби жинда жанир рортулеб гвенд. Гьезул чIахIиязги гIисиназги ахIулеб букIуна: «Ибну ХIажар! Инбу ХIажар!»[36] – абун. Ваамма, жиндир хIукмуги лъалеб жоялъулъ лъалареблъун ххвелги гьабун, гьез гьересияб нугIлъи-гьаялда нахъги рилълъун, къотIула шаргIияб хIукму, добго «Ибну ХIажаралда» ва ИжмагIалдаги[37] жиб данде кколареб. Гьел хIинкъула жидерго лъаялда нахъги рилълъун битIараб шаргI къотIизе, гьересияб нугIлъи гьабулезе данде кколареб.


Дица цебехунги бицун букIана дир ритIухълъиялде бугеб рокьиялъулги, зулму хIехьезе кIунгутIиялъулги, лъидаса гьеб лъугьунеб бугониги ва лъил рахъалде гьеб балагьараб бугониги.

Муфтилъун вугебгIан заманаялъ, къади яги хIаким теялда хурхарал суалазда сверухъ, дун лъилниги мурадалда нахъвилълъинчIо ва хIал рекъезабичIо.


Гьеб кинабгоги Аллагьасул гурхIел буго диде, гьесул бербалагьиги кумекги буго дие гьабулеб, кигIан дун гьелъие мустахIикъав гьечIониги. ТIадегIананав Аллагьасе рецц буго киналъухъго!


ТIадехун рехсарал гIунгутIаби гъорлъа камурав цогIаги чи дида данд чIвачIо дир гIасруялда жаниб.

Цо нухалда цо гIакъилав ва кIалъазе махщелги бугев гIалимчиясда дица абуна: «Дидаса цIикIкIараб гIелмуги, бегIераб пагьмуги, пасихIаб берцинаб мацIги букIаго, /тI.2б/ щай нуж битIараб ва кьучIаб рагIиги ккун рукIунарел. Нужерго ялъуни цогиязул напсазул гьесизариялда рекъон мекъса инчIого яги гьел хадур цIачIого, нужедаго гIадамалги божизе ва гьелги нахърилълъине?» – ян. Гьес жаваб гьабуна: «Мун байбихьудасанго кьучIаб нухдаса кьуричIого унев вуго, гIадамалги божула дур рагIабазда. Нижеца нижер напсал гьедин ругьун гьарун гьечIелъул, гьанже нижеда гIадамалги бужулел гьечIо, кигIан нижеца битIараб бицаниги ва хIакъаб чIезабизе хIаракат бахъаниги», – ян. ХIакъикъаталдаги, гьеб иш гьес бицухъе буго.


Цоги нухалда гIелму цIаларав цо наибасда дица абуна: «Дуда рекъараб гьечIо къадизабазул хIалтIаби дудего тIаде росизе ва гьезда гьоркьове лъугьинеги», – абун. Гьебмехалъ гьес дие жаваб гьабуна: «Дица гьедин гьабичIони, халкъ дидехун буссунеб гьечIо», – ян. ХIакълъунго гьеб гIамал цIакъ лъикIаб гуреб, рекъечIеб гIамал буго. ТIадегIанав Аллагьас битIараб нухда ккезе кумек гьабеги!


Дица байтулмалалдаса босараб ва кьураб боцIул хIисаб гьабун кинабго жо кагътиде босун хъвалеб букIана. Дун муфтиясул хъулухъалдаса гIодов тун хадуб, дица гьел хъвай-хъвагIаял Даниялбекихъе кьуна. Гьес абуна: «ГьанжелъагIан гьаб иш лъицаниги гьадин гьабун букIинчIо», – ян.


Дун гьеб муфтиясул ишалдаса нахъе ун хадуб, цо гIалимзабазул данделъиялда Даниялбекица цIидасан цебе лъуна доб цебе рехсон букIараб суал.[38] Гьезул бищун кIудияс абуна: «Нижеца гьел мискинзабазухъа боцIи бахъизе буго, нахъисеб рахъалда килищ къазабизе кканигицин». Гьебмехалъ Даниялбек хьимулаго дир рахъалдехун валагьана. Гьесда ракIчIун лъалеб букIана, диналъул суалазулъ дун гьесул мурадазда тIад рекъоларевлъиги бетIерлъи-хъулухъалде яги гIарцуде хьул лъолевлъун дун гьечIеблъиги. Гьесул муфтилъун дун гьечIониги, гьес дида абулеб букIана: «Дуда дун битIараб нухда гьечIолъи вихьани, яги рагIани, дуца дида лъазазабе кагъат битIунниги, чапар витIунниги», – ян. Гьесие бокьун букIана дица цо кинаб букIаниги хъулухъ тIаде босизе, амма дица гьелдаса инкар гьабуна.


Гьелдаса хадуб, ТIадегIанав Аллагьасул хIукму-къадаралъ, дун имамгун ва мугьажиралгун цадахъ гIумру гьабизе Даргъове[39] вачана.

Гьесда цадахъ гьенир гIумру гьабулел рукIана, цояз цоял хисулаго, гьесул мутагIилзаби ЦIулдаса ТIинамухIаммад,[40] Гуниса ХIажияв,[41] Сугъралъа Нурасул вас ХIажияв,[42] Гьачадаса Шамсудин,[43] ЦIулдаса ГIабдула[44] ва Абакар.[45] Аллагьас гьелги нилъги Алжаналда данде гьареги. Амин!


Хадуб ТIадегIанав Аллагьасул хIукму-къадаралда рекъон, дун имамгун ва мугьажиралгун цадахъ гIумру гьабизе Даргъове[46] ккана. Дица имамасул цо гьалмагъасухъе кагъат хъван букIана. Гьениб дица гьесдасан тIалаб гьабулеб букIана имамасда аскIов чIеялъе изну. Гьеб кагъатги «Мугъни ал-Лабиб»[47] абураб тIехьалда нахъа бугеб цо тIамчида хъван букIана. Гьелъие жавабги бачIана адаб-хIурматалъулги рокьиялъулги жиб цIураб. Цинги дун ана Даргъове. Гьениб дица ункъо хаселги, лъабго рииги бахъана, дирго рокъоса цадахъ босараб квен-тIехги кванан. Амма Имамас дун зама-заманалдаса гьоболлъухъ ахIулаан, сайгъаталги кьолаан. Гьес дир хIал бихьулеб букIана, жиндирго рокъов цадахъ гIумру гьабизе ахIунниги, боцIи-мал кьунниги. Гьоркьохъанлъи гьабизе дир гьудулзабиги тIамун, дие чIужу ячинецин хIалбихьана Имамас. Гьесул рокъов, цадахъ гIумру гьабизе дица инкар гьабуна. Имамас кьураб боцIи-сайгъатги нахъбуссинабуна, чIужу ячиналъул хабарги кьварараб къагIидаялъ рикIкIад гьабуна. Цо мажлисалда данделъараб бакIалда Имамас дир хIакъалъулъ гьадин абуна: «Кинго гьав МухIаммадтIагьирица дица кьурал сайгъатал росулел гьечIо. Дида кодоб бугеб боцIи шубгьаяб батилиндай гьасда кколеб?» – абун. Дица жаваб гьабуна: «Дида гьеб боцIи щаклъи бугеблъун бихьулеб гьечIо, кинниги дун хIинкъун вуго дуца гьарулел сайгъатазе дун мустахIикъавлъун вукIун гуреб, дургун хIал рекъезабун, ракI лъикIлъизабизелъун кьолеб батилин дуца», – ян.


Цо нухалъ имамас дихъе битIун бачIана нугъаязул кьагIазул тахтаялъул гьабураб хъабарча (тIимугъ). Гьелдаго цадахъ кагъатги бачIана. Гьеб кагътида хъвалеб бугоан, хъабарча дие назру[48] гьабун битIулеб бугин абун. Гьеб хъабарча дица цо нухалъ тIад ретIана рокъове унелъул, нахъвуссингун имамасухъе нахъеги кьуна, гьесие баркалаги, лъикIаб дугIаги жинда жаниб рехсараб кагъатги битIана.


Гьел тIадехун рехсарал мисалаздасан Имамасулги гьесул гьудулзабазулги ракI чIана гIарцудеги, бетIерлъиялдеги дир хьул гьечIолъиялда, гьезул рахъалдасан дидехун божилъиги цIикIкIана. Имамасда аскIоб дир къадру-къиматги кутакалда борхана, хIатта хъаравулзабазцин /тI.3а/ гьесухъе унелъул дихъа ханжар нахъе босичIо, киданиги тIаде инеги гьукъичIо. Имамас дун киданиги жиндаго дандвитIун гIодов чIезе течIо, жиндирго хьолбохъ чIезавун гурого. Цоги нухалъ Имамасухъе щведал, дида гьев ватана ЧIикIаса Ражабил МухIаммадги[49] цеве вахъун чIун. Дун вачIаравго Имам тIаде вахъана. Гьесул адабалдаса нечон дун хIайранлъун хутIана, гьезие салам кьезецин рекIеда ватичIо. Гьеб иш ракIалде щведал, гьабсагIаталъги нечола дун.


Имамас тIадчIун, хIалица, кьураб жо босизабуна дида, гьеб заманги дица гьесул рагъазул хIакъалъулъ хъвалеб заман букIана.[50] Асирлъуда ругел гуржиял эркен гьаруралъухъ щвараб давлаялдаса бутIаги, Имамас кьураб сайгъатги босана дица.[51] Гьединго дица босана мударислъун вугеб мехалъ Даниялбекица кьураб жоги.[52]


Имамас тIадчIун, дун цо хаселалъ жиндирго рукъалъул хIужраялъув чIезавуна. Имамасдаги гьесул божарал муридзабаздаги (ГIамирхан,[53] МуртазагIали,[54] ХIажияв ал-Гъарани,[55] Шайхил ГIабдула[56] ва гь.ц.) гьоркьоб ракIхвей гIадаб жо ккараб мехалъ, дунги гъоркьов ккун, гьез маслигIаталъе нух балагьулеб букIана.

Имамас кIицIулго къасд гьабуна дун КIаратIа[57] тезе, жиндирго вас ГъазимухIаммадие мударислъун. Амма ТIадегIанав Аллагьас дун гьелдаса хвасар гьавуна. ТIоцебесеб нухалъ дун цIунун хутIана цогияв гIалимас гьеб хIалтIи жиндиего тIалаб гьабиялъ, кIиабилеб нухалъги – цоги батIияв гIалимас гьеб хIалтIи гьединго жиндего тIаде босиялъги.[58] Дица гьелъухъ ТIадегIанав Аллагъасе рецц гьабула.


Цинги, ТIадегIанав Аллагьасул къадаралдалъун, гIурусазул падишагьасул къуватги бергьун, гьесул кверщаликье халкъ ккедал, цо-цо чагIаз дида тIасан ТIелекьа МуртазагIали[59] наибасде мацIал гьаризе байбихьана. Дица гьевги вихьизавун, гьесулгун гара-чIвари гьабидал, гьесда бичIчIана дун гьел мацIихъабаз бицараб жоялдаса вацIцIад вукIин.


Гьелдаса хадуб, МуртазагIали наибасдасан ругьел битIун бачIун, дун Назаровас[60] ХIубикье[61] ахIана, Шамил имамасул рагъазул лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ хъвараб тIехьги босун жиндихъе вачIаян. Дица КъебедмухIаммадихъе кагъат битIана, дица гьеб тIехь хвезабунин абураб жаваб кьуни Назаровасе гIоларищин. Гьес дие жаваб бачIана гIоларин, гьеб тIехьги босун гьесухъе аян абуна. 


Цинги дун тIехьги босун Назаровасухъе вилълъана. Дихъа гьебги босун гьес абуна: «Мун гьаб тIехьги босун дихъе вачIун вукIинчIевани, нилъеда гьоркьоб щибгIаги лъикIаб жо букIунароан. Гьанжейин абуни, мун дир гьудул вуго», – ян. 


Диде дагьаб гIайиб гьабун гIадин кIалъана дов: «Дун гIадинав чиясда рекъараб букIанила жив гIадинав хIакимчиясухъе некIого зиярат гьабизе», – абун. Дида гIайиб гьечIолъи бихьизабуна дица, вачIинчIого хутIиялъе ккарал гIиллабиги рицун. Гьевги гьезда разилъана. Гьесда сверухъ ругелщиназ, хIатта гьеб къоялде щвезегIан дида рихьичIезгицин, дидехун хIурматияб бербалагьи гьабулеб букIана.


Цинги Назаровас дида абуна: «Дие бокьун буго дуца гьаб тIехьалъул дие цоги нусха гьабизе», – ян. Цинги жиндирго цо хъулухъчиясе амру гьабуна анцIго гъурущ гIарац босун вачIаян. Гьес дихъе квер битIана ва «дуего босе», – ян абуна. Дица чанго нухалъ инкар гьабуна гьесул гIарацалдаса. Ва амма гьев гIебеде битIун квергун чIун вукIана, гьесда сверухъ рукIаралщиназ диде ишараби гьарулел рукIана босеян абун. Цинги дица абуна: «Дун дур гIарцуде ккун гьечIо, амма дир дудехун батIаяб гьари буго», – ян. «Кинаб?» – абун цIехана гьес. Дица жаваб гьабуна: «Дуца диеги дир васасеги кагъат хъвай, халкъалда тIад лъурал хIалтIабазадасан ниж тархъан гьарулеб», – абун. Назаровас гьелъие гьадинаб жаваб гьабуна: «Дица гьединаб кагъат хъвала, цIидасан хъван (нусха гьабун) гьеб тIехьги босун мун вачIараб мехалъ», – абун. Кьолеб букIараб гIарацги дос дида хIалица босизабуна, гьаб гьоболасе гьабулеб гьитIинабго хIурмат хIисабалда кьолеб сайгъат бугинги абун. Гьелдаса хадуб, кIиабизе дун досухъе доб тIехьалъул нусхаги босун щун хадуб[62] /тI.3б/, дир гьариялда рекъон, доб цебе рехсон букIараб кагъатги хъвана дос. Гьеб кагътица гIемераб мунпагIатги гьабуна нижее. Гьеб кинабго нижеда ТIадегIанав Аллагьасул лъураб цIоб-рахIматалдасан ккола.


Гьеб заман цо-цо хIалихьатал жанисан ракIхъубал чагIазул ракIчIун букIана, дунги дида релълъаралги шаригIат цIунун жал хьвадулел рукIарал гIадамал, ракьул гьумералдасан тIагIизарилин яги руха-кьабун гIодорегIан гьарилин абун. Амма: «ТIадегIанав Аллагьас цIунула хIакъикъияб куцалъ жинда иман лъурал чагIи. ХIакълъунго Аллагь кIудияб цIоб-рахIматалъул гурхIел-рахIмуялъул бетIергьан вуго». [Къуръан 22:38].


Цинги Муртузил[63] багъа-бачари байбихьана. Гьереси, гъибат-бугьтан ва мацIал гьари цIикIкIана, гьелдалъун гIемерав чиги балагьалъукье,  питнадукье ккана. Гьездасан цо бутIа Сибиралде ритIана, цогидаб бутIа лъутун лъикIаланго заманаялъ рахчун чIезе ккана. Цо-цо гIадамал дидаса мацIал гьарун цIидасан Назаровасухъе хьвадизе лъугьана. Дир гIагарлъигун гьудулзаби дида хIинкъун ургъаликье ккана. ХIубикь вукIарав диван-бегидасан, гьесул чапарасдасан хабар ккезабун бачIана диде: «Назаров цIакъ ццим бахъун вуго дуда, квешал рагIабигицин абулел руго дур рахъалдехун. Щиб кин гьабилебали дудаго лъала», – ян. Гьевго чапарасда цадахъ дица гьадинаб жаваб битIана: «Нужее баркалаги реццги буго кинабго дида лъазабуралъухъ! Амма дир рахъалдасан кинабгIаги хиянатлъи букIинчIо. ТIадегIанав Аллагьасе дир хIал бихьизе бокьун батани, лъиданиги кIоларо гьесул къадаралда данде чIезе», – ян.


Гьединго, Аллагьас жив кIодо гьавеяв, гIакъилав Хьиниса ГIиллал[64] рахъалдаса ругьел щвана, дун балъго гьесухъеги вачIун цо-кIиго моцIалъ гьенив вахчун чIезе вачIайин абураб. Кинниги ТIадегIанав Аллагьас дир ракI сабруялъ ва таваккалалъ цIезабуна. Дагь-дагьккун кинабго рукIалиде бачIана, мацIихъабазги, бугьтанчагIазги диде гIунтIизабулеб букIараб кинабгIаги гIайиб тIад чIечIо. ТIадежоялъеги, гьел диде гIунтIизарулел рукIарал гIайибаздасан ТIелекьа МуртазагIалицаги дун тIубанго вацIцIадавлъун чIезавуна.


Хадуб, МухIаммадмирза[65] абулев гIалимчи нижехъ наиблъун тараб мехалъ, гьес диде амру гьабуна, жиндир изну гьечIого хIукму къотIараб къагъат хъвагеян абун. Ваамма гьелдаса гIемер заманго иналде гьес тIубанго изну кьуна дие бокьахъе хIукмаби къотIизе.


Гьебго заманалда МухIамадмирзаца амру гьабуна диде Назаровасухъе айилан, ва унелъул цо кинаб букIаниги сайгъатги босеянги абун. Дун ана гьесухъе лъабго ратIал[66] нахулги босун. Дида бер чIварабго, Назаровас саламги кьун абуна: «ЛъикIал чагIазул лъабго батIияб тайпа буго: цо тайпа диргун тушманлъи гьабулел; цоги тайпа – дикьан хIинкъулел; лъабабилеб тайпа – дие жал рокьулел. Мун лъабабилелда гьоркьосан ккола. Мун сункьаниги хIинкъуге», – ян. Цинги дица гьесие жаваб гьабуна: «Дун духъе вачIун вуго гьитIинабго сайгъатгун, дидасан мацI гьабуразда мун божичIолъиялъухъ дуе баркала загьир гьабизе», – ян. Гьелъие гьес жаваб гьабуна: «ХIакъикъаталда, диде щолел рукIана дур хIакъалъулъ гIемерал, мун какарал харбал, амма дица гьезда абулеб букIана нужеца щиб бицаниги дун гьесда щаклъуларин». Жегиги Назаровас абуна: «ХIакълъунго дида лъала, дуе шаригIатги, нужерго динги цIакъго хирияб букIин, гьелда гIайиб гьабизе щибгIаги бакIги гьечIо. Дуца халкъалъе амру лъикIалдалъун гьабе, дуца гьел питнаялдеги тIамуге, мекъал тIекъал жал гьаризеги малъуге. Дица гьеб дуца гьедин гьабулин абун абулеб жо гуро, кинниги, цо-цо гIалимзабаца гьедин гьабулеб букIиналъ абулеб жо буго», – ян. Хадубги гьес тIаде жубана: «Дуда тIадаб букIинчIо дие щибгIаги жо босун вачIине, щайгурелъул мун дидасан сайгъатал щолев яги дир гъийин кваналездасан гьечIо», – ян. /тI. 4а/


Цинги, Темир-Хан-Шура махIкамалъул къадилъун вукIарав бергьарав гIалимчи, ТIадегIанав Аллагь жинда гурхIаяв МуртазагIали ал-ГIуради[67] накълулъидал, халкъалда гьоркьор харбал тIоритIана, дун гьесул бакIалда къадилъун тезе ахIулев рагIулин абурал. Дица наиб ва гIалимчи МухIаммадмирзада гьарана нагагьлъун дир хIакъалъулъ цIехани, дун гьеб ишалъе данде кколарин абейин гьесда.


Кинниги гьез гьесда щибго жо цIехон батичIо, заманалдасан дунго ахIана ХIубикь начальникI Кармелинихъе[68] ва гьес абуна: «Меликовас[69] мун тIалаб гьабулев вуго Шурагьиб махIкамалъул къадилъун тезе», – ян. Цинги дица гьесдаги гьарана Меликовасда бичIчIизабейин, дун гьеб ишалъе данде кколарев вукIинги, гьениве вачIине гьабсагIат дир чорхол къуват гьечIолъиги.

Кармелин гьелда разилъана ва нахъвуссун Шурагьиве ана. Цинги гьенисан гьес ругьел битIун бачIана диде, Меликовас жиндир рагIаби къабул гьаричIин, диде амруги гьабуна дунго айин гьесухъе. Дун Меликовасухъе вилълъана. Гьес дун хIурматалда тIаде къабул гьавуна. Дица гьесухъа рагIи босана, дица бицунеб жоялъухъ ццим бахъинчIого гIенеккиялъе. Хадув дун лъугьана гьеб къадиясул хъулухъ тIаде босичIого хутIиялъе дирго ругел гIиллаби-гIузраби баян гьаризе.


Дица бицунелъухъги лъикI гIенеккун, гьес дидехун гьадинаб калам гьабуна. СубхIана-л-Лагьи-л-ГIазим! Дица гIажаиблъи гьабуна гьев чиясул цIодорлъиялда, гьес дидехун гьабураб каламалъул пасихIлъиялдаги. Киналго дир гIузраби гьес бигьаго нахъчIвана ва гьеб хIалтIи тIаде босизе мукIур гьавуна. Меликовас абуралдаса ккола: «Дун нужеда тIад тарав чи вуго. Нилъер динги батIияб буго. Амма дида лъаларо нужер диналда рекъон ритIухъавги тIекъавги чи ватIа гьавизе. Дие бокьун буго, дида аскIов вукIине мун гIадав чи, ритIухъабги чIезабулев тIекъабги къватIиб чIвазабулев. Дуца гьеб дир рагIи къабул гьабичIони, мун мунагьалъукье кколарищ?» – ин. Дица досие жаваб гьабуна: «У, дица гьелдаса инкар гьабуни, гьеб хIалтIи гьабун черхалда бажарулеб букIадго, дие гьелъул хIакъ букIуна», – ян. Жегиги гьес тIаде жубана: «ТIадегIанав 


Аллагьасда кIоларищ, дур черхалъе къуватги бажариги кьезе гьеб иш дуца тIаде босани?» – ян. Дие тIокIаб рес букIинчIо гьес абуралда разилъичIого.


Хадуб дица гьесда абуна: «ЛъикI буго, дун вачIина ва гьеб хIалтIи гьабизе хIалбихьила», – ян. ТIадеги жубана: «Нагагь гьеб иш дихъа бажаричIони, дуца суал кьогеха дие, дудаго кIолареб жо щай тIаде босарабан?» Гьесги жаваб гьабуна: [Суал кьезе] гьечIо, гьечIо», – ян. ТIадеги жубана: «Мун цогидал чагIи гIадин хIалтIизе гьечIо. Дуе ихтияр буго, дурго чорхол къуват рекъараб мехалъ вачIине. Нижедаса вачIайилан тIалаб духъе щвани, цо яги кIиго моцIидасан вачIаниги гIела. Нагагьлъун гьединги бажарулеб гьечIони, дурго вакил витIизеги бегьула», – абун. Нахъеги Меликовас дида абуна: «Дуего бокьани, дица дур васги хъулухъалде хъвала, ай восила», – абун. Кинниги дица гьесул пикру къабул гьабичIо. Гьединго гьес амру гьабуна кIикъоялда анцIго гъурущ дие кьеян, нахъвуссун унаго сапаралда къваригIаралъуб хIалтIизабейинги абун. Гьелда тIасан дица абуна: «Дун дарвиш вуго, ва дида кодоб нахъвуссине гIуpaб гIарацги буго», – ян. Доб гIарацги цIакъго тIадчIей гьабун дида босизабичIого течIо гьес.

1284 (1869)[70] соналъул хаслихъе, дун Шурагьиве ана. МахIкамалде жаниве лъугьиналде цеве дун дандчIвана Дагъистаналъулго диванханабазул бетIергун[71] ва гьесда абуна: «Дица къабул гьабуларо нугIлъи гьабилалде цебе нугIзал рацIцIадаллъун чIезариги, васияталда рекъон ирс кколесе кколебги кьечIого гьелги махIрум гьаризелъун гьабулеб назруги». Гьес жаваб гьабуна: «Дуца хIукмаби къотIе нужерго ТIехьалда[72] рекъон», – абун.

МахIкамалъул хIалтIухъабазул ва доб заманаялъул гIемерисел къадизабазул гIадатлъун букIана махIкамалде вачIунев дагIбадуласе жидерго росдал къадияс кагъат хъвалеб, нугIлъи гьабилалде гьелги рацIцIад гьарун /тI.4б/Дица гьедин хъван рачIарал къагътал нахъчIвазе гьабураб мехалъ (ай, къабул гьабичIеб мехалъ), киналго хIакимзабазе ва хасго помошникIасе гьеб цIакъ захIмалъана. 


КигIан гIемерха дица гьадин хIукму къотIараб, заманалъухъги бакIалъулъги балагьун?

Доб цебехун рехсараб назралъул суалги гьединго дица нахъчIвайгун, гьебги махIкамалъул агьлуялда цIакъго рихана. Ва гьезул цоясин абуни гьелда тIасан дирги мунагьал чураяв Къарахъа гIалим Ибрагьимил МухIаммадилги пикраби хъварал тIамчал цодагьабниги гIелмуялда хурхен бугевщинав чиясухъе ритIун ратана, хIатта ГIусманияб Турциялъул ракьазде гIунтIунцин. Цо къоялъ МахIкамаялда вукIаго доз дихъе кьуна гьеб нижер хIукмаби хъвараб жо, гьелдаго цадахъ букIана нижеца хъваралда тIасан цо машгьурав гIалимас гьабураб тIадкIалъайги. Кумекчи (помощник) Запиружникица[73] диде абуна: «Дуца хъвай дурго пикру, дов машругьав гIалимчияс хъваралда тIасан», – абун. Гьелъие дица гьадинаб жаваб гьабуна: «Гьеб суалалда тIасан дица хъваралъул пайда щиб, дир пикру ритIухъ гьабун кIалъалев цогIаги чи гьаб ракьалда хутIун гьечIелъул», – абун. Цодагьалъ тархъунги чIун, гьес абуна: «Дуца хъвай, мун ритIухъ гьабулевги камиларев ватилин!» – абун. Цинги дица гьел кагътал рокъоре росана ва гьезул хал гьабуна.


Балагьараб мехалъ, дов гIалимчияс хъвараб жо бугоан дов мунагьал чураяв мухIакъикъ[74] Къарахъа Ибрагьимил вас МухIаммадида данде хъвараблъун. Ваамма дида гьениб батичIо дица къотIараб хIукму гьересияб букIин чIезабулеб цогIаги бакI. Дица помощникIасда абуна: «Дов машгьурав гIалимчияс хъвараб жоялъулъги дица къотIараб хIукмуялъулъги цоцаде данде кколареб бакI гьечIо. Гьес цохIого цо, дов Къарахъа гIалимчиясул пикрабазда данде жиндирго пикраби загьир гьарун руго», – ян. Дагьаб заманалъ гIенеккунги чIун, помощникIас абуна: «Гьесда дур каламалъулъ гIайиб гIунтIизабизе бакI батун гьечIо, ва гьес жиндирго гIему-лъай бихьизабизе бокьун, дов гIалимчияс хъвараб жо нахъчIван буго». 


Гьелдаса хадуб, киналго назралда хурхарал суалазе хIукмаби къотIулаан дица абухъе, гьезда гьоркьов дун вугевгIан заманаялъ.


Хадубги, ТIадегIанав Аллагьас христианазул хIакимзабиги гьоркьор ккун, дица битIараблъун рикIкIунеб хIукму ракьалда билълъанхъизабураб гIадин, доб мекъаб назру тIагIинабизе дица кьураб хIалалъухъ дие кири-ажру хъвалин абун хьулги буго жинда жаниб киналго балъголъабиги тIатулеб ва бахчарабги загьирлъулеб къиямасеб къоялъ. Аллагьасе рецц буго, кинабго гIаламалъул бетIергьанлъун жив вугев!


Гьезул (гIурусазул) хIакимзабаз дир диналдехунги, лъаялдехунги кIудияб хIурмат гьабулеб букIана. Гьелъие мисаллъун буго, кIудиял хIакимзаби рачIараб мехалъ, гьез дир рахIат хвезабулеб букIинчIо. Гьебго заманалда, дунго гIадал хъулухъчагIи рачIинарулаан хъулухъалде, кигIан рикIкIад гьел рукIаниги. Жегиги дун цогIаги бакIалде, яги байрамалде вачIани, столалда тIад гьекъолеб жоги лъолароан дун гьениса нахъе инегIан.


Гьединго, тIоцеве дун МахIкамалъул кIалгIаялде жаниве вачIаравго, нижехъе (махIкамалъул агьлуялъухъе) бачIана гIарза, цебеккун цо гьобоялда сверухъ гьабураб дараналда хурхараб. КIиявго дагIбадуласул каламалдасан бичIчIана гьеб даран хIакъикъияб гьечIолъи. Цинги дица гьезда абуна: «Нужее тIокIаб хутIараб жо гьечIо – кьурас гIарац нахъе босиги, бичарас гьобо нахъе босиги гурони», – ян. Цинги судалъул начальникI Магъаловас[75] абуна: «Гьезул дагIба къотIизабизе бегьуларищ даран биххичIогоян?». Дун гьесул рагIабазда разилъичIо ва абуна: «Къуръаналда гьелъие тIокIаб батIияб нух гьечIо», – ян. 


Магъаловас цо чанго нухалъ хIаракат бахъана жиндирабго чIезабизе, амма Аллагьасул кумекалдалъунги дун дирго рагIиялдаса кьуричIо. Дир къвакIунчIей бихьидал Магъаловас дир хIукму къабул гьабуна, тIаде гьадинал рагIабиги абуна: /тI.5а/ «ГьанжелъизегIан гьаб махIкамалда хIукмаби гьадинаб къагIидаялъ киданиги тасдикъ гьаричIо», – ян.


Цо нухалъ кIудияв генерал Меликовас дун жиндихъего ахIана ва гьадин абуна: «Дица амру гьабизехъин буго дир вилаяталда ругел киналго къадизаби духъеги ракIарун, гьезухъа экзамен босеян! Гьел къадилъиялъе хIалтIизе бегьулищ яги бегьуларищали лъазабиялъе». Дица жаваб гьабуна: «Гьедин батани, дица гьезда цIехезе буго шаригIаталъул хIукмаби, щайгурелъул гьеб буго къадизабазда чара гьечIого лъазе кколеб гIелму», – ян. «Гуро», – ян абуна гьес. «Дуца гьездаса цIехе тIубанго диналъул хIакъалъулъ, щайгурелъул гьез шаргIалъул суалазда тIасан гъалатI биччани, нужеца гьанир ритIизаризе бегьула гьезул гъалатIал, гьеб цIехон гьел нужехъе рачIани».


Щивав къадиясе нижеца гьадинаб суал кьолеб букIана: «Кинаб гIамал рикIкIунеб бищун лъикIаблъун кIиябго шагьадаталдаса хадуб?» Гьес жаваб кьуни, как бугин абун, нижеца гьикъулаан: «Бищун лъикIаб гьеб балеб къагIида кинаб?» – абун Гьес жаваб гьабуни: «ЖамагIаталда цадахъ бай», – абун, нижеца гьикъулаан: «ЖамагIат гьабун как балаго имамлъун вукIине щив бищун мустахIикъав вукIунев росулъ?» Гьес жаваб гьабуни? «Росдал къади вуго», – абун, хадубги гьикъулаан: 


«Гьединаб къагIидаялъ дуца киналго какал ралищ?» – абун.


Хадубги цIехолаан: «Къадилъун тарав чияс бищун цебе сунде кIвар кьезе кколеб?» – абун. Нагагьлъун гьес абуни: «Жидеда хажру чIварал чагIазул[76] ахIвал-хIалилан, яги налъи сабаблъун къайи-къоно бахъарал чагIазде?» – ян, нижеца цIехолаан: «Дуца гьелъул хал гьабулищ?» – абун. Жеги нижеца цIехола: «Закат кьезе кколел чагIазул чам тайпа бугеб нужер бакIалда», – ян. Ункъо тайпа бугин гьес абуни, нижеца гьикъулаан: «Дуца гьеб Къуръаналда бугеб хIалалъ бикьулищ гьезие?» – абун.


Цинги нижеца гьикъулаан: «Нагагь мун магьари лъезе ахIани, гьез ахIарал нугIзада дуца гIейги гьабун никахIищ лъолеб, ялъуни дуца цин гьезул гIадиллъийищ[77] цIехолеб?»



Жеги гьикъулаан: «Чи хвараб мехалъ кинаб къагIидаялъ, ай сундаса байбихьи гьабизе кколеб гьесул ирс бикьизе?» – абун.



Гьес жаваб гьабуни: «ТIоцебе гьесул налъаби рецIиялдасан, цинги гьесул васият билълъанхъизабиялдасан. Хадуб хутIараб магIишат ирсилазда гьоркьоб бикьула», – ян, нижеца гьикъулаан: «Гьединаб низамалда хьвадизе тIамулищха дуца халкъ?» – абун.



Цинги нижеца гьев гьел суалалги росун, гьезие жавабал хъвазе рокъове витIула. Нилъ киналго Аллагьасдасан руго ва киналго Гьесде руссинеги руго!



Цо нухалъ нижехъе МахIкамалде жаниве сардар Старосельскиясул[78] илчи лъугьана ва гьес диде абуна: «Нужер вилаяталъул гIадатал дуда лъалел ратизе ккола», – ян. Дица гьелъие жаваб гьабуна: «ШаргIалъул тIахьазда бугеб жо гурони гIадатазул щибниги жо дида лъаларин». Дагъистаналъул диванханабазул бетIер Сиражовасги[79] дир рагIабазде тIаде жубана: «Гьас Къуръаналда нахъвилълъун къотIула хIукмаби. Цогидаз абуни гIадатазда нахърилълъун къотIула», – абун.



Цоги нухалъ, МахIкамалъул агьлуялда гьоркьоб бахIс ккана, вацасе гIоло яц гьа базе тIамизе бегьулищ абураб суалада тIасан. МахIкамалъул бетIер Запиружникица дида гьикъана: «Дуда гьеб лъалеб батизеги рес буго», – ян. Дица жаваб гьабуна: «Дида гьеб лъаларо», – абун.



Цо-цо мехалъ МахIкамалъул агьлуялъ, гьелъул бетIергун цадахъ рекъон, шаргIалда данде кколарел хIукмаби къотIулел рукIана. Гьез цIакъ хIаракат бахъулеб букIана гьелда гьоркьове дунги цIазе, гьаб махIкамалдаса къватIибе унеб хIукму киналго хIалтIухъаби жинда тIад рекъараб букIине кколинги абуна. Ваамма, ахиралда дица гьезда абуна: «ХIакъикъаталда дида тIадаб жо буго ТIехьалда бугеб хIалалъ шаргIалъул къанунал нужеда рицин, амма гьеб хIукму билълъанхъинаби дир кверщаликь гьечIо. Нужее бокьани, хIукму дица къотIухъе билълъанхъизабе, бокьичIони, нужерго пикруялда рекъон гьабе», – абун. Гьединал бакIазда хIалтIизаризе данде ккола цо гIакъиласул рагIаби: /тI.5б/ «Инсанасда тIадаб буго жиндиего мунпагIат-пайдаяб жоялда хадув лъугьине, кинниги заманалда тIадаб гьечIо гьесие кумекалъе хIалтIизе. Аллагьасдаса буго кинабго кумекги шапагIатги. Ваамма Гьесда тIадаб гьечIо щибаб нухалъ нилъее квербакъиги гьабун, сундаго тIад нилъер кверщел батизабизе», – абурал



Шамил имамасул заманаялъ кигIанги рес букIана битIараб paгIи абизе ва гьединго, хIакъаб жо билълъанхъизабизеги, цIакъ бигьаяб букIана. Цо нухалъ ГIабдурахIман наиблъун вукIаго, гьес гьеб мухъалъул къадизабиги гIалимзабиги данде ахIана. Налъабазул хIакъалги гIемерлъун, гьелги рецIуларого ругел чагIазухъа гьел рахъизе тадбирал гьариялда хурхарал суалазда тIасан. ГIемерал бахIсал гьарун ва кIалъай ккана гьел налъаби рахъизе хасаб къагIида ургъиялда тIасан. Амма шаргIалда данде кколареб къагIидаялъ киналгIаги хIукмаби къотIизе дица гьезие рес кьечIо. РатIалъизе къо-мех лъикI гьабулаго, дир кверги босун, гьимулаго ГIабдурахIманица дида гьикъана: «Цо кинаб букIаниги суалалъулъ мун гьезие тамахлъаравищ?» – абун.



Цоги нухалъ ГIабдурахIман наибас [ГIантасул ГIумар][80] абулев гIалимчи жанив тIамун вукIана. Къадизабиги чIахIиял чагIиги данде ахIун гьес лъазабуна: «Кьахъа Бегасул ГIали вугев бакIалда абурал рагIаби сабаблъун жинца гьев чIвазе вуго», – ян. Цинги киналго гьев гIалимчиясе шапагIат гьабун кIалъана ва наибасда гьарана гьесда тIаса лъугьаян. Цинги дица абуна: «Къадруяв чиясул рахъги ккун, гIадатиял чагIи бербалагьи гьабичIогоги тун, нилъеда кIалъазе рекъараб гьечIо. ГIантасул ГIумар чIвазе гIураб хIужжа батани, гьев чIвазе ккола. Амма Бегасул ГIали[81] гIадав цохIо пасикъчиясул рагIи шаргIияб хIужжалъун рикIкIунаро, шаргIалда нахъвилълъарав цо гIалимчи чIваялъе», – ян. Наибас дир рагIабазухъги гIинтIамун гIалимчи ГIантасул ГIумар рокъове виччан тана.



Цоги нухалъ имам Шамилица наибзабиги, къадизабиги, чIахIиял гIалимзабиги данде ракIарана ГIандир. Гьеб букIана дида Шамил тIоцеве вихьараб заман, гьев имамлъун вищаралдаса. Имамас абуна: «ГIалимзаби, нуж данде ракIаре! Ва нужеца дида бице, дир рахъалъан букIаниги, дир наибзабазул рахъалъан букIаниги, нужеда мекъаблъун бихьараб жо!» – ян. Гьеб мехалъ гIалимзаби данделъана ва байбихьана жидедаго гьоркьоб наибзабаз байтулмалалъул боцIи исрапалда хвезабиялъул ва гьелда тIад гьез бетIергьанлъи гьабиялъул хIакъалъулъ бицине. Гьебмехалъ дица абуна: «Гьеб цохIого цо наибзабазда хасаб унти гуреб, байтулмалалъул боцIи кодобе щведал гьелъ нилъеде киназдего, къадизабазеги гIалимзабазеги цадахъго щолеб унти буго», – ян. Гьел дир рагIабаздаса хадуб киналго сверухъ рукIарал сихIкъотIун чIана.



ГIемер заман гьоркьоб инчIого, имамас цIидасан гIалимзаби Сивухъ[82] данде ахIидал, гIелму цIаларавлъун вугев цо наибас чIахIиял гIалимзабаздехун гьадинаб кIалъай гьабуна: «Нужеца имамасда абе наиблъун жагьилав чи тогеян. Щайгурелъул гьединав наибасул жиндирго вилаяталда жаниб хьвада-чIвади гьединабго жагьилаб букIунеб буго», – абун. ЦIикIкIарасел гIалимзаби гьезул гIарзаялда разилъана. Гьебмехалъги дица абуна: «Жагьиллъи наибзаби пасалъияллъе гIилла кколаро. ГIелму бугев вугони гьев наиб дагьабги зарал цIикIкIарав вукIине бегьула, жиндирго напсалъ малъухъе хьвадулев вугони. Гьединасда кин ралагьунги жиндиего нухал ратула, насихIатал гьарун кIалъарасул насихIат къабул гьабунгутIизе», – ян.



Гьеб кIиябго нухалъ, гьел гIалимзабазда ракIалде щун батизе буго ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда бицарал рагIаби: «ЛъикIлъи гIемер гьабе ва рахIму-цIобалда хьвадеян амру жидецагоги гьабун, гьебго заманалда жидерго рагIабазда нахъги рилълъинчIого, битIараб ва бацIцIадаб нухдаса инчIогоийщ нуж рукIунел? Нужехъе рещтIараб Таврат цIалулеллъун нужгоги рукIун» (Къуръан 2:44). Гьединго «… щай нужеца амру гьабулеб нужго нахърилълъунареб жоялдалъун», – абунВа гьединлъидал доб кIиябго гIарза гьез имамасде бахъинабичIого тараб.

Цоги нухалъ имамас наибзабиги, гIалимзабиги, хIурматиял чагIиги данде ахIана /тI.6а/ ва гьезда абуна: «Нуж бацIцIадаб шаригIатги ккун хьваде, гьеб нухалдаса халкъги тIуризе гьабуге нужерго напсалда берцин бихьанщиналда хадуб шаригIатги цIан».



Кинабго халкъ мажгиталъуса къватIибе бахъун хадуб, гьенир жанир хутIана Имамги цодагьал чагIиги. Какдаса хадуб Къарахъа гIалимчиги гьоркьов ккун, цо цIаларав Къелеса гIалимас Имамасда гьарана гIадаталда рекъон, Къелеб[83] вакъфуялъул боцIиялъул хIукму билълъанхъинабизе ихтияр кьеян. Гьел кIиязго цIакъ гIемер бицун, гьари тIамун имам гьез бицунеб рагIи къабул гьавиялде ккезавизе вахъана. Гьебмехалъ дун гьоркьов жувана: «Нужер гьари къабул гьабизе бегьулеб жо гуро, щайгурелъул гьелъ жакъасеб имамасул хIукму хисизабулеб буго», – ян. Гьебмехалъ имамас, гьимизеги гьимун, абуна: «Гьав МухIаммадтIагьирица дун нужеца абухъе гьабизе толаро».



Цоги нухалъ хунздерил Гиничукь[84] росулъ имамас данделъи гьабун букIана. Гьелдаса хадуб наибзабиги, гьезда цадахъ рукIаралги нахъруссун рокъо-рокъоре индал, нижер наиб Къарахъа ХIажияс дун нахъвуссинавуна цо пуланаб жо цIехезе бокьун бугин абун. Нахъвуссиндал дида хунздерил бутIрул ратана имамасда сверухъги ракIарун. Гьевгун ругоан гьесул киналго гьалмагьзабиги, гьединго гьесул гьудул ТIанусиса МухIаммадги[85]. Гьез имамасдаса тIалаб гьабулеб бугоан Хунзахъ рукIел ккун чIаян. Кинниги имамас, я инкар гьабулеб букIинчIо, я разилъун, тIадрекъараб жаваб кьолеб букIинчIо гьезие. Цинги дица гьездехун гьадин абуна: «Нужеца имамасдаса тIалаб гьабулеб жоялъул тадбир гьаб хIалалъ ва гьаб бакIалда тIубазе рес букIунаро», – ян. ТIанусиса МухIаммадицаги тIаде жубана: «Гьелдаса битIараб жаваб букIине рес гьечIо», – ян. Хунз гIенеккун чIана. Гьелдаса хадуб имамас дида бицана, щиб гIиллаялъе гIоло наибас дун нахъвуссине гьавуравали.



Цоги нухалъ Шамилил амруялдалъун гьидерил, къаралазул ва авариялъулго чIахIиял гIалимзаби данделъун рукIана Гьолокь[86] росулъ КъебедмухIаммад наибас жиндирго вац, ТIелекьа МуртазагIали сабаблъун цо чи чIван вукIиндал. Гьениб гIалимзабазул «лълъурдул тамахлъана»[87], ва гьезул «ракIалги рагIабиги гьетIана» дов чIварав чиясул би рецIел босичIого теялде. Дица гьеб суалалда тIасан гьезулгун бахIс гьабуна, хасго бищун цIакъ данде чIун вукIана гьезул бищун машгьурав ва цеветIурав. Ахир-къадги дица гьезда бичIчIизабуна, гьев чи чIваялда хурхун гьез гьабураб хIукму мекъаб букIин. Гьелъул хIасилалда гьез чIварав чиясда (КъебедмухIаммадида) тIад лъуна хатIаялъул диййат[88] кьезе.



Гьаб кинабго букIана гIицIго ТIадегIанав Аллагь разилъиялъиги тIалаб гьабун, ритIухълъи чIезабиялъе ва халкъалъе насихIатлъун букIиналъул мурадалда гьабураб.



Гьелдаса хадубги гIакълу тIокIав МуртазагIалица дица гьабуралде балагьичIого, дов адабгьечI[89] Назаровасда цеве гьерсихъабазул мацIаздаса дун вацIцIад гьавиялъе кIудияб квербакъи гьабуна. Гьелъул дица тIадехунги бицун букIана. ТIадегIанав Аллагьас дунялалдаги ахираталдаги гьесие лъикIаб жаза гьабеги!



Цоги нухалъ нижехъе вачIана имамасул божарав чиги наиб Даниялбекги, Къарахъа ХIажияв наиблъиялдасаги нахъе вачун гьесул бакIалда БацIадаса Къурбанил МухIаммад[90] теялъул мурадалда. Гьелъие гIоло гьез данде ракIарана гIалимзабиги чIахIиял чагIиги. Гьезда цеве вахъун дица абуна: «ХIалимав наиб вахъулев вуго ва гьесул бакIалда толев вуго халкъалъе бакIав, хъачIав наиб. Гьелъие гIиллаги гIицIго ТIадегIанав Аллагьасул нилъеда ццим бахъин батила. Гьес жиндиего бокьухъе хIукму гьабилин, ва Гьесул хIукмуялде данде чIезеги лъиданиги кIвезе гьечIо», – ян.


Гьев Къурбанил МухIаммад, цебе нижеда гьоркьоб ккараб цо жо сабаблъун, дидехун ракIхун вукIана. Данделъиялдаса халкъ биххун хадуб, гьес дида хадув чапар витIун вачIана, жиндихъе рокъове вачIаян абун. Гьеб сордо дица гьесул рокъоб бана. Гьелдаса хадуб, гьес цониги хIукму къотIулеб букIинчIо дида данд бачIого, къоролруччаби хIалгьабун росасе кьей хутIизегIан[91].



Гьоркьоб мех иналдего Дагъистаналда кIудияб питна багъарана, дунялги лъугьана гьанже нилъеда бихьулеб бугеб гIадин.



Гьал церехун рехсарал ккола цодагьабго Шамилил заманаялъ дир ккарал лъугьа-бахъиназул биценал. Аллагьас гьесул рухI Алжаналда батаги!



Гьанже нилъ нахъруссинин бетIералде. Шурагьиве щун чанго къо ун хадуб, дунги дир гьалмагъзабиги махIкамалъул агьлугун цадахъ рилълъана Джорджадзихъе[92], цебеккун сапаралдаса жив вуссарав. Гьес дие салам кьуна, дун вачIиналдаса кIудияб рохелги, рецц-бакъги загьир гьабун, баркалаги кьуна. Цинги нижеца гьесулгун гIемераб гара-чIвари гьабуна. Хабаралда гьоркьоса гьес абуна: «Исламалъул Падишагьасул[93] вилаяталдаса дица бачIун буго ункъго Къуръан. Нужее бокьани, дида кIола добаса нужее бокьараб тIехьги бачIинабизе», – ян. Дир гьалмагьзабаз гьесул рагIабазде цо кIудияб кIварго гьабичIо. Амма цIакъ дир рекIелъ къана гьесул рагIаби. Цоги къоялъ дун гьесухъе ана, дирго диналъул вац ЧIохъа ХIажигIалигун[94] ва гьесда абуна: «Дуца дие дорасан тIахьал рачIани, гьеб дие рохеллъун букIине буго Падишагьасул бащдаб бечелъи кьеялдасаги», – ян. Джорджадзица жаваб гьабуна: «Дуца хъван цIарал кье, дица гьениса рачIине бокьарал тIахьазул», – абун. Дица гьел тIахьазул сияхI гьабун хъван гьесухъе кьуна. КIиго соналдасан гьес гьал хадур рехсарал тIахьал рачIана дие: «ХIашияту Шайхзаде гIала ал-Къази»[95] абураб тIехьалъул ункъго мужаллат, «ШархI аз-Заркъани гIала ал-Мавагьиб»[96] абураб тIехьалъул микьго мужаллат, «Ал-Мутаввал»[97] абурал тIахьалги. Гьелъухъ гьесие рецц-бакъ гьабурал рагIаби абизе дун лъугьараб мехалъ, гьес дида абуна: «Дица гьел тIахьал реццалъе, яги духъа сайигъат-салам щвей мурадалда рачIарал гуро, дица гьел рачIана дуе, дуца халкъ битIараб нухда тIобитIизе, дуца гьезда мекъал гIарзал гьаризе малъичIогоги рукIине», – ян. Гьесул цо божарав чиясги тIаде жубана: «Дуца хIукму (фатва) къотIуге нижер (гIурусазул) боцIи нужее хIалалаб бугин абураб», – абун. Дица абизегIан течIого Джорджадзеца гьесие жаваб гьабун абуна: «Гьединан букIана нилъеда гьоркьоб рагъ бугеб мехалъ, гьанжейин абуни нилъ цадахъ руго, гьанже гьеб букIине ресго гьечIо», – ян.



Нужго балагьеха, ТIадегIанав Аллагьас дие гьабулеб бугеб кумекалъухъги, квербакъиялъухъги. Щибаб рецц Аллагьасе буго кинабго гIалам жинца бижарав!



Цо къоялъ Джорджадзеца дида гьикъана: «Шамилил заманалъул лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ дуца хъвараб жо духъ хутIанищ?» – илан. Дица абуна: «ХутIана, гьел рокъор руго», – ян. «Дие бокьун буго дуца гьел дихъе росун рачIине», – ян абуна гьес. Цинги дица абуна: «Гьел хъвай-хъвагIаял руго рагъул заманалъ дица хъван рукIарал жал», – ин. «Дида лъала. БукIаниги кIвар гьечIо», – ян жаваб гьабуна гьес. Дица гьел хъвай-хъвагIаял гьесухъе щвезаруна ва гьес гIага-шагарго цо лъагIалидасан дихъе нахъеги руссинаруна. Гьелде щвезегIан дица гьел хъвай-хъвагIаял тIаса нусха гьабизе лъихъего кьун рукIинчIо, питна ккеялда хIинкъун.



Цо нухалъ, чIегIераб чалмаги къан дун МахIкамалде ана[98]. Дун вихьаравго МахIкамалъул бетIер, Меликовасул вац[99] кIвар кьун (чIваркьун) дихъ валагьана, амма щибго кIалъай гьабичIо. Гьез рокьукълъи бихьизабун букIарабани, дицаги гьезда абизе хIадурун букIана: «ХIакълъунго, нижер диналда рекъон росдал къадияс чIегIераб чалма къазе ккола. Нужеца дун Дагъистаналъул къадилъун тIамун вугелъул, дица гьебги къана», – ян.



Цоги нухалъ Сиражевас жиндихъеги ахIун цо жал рикьизе байбихьана, хIакълъунго гьал сардарасул сайигъатал ругоянги абун. Гьелда тIадеги дие цо меседил сагIатги кьуна. Гьебмехалъ дица абуна: «Гьал кьурал жал дие гIезе рукIана. Гьаб сагIат дие кьечIониги бегьилаан, щайгурелъул нижер диналда рекъон гьеб тIад базе хIалалаб гьечIо», – ян. Сиражевас дие гьадинаб жаваб гьабуна: «Дуца сагIат босе ракIалде щвеялъе букIине, гьеб тIад базе кIвар бугеб жо гуроянги», – абун.



Дир гьудул ХIажигIалица /тI.7а/ дида гIемер абулаан цадахъ ругел МахIкамалъул хIалтIухъабазда релълъун ретIел ретIеян. Цо нухалъ гьез сайгъаталъе кьураб ратIлил дица гIатIидаб гIаба гьабураб мехалъ, ХIажигIалица МахIкамалъул бетIер Запиружникида абуна: «Гьав МухIаммадтIагьирица нилъеца кьураб ратIлил жийдиего гIаба гьабун буго, жиндирго рекIее бокьухъе», – ян. Цинги Запиружникица абуна: «Нилъ  ратIлиде гуро балагьизе кколел, нилъ балагьизе ккола гьесул гIамалазде», – ян. Гьелдаса нахъе ХIажигIалица диде гIайибал гьариялъул ишал жалго тана.



Гьединго гьес бицунеб букIана, цо нухалъ дир хIакъалъулъ сардарасул вакилзабазул кIудиясулгун жиндир гьадинаб гара-чIвари кканила. Гьез суалал кьолел рукIанила: «Гьав щив чи нилъер МахIкамалдаги хIалтIулев, нилъер ретIелги ретIунарев?» – абун. Цинги Джорджадзеца жаваб гьабунила: «Ункъабго диналда рекъон гьев чи дарвишилан тезе бегьилаан, гьес хIиннаялъ рас белъунаребани», – абун.[100]



Цоги нухалъ Запиружникица дида абуна: «Нижеда лъала, цо-цо нужер гIадамаз нижее рихьдае жо гьабулеблъи, амма нижеца гьелде кIудияб кIварго гьабуларо. Бищунго цIакъ гьединаллъун руго нужер цIаларал чагIи. Ва амма дуца нижергун гьоркьоблъи гьабула дурго диналъул вацазул гьабулеб къагIидаялда», – ян. Гьес жеги абуна: 


«Падишагьасеги дин гьечIел пасикъзабаздасаги, бусурбабазда гьоркьоса диниял ва Аллагьасукьа хIинкъулел рокьула», – ян.



Цоги нухалъ гьес диде гьадинаб калам гьабуна: «Пайда щибха, дир дуда бицине бугебщинаб жо, нилъеда цоцазул мацIал ричIчIулелани», – абун.



Цоги нухалъ дие халкъияв диванбегасул гIаламат (меседил гIаламат) кьун хадуб, дица МахIкамалъул бетIерасда абуна: «Дие гьаб медалалъул бакIалда чалма бокьилаан»,[101]– ин. Гьес жаваб гьабуна: «Гьедин абизе рекъон гьечIо, щайгурелъул гьеб сардарасул тIалабалдалъун, падишагьас амру гьабун кьураб гIаламат буго дуе. Амма дуца гьеб тIад бачIого таниги бегьила», – ян.



Гьелдаса хадуб, дие меседил гIаламат кьедал, дица гьелдаса рахъун кIиябго медалалъул хъахIабги чIегIерабги чIалал рукъана дирго чалмаялда.[102]  Дир гьалмагъзабазе гьеб рекIее гIечIо, МахIкамалъул бетIерасе хутIизегIан. Нагагь гьез жидерго рокьукълъи загьир гьабун щиб бугониги жо бицани, дида ракIалда букIана гьезда гьадин абизе: 


«Бусурманчиясул ратIлида гъорлъ бищун тIадегIанаб бакI ккола бетIералда къалеб чалма, гьединлъидал дица падишагьас кьурал медалазул чIалал рукъана гьелдаян. Падишагьас кьурал гIаламаталги гарбида ран дун вихьанани, диниял чагIаз дида абизе букIана: «Гьав хъанчие лагълъи гьабулезул диналдехун гьетIун вуго», – абун. Гьезде (гIурусазде) аскIоре ккаралщинал гьез жидерго диналде цIалел рукIана. Гьединлъидал гьебги гIиллаялъе ккун, бусурбаби падишагьасул амруялъе мутIигIлъулел рукIинчIо. Падишагьасул сиясаталъе гIоло дицаги гьедин гьабуна», – ян.



Гьелдаса хадуб дида рагIана машгьурав шайх ГIабдурахIман Сугъуриясе[103] гIадамалгун дандчIвазе, гьезулгун гара-чIвари гьабизе гьукъун бугин наибасин. Гьебмехалъ дун ана Джорджадзихъе ва гьесда абуна: «Дида рагIана гьесие (ГIабдурахIман Сугъуриясе) гIадамазе хутIба гьабизе гьукъун бугин. Амма гьес халкъ падишагьасе хиянатлъи гьабулеб жоялде ахIулел гьечIо. Гьедин нужеца гьабулеб бугони, ракI-ракIалъго исламияб диналда нахърилълъарал гIадамазе нуж рихине руго ва падишагьасул сиясатги гьезие рокьукълъизе буго», – ян. Дир рагIабаз гьев ццим бахъинабурав гIадин лъугьана. Цинги дида гьикъана: «Мун ГIабдурахIман-хIажигун дандчIванищ?» – ан. Дица жаваб гьабуна: «Шамилил къуват биххаралдаса дида гьев вихьичIо». Цинги гьес абуна: «Дица дур гьари Сиражовасухъе щвезабила», – ян. Гьоркьоб заманго инчIо, шайх ГIабдурахIманил хIал цебе букIарабго гIадин лъугьана, ТIадегIанав Аллагьасул цIобалдалъун.



ТIоцебе рокъове ине дир къасд ккейгун, /тI.7б/ дица тIалаб гьабуна гьоко. Дица абуна: «Дие гьеб гьоко къваригIун буго, кинабго нужеца дие кьолеб харж гьелъухъ кьезе кканиги», – ян. Кинниги гьез гьелъие рес батизабичIо. Гьанже дида кколеб буго, гьезда ракIалде ккун батилин, дие гьаб пачалихъалъул гьоко чIобого бокьун букIанин абун.


 ХIакъикъаталдаги рокъове унелъулги, гьениса вачIунелъулги нухда дие кIудияб захIмалъи букIунаан вилълъине кIоларого, гьединлъидал дие чара гьечIого къваригIун букIана гьоко. Дица гьезул кIудиясулгун къо-мех лъикI гьабулаго, гьес дида абуна: «Нижер кIудияб божи буго, ТIадегIанав Аллагьас мун сах-саламатго нижехъе нахъвуссинавилин», – абун.



Амма цоги нухалъ дун нахъего рокъове унеб мехалъ, дир божарав гьудул Унсоколоса ХIажимухIаммадица[104] дие гьоко ккуна мухьдахъ (20 манатги кьун). ЦIакъ черхалъе рахIатаблъун батана дида гьеб. Гьелдаса нахъе дун рокъов унев вукIа, нахъвуссун вачIунев вукIа, дица кидаго гIарцухъ гьоко бачунаан.



ГIарцудехун гьечIеб кIварги, боцIудехун гьечIеб рокьиги, гьединго дир хьвада-чIвадиги бихьараб мехалъ, гьезда (гIурусазул бутIрузда) гьоркьоб дир къадру-къиматги борхана, гьез дир кIудияб хIурматги гьабуна[105]. МахIкамалъул бетIерас дида мугьруцин лъезабулеб букIинчIо гIадатазда рекъон къотIараб хIукмуялда гъоркь. Цебе гьезул билълъараб къанун (закон) букIана шаргIияб букIа, ялъуни гIадаталда рекъон гьабураб букIа, киналго махIкамалъул хIукмабазда хIалтIухъабаз жиде-жидер мугьру чIвазе кколеб.



Дица гьезда хIалтIудаса гIодов чIезе изну тIалаб гьабураб мехалъ, гьез гьарана дида дирго бакIалда тезе мустахIикъав чи вихьизавеян. Гьелъул хIакъалъулъ нилъеца хадуб бицина. Аллагьасе рецц, кинабго гIалам Жинца бижарав, гьебги хьихьулев!



Дун МахIкамалда хIалтIизе лъугьун ункъго соналдаса цIикIкIун заман араб мехалъ – 1290 (1873) соналъ дица хъвана гьадинаб кагъат: «Дун херлъунги вуго, чорхол къуватги загIиплъулеб буго. Нужеде дир гьариги буго рокъов чIезе изну кье», – абун. Гьелда данде бачIана гьадинаб жаваб: «Нижее бокьилаан мун нижеда аскIов ватизе. Кинниги дуе рокъов чIезе бокьун батани, гьелъул кинабго ихтиярги буго духъ, дуе изнуги буго бокьухъе гьабизе. Амма нижер дудехун цo гьари буго, дуца нижеда вихьизаве дурго бакIалда гьеб хъулухъалде восизе мустахIикъав чи», – абун.


 Цинги дица гьезухъе хъван битIана кагъат: «Гьединал мустахIикъал чагIилъун дида рихьула БацIадаса ГъазимухIамадги[106] Сугъралъа ГIабдулхIалимги»,[107] – абун. Гьез тIаса вищана БацIадаса ГъазимухIаммад.



Дица гьал пайдаял мухъал хъвана, пикру гьабизе гьунарги гIакълуги бугев, хIакъаб жоги балагьулев чиясе бичIчIиялъе букIине. Гьесдаги лъазе, баракатги саламатлъиги букIунеблъи, кIварабгIан хIалалъ гIамалалъулъги рагIиялъулъги рекъонккей ва ракIбацIцIалъи тIалаб гьабуни. ХIакимасе хIелхIедиги, тIадчиясе бокьухъин гьезда берцин вихьизе хьвадиги сурукъаб иш букIинги бичIчIизе, гьединго чияр боцIи-малалде ва бетIерлъигун-хъулухъазде хьулалги лъечIого вукIине кколевлъи лъазе.



Дир абуни лъабкъоялда анцIилъа церехун унел саналги руго, лъикIаб сахлъиялдаги вуго, яшавалъул рахъалъ лъикIаб гIатIилъиялдаги вуго. ТIадегIанав Аллагьасул ризкъилъун дие кьун буго дир умумузул букIараб ракьги, ригь-мулкги, жеги дие хъанчил насранияб пачалихъалъул хазинабаздасаги кьураб гьарзаяб мухьги. Гьеб боцIи-мал дие щвезе дица киданиги цIакъбахъи гьабулебги букIинчIо, гьелдехун гIишкъу-хьулги дир киданиги лъечIо.



ХIадис буго бицун: «Исламалдаги вукIун, бетIербахъиялъе гIураб ризкъиги кьурав талихIавлъун ккола, бугелда гIей гьабун жив чIарав бищун талихIав чи ккола», – абураб.



«Ал-ХIисн ал-ХIасин»[108] абураб тIехьалда бицун буго: «Я Аллагь! Дуца дир ризкъи бищун цIакъ гIатIид гьабе дир гIумруялъул тIогьиб, хвалде гIагарлъарал къояз», – абун.



ТIадегIанав Аллагьас дие кьураб бищун кIудияб нигIмат буго /тI.8а/ магIнаги лъан, кIиябго шагьадат бахъун дун кIалъазави: «Дица ракIчIун, цо гьитIинабгIаги щаклъи гьечIого нугIлъи гьабула, хIакълъунго лъагълъи гьабизе ккараб жо цохIо Аллагь вукIин! Жегиги дица нугIлъи гьабула МухIаммад (с.т.гI.в) гьесул Илчи ва Расул вукIиналдаги», - абун.



Цоги гьанжелъизегIан Аллагьас дие кьурал чIахIиял нигIматаздасан буго, дун киданиги дин-исламалъул нухдасан кьуричIолъи, хIакимзабахъа щолеб жоялъ гуккизеги чIун. Гьел дихъ ралагьулаан разилъиялъул бераздалъун, хIатта гьаб заманаяллъгицин 1293 (1876 с.) гьезул хIакимзабаз диргун хурхен гьабула, лъикIал гIадамазул гьабулеб гIадин.


Нижеца гьезие гьабулеб батIаяб хъулухъ букIинчIониги, кIигьумерчилъиги гьабун гьезда берцин рихьизеян хьвадулелги рукIинчIо.



ГIаламалъулго БетIергьан, ТIадегIанав Аллагьасе рецц буго ва гьеб кинабго гIицIго Гьесул цIобалдалъунги буго! Гьев сундасаго ТIадегIанав ва жиндир заталда рекъоларебщиналдаса ВацIцIадавги вуго!



Хадуб 1294 (1877) соналъ милициялъул гьерсихъаби ва мацIихъаби сабаблъун Сугъралъ питна багъарана.[109] Гьеб кинабго питнаялъе гIиллалъунги ккана гIурусазул бетIерлъиялда гъоркь Гъуниб хъалаялда рукIарал гIаскаразе жидиндир заманаялъ кумек битIизе бажаричIолъи.



Цинги гьеб багъа-бачариялъул хIасилалда гьаб мухъалъул гIахьаллъи гьабуразде тIаде рещтIана кIудиял, вахIшиял хIалбихьиял ва балагьал. Гьезул цо тайпа кварида ран гъанкъана, цогидал асир гьарун Сибиралде ритIана, хIатта хъизамал-лъималгицин гьезда хадур ритIана.



ГIадамазда гьоркьоб хабар тIибитIана, дидеги гьел балагьал ва хIалбихьиял щвезе ругин абурал. Гьебмехалъ гьудул-гьалмагълъиги гIагарлъиги цIакъго хIинкъана дида, амма дун абуни кIудияб хьулалда вукIана, гьанжелъизегIанги ТIадегIанав Аллагьас диналъулъги дунялалъулъги питна-балагьазда цIунун таралъухъ, гьединго дие Гьес кьурал загьириялги батIиниялги рикIкIен гьечIел нигIматазул халги гьабун. Амма рекIелъ хIинкъиги букIана, дидасан гIелму-гIамал цIикIкIаразеги, Аллагьасе гьабулеб тIагIат-гIибадат бацIцIадазеги лъугьунеб жо бихьараб мехалъ.

ЗулхIиджа моцIалдаса байбихьун гьел балагьал тIадеялдаса тIаде цIикIкIунел дидехун гIагарлъулелги рукIана. 


ГIадамаз балъго бицунеб хабарги, гIага-божаразул хIинкъиги гьединго цIикIкIунеб букIана, щибаб къоялъ дунго гIадал ккун рачун Сибиралде ралагьизарулел рукIиналъ. Гьединаб хIал букIана сапар моцI бащалъизегIан, падишагьас киналго асирал тархъан гьарулел ругин абураб хабар бачIинегIан ва къватIирехун ритIаразул цо бутIаги тIадруссун ватIаналде рачIинегIан. Гьебги, гIицIго ТIадегIанав Аллагьасул цIобалдалъун буго, киналго ишалги Жинца тIуралев, рекIел пикрабиги хисизарулев! Кинабго реццги Аллагьасе буго! Питнаялъул чIегIераб кIкIуйги тIаса ана, ракIазулъ парахалъиги рещтIана.



Нижер ясалъул ясги хвасарлъана баракат бугев наиб ГIалихан Авариясул[110] кумекалдалъун ва баракаталдалъун, жиндирго эмен Абубакарида хадуй йитIиялдаса. Аллагьас гьесие хадубкунги тавпикъ кьеги, лъикIал ишал гьариялъе кумекги гьабеги! /тI.8б/



Унго гIажаиблъиха, ТIадегIанав Аллагьас дун цIунулев вугеб куцалъул ва гьесул дидехун бугеб хасаб кIваралъулги, щибаб бакIалда гьес дие гьабулеб бугеб берцинаб квербакъиялъулги, хасго гьал ахирзаманалъул питнабаздаса! Гьеб кинабго Гьесул цIобалдалъун буго, кигIан дун мустахIикъав гьечIониги ва дир рахъалдасан гьелъие кинабгIаги хIаракат бахъичIониги, бажари-къуватго гьечIониги.



Кинабго рецц дуе дир БетIергьан, Жив гурхIулев, киналго нигIматалги Жинца кьолев, киналдасаго Жив тIаса лъугьунев!



Лъихъеха лагъ кIанцIилев, жиндирго БетIергьанасухъе гурев,

Я ханзабазулги хан, Мун киналъулго БетIергьан вуго!

Мун нижеда тIаса лъугьа, Мун гьелъул агьлулъидал.

Ва амма Дуца нахъе рачахъани, ниж цIунизе чиго гьечIо!

Дун кIалгIаби сверухъ тирулев вуго,

Хьулги буго цохIо БетIергьанасде,

Гьес дир хIажатал тIуралин абун.

Дуца кьола нижей чIаголъи,

Дуца нижер рухIалги нахъе росула.

Кинабгоги хIуралде сверизе буго гIалам бижарав цохIо Аллагь хутIизегIан!



Дидехун буссинабе Дур рахIмат ва дун хвезе те Дурго вокьулев ХIабибасул нухда! Гьалдалъун тана! ТIадегIанав Аллагьасде хьулги буго гьаб дунялалъул рокъоб Жинца загьириялги батIиниялги нигIматалги кьун, дир гIунгутIаби рахчаралго гIадин, ахиратги талихIаблъун ккезабилин дир. Метер Къиямасеб къоялъ дир мунагьал сабаблъун киназдаго цеве суризавиларин абураб. «КигIан захIматаб къоха букIине бугеб, дир хIисабалда доб къо, кинабго гIаламалъул БетIергьан дидехун ритIухъав вукIунев». Я Аллагь, Дуца нижер гIунгутIаби рахче, кIиябго дунялалъул гIазабаздасаги цIуне ниж! Киналго лъикIлъабиги Аллагьасдасан руго, живги ХIалимав ва ГурхIулев. ТIадегIанав Аллагьасул свалатги саламги лъеги Жиндирго илчи ва нилъер Сайид МухIаммад аварагасда, гьесул агьлуялдагин асхIабзабазда, Жив рехсолез рехсаравгIан, жиндаса гъапулал гъапул ругебгIан заманалъ.



ХIакълъунго БетIергьан Аллагь кинабго къуват жинда кодосев, мушрикуназ жинде гIунтIизабулебщиналдаса Жив вацIцIадав вуго. Гьединго Аллагьасул салам Гьесул илчизабазадеги буго. Щибаб рецц Аллагьасе буго, кинабго гIаламалъул БетIергьанасе!



Хъван лъугIана 1295 (1878) соналъул сапар ал-хайр моцIалъ.



Гьаб нилъеца бицунеб тIехьалъул ахиралда МухIаммадтIагьирил вас ХIабибуллагьил квералъ хъварал мухъал руго. Гьелги гьанир кьезе мустахIикъал рукIинин ккола.



Жинда Аллагь гурхIаяв, дир эмен гьавуна 1297-абилеб соналъул зулхIиджа моцIалъул 22-абилеб къоялъ (27-абилеб октябрь 1880-абилеб сон), радал бакъбаккул гIужалда. Гьес бана 73 сон. Аллагьас гьев Жиндиего рокьулел чагIазда цадахъ алжаналда вахъине гьавеги! Амин!



ХIикматаб жолъун букIана киназго инсул гьабулеб букIараб хIурмат. Сардарасул наибал Мамаласги[111] Закарияцаги,[112] тIад тарав чи ТIелекьа Гьанкаласги[113] гьесде саламал ритIулел рукIана. Мамалас жиндие дугIа гьабейиланцин гьарулеб букIана инсуда, жинда эмен киданиги вихьун вукIинчIониги. /тI.9а/



Хвалил бусада унтун вугев инсуца дидехун гьадинаб калам гьабуна: «Дун диванбеглъун Шурагьив хIалтIана хIукуматалъ тIад тарал хIакимзабазда цадахъ диего бокьичIого. Дун гьезда аскIове хIалтIизеги харжалъе гIоло инчIо. Гьениве иналде цебе дихъ кодоб букIана 30 туман гIарцул. Дун хун хадуса дуца гьеб бикье дудагоги яцаздаги гьоркьоб», – абун. Хадубги гьарана, жив чIаго вукIадго гьеб гIарац цоги гIарцудаса батIа гьабеян.



Цогиги инсуца абуна: «ХутIараб гIарац хIалтIизабе киназего гIахьалаб иш-пишаялъулъ. Дида гьеб гIарац хIалалаб бугеблъи чIванкъотIун лъаларелъул, кинниги гьез гьеб гIарац кьолеб букIиндал дун гьезда аскIов чIаралъухъ. Гьединго дида лъаларо гьеб хIарамаб бугищалиги, щай абуни дица гьеб хIалтIи дийго бокьун гьабулеб букIинчIелъул».



Дица инсуца малъухъе гьабуна. Дида лъаларо кигIан гIарац гьениб букIарабали, амма дида лъалеб жо буго гьеб гIарцул къадар цIикIкIараб букIараблъи.





[1] ХIалтIи гьабизе гIарцудалъун квербакъана Россиялъул Гуманитарияб гIелмияб фондалъул гранталъ №12-01-00359.

[2] «МажмугI ал-авбаш» (Лъавукъазе мажмугI) абураб тIехь буго жинда жаниб чиясул хьвада-чIвадиялъулги, гIамал-хасияталъулги, бицунеб тIехь. Гьаб хъварав чиги вуго машгьурав магIарулазул гIалимчи ГIаймакиса Абубакар-хIажи (1711 – 1791 сс.). Гьалда жаниб ГIаймакияс кьолел руго жиндирго гIумруялъул къокъалго баяналги. Абубакар-хIажи ГIаймакиясул хIакъалъулъ цIализе бегьула М.А.ХIизбулаевасул «Абубакар-хаджи из Аймаки: жизнь, творчество и научное наследие» абураб хIалтIудасан (Махачкала, 2005).

[3] «Ал-Минан ал-кубра» – машгьурав бусурбабазул гIалимчи, тIарикъаталъул имам ГIабдулвагьаб аш-ШагIранил тIехь.

[4] Гьаниб МухIаммадтIагьир Къарахъияс «ал-истислахI» абураб рагIи кин бичIчIизе кколебали баян кьолеб буго.

[5] Гьаниб Къураналъул аятазул тафсир гьабулаго мугъчIвай гьабулеб буго «ал-МунтахIаб» абураб тафсиралде (баянкьеялде) балагьун. Гьеб тафсир хIадур гьабун буго дунялалдаго цIар рагIараб «Ал-Азгьар» абураб исламияб университеталда. Бал.: «Тафсир ал-Куран. Ал-Мунтахаб». – М.: Изд-во «УММА», 2003 г.

[6] РитIухълъи чIезабизе МухIаммадтIагьирица бахъулеб букIараб хIаракаталъул хъван буго Гъазигъумекиса ГIабдурахIманил ракIалдещвеязул тIехьалда. Бал:. Гъазигъумекиса ГIабдурахIман. РакIалдещвеял (Книга воспоминаний). ГIарабалдаса таржама гьабуна М.-С. СагIидовас. РитIизариял, тIадежураял, баянкьеял А.Р. ШихсагIидовасул ва Х.А. ГIумаровасул. МахIачхъала, 1997. Гь. 80.

[7] МагIарул гIадатазда рекъон, хъизаналда жанив цохIого цо вугев васасда  тIадаб букIана магIишаталъулги, хур-хералъулги тIалаб гьабизе. Гьединлъидал гIелму цIализе гьесие рес рекъолароан.

[8] Гьаниб бицен гьабулеб буго доб заманалъ Дагъистаналда кIудияб къадру-къиматалда цIалулел рукIарал, машгьурав гIалимчи ГIабдурахIман ал-Джамил (1414-1492) тIахьазул. Гьел тIахьазда жаниб, аслияб къагIидаялъ, баянкьеял гьарулел руго Ибн ал-ХIаджибил "Кафия" яги "ал-Фаваид ад-Дийаийа" абураб тIехьалда тIасан. (ГIараб мацIалъул битIунхъваялъул тIахьал). Гьелъул хIакъалъулъ цIализе бегьула: Мусаев М. А. «Традиционная система мусульманского образования в Дагестане и ее критика джадидами», абураб макъалаялдаса // Шигабутдин Марджани: Наследие и современность. Сборник статей. Казань: «Алма-Лит», 2008. С. 242.

[9] Ай, бухьен гьабуна абураб магIнаялда.

[10] Гьунухъа ХIажидибир – (Гьунухъ – ЧIарада районалъул росу) – машгьурав гIалимчи. Гьесул цIар тIибитIун букIана мугIалим хIисабалда. Гьесда цере цIалулел рукIана МухIаммадтIагьир Къарахъияв, ГIурадаса МуртазагIали ва ХIасан Алкъадари. Гьелъул хIакъалъулъ цIале: Назир ад-Дургели. Услада умов в биографиях дагестанских ученых (Нузхат ал-азхан фи тараджим улама Дагистан). Перевод с арабского, комментарии, факсимильное издание, указатели и библиография А.Р. Шихсаидова, М. Кемпера, А.К. Бустанова. М. 2012. Гь. 94. Цоги баяназда рекъон ХIажидибирица гIахьаллъи гьабун буго 1837 соналъ ГIашилтIа ккараб рагъулъги, цогидал рагъазулъги. Гьев вукъарав бакIги лъалеб гьечIо. Бал.: МухIамаднабиев М. Гьунухъ росдал тарих. МахIачхъала, 2010. Гь. 133.

[11] МухIаммад ал-Ярагъи (хв. 1838 с.) – Накъшубандияб тIарикъаталъул муршид. Имам ГъазимухIаммадилги Шамилилги устар ва насихIатчи, Кавказалъул рагъул бетIерав дагIватчи.

[12] Гьаб рагIул магIна гьабизе бегьула «мурид, ритIухъав чи» абун.

[13] Ай, хIажалде.

[14] Гьанжесеб Лак районалъул цо росдал цIар. Гьеб ккола шайх Сайпуллагь-къади Башларовасул росу.

[15] Гъазигъумекиса Жамалудин (хв. 1866 с.) – Накъшубандияб тIарикъаталъул устар, Шамил имамасул рухIияв эмен ва вакьад. Гьесие къадар щвана Турциялда, гьенибго зияратги буго.

[16] МахIмуд-хан – гьесул хIакъалъулъ киналгIаги баянал лъазаризе кIвечIо.

[17] Гьаниб бицен гьабулеб буго 1840-абилеб соналъ Дагъистаналда букIараб бакъбухIиялъул ва кутакаб ракъдаллъиялъул. Гьелъул хIасилалда кутакаб ракъиги, къварилъиги букIана Дагъистаналда.

[18] ЦIадахIариб – гьанжесеб Лаваша районалъул росу.

[19] Дургелиса Назирица гьесул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «МухIаммадтIагьирил вукIана вас Хабибуллагь-хIажи абурав. Гьев вукIана цIакъ бажари бугев гIалимчи, жинда гIелмабиги лъикI лъалев. Гьев хвана 1339 (1921) соналъ, жумад-ул-аввал моцIрол ахиралда, бакъанил какил ахиресеб ракагIаталъул рукугIалда. Аллагь гурхIаги гьесда! ХIабибуллагьилги вукIана цо вас Абу Бакр (Абубакар) абурав, инсулго гIадаб гIелму кодосев. Гьевги хвана жиндирго эмен гIадин 1339 (1921)-абилеб соналъ. КIияздаго Аллагь гурхIаги!» Бал.: Назир ад-Дургели. Указ. соч. С. 118-119.

[20] Гьочоса ГIабдурахIман – (Гьочоб – гьанжесеб ЧIарада районалъул росу, Къарахъ мухъ); Къарахъа ГIабдуррахIман машгьурав гIалимчи, Шамил имамасул божарав чи. Гьес гIахьаллъи гьабуна Кавказалъул халкъаз пачаясда данде гьабулеб букIараб къеркьеялъулъ. 1847-абилеб соналъ гьев наиблъиялдаса гIодов тана, херлъиялда бан. Цинги гьев хIалтIана мугIалимлъун, хIалтIана Къарахъ мухъалда муфтилъунги мухIтасиблъунги. МухIтасиб ккола имаматалда хъулухъчагIаз шаргIиял хIукмаби хвезарунгутIиялда тIад тарав чи. Гьелъул хIакъалъулъ цIале: Дадаев Ю.У. Наибы и мудиры Шамиля. – Махачкала, 2009. С. 130-132.

[21] Кьорош – гьанжесеб ЧIарада районалъул Къарахъ мухъалъул росу.

[22] Гьунухъа НурмухIаммад – ГIумарил МухIаммадил вас. Гьев Къарахъ наиблъун вукIана 1847-52 сс. Югалъулаб Дагъистаналде гьабураб гьужум сабаблъун гьев хъулухъалдаса эркен гьавуна. Гьесул хIакъалъулъ балагье: Дадаев Ю.У. ТIадехун рехсараб хIалтIи. Гь. 265-266. Гьесул зонода хвараб сон бихьизабун буго 1282 (1858). Багинуса ШугIайб Афандица «ТIабакъаталда» гьев хвараб сонлъун бихьизабулеб буго 1302 (1884) сон. Гьев Шамилгун вукIана рагъ ахиралде щвезегIан. Гъуниб магIарда Шамил имам кверде ун хадув, НурмухIаммад цодагьаб заманаялъ Темир-Хан-Шура округалъул цо росулъ туснахъ гьавун вукIана, цинги рокъове виччана. Гьелдаса гIемер заман иналдего НурмухIаммадие къадар щвана. Гьев вукъун вуго гIагараб Гьочоб росулъ. Гьесул хобги буго жиндирго эмен ГIумарил МухIаммадидаги, вацгIал ДибирхIажил вас ХIажиясдаги аскIоб. Бал.: МухIамаднабиев М. Гьунухъ росдал тарих. – МахIачхъала, 2010. Гь. 141, 143;
Гьесул эмен ГIумарил МухIаммад жиндир заманалъ вукIана машгьурав гIалимчи. Гьев гьавун вуго 1240 (1783)-абилеб соналъ. Гьедин хъван буго гьесул зонодаги. Хвараб сон бихьизабун гьечIо. Бал.: МухIамаднабиев М. Гьунухъ росдал тарих. – МахIачхъала, 2010. Гь. 131.

[23] Гьасул хIакъалъулъ щибго жо лъазабизе кIвечIо.

[24] ТIелекь – Шамил районалъул цо росу, Шамилил наиб КъебедмухIаммадил ватIан.

[25] ТIелекьа КъебедмухIаммад – Шамил имамасул наиб ва мудир. Кавказалъул халкъаз пачаясда данде гьабураб рагъулъ гьес кIудияб хIаракатчилъи ва гIахьаллъи гьабуна.

[26] Гьел наибзабаздаги къадизабаздаги гьоркьоб букIараб дандеккунгутIиялъул хIакъалъулъ цIале: «Народно-освободительная борьба Дагестана и Чечни под руководством имама Шамиля» // Сборник документов. Сост. Гаджиев В. Г., Дадаев Ю. У., Рамазанов Х. Х. – М., «Эхо Кавказа», 2005. С. 330-331; ГIабдурахIман Гъазигъумекияс жиндир хIалтIулъ тIубараб цо бетIер буго наибзаби теялъул ва гьезул хIалтIул хIакъалъулъ хъвараб. Бал.: Абдурахман из Казикумуха. Указ. соч. С. 89-91.

[27] Илисуялдаса Даниялбек (Даниял-султIан) – Илису СултIанаталъул ахирисев бетIер. 1844-абилеб соналдаса нахъе имам Шамилил мудир. Гьев вукIана имам Шамилил бищун цересел чагIаздаса цоявлъун. Гьединго имам Шамилил вас ГъазимухIаммадил вакьадги кколаан гьев.

[28] МухIаммадтIагьирие «муфтий» цIар кьеялъул хIакъалъулъ цIале: Абдурахман из Казикумуха. Указ. соч. С. 86.

[29] Кьолонуб – гьаб щулалъи киб бугебали мухIканго лъазабизе кIвечIо.

[30] ХIажидибирасул вас ХIажияв гьавуна гьанжесеб ЧIарада районалъул Гьунухъ росулъ. Гьев Къарахъ мухъалда наиблъун вукIана 1852-59 соназ. Гьес гьеб хъулухъалда хисана жиндирго вацгIал Гьунухъа НурмухIаммад. Бал.: МухIамаднабиев М.Гьунухъ росдал тарих. – МахIачхъала, 2010. Гь. 138; Хадубккун тIехьалда жаниб гьесул хIакъалъулъ бицен гьабулеб буго ХIажияв ал-Къарахъи абун. ГIабдурахIман Гъазигъумекияс гьесул хIакъалъулъ цIакъ кIвар бугел баянал кьолел руго: «Къарахъ мухъалда бетIерлъун вукIана НурмухIаммад. Гьев вукIана машгьурал гIалимзабазул ирсилавлъун. Гьев хун хадув Къарахъ наиблъун тана гьесул гIагарав чи ДибирхIажиясул вас Хажияв. Гьев вукIана цIакъ хIалимав, хIеренав ва сахаватав чи. Гьесул ритIухълъиялъги гIелмуялъги цIакъ асар гьабулаан Имамасе. ХIажияв вукIана ракIбацIцIадав чи, гьелъие нугIлъи гьабула гьадинаб цо мисалалъ. Цо нухалъ имамасул хазиначи ГIоротIаса ХIажияс гьесухъе кьун рукIана нахъе цIунизе меседил гъурщал, къваригIараб мехалъ нахъе росизеян. Шамил имам Гъуниб магIарде унаго, гьев ГIоротIаса ХIажияв имаматалъул месед-гIарацгун Къарахъ ракьалда вукIана. (Гьениб нухда къаралазги кIкIуядисезги гьеб хазинадул бащадаб бахъана) Шамил кверде ун хадуб, имам хъизангун Темир-Хан-Шураве витIула. Цинги дов хазиначияс гьарана Къарахъа ХIажиясда доб цIунизе кьун букIараб 500 меседил гъурущ нахъе кьеян. Гьес гьел нахъе кьуна. Цинги дов хазиначияс гьедун абулеб букIана, гьеб гIарац жаниб бугеб таргьа Къарахъа ХIажияс рагьунцин батичIин абун. ХIажияв гьелда жаниве валагьунцин гьечIо», – ан.
МухIканго гьелъул хIакъалъулъ цIализе бегьула: Абдурахман из Казикумуха.«Книга воспоминаний саййида Абдурахмана, сына устада шейха тариката Джамалуддина ал-Хусайни о делах жителей Дагестана и Чечни» абураб тIехьалдаса. (Махачкала, «Дагестанское книжное издательство», 1997. С. 66).

[31] Гьасул хIакъалъулъ щибго лъазабизе кIвечIо.

[32] Закат (зякат) – шаргIалда рекъон, чара гьечIого мискинзабазе кьезе кколеб садакъа.

[33] Низам (гIараб.) – гIадлу, къагIида, тартиб.

[34] Дургелиса Назирица хъвалеб буго ГIуриса ШугIайб машгьурав гIалимчи вукIанин абун. ГIуриб – гьанжесеб Шамил районалъул росу. Бал.: Назир ад-Дургели. Указ. соч. С. 69.

[35] Гьеб рагIул магIна буго цо бакIалдаса цоги бакIалде гочин абураб. Гьаниб бицунел мугьажирал руго жидерго ракьги, магIишатги тун, Шамил имамасда цадахъ рагъизе къватIир рахъарал чагIи.

[36] Кинаб букIаниги хIукму къотIулаго Ибну ХIажарил тIехьалдаса босанин абулаан. Щивас хIаракат бахъулеб букIана жидерго гIелмудул гъварилъи бихьизабизе. Ибну ХIажар Гьайтами ккола шапигIияб мазгьабалъул машгьурав гIалимчи.

[37] ИжмагI (гIараб. إجماع‎)– разилъи, цо хIукмуялде рачIин ялъуни, цо кинаб букIаниги суалалда хурхун гIалимзабазул рагIи цойиде бачIин. Гьеб ккола шаргIалъул Къуран-хIадисалда хадуб жинда мугъчIвай гьабулеб аслу, кьучI.

[38] Рагъдаса лъутаразухъа боцIи бахъиялъул ва туснахъ гьариялъул суалал.

[39] Шамил имамасул Имаматалъул тахшагьар, гьанжесеб Чачаназул Видан районалъул росу.

[40] Машгьурав гIалимчи, гъоркьехун рехсарав ЦIулдаса ГIабдуллагьил эмен.

[41] Гьесул хIакъалъулъ щибго жо лъазабизе кIвечIо, гьанжесеб Казбек районалъул Гуни росулъа вукIин гурони.

[42] Гьесул хIакъалъулъ щибго жо лъазабизе кIвечIо, гьанжесеб Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъа вукIин гурони.

[43] Гьесул хIакъалъулъ щибго жо лъазабизе кIвечIо, гьанжесеб ЧIарада районалъул Гьачада росулъа вукIин гурони.

[44] Хъаяев ГIалица гьесул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «ГIабдула вуго ЧIарада районалъул ЦIулда росулъа. Гьев машгьурав вукIана лъикIав гIалимчи хIисабалда. Багъа-бачари байбихьилелде гьев вукIана Гъуниб округалъул диваналъул членлъун (яги къадилъун). Сугъралъ багъа-бачари байбихьун букIин рагIарабго, жиндирго хъулухъги рехун тун, гьев хехаб къагIидаялъ Имамасда аскIове ГIанаде вачIуна. Имамас гьев кIудияб хIурматгун къабул гьавула ва мудирасул хъулухъги кьун, кIудиял ихтияралги кьун, богун ЦIумаде витIула. Гьес имамасул тIадкъай тIубазабизе кIудияб хIаракат бахъулеб букIана, кинниги гьесда гьеб бажаричIо. Багъа-бачари щущахъ биххизабун хадуб, гьев пачаясул аскараз багъа-бачариялъул бетIер хIисабалда асир гьавуна. Гьенивго кваридаги ван гъанкъана» Балагье. Али Каяев «Восстание 1877 г.: Галерея героев». Перевод И. Каяева.gazeta-nv.info.
Къавкъазалъул календаразул лъазабиязда рекъон Гъуниб округалъул диваналъул къадилъун вукIун вуго ГIабдула ГьитIино-МухIама огълы. Дургелиса Назирица хъвалеб буго гьадин: «Къади ЦIулдаса ГIабдулагь вукIана кIудияв гIалимчи. Цо дагьаб заманаялъ гьев вукIана бетIерав къадилъунги ХIубукь областалда», абун. Бал.: Назир ад-Дургели Указ. соч. С. 69.

[45] БакътIерхьул Дагъистаналда машгьурав гIалимчи. Гьес гIахьаллъи гьабуна 1877-абилеб соналъ ккараб багъа-бачариялъулъ. Гьелъул хIасилалда, гьев асирги гьавун, Сибиралде витIана. Абубакар ккола МухIаммадтIагьирил дурц. Гьанжеги ЦIулда росулъ буго гьесул нахъе хутIараб кIудияб китабхана.

[46] Гьаб букIине ккола Даргъо-Ведено, ай ЦIияб Даргъо.

[47] ГIараб битIунхъваялда тIасан гьоркьохъел гIасрабазул машгьурав гIалимчи Ибну Гьишамица хъвараб тафсир.

[48] Назру гьаби – рикIкIен гьечIел соназ Дагъистаналъул чIахIи-чIахIиял гIалимзабазда гьоркьор рукIана гьеб назруялда сверухъ кIудиял бахIсал. Хасго кIвар бугеб бахIс букIана Къарахъа МухIаммадтIагьиридаги ГIахъушиса ХIажигIалидаги гьоркьоб. Гьеб бахIсалъул къокъаб хIасил гIурус мацIалдеги буссинабун 1871-абилеб соналъ басмаялда бахъунги букIана. Бал: Полемика дагестанских ученых по вопросам отчуждения собственности по назру (обету), с предисловием. ССКГ. Вып. 5. Тифлис, 1871 г.

[49] ЧIикIаса Ражабил МухIаммад – гьесул хIакъалъулъ щиб букIаниги жо лъазабизе кIвечIо.

[50] Гьеб букIине ккола МухIаммадтIагьирица «Цо-цо Шамилил рагъазулъ букIаниги Дагъистаналъул хвалчабазул паркъи» абураб тIехь хъвалеб заман.

[51] Гьаниб бицен гьабулеб буго Шамил имамасул асираллъун жал рукIарал гуржиязул цIар бугел гиназал Чавчавадзе ва Орбелиани мухьдахъ нахъе риччаялъул.

[52] МухIаммадтIагьирица байтулмалалъул боцIиялдаса инкар гьабиялда сверухъ Гъазигъумекиса ГIабдурахIманица гьадин хъвалеб буго: «Аллагьасукьа хIинкъиялъул гIаламат гIеларищ, гьес байтулмалалъул боцIудаса босулеб букIинчIо щибгIаги жо, хIатта имамас кьураб жоцин». Бал.: Абдурахман из Кзикумуха. Указ соч. С. 81.

[53] Гьел наибзабазул цIарал, тIадежубай гьабун, тIамчил рагIалда хъван руго. Нижер хIисабалда гьев ГIамирхан абулев чи вукIине ккола ЧIикIаса ГIамирхан, къогогIанасеб соналъ жив Даргъов къадилъунги хIалтIарав, хадув Имамасул катиб ва мугьру цIунулев чилъунги жив вукIарав.

[54] Гьаниб нижер хIисабалда бицен гьабулеб буго ГIурадаса МуртазагIалил.

[55] Гъараниса ХIажияв (حجيو الغاراني) – гьасул хIакъалъулъ щибго лъалеб гьечIо, гьанжесеб Буйнахъ районалъул Хъарани росулъа вукIин гурони.

[56] Гьасул хIакъалъулъ щибго лъазабизе кIвечIо.

[57] КIаратIа – гьанжесеб ГIахьвахъ районалъул райцентр.

[58] Гьелъул хIакъалъулъ Гъазигъумекиса ГIабдурахIманица жиндирго тIехьалда гьадин бицунеб буго: «Гьев Хелекьури росулъа (Хелекьури росу – гьанжесеб Болъихъ районалъул бакI) вукIана машгьурав ва кIудияв гIалимчи Шамилил наиб Шамхалдибир абун жинда цIарги бугев. Наиблъун телалде цеве Шамхалдибир ГъазимухIамадил мугIалимлъун вукIана». Бал.: Абдурахман из Казикумуха. Указ. соч. С. 126; ГъазимухIамадил кIиабилев мугIалимасул хIакъалъулъ гьес гьадин хъвалеб буго: «Машгьуразда гьоркьоса цоявлъун вукIана Муниса гIалимчи, Шамил имамасул васасул мугIалим ГIабдуссалам», – абун. Бал.: Абдурахман из Казикумуха. Указ. соч. С. 79.

[59] Гьев ккола Шамил имамасул наиб ва мудир ТIелекьа КъебедмухIамадил вац. ЧIвана 1877-абилеб соналъ Дагъистаналда ккараб багъа-бачариялъул гIахьалчи хIисабалда. Хъаяев ГIалица гьесул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «Муртаза-ГIали вуго ТIелекь росулъа. Гьев ккола Шамил имамасул машгьурав наиб ва мудир Къебед-МухIамал вац. Шамилил рагъул заманалда, жиндирго вац Къебед-МухIамаго гIадин наиблъун тун вукIана. Рагъ ахиралде щвараб заманалъ, гьев кIиявго пачаясул аскаразул рахъалде ана».
Шамил кверде ун хадуб пачаяс прапорщик абураб цIарги кьун гьев наиблъун тола. Къебед-МухIамае пенсия чIезабун букIана анлънусго гъурущ. Гьелдаса хадубги гьев кIиявго вац пачаясе мутIигIаллъун рукIинчIо. Къебед-МухIамаца гIахьаллъи гьабуна Муртаза-хIажил бетIерлъиялда гъоркь Закаталаялда ккараб багъа-бачариялъулъ. Гьеб багъа-бачари байбихьилелде Муртаза-хIажица, балъго данделъаби гьарулел рукIана Къебед-МухIамал рокъоб. Гьес гьезие бажарараб кумакги гьабулеб букIана. Багъа-бачари байбихьарабго Къебед-МухIамаца халкъалда цебе жиндирго гъажалдасаги тIун, пачаясул погонал гIодорги речIчIун, тIад кIанцIана. Гьеб багъа-бачариялде гьоркьовеги ун гьес гьезие бетIерхвейги гьабуна. Хадуб ГIанаде имамасухъеги вачIун гьесул гIакълучилъун лъугьана. Имамасул цIаралдасан халкъалъе бетIерлъиги гьабуна. Багъа-бачари гIодоб къинабун хадуб гьев асирлъуде ккола, ва кваридаги ван гъанкъана». Бал.: Али Каяев «Восстание 1877 г.: Галерея героев». Перевод И. Каяева. gazeta-nv.info.

[60] Гьаниб МухIаммадтIагьирихъа гьитIинабго гъалатI ккун буго. Гьеб заманалда Гьоркьохъеб Дагъистаналъул бетIерлъун вукIана генерал-майор, рагъулав хIаким И.Д. Лазарев. Гьесул фамилия хъван буго «Назаров» абун.

[61] Цебе магIарулаз ХIубикь абун абулеб букIана гьанжесеб Гъуниб росдаде.

[62] Нижер хIисабалда гьеб букIине ккола «Цо-цо Шамилил рагъазул Дагъистаназул хвалчабазул паркъи» абураб тIехьалъул цо нусха. ГIамри ШихсагIидовас гьеб тIехь генерал Лазаревас машгьурав къавкъазовед, Къавкъазалъул археографиялъул экспедициялъул председатель А.П.Бержее сайгъат гьабун бугин абун хъвалеб буго жиндирго макъалаялда: Бал.: Шихсаидов А.Р. Мухаммадтахир (1809-1880). Махачкала, 2010. С. 28.

[63] Гьаниб бицен гьабулеб буго 1863-абилеб соналъ Закатальский округалда ХIажи Муртузил бетIерлъиялда гъоркь ккараб багъа-бачариялъул.

[64] Гьесул хIакъалъулъ щибго лъазабизе кIвечIо, гьев гьанжесеб ЧIарада районалъул Хьинуб  росулъа (Къарахъ мухъ) вукIин гурони.

[65] Гьаниб бицен гьабулеб буго шатбс-капитан МухIамадгIалил вас МухIамад-Мирзал (МухIамад-гIали оглы), живги ТIелекь-Гьидерил наиблъун вукIарав 1860-абилеб соналъ.

[66] МагIарулазул роцен, жибги бащалъулеб 7-8 фунталда. 1 фунт бащалъула 0,45359237 килоялда. МухIаммадтIагьир Назаровасухъе ун вуго анцIго килогIадаб нахги босун.

[67] МуртазагIали ал-ГIуради – ГIурадаса МуртазагIали (хв. 1865 с.) – Дагъистаналъул машгьурав гIалимчи. ГIемерал соназ Шамилил Имаматалъул кIудияв къадилъун жив хIалтIарав.

[68] ТIасияб (мугIрузулаб) Дагъистаналъул рагъулав начальникI, генерал-майор Н.Н.Кармелин.

[69] Дагъистан областалъул начальникI, генерал-адъютант, Госсоветалъул член Л.И.Меликов.

[70] Къавкъазалъул календаразул лъазабиязда рекъон Къарахъа МухIаммадтIагьир Дагъистаналъул халкъияб диваналъул къадилъун хIалтIизе лъугьун вуго 1869-абилеб соналъ. Гьеб хъухъалдаса нахъеги ун вуго 1874-абилеб соналъ. Гьедин МухIаммадтIагьирица жинцагоги хъвалеб буго ункъго соналдасан гIодов теян гьаранин абун.

[71] Гьеб заманалда Дагъистаналъул диванханабазул бетIерлъун вукIана гиназ Г.И.Магъалов.

[72] Къуръаналда рекъон абураб магIна.

[73] Шималияб Дагъистаналъул начальникIасул гьитIинав кумекчи, капитан П.Е.Запорожченко.

[74] МухIакъкъикъ – гIелмияб цIех-рех гьабун битIараб нух балагьулев чи.

[75] Дагъистаналъул халкъияб диваналъул начальникI, коллежский ассесор, гиназ Г.И. Магъалов.

[76] محجور عليه – налъаби цIикIкIиндал жиндир боцIи-малалда кверщел гьабизе заманаялъ ихтияр нахъе босарав чи.

[77] Гьеб рагIул магIна: гIамал-тIабигIат берцинав, цIубарав гIакълу бугев, чIахIиял мунагьалги жинца гьаруларев ва гIисинал мунагьаздаги даимлъуларев, кIварабгIан къадаралъ гьездасаги цIунун вукIун абураб буго. Гьеб аслияб шартI буго нугIлъи гьабулесе, кинабгIаги къотIи-къай гьабулелъул.

[78] Шагьаралъул управлениялъул начальникI, генерал-лейтенант Д.С. Старосельский. Гьесул нухмалъиялда гъоркь тIоцере кагътиде росана Шималияб Къавкъазалъул гIадатал.

[79] Сиражев В.Г. – 1860-1864-абилел соназ гьев вукIана Дагъистаналъул халкъияб диваналъул председатель. Гьелдаса хадув хIалтIана Дагъистан областалъул начальникIасул канцеляриялъул бетIерлъун.

[80] ГIантасул ГIумар – гьев ккола Гьачада росулъа, гьанжесеб ЧIарада район. Гьев вукIана гIалимзабазул наслуялъул чи. Гьесул эмен ГIантавги, гьесул эмен Ибрагьимги, гьесулги эмен Халилги машгьурал рукIана гIалимзаби хIисабалда. 1890-абилеб соналъ гьарурал диваналъул хъвай-хъвагIаязда гьесул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «ГIумар – хвана Шамил имамасул заманалъ», – абун. Нурмагомедов И.Г. Карахский союз сельских обществ в XIX – начале XX вв. (Вопросы социально-экономического развития и административно-политического устройства). – Махачкала, 2007. С. 190; ЦГА РД. Ф. 2, оп. 5. Д. №6, л. 1-12; Гьесул вукIана цоги вац ГIабдулкъадир абун. Гьев хекко хвана, жегиги эмен ГIантав чIаго вукIадго. Гьесул кIиго вас вукIана ХIажимуса ва МухIаммад абурал.

[81] Бегасул ГIали – гьавуна 1834-абилеб соналъ Кьахъ росулъ (гьанжесеб ЧIарада районалъул ЧIарада росулъ). Кьахъ буго гьанжесеб ЧIарада росдада букIараб некIсияб цIар. Гьесул эмен Бегасул вас Бегав гьавун вуго 1795-абилеб соналъ.

[82] Сивухъ – гьанжесеб Хунзахъ районалъул росу.

[83] Къелеб – тIадмагIарухъ бугеб общество, анкьго росдал жамагIатазда (Хьиндахъ, Мусрухъ, Ругъелда, Сомода, ГIурчухъ, Хьонох, Рукъдах) абулеб гIаммаб цIар.

[84] Гиничукь – гьанжесеб Хунзахъ районалъул цо росу.

[85] ТIанусиса МухIаммад вукIана Шамил имамасул божарав чи. Гъазигъумекиса ГIабдурахIманица гьесул хIакъалъулъ гьадин бицунеб буго: «ТIанусиса МухIаммад вукIана Имамасул божарав чи, жигьад байбихьралдаса нахъего гьесул гьудул», – абун. Бал.: Абдурахман из Казикумуха. Книга воспоминаний. – Махачкала, 1997. С. 80; Цоги тIехьалда гьадин хъвалеб буго: «ТIанус МухIама 1864-абилеб соналъ Маккаялда хвана, гьесул вас Малачица гьижра гьабуна 1869-абилеб соналъ Турциялде», – абун. ССКГ Тифлис, 1870 Вып. № 3. С. 28.

[86] Гьолокь – гьанжесеб Шамил районалъул росу.

[87] Ццим гIодобе буссана, гIакълу хисана абураб магIна.

[88] Диййат (гIараб.) – чи чIварав чияс кьезе кколеб рецIел. «Ал-хатIаъ»-ракIалдаго гьечIого, хатIалъун ккун чи чIвай.

[89] Гьаниб хIалтIизабун буго гIараб рагIи «гIалиж»- علج ай хъачIав, чIухIарав, цогияздехун адаб гьечIев чи.

[90] Къурбанил МухIаммад – гьавуна БацIада росулъ (Гьанжесеб Гъуниб районалъул росу). Цин гьев вукIана Сугъралъ росдал муфтилъун, хадув наиблъунги. Бал.: Абдурахман ал-Казикумухи. Краткое изложение подробного описания дел имама Шамиля. Перевод с арабского, введение, комментарии и указатели Тагировой Н.А. – М., 2002. С. 159; Гъазигъумекиса ГIабдурахIманил цоги тIехьалда гьесул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «БацIада росдал гIалимзабазда гьоркьов машгьуравлъун вукIана жинда къануналъул гIелму лъикI лъалев наиб Къурбанил МухIамад», – абун. Бал.: Абдурахман из Казикумуха, 1997, С. 82; Жеги МухIаммадтIагьирица гьесде гIайиб гIунтIизабулеб буго Шамил имамасул хазина бикъулезда гъорлъ гIахьаллъи гьабунин абун. Бал.: Хроника Мухаммеда ал-Карахи о дагестанских войнах в период Шамиля. Перевод А.М. Барабанова. – М., 1941. С. 246-247.

[91] ГIемерал бихьинал рагъда чIваялъул хIасилалда Имаматалда къоролруччаби къойидаса къойиде цIикIкIунел рукIана. Гьелда хурхун имам Шамилица кьола буюрухъ. ТIоцебе къоролруччабазе изну букIана жиндийго рос валагьизе, нагагь гьедин рос валагьизе (тIаса вищизе) гьезда бажаричIони, хIалица кьолаан росасе. ШаргIалда данде кколареб жо букIиналъ МухIаммадтIагьир гьелда рази вукIинчIо.

[92] Гьаниб нижер хIисабалда бицен гьабулеб буго Шималияб Дагъистаналъул начальникI Д.Д. Джорджадзил.

[93] Гьаниб бицен гьабулеб буго ГIусманиб турказул султIанасул хIакъалъулъ.

[94] ЧIохъа ХIажигIали – Шамил имамасул божарав чи, «Шамилил хIакъалъулъ бералда бихьарасул харбал» абураб тIехь хъварав гIалимчи.

[95] Машгьурав бусурбабазул гIалимчи Мухйидин Шейхзадел (хв. 951 с.гь./1544) баянкьеял, тафсир, машгьурав бусурбабазул динияб ва гIелмияв устар Насир ад-дин ал-Байдавил (хв. 1286 с.) «Анвар ат-Танзил» абураб тIехьалда тIасан гьабураб.

[96] Египеталдаса гIалимчи МухIаммад ал-Заркъаница гьарурал баянкьеял жиндирго ватIанцояв Шигьабудин ал-КъастIаланил «Ал-МавахIиб ал-Ладуния» абураб, нилъер Аварагасул (гI.с.) гIумру жаниб рехсараб «Сира» тIехьалда тIасан.

[97] ПасихIаб каламалде куцалеб гIелмудал тIехь, машгьурав бусурбабазул гIалимчи, пилосоп ва шагIир МасгIуд ибн ГIумар ат-Таптазаница (хв. 1322 с.) хъвараб.

[98] ЧIегIераб чалма ретIунеб букIана Шамил имамасул муридзабаз.

[99] Гиназ К.И. Меликов, хIакимасул гIакълучи. 1869-1871-абилел соназ гьев вукIана Дагъистаналъул халкъияб диваналъул председателлъун.

[100] ХIиннаялъ мегеж белъи суннат буго бусурманчиясе. Мегеж белъи МухIаммадтIагьирица Исламалъул кIвар бугеб жолъун бихьизабулеб буго.

[101] Гьеб абиялъул магIна буго, МухIаммадтIагьирие тIад хъанч бахъараб медаль каранда базе бокьунгутIи.

[102] ТIехьалъул тIамчил бокIоналда МухIаммадтIагьирил вас ХIабибуллагьица хъван буго гьадин: «Гьеб цояб чIоло тIогьилаб кьералъул букIана. Эмен хун хадуб дица гьел чIалал чалмидасаги рахъун гьаб тIехьалъул ахиралда лъуна», – абун.

[103] Сугъралъа ГIабдурахIманхIажи – Дагъистаналда машгьурав динияв цевехъан, накъшубандияб тIарикъаталъул устар. Гьев вукIана 1877-абилеб соналъ букIараб къокъаб шаригIаталъул багъа-бачариялъул рухIияв цевехъан Дагъистаналъул ункъабилев имам МухIаммад-хIажил эмен.

[104] Гьесул хIакъалъулъ щибго лъазабизе кIвечIо.

[105] Гьанибги ХIабибуллагьил квералъ гьадинаб хъвай-хъвагIай тIаде жубан буго: «Цо нухалъ дун Сугъралъа ГIабдурахIманхIажиясухъе щведал гъос дида абуна: «Дур инсул ритIухълъиги, рацIцIалъиги лъалаго диванбегасул хъулухъалдаса гьев гIодов тезе гIурусал разилъилин кколаро дида», – ян.

[106] БацIадаса ГIабдуллагьил вас ГъазимухIаммад. (БацIада гьанжесеб Гъуниб районалъул росу).

[107] Сугъралъа ГIабдулхIалим вукIана машгьурав гIалимчи. Гьес гIахьаллъи гьабуна 1877-абилеб соналъ букIараб багъа-бачариялда. Гьев диваналъул хIукмуялда рекъон кваридаги ван гъанкъана. Бал.: «Очерк о событиях в Дагестане в 1294 году» Али-кади Салтинский: предисловие, перевод, примечания. Пер. М. А. Мусаева и М.Г. Шейхмагомедова // Дагестанский востоковедческий сборник: – Махачкала, 2011. Вып. 2.

[108] ХIадисаздаса росарал биценазулги дугIабазулги мажмугI. Гьеб данде гьабуна Шамсаддин МухIаммад бин МухIаммад бин ал-Джазари аш-ШапигIица (хв. 1333 с.).

[109] «Сугъулдерил питна» абун хъван буго МухIаммадтIагьирица. Дагъистаналъул цоги гIалимзабаз гьеб багъа-бачариялъе «гъазават» абун цIар кьолеб буго, амма МухIаммадтIагьирица гьелда «питнайилан» цIар лъолеб буго.

[110] Наиб ГIалихан Авари – генерал Макъсуд ГIалихановасулги гьесул вац Хъайтмазилги эмен. Гьавуна 1820-абилеб соналъ бечедав, къадру бугев Хунзахъа ХIусенил хъизаналда. Цодагьаб заманалъ Шамил имамасул рахъалдаги вукIун, хадув гьев пачаясул рахъалдехун уна. Дагъистаналъул рекIаразул полкалда хъулухъги гьабуна. ГIемераб заманалъ рагъулаб хъулухъалдаги вукIун, гьев Кьенсерухъ участкаялъул наиблъун тола. Гьеб хъулухъалдаса гьев пенсиялде уна 1884-абилеб соналъул 10-абилеб марталда ва хвезегIан гIумру гьабун Хунзахъ чIана.

[111] ЧIохъа Мамалав – Дагъистаналда тIоцере рахъарал Россиялъул гIаскаралъул опицерзабазул цояв. Гьес Россиялъул гIаскаралда хъулухъ гьабуна полковникасул чин щвезегIан.

[112] Закария Нахибашев – имам Шамилил боржарав чи, хадув пачаясул гIаскаралъул опицер. ГIемер заманалъ гьев вукIана Анцухъ-Капуча обществоялъул наиблъунги.

[113] ТIелекьа Гьанкалав – чIункIбузул наслуялъул чи, жиндир заманалъ КъебедмухIамадица жал лъугIинарурал. Гьезда гьоркьоса чIаго хутIана кIигояв – Гьанкалавги Шамхалги. 1877-абилеб соналъ гьев росдал бетIерлъун тана, багъа-бачари гIодоб къинабизе гьес пачаясул гIаскаразе гьабураб квербакъиялъе гIоло. ЧункIби лъугIизарунин абун ццин бахъарав Гьанкалас, росулъа къватIире ритIизе кколел росуцоязул сияхIал хIадур гьарулел рукIана. Бал.: АхIмадов М.М. ТIелекь росдал тарих: МахIачхъала, 2005. Гь. 50.


Автор: Къарахъа МухIамадтIагьир

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook