Авторизация

Ахакь росдал тарихиял хIужаби

Гьаб гъоркьехун нилъеца кьолеб ракIалдещвеял хIисабалда хъвараб тарихияб асар ккола Ахакь росулъа мунагьал чураяв Абакаров ХIажимухIамадица хъвараб. Гьев гьавуна 1914 соналда, ва жиндир халатаб гIумруялъ бихьана чанги къварилъи. ХIуригаталдаса хадуб Дагъистаналда букIараб ахIвал-хIал, ватIанияб рагъги, ракъиги, хвелги… Цин росулъ цIалун, гIараб-гIажам цIалун, гьев нахъе цIалун вахъана бухгалтерлъун ва гIемерал соназ хIалтIана гьеб хъулухъалда, батIи-батIиял бакIазда. Районалъул бухгалтерасул хIалтIиги тун, пенсиялде вахъун хадуб, 2002 соналъ, гьев, 88 сон барав чи, Аллагьасул къадаралда ккана. Гьев хун хадуб чанго сон барабгун, гIагарлъуда ратана гьес жиндирго росдалги, хъизамалъулги хIакъалъулъ хъварал ракIалдещвеял. Микьго даптаралда бугоан гьес загьир гьабун жиндирго росдал тарих, магIарухъа лъарагIлъиялда гочинегIан. Даптаразда рекъон, гьес гьаб асар хъван буго 1973-1975 соназ.



Ахакь росу букIана Шурагьиса (Буйнакскиялдаса) бакътIерхьуде Ишкатали росу къотIун унагон 22 километраялъул манзилалда кIкIалахъ. М угъзада нахъа мегIер бугеб гьеб кIкIалал цо борхалъуда батана дида Ахакь абун цIар тараб гьитIинаб берцинаб магIарул росу. КIкIал халаса унеб гьитIинабго лъарал лъимги бакъдасан ва хьондасан ракьалги рахъун, лъимги бачун, гьенир гьарун ругоан ахал, дида лъай батараб мехалда гъоб кIкIалал жаниблъи бугоан цIакъго берцинал, кинабго пихъ ва цIибил бижулел бечедал ахазул ва хурзабазул цIун. Гьениб букIана кинабго пихъ, цIакъго гIемераб бугоан цIулакьо ва жинда росдал цIар лъураб риидал барщулеб ахадерил гени.

Щивав росуцоясул магъилъ жинди-жиндир хурул, ахил бутIаби рукIана, цоясул цо бакIалда, цойгидасул кIиго ва лъабго бакIалда.

Росу бугоан бан цIакъго санагIатаб бакIалда. Гьеб санагIатаб бугоан доб заманалъул шартIазда жаниб гьодинаб гIемераб пихъ бижулел ахал рукIиналдаса батIа, росдада гIагарлъухъ кIудияб миккил рохь букIиналдалъун кIкIал халаса унеб лъаралда тIад рарал лъел гьабал рукIиналъги. Дида лъалеб гьениб букIана 12 гамчIил гьобо. Росдал гIадамазул тIощел хиналдаса батIа гьабазухъе тIубараб лъагIелалъ гьакаца рачIунаан хенезе мадугьалихъ ругел росабазул тIощелги Ишкатали кIиябго Хъараниб ва хIатта Элперисаги. Ахал, гьабал гьариялдаса батIа, росдал рукIана чIегIерхIайванал ва цIакъго гIемерал цIани, хIайванал хьихьизе хасго цIани гIезаризе росдал кIудиял ресал рукIана росда сверухъ ругел рахъазулъа чIахIиял парсаз рес кьаолаан тIубараб соналъго боцIи ва хасго цIани гIалахалда кваназарун хьихьизе. Гьелъги ва лъалъалел ракьазда ругел ахал-хурзабазги росдал гIадамазе цIикIкIараб бачIин кьолаан. Гьелъул хIасилалда, зама-заманалда рачIунел ракъдалал соназ цогидал росабалъ бокьараб жо ракъдаллъиялъ хвеялдалъун кколел рукIарал ракъул соназ росуцоязе щибго асар гьабулароан. Гьелъ кваназе жо тIагIун хутIулароан.


Дир умумул

Эмен. Дир эмен Абубакар вукIана Ахакьа Бекте Сурхаян абулев чиясул ТIаса Хъараниса Хъурия абулей гIадамалъе гьавурав вас. Гьесул вукIана эбел батIаяв вац Бектемер абун.

ГьитIинав чи эмен вугеб мехалда, росулъа СулейманхIажи абулев ресалда вугев чиясул налъуда хадув ЧIиркъатIе витIун вуго гьесул эмен Сурхай. Гьениса налъиги босун вачIунагун, УркIиб бакълъиян абулеб чIекьдерил ракьалда, гьесухъ гIарац букIинги лъан, хадур рачIарал чагIаз, чIван гьевги рехун, кодоса гIарацги босун, ун руго гьел. Сурхайги гIемераб мехалда араб бакI лъачIого тIагIунги вукIун, гьенире накаял рилълъиине рикIкI бахъизе УркIиб бакъде арал гIадамазда гьесул рукьби ратун руго цо кьурул паранире рехун. Гьедин хутIун руго дир эмен Абубакарги гьесул яц ХIурияги гIисинал лъимал, унтарай эбелгун язихъаб магIишаталда.

Вац Бектимерги чорхолъ загIипав чи вукIун, жиндир бесдал вац Абубакарие щибго кумек гьабизе кIолеб букIун гьечIо.

Инсуца бицунаан, эменги хун унтарай эбелалда аскIов хутIарав, гIадлу гьабизе чи гьечIев жив, гьитIинлъуда цIакъго кIарчамав, рукъалде вуссунарев, лъималгун гIемерав вагъулев чилъун лъугьанила. КигIан кин бугониги, рокъоб жо батизе чи гьечIев жив, гьитIинаб гIумруялъго рукъалъул, эбелалъул тIалаб гьабизе тIадав чилъун лъугьанилан. Гьеб заманалда Бакуялдаса кинавалиго князас чIекъдерил росдада аскIоб бугеб Къивукь абулеб бакIалда чIабтIил нахърател батун, гьеб бахъизе промыселги рагьун, гьенире хIалтIухъаби ракIарун руго.

Къивукь бакI ккола нижер росулъа гIоралда тIасан чIалоги лъун, доб рахъалдеги рахун, чIекъдерил Сала-мегIералъул гIурухъехунисеб гьумералда бугеб бакI. Росдал гIолилал гьенире, чIабатI бахъулеб шахтаялде хIалтIизе унеб мехалъ, гьезда цадахъ ун вуго гьитIинав жеги гIолохъанчи гIечIев дир эменги. Гьес бицунаан, магIарухъас гIемерав чи вукIанин гьенив хIалтIулеван. Гьев вукIун вуго кьурулъан гIодоре риччалел малаздасан шахтаялде жанире хIалтIизе ине кколев. ЧIабтIил гъатаздасан чIахIиял нохъал – тонелалги гьарун, гьениб лъоноца бикIун бахъулеб букIун буго чIабатI, ва гьев гIадинаб гIисинаб гIелалъ, турпуздеги бан, шахтаялдаса тIаде бахъулеб букIун буго чIабатI. Гьенив хIалтIун, гIарацги данде гьабун, жиндир гIумруялъул 23 сон бараб мехалъ, гIага-шагарго I893 соналда инсуца ячун йиго ХIавал Пирбудагъил эбел УмахIайбатил яц ХIайнабат. Гьейгун цадахъ гьес гIумру гьабун буго кинабниги 17 соналъ. Гьеб заманалда гьоркьоб гьезие лъабго лъимер гьабун буго: васал Гъойтемир 1900 соналъ ва МухIаммадамин 1909 соналъ, яс Айлипат 1902 соналъ. КIиявго вас гьавун мех бахъилелде, хун руго яс Айлипатги, хъизан ХIайнабатги. 1910 соналъ хун йиго ХIайнабатги, гьебго соналъ ячун йиго дир эбел Чакар.

Эбел:

Дир эбел МагIанилги СагIидатилги яс Чакар гьаюраб заман лъаларо, бицуна, инсуе ячIинегIан, цойги росасе ун, ятIалъарай гIадан йикIанилан. Гьей йикIана МагIанил хъизаналда гьоркьой бищун кIудияй.

МагIаназул хъизамалда ункъо лъимер букIана. Бищун кIудияй Чакар, хадув ХIажимухIаммад, хадуй Рукъият, хадувги МагIанил МухIаммад.

МагIан къокъаб черхалъул, багIараб рас-каралъул чIагояв, аваданаб хьвада-чIвадиялъул, захIмат хирияв ва реццги бокьулев чи вукIанин бицуна. Дида гьев дагь гурони лъаларо.

СагIидат – чIегIер кIкIубаб гьумералъул, чIухIараб гIамал-хасияталъул, хъачIаб гIамалалъул гIадан йикIана. Вас ХIажимухIаммад, гIолохъанчи гIедал, лъадиги ячун вугев чи доб заманалда пачаясул хIукуматалде дандечIун вугев, чачанав Залимхан абулев чи кквезеян Дагъистаналъул полк цадахъ, гьенив ХIажимухIаммадги ккун вуго. Грозныялда рещтIенги гьабун, гьез лъикIалан мех бан буго Залимхан вугеб ракь-мухъ цIехолел, гьев валагьулел. Ахир, хабар бачIун буго, Залимхан жиндирго гьалмагълъигун цадахъ чачаназул ракьалда Харайчи кIкIалахъ вугилан. Гьебмехалда полкалъул командирас жиндирго полкги чIезабун, абун буго лъие бокьилеб Залимханида хадув инеян. Гьенив гьавги вахъун вуго цеве, диеги бокьилин абун. Ине бокьарал 20 чиги вачун, командирлъун цо магIарл чиги тIамун, гьал ун руго Грозныялдаса рахъун ва Залимхан вугин абулеб Харайчи кIкIалахъе щун руго. Цебе заманалдаго чачаналъан магIарухъе хьвадизе гьабураб почта хьвадулеб нухдасан рорхатал кьурабазда гъоркьан чуял гьокабигун рачIунел гьал жиндиего цIодораб борхалъудаса валагьарав Залимханида рихьун руго ва жив кквезе рачIунеблъи лъан буго. Гъоркьан ун гьезда Залимханица, щулияб кьурул хъитIида нахъаги вахчун, ахIун буго: «Ле, дагъистаналъул гIолохъаби, нуж нахърусса, дун кквезе нужеца гьанире риччанте пачаясул цогидал аскариял, нилъ кIиялго бусурманаб диналъул чагIи руго, нилъ цоцаца кквезеги чIвазеги бегьиларо»-ян. Гьеб гьаракь рагIарабго, хадур унезул командирас жиндирго гьалмагъзабазе буйрухъ кьун буго, чуяздасаги рещтIун, нухлул хьибилалда гьабун бугеб рахънирги регун, тушманасде туманкI кьвагьеян. Гьезги, гьеб буйрухъ тIубазабун, иргадал рахънирги регун, вихьизего вихьуларев тушманасде, гьесул гьаракь бахъараб рахъалдехун туманкI базе байбихьун буго.

Жинда цадахъ 7–8 гьалмагъгун борхатаб кьурда тIад щулиял гIусада нахъасан гъоркье валагьун вугев Залимханида жинде туманкI кьвагьулел аскариял, хъатинир лъурал гIадин, берцинго рихьулел рукIун руго. РечIчIун бачIараб тункIица, гьалмагъасул кIигъеж борлъун, гьев гIодов ккаравго, Залимханица ва гьесул гьалмагълъиялъ аскариязде тIаде туманкI бан буго. СанагIатаб бакI букIиналъ гьесие рес щун буго гьезда тIад бергьенлъи босизе. Жиндиего щибго заралги ккечIого, Залимханица гьезул 7 гIолохъанчи чIван вуго, гьезда гьоркьове ккун вуго дида цIар лъурав МагIанил МухIаммадги.

Бицунаан, гьенив чIварав анкьавго Дагъистаналъул гIолохъабиби махги тIад ккун гьарурал чIегIер релъарал русбузда жанирги лъун, чIегIерал чуялги рарал 7 чIегIераб чол гьокода рачIанила Чачаналъа Дагъистаналде. Щивав чIварасул хъизамалъе 300 гъурущ никIалайил гIарацги бачIанин абуна.

Вас чIван вачIараб мехалъ, эбел СагIидатица гьесул чухъаги тIад ретIун, тIохдеги яхун, магIаби гьарулел рукIанила, Залимханиде квешал рагIабиги хьамулаго. Гьелъ ахIулаанила:

Мун чи ватанани, чачан Залимхан,

Чинаридул гъотIокь вахчун вагъуге

Чи мун ватанани, чачаназул вас,

Кьурда нахъа вахчун, тункIал кьвагьуге.

ХIажимухIаммадил хоб буго росдал тIасияб хабалалъулъ. Гьенир чIварал къачIарал заназда бакьулъ буго берцинго къачIараб борхатаб зани. Гьелда тIад цIакъ берцинго бикIун буго хонжрол, хвалчадул ва тункIил суратал. Зонол каранда рикIун руго доб заманалда ретIунеб букIараб чухъил каранда руцалабазул суратал.

Эбелалъул вац МагIанил МухIаммад дида дагь гурони лъаларо. Гьев хIурият бахъулеб заманалда росдал старшиналъун вукIун вуго. Большевикалгун цадахъ росулъ Совет хIукуматалъул законал рилълъинариялда бандазде данде гьабураб къеркьеялъулъ чIагояб гIахьаллъи гьабун буго.

ГIадамаз бицуна, гIадлу гьабулелъул гьес щивгожиндир чиярчи ватIа гьавулароанила, ва гьеб билълъанхъизабизе лъидасаго хIинкъулароанила. Унтиялъул хIасилалда гьев, хIурият бахъун мех балелдего, хун вуго.

Дун гьавун вуго нижер хъизамалъе кIиабилев 1914 соналъул 15 сентябралда. Дида цеве гьавурав вас хун вуго. Залимханица чIварав ХIажимуаммадил цIар дида тун буго.

Дун лъавуде вачIараб заман дида батана цIакъ гIемерал лъугьа-бахъиназул, дунялалдаго хIурияталъул карачелаз гьалчолеб заманлъун. ГьитIинав чиясда, дида лъала росулъ большевиказул аскариялги рукIараллъи. Гьел рикьун рукIана щибаб рокъоре. Нижер дова вукIарав чиясда Рузав абулаан. Гьеб заманалда магIарул мацIалда кинавалиго авторас хъвараб кечI дида рекIехъе лъалаан. Гьелда рукIана гьадинал рагIаби:

Кьижа мун, дир лъимер,

ЦIцIвайил канлъухъе.

Макьихарал берал,

Дандеги рачун.

ГIурусаз хьихьарав, гIакъубаялда гIемерал сонаца хIатIикьги тIамун хIалтIулев халкъалъул бакIаб квартIица аздагьо борохьалъул бутIрул чIчIинтIанаян.

Дида лъала ХIоцоса Нажмудинил тIагъразул бо росулъе бачIун, гьез жамагIаталда абулеб букIана – гьан кье, чед кье, кьечIонани, росу цIа гъун, бухIилилан. Дида рихьана росулъе рачIун турказул пестIагърал лъурал аскариял, беркIал-кIаркьабиги халатал ингилисазул аскариялги.

Гьеб заманалда ниж, гIисинал лъимал, дица тIадехун хъвараб кечIги ахIулаго, мухъалда чIезеги гьарун, багIараб байрахъги кодоб ккун, росулъ хутIарал партизаназул бетIерлъиялда росулъа къватIире, магIарде рачун, гьениб нижедаса цIикIкIараз гьабулеб букIараб батIи-батIиял хIаязде балагьизе гьарулаан. Гьедин бачIана гьитIинаб росулъе Совет хIукуматалъул гучаб карачел.

Росулъ кинабго гIодобе биччан тIубаниги, МагIарухъ жеги рагъал рукIана. Гьенибе квана-гьекъолеб жо, аскаралъе ярагъ оцазул гьаказда тIад букIана. Щибаб къойил росулъа верешенан цIарги тун, иргадал рачIине гьарун анцI-анцI, къо-къо гьоко къватIибе бахъунаан мугIрузул бищунго рикIкIадал росабалъе, рехсараб къайи рехизе.

Дир чан сон бан букIарабали дида лъаларо, росулъе Гъоркьаб Хъараниса МухIудин абулев чиги вачIун, гьесда цере Къуръан малъизе кьуна росдал киналгоян абуниги лъимал. Гьезда гьоркьов бищунго гьитIинав дунги вукIана. Гьеб букIана цIакъ захIматаб цIали. ГьитIин МухIама абулев чиясул тIасияб минаялда, цIер гьечIел гордал-нуцIбиги ругеб бакIалда букIана цIалулеб рукъ. Рукъалъул къадал ракьандасан лъурал цIулал рахазда нахъе хер, хIетги бан, гьабун букIана лъимал накалда чIун, гIодоркIине бакIал. Цебе цIалулеб Къуръан – жузги лъун, радал гьенир накабазда гIодоркIарал лъимал бакъанида риччалаан рокъоре. Квачараб хасалоги гьениб печ букIинчIо. Рукъалъул гъанситоялда цIа бакизе щибаб къоялъ щивав цIалдохъанас рокъоса босизе кколаан ричIараб хIадураб цIул. ЦIалул къагIида букIана батIияб, щивав цIалдохъанасе хасаб. Масала, цо вас алип лъазабулев вугони, цогидав, жиндир пагьмуялда рекъон, Къуръаналъул бакьулъе щун вукIунаан. ГIараб мацIалда хъвараб Къуръан цIалулесда магIна бичIчIулареб букIиналъ, гьеб лъазе цIакъ захIматго букIунаан.

ГIадлу букIана цIакъ къвакIараб, радал вачIине кватIани, дарс лъазабичIони гIайиб ккарасул кверал рухулеб. ГIодов чIаралъув кIалъан, велъун лъугьани, ва гьелда релъарабги такъсир ккаразул жаниса квералда 5-10 тIил кьабулаан.

Гьеб шартIалда цойгидал лъималаздаса цебе лъугIана дир Къуръан цIалун ва байбихьана гIараб мацIалъул тIахьал цIализе. Гьеб заманалда Дагъистаналъул цогидал росабаздаса цудун рагьана росулъ школа (мактаб). Гьениве мугIалимлъун вачIана нижерго росулъа тIоцевесев учитель МухIамадханов Шамсудин. Школа рагьун бугониги, лъимал школалде рачине цIакъ захIмат букIана, капур цIали гьабизе лъимал риччаларин, тохал эбел-инсуца лъимал школалдаса гьукъун чIезарун рукIана. Гьелъул пикру сверизаби мурадалда школалде рачIарал лъималазе бачIана ретIел, щибаб къойил гьезие кьезе байбихьана хъахIаб чедги чайги, пулавги. Лъимал берцинго ретIа-къан, кодоб байрахъгун, ахIулаго кечIгун, росу къотIун хьвадизе лъугьана, гьелъ кIудияб кумек гьабуна лъимал школалде цIазе.

Дун инсуца ,школалде виччачIогон, гIараб мацI малъизе дибирасда аскIов чIезавун вукIана лъикIалан мехалъ, ахирги гьесул иш бажаричIо, дун школалде витIана. ТIоцебе школалда радал-къалъизегIан Къуръан малъун, къаденахъе школалда рукIунги дарсал цIализарулел рукIана, ахирги гьедин бегьичIо, Къуръан малъи къотIизе тун, тIубан школалъул дарсазде рачIана.

Доб заманалда магIарулаз хъвай-хъвагIаялъе хIалтIизабулеб букIана гIажамалде буссинабураб гIараб алип, гьедин букIана школалдаги. Кинабго хъвай гьабулаан гIараб хIарпазда. Гьелде тIадеги цодагьаб мехалъ магIарул мацIалдаги букIун, школалда кинабго цIали сверизабуна лъарагI мацIалде. Киналго цIалул тIахьал рукIана лъарагI мацIалда хъварал, школалда жанибги лъарагI мацIалда гурони кIалъазе толароан, гьеб цIакъ захIматаб иш букIана. Рокъоб эбел-инсуца, къватIиб гIадамаз бицунеб рахьдал мацIги тун, лъазего лъалареб лъарагI мацIалда цIали гьабизе. Гьелдаго тIубачIо, цIали сверизабуна турк мацIалде. Кинабго цIалул къай бачIана турк мацIалда. МагIарул, лъарагI мацIалги рехун, байбихьана туркаб мацI лъазабизе, гьелъ цIали хутIарабги захIмалъизе гьабуна. Байбихьуда гIараб хIарпазда букIараб цIали хисизабуна латина хIарпазде, ай нахъеги хисана цIалиялъул система. ГIемераб мехго бахъичIого, гьебги рехана, тIарамагъаде бакана гьабсагIаталда хIалтIизабулеб бугеб цIияб алипалъ магIарул, гIурус мацIалъул дарсалгун цIидасан цIализаризе. Гьебгощинаб жо гьабизегIан дир гIумру цо бакIалда чIун букIинчIо, дир цIалул заман ана ва 1930 соналда сардилъ цIалун хIалалъ 7 классалъул лъай босизе кIвана. Гьеб букIана 1922–30 сонал Совет хIукуматги нилъер Дагъистаналда щулалъун, росдал рекьарухъаби жидерго магIишаталда машгъулаб заман.

1925 соналда росулъ цойгидал росабалъго гIадин, кооператив гIуцIана. Гьеб букIана коллективизациялъул бетIер байбихьи. Гьениве членлъун лъугьунаан, чIезабураб къадар пай взносги кьун. Гьелъул кьучIалда гьеб гIарцухъ росулъ рагьун букIана тукен. Гьениса къай кьолаан гIицIго гьеб кооперативалъул членасе. Гьеб къагIидаялъги гIемераб заман бахъичIо, ва 1929 соналъул декабрь моцIалда гьитIинабго Ахакь росулъги районалъул цогидал росабаздаги гIуцIана колхозал. Узухъда, гьеб щибжо, гьелъул магIна, кинан гьеб хIалтIулебали кисагурин, жибго гьеб рагIул магIнацин лъалеб букIинчIо. Гьеб букIана цо кинабалиго макьилъ бихьулеб бугеб гIадинаб, тамашаяб жо. Гьеб щиб жоян цIехараб мехалъ, щивас гьелъул батIи-батIияб сипат бицунеб букIана, цояз абулеб букIана. Кинабго жо жубан букIунин, дир-дуран щибго жо букIунарин, цояз абулеб букIана, гьеб бугин магIишат гьаби жубан букIунеб, хIалтIиялда рекъон мухь кьолеб, гьоркьохъеб магIишат.

Дида лъай батараб 1920–1929 соназда гьоркьоб росдал гIадамал щивас жиндирго ахикь, хуриб, цоял лъарал рагIалда хурзал рекьун, боцIи хьихьун, магIишат гьабулел рукIана. Дица цебе бицухъе, Ахакь росу букIана кIкIал бакьулъ бугеб гьитIинабго борхалъиялда бан, кьурул рагIалдасан байбихьун бараб росдал тIасияб рахъ мегIералда цузегIан, ракьанде ун букIана.

Росдал мегъ букIана кIкIал халаса. Росдала цеберахъ, ай Шура бихьулеб рахъалда Цебемегъан, гIурдахунисеб ракьалда Нахъамегъан абулаан. Росу букIана гъункун, цоцалъ цун бараб. Росу бакьулъ бугеб гьитIинабго гIатIилъиялъул годекIанибе бачIунеб, оцазул гьакал хьвадизе гIолеб къваридабго 4–5 къватI букIана. Росулъа къватIибе Шурабехун унеб нух букIана гьакал хьвадулеб, гIачинухан абулеб. МагIарде унеб нухдасан тIадеги рахун, чол рекIарал унаан гъоркьияб тIасияб хабалазда гьоркьосан бугеб нухдасан магъилъа тIаде, гьабазул кIкIалахъан. Ишкаталире щведал, кIиябго нух жубалаан цоцаде. Жибго росу гьитIинаб букIиналъ ва тIатIала бан букIиналъ, росдаца ккураб бакI цIакъ дагьаб букIана. Гьелъул къадар бахунароан кIиго гектаралде. Росулъан къиблаялдехун унаго, гьоркьосан лъар чвахулеб кIудияб кIкIал буго. Росдал боцIи церехун ругел щобазде кваназе бачине гьенисан лъураб къо буго, гьениб, дида лъалеб мехалъ, цIулал кьо букIана. Хадуб нижер росулъа Шурав чIарав Къагьарил МухIама абулев чияс гьенисан ганчIил кIамуриги гьабун, кьо лъуна. БитIун гьеб кьода гъоркь бакIалдахьондехун рахъалдасан бачIараб лъим, цIулал чургъаялъ, росу бугеб рахъалдеги бачун, гьениб, кьурулъан лъее рахъги гьабун, битIун росдала гъоркь букIана СагIдулал гьобо. Гьенибе ххенезе тIощел баччулаан руччабаз мугъалъ къваридаб сухъмахъалдасан. Гьеб кIкIалал гъварилъуда Хьарагулалде унеб нухда аскIоб бан букIун буго дир эбелалъул эмен МагIаница гьобо. Гьеб дида лъаларо, дида лъалеб мехалда гьенир къадал ратана.

Ахакьан унеб лъар дунял ракъдалаб соналъ къуна, амма МагIаница гьобо бан букIараб бакIалда, кигIан ракъдаллъаниги, гьобо ххенолеб лъим камулароан. Гьеб заманалъул лъимал эбел-инсуда цадахъ хурир, ахикь хIалтIун гурони, цоги хIалтIи букIунароан. Росулъ ресалда ругел чагIазул I0 гIанасеб цIаназул рехъаби рукIана. Гьенир гIухьбилъун рукIана дир гIолилалги, дунин абуни инсуца цIулал устарлъун вахъинавизе хIаракат бахъулеб букIана. Эмен лъикIго кверда махщел бугев, гьабулеб тIагIел берцинго узданго гьабулев цIулал устар вукIана. Гьесие ва гьев гIадинал цогидал устарзабазеги щиб букIаниги гьабизе хъарщи ва цогидаб росу сверухъ букIинчIо, гьел унаан Малиштаян цIар бугеб бакIалде. Гьенибе унеб нух букIана цIакъго квешаб. Сухъмахъаздасан гIурул рагIалдеги рещтIун, гьеб гIурда тIасан лъураб кIиго тIеренабго чIалоялдасан доб рахъалдеги рахун, гьенисанги гьединанго парсаздасан рахунаан Малиштаялде. Гьениб букIана цIакъ гучаб гьадил, накIкIил рохь. Гьез гьенир къотIулаан кIигояс къвалица сверулел чIахIиял гъутIби, гьезул цIцIимал гIадал жалги рахъун, гIащтIаз хъвалхьун, буцIун гьарулаан хъарщал. Цогидаз гьадил гъутIбиги къотIун, гургинаб цIцIималъул жаниса рикIун гьарулаан чIахIиял I0 пут тIощалил жанибе балел къалал. Гьеб кинабго жо гьабулаго, гьел, цо-цо сапаралда 3–4 сордо бан гьенирги рукIун, гьадалго парсаздасан, мугъалъ гьелги раччун, тIалабалъе рачIунаан. Гьеб букIана цIакъго захIматаб ва хIинкъи бугеб хIалтIи.

Цо нухалда эмен ана росдал цогидал гIадамалгун цадахъ жиндирго цIулал тIагIел бахъизе Малиштаялде. Гьеб ун лъабабилеб къоялъ дун вукIана, Игьунбегин абулев чиясе габурлъухъ бугеб хур бекьулаго, пурцил бетIер кквезе вачун. ЦIакъ багIарараб ихдалил къоялъ къаденахъе рекьарилел ругел нижеда тIаде тIалабалъан гIедегIун вачIана гьенив Хъарадагъил ахал хIалтIизе гьарулев вукIарав Наситил Ибрагьим абулев чи. Гьев цIакъ хIалуцун вугоан, нухдасан гьес аскIове ахIун ана Игьунбек. КIиялго гьенир дагьалъ шуршудун хадуб Игьунбекица дида ахIана, оцалги риччан, мун гьенив вукIаян, живгойин абуни векерун росулъе балагьун анна. Ибрагьимги нахъвуссун тIалабалъего анна. Нухлул рагIалда оцал кваназарулаго дица мехго бахъилелде, росулъа рекерун рачIунел гIадамал, дир халгицин гьабичIогон, цоцаца рехун тIалабалъехун рекерун унги рукIана. Дунги, щибго жоги бичIчIуларого, нухлул рагIалда эхетун вукIана. Рекерулел рукIана киналго, гьезул киназулго гьурмалъ цо кинабалиго пашманлъи бугоан, рекерулезул ахиралда гIадин тIаде щвана дир гIелалъул лъималги. Дица гьезда гьикъана, кире гьал гIадамал гьадин гIедегIун рекерулел ругелан, амма гьез дие жавабгицин кьечIо. Цо васас абуна, тIалабазда гIагарлъухъ кинавалиго вехь кьурулъа вортун, гIуруца унев рагIулилан. Дица оцалги тана ругеб бакIалда, дунги гьезда цадахъ векерана. ТIалабалъе щведал гIадамал унел ругоан Малиштоялде хьвадулел чубури тун, доре парснире рещтIун, нижги рещтIана гьеб парснире. ГъоркьегIан щвараб бакIалда парсил кIалтIа чIун Лосуй абулев чияс гIурул рагIалде унел сухъмахъазде руччаби, гIисинал лъимал риччалел гьечIоан. Гьездаса рорчIун арал руччабазул цоцалъ рарал гIодулел гьаркьал рагIулел ругоан. ГIадамазул кIудияб тIел батана риччаларогун чIезарун. Гьезде тIаде щварал нижги гьенирго чIезаруна. Гьениб цо гIолилас, дидехун кверги битIун, цойгидасдехун абуна, гьасда лъаладай лъугьараб жоян. Гьеб мехалъ дида бичIчIана, дир инсуе кинаб бугониги жоги лъугьун, рекерулел рукIин. Дида цеве чIун, цо гали цебехун бахъугеян ахIдолев вукIарав Лосуйил гьаркьал дица нахъа тана. Дун кьурул парснисан дида бугеб гьунаралъ цеве унев вукIана. Парсалдаса гIурул рагIалде щвезе I,5 км гIанисеб квешаб сухъмахъ букIана. Дида нухда бигьагьарун унел гIадамал ратулел рукIана, дидагойин абуни щибго жо бихьулеб букIинчIо. Кьурул рагIалде дун щвараб мехалъ, кIиго гIер гъоркьан, цо гIер тIасан квералъ кквезе лъураб кьодасан риччалел ругоан росулъ бищун лебалал гIолохъаби. Цогидаб халкъ бугоан кьуруде тIаде балагьараб бакIалда бигъун. ГIурул гьаб рахъалда руччабазул гIодиялъги, жаниб, гъварилъудасан, кьурабалъ багъулаго унеб бугеб гIурул гьаркьицаги кьурабазул дандерижиялъги цоцахъ бан букIана гьеб мухъго. Гьеб заманалда гIурул доб рахъалдасан гIолохъабаз, туртида жанив лъун, гьединго парсил нухдасан восун вачIунев вугоан эмен. Нижер рахъалда ругел киналго гIодулел рукIана, гьев хун вугилан. Гьедин рачIунаго, гьел кьодул кIалтIе щвана. Гьев хун гьечIолъи нижеда бихьизабизе, турутги гIодоб лъун кIигояс ккун гьесул бетIер борхизабуна. Кинабго къаркъалайин абуни чIегIераб бидулъ белъун бугоан, сипат батIа гьабизе кIоларедухъ.

 Гьев хун гьечIолъиялъ руччаби-чагIазул гьаркьал гIодорцана. Бищунго захIматаб суал букIана кIиго рахиялдасан гIуцIараб кьодухъан ващдав хварав гьев нижер рахъалде вахъи. Гьелдасаги захIматаб букIана, нижедехунисеб рахъалде вахъун хадув, гьев кин эхеде вахъилевали. Кьурул гьаб рахъ букIана цIвакараб. Кьурулъан гIурулъе хIатIалги дализарун, мугъги къулун, роцда хъурщун 5–6 километраялъ чIедераб нохъодасан гурони тIокIаб нух гьечIеб бакI. Кьурул кIалтIасан ниж чIараб бакIалдеги I0 метраялъул борхатаб цIвакараб кьуру букIана. Гьеб кьодасан гIолохъабазул кIиго лебалав чияс цояс нахъаса, цояс цебеса турутги ккун, цIакъго хIисабалда кгьев гьанивехун вехъерхъана. Цогидазе гьенив я чIезе, ялъуни гьезие кинаб бугониги кумек гьабизе рес букIинчIо. Гьеб букIана цIакъ хIинкъараб хIалтIи. Хадув гьез гьев, вухьизеги вухьун гьеб цIвакараб кьурулъа тIаде цо кинабалиго къай гIадин тIасан квараца цIан ниж ругеб кьурул кIветIалда тIад лъуна. Гьениб букIана росулъаго босараб хварал чагIи хабаде росулеб мали. Гьелда тIадги лъун, гIолохъабаз гьагъалго кьурул сухъмахъаздасан восун ана. ГIадамалги бажарараб куцалда гьенисан, цоцаца кколаго, рахун тIалабалъе рорчIана, ва рокъоре ана.

Дица гьанже хIисаб гьабулеб буго, кигIанго лебалал гIолохъаби рукIарал Ахакьдерил. Гьеб къойил рагIариялъ кьурабазда цIа рекIунеб бугин кколаан. Кьурул доб рахъалдаса гIурулъе рещтIунеб квешаб, хIинкъараб сухъмахъ бугоан, дагьабниги хIетIе тарани, гIадамасе хвасарлъи гьечIеб. Гьениве, гьитIинабго хъабаги кодоб ккун, щибаб I0 минуталдасанин абуниги, гIадамазе гьекъезе лъел цIезе рещтIунаан Парзуласул Гьиматин абулев цо гIолохъанчи. Кьодасан эмен вахъулаго, эхеде восулаго, гьенир гIолохъабазухъ ралагьизе хIинкъун къадалдехун руссунги рукIана гIадамал.

Инсуда цадахъ Малиштоялде ун рукIана росулъа Ражаб ва гьанжиги чIаго вугев Дациев Пирбудаг. Гьес бицана, жидерго тIагIелги босун рачIунаго, цо лабдасан инсул хIатIикье чIимих кканила, гьев, ракьалдаса ватIалъун, лабдехун анила. Гьенисан гьев, лабдасан гирун вуго лъикIаланго манзилалъ. Ахир, гьев рехун вуго борхатаб лъел чвахиялдаса гъоркье. Гъоркь иххуца рачIарал чIахIиял гIусалги ругеб бакIалда тIад речIчIун вуго. Жал тIаде щвараб мехалъин бицана Пирбудагъица, гъосул сан шурулеб букIинчIин. ЛъикIалан мехалдасан гьесул берал рагьун рачIун руго, гьебмехалъ гьев чIаго вукIинги лъан, ахIи базе Ражаб тIалабалъе ун вуго. Пирбудагъин абуни, цин хун, цин чIаголъун вугев инсуда аскIов Малиштоялъул иххул чвахуда тIаде ахIи щвезегIан хутIун вуго. Рокъове щун хадув, росулъ бусурбабазул дараби гьарулев Темирин абулев херав чияс инсуе дараби гьаруна. Жибго бетIералда букIана гьесул 18 ругъун, черх кинабго гъур-гъурун, чухI-чухIун бан букIана. Темирица щибаб къойил радал гьесул ругъназда жаниб лъолаан гIанкIодул багIараб хоноги найил гьоцIоги жубараб лъамалъиялда жаниб биччизе гьабун габанидул хукIи. Гьедин, гIемераб мехалъ буснивги вукIун, сахлъана эмен, гъежги сакъатлъун.

Инсуца бицунаан, Малиштоялде унеб нухда жив вортараб бакI бищунго хIинкъи гьечIеб букIанилан, киданиги жинда гьенисан жив рехилин кколароанилан. ГIадамасе кколеб къварилъи кколила, жинда ккеларин щибгоян кколеб ургъичIого гьабун унеб гIантаб ишалдалъунилан.

Дица цебе бицухъе, нижер росулъ колхоз гьабуна 1929 соналда декабрь моцIалда. Гьенив тIоцевесев председательлъун тIамуна багIараб партизанлъун вукIарав, живгойин абуни хIарп хъвазе лъаларев росулъаго чи МикагIилов ГIабдулатIип. Колхозалде байбихьуда гIахьал гьабуна кинабго боцIи щибго жо бетIергьанлъуда течIого ахал-хурзал, хIалтIул алат, гьакал, кутанал, пурцал ва лъар халаса рукIарал лъел гьабал. Колхозалда тана Жамиев ТIалхIатил цIар. Гьелъие гIилла букIана гьадинаб: ТIалхIат вукIана магIарухъ ХIоцоса Нажмудиниде данде гьабулеб рагъулъ гIахьаллъарав БагIараб Армиялъул бищунго бахIарчияв командирзабазул цоявлъун. ТIалхIатил хIакъалъулъ гIемераб бицен букIана МагIарухъ: гьесул бахIарчиял гьунаразул, Хунзахъ хъала сверун ккураб ва гьеб бахъулеб бакIалда гьес бетIерлъи гьабулеб букIараб отрядалъул рагъулал гьунаразул хIакъалъулъ. ТIалхIат вукIун вуго МахIачил рагъулаб отрядалда бищунго лебалазул цоявлъун. Гьедин бицуна хунздерил доб заманалъул гIадамаз.

ТIалхIатил суратал, документал тIалаб гьарун, тарихчагIи рачIана росулъе, амма гьезухъе гьел щвечIо, щайгурелъул ТIалхIат хIурият бахъун хадусел соназда, унтизеги унтун, росулъе тIадвуссана ва гьенив хвана. Гьесул хъизан йикIана ЧIиркъатIаса гIадан, гьесие гьаюрай цо ясгун цадахъ, ТIалтIат хун хадуй гьей росулъа нахъе ана. Гьедин гьесул щибго жо тарихчагIазухъе щвечIого бахчун хутIана.

1930 соналда росдал гIадамаз байбихьана колхозалда хIалтIизе. Росдал гIадамазул квасул гIиял рукIинчIо, колхозалде гIахьал гьаруна цIани, гьезул гIаммаб къадар бахун батила 600–700 бетIералде. Оцал рукIана 90–I00, гьоко – 75, дагьа-макъал чуялги рукIана. Росулъ вукIана Нурил ГIалибегин абулев лъикI жо бичIчIулев, цIодорав чи. Гьеб заманалда гьесул ва гьесул дурц МухIаммадов Хъарадагъил рукIана чуял гъолеб бакIал, Хъарагулан абулеб бакIалде балагьизе гьабун тараб хасалоги риидалги авлахъалда кванан бетIербахъи гьабун букIунеб гIалбузул ялхъи, гьениб гьитIинаб кIудияб 20–25 хьвани букIана, гьебги кинабго колхозалде босана.

Колхоз байбихьана тIоцебесев гIаммаб магIишаталда хIалтIизе, гIуцIана хурухъанлъиялъул бригадаби. Гьеб бригада ана Гъангъалиян цIар бугеб росдал лъарагIлъиялда бугеб участкаялде хIалтIизе.

Гъангъали ракь нижер росдае кида ва кинан кьурабали дида лъаларо. Гьеб ракь батана НикIалайил заманалдаса нахъе нижер бакIлъун, гьелдаго аскIоб нижер росдал рукIана Чемасул абулеб бакIалдаги чамалиго десятых ракьул. Росолъго гIадин гьенир мадугьалзабилъун кколаан хъаранисел. Нижергун хъерендерил гIемераб цоцаздехун гIагарлъи бугониги, ракь гьоркьоб ккун, хъерендерилгун гIемераб тунка-гIуси ккун буго нижер росдал. Гьелъул бищунго машгьураб буго, нижер росулъа ХIамзал ХIайбуллагь абулев гIумруялъулъ гьитIинав чияс хъерендерил кIудияб къокъаялде данде гьабураб рагъ. Гьев бахIарчияв васасе кумекалъе цадахъ чи гьечIого ккараб рагъул хIасилалда хъерендерил чIван вуго чанго чи ва чангояв, хвалил ругънал лъун, лъукъун руго. Хъерендерил гIолохъабазул нахъе хутIараз хонжрол ругъназ хIал дагьлъун вугев ХIайбуллагь, рокъоре тIаде кIанцIун, чIван вуго. Гьеб ишалъул гьанжегицин ахIула халкъалъулъ магIил къагIидалда гьабураб кечI.

Колхоз гьабизегIан нижер росдал дагьалго гIадамал рукIунаан Гъангъалиялда, жидеего хурзал рекьун, боцIи-цIани хьихьун. Колхоз гьабураб соналъ, гьениб кIиго бригадаги гIуцIун, ихдал цIоросаролъалъе жидеда хIалкIвараб ракь кьолаан.

Росулъ цIунун букIана херазул бригада росулъ ругел пихъилгун цIолбол ахазе хъулухъ гьабизе. Гьенив тIоцевесев бригадирлъун тIамун вукIана ах-хуралъул лъикI хIал лъалев Ибрагьим МухIамадов (Тахбикал Ибрагьим).

Гьеб бригадаялъул табельщиклъун хIалтIизе тIамуна дунги. Гьеб буго дир хIалтIиялъул байбихьи. Ихдал харабазул бригада газа-белгун, радал лъугьун, бакъанил мех щвезегIан ахазул къадал ралел, гъутан къачIалел, гьезда гъоркь хIорал гьарулел, рахъал рахъулел рукIунаан. Бакъанида, нахъруссунеб мехалъ, дица гьезул, хIалтIаразул, цIаралда цебе тIаде жураялъул ва хIалтIуда вукIинчIесда цебе тIасарахъиялъул гIаламатал лъолаан.

1931 сонада колхозалъул дагьа-макъабго гIадлу-низам рукIалиде ккана. Колхозалъул председательлъун вачIана даргияв Муса абулев чи. Кинабго хIалтIуе нормаби чIезаруна, хIалтIи бихьун, мухь кье абураб лозунг бахъана. Буйнакскиялда МТС гIуцIун, гьелъул трактораз районалъул колхозазда, гьезда гьоркьоб нижер колхозалъул Гъангъалиялда, хIалтIи гьабизе байбихьана. Бугониги, хIалтIи цебего гIадин захIматго букIана, хур квералъ лъилъулаан, цIулал лулбуз, гьоцIалъ оцаз лал тIамулаан. Гьеб соналъул май моцIалда дунги Тагиров МухIамадги ритIана колхозалъе бухгалтерзаби хIадурулеб Гъоркьа Гъазданищиб букIараб курсалде. Гьенир дарсал рукIана киналго лъарагI мацIалда, дида, школалда малъун, лъарагI мацI лъалеб букIиналъ, лъикIго кумек гьабуна гьенив цIализе. МухIамад, гьениб бокьичIого, нахъе ана, дица курс лъугIизе гьабуна лъикIал къиматалгун. Ноябралда курс лъугIана, ниж киналго колхозазде бухгалтерзабилъун ритIана. Гьеб заманалда колхозазе бетIерлъи гьабулеб букIана «Райколхозсоюз» абулеб гIуцIиялъул бетIер «Сулахъалъ нугIлъи гьабула» абулеб тIехьалъул автор МухIамад Хуршиловас. Гьес, вечералда кечI лъикI цIалиялъе гIоло, дие кьуна реццалъул граммотаги, глобусги ва формаялда гьабураб горде тIажуги.

Дун цIалулев вугеб соналъ, росулъ магъилъ пихъ цIунун, хъаравулъун вукIана МаламухIамад абулев чи. Дун гIодобкъоялъ рокъове вачIун вукIана. ТIасаминаялъул тIокъода вегун вукIарав дун, руччабазул квешал гьаркьаз ворчIизавуна. Дунял лъикIго рогьун бугоан. ТIокъода регун рукIарал эбел-эмен дида ун ратана, ва хабалазда цересан, гIодулаго, унел ругоан руччаби. ТIаде вахъарав дунги гьездаго цадахъ цебемагъилъ букIараб мархьиялде балагьун векерана. Гьеб мархьида букIараб Гьарибал минаялда цере ракIарун ругоан кинабго росдал гIадамал. Гьенив гIурдада гIодовкIун вугоан тункIица керен борлъарав МаламухIамад. Гьес хIалалъго абулеб букIана жинда туманкI речIанила Манасавулалдаса гъоб заманалда росулъ геологазда цадахъ хIалтIулев вукIарав чиясин, къаси чуял кваназаризе ун вукIарав гьев чи валагьизе ун ругоан гIолохъаби. ГIемер заман иналде, гьев чи ХIаркахъ бакIан абулеб бакIалда ватун, вачIана. Гьесда цадахъ гьенив вукIарав МалламухIамал гIагарав васги вачIана цадахъ. ТIаде щваравго гъов чияс МалламухIамада гьикъана, лъица дуда туманкI речIарабилан. МаламухIамадица абуна, дуца речIанилан, гьеб мехалъ гьев чиясул кьер босун ана ва, гIадамаздехун вуссун, гьес абуна, жинца гьасда туманкI речIичIилан, гьелъие нугIлъи гьабилила жинда аскIов сордо рогьинегIан вукIарав гьесул гIагарав Шарапудиница. Амма нужер гьелда щаклъи батани, жиндир би нужее хIалалаб буго, жив чIвайила нужецаян. Гьеб мехалъ гIадамазда бичIчIана гьев гIайибияв гьечIолъи, ва гьес туманкI речIичIеблъи. МаламухIамал черхалъул хIал дагьлъулеб букIана. ГIолохъабаз гьев, молодаги лъун, росулъе восун унаго, багIараб гохIалде аскIоре щвараб мехалъ, гьесул рухI бахъана. Гьесда туманкI речIчIун бугоан МагIанил тIалаялъул тIасияб бетIералда букIараб роол генул гъотIодаса гении бикъулев вукIарав цIогьорас. Гьедин, колхозалъул буголъи цIунулаго, хвана гIумруялъул завалалда хIинкъ-икъай лъаларев МаламухIама, ва гьеб лъугьа-бахъиналда хадуб колхозалда цIар хисана. Жамиев ТIалхIатил цIарги бахъун, колхозалда МаламухIамадил цIар тана.

Курсалдаса вачIун хадув, дагьаб мехалъ бухгалтерасул кумекчилъунги вукIун, дун бухгалтерлъун хIалтIизе лъугьана 1932 соналъул апрель моцIалда. Гьеб заманалда колхозалъул председательлъун вукIана Шагидов Хъазами, парторглъун Хучбар, Советалъул председательлъун Садикъбек. ГIемераб тIощел бачIана гьеб соналъ колхозалъе, хасго гIемераб бачIана цIоросаролъ. Лал тIамизе байбихьана молотилкаялъ, ролъал лъилъана лавагрейка, жаткаян абулел машинабаз дагь-дагьккун гIадамазулгун оцазул хIалтIи машинабаздалъун хисулеб букIана. Гьеб соналъ колхозниказе захIматкъоязда хадуб гIемераб тIощел щвана, ролъ малъичIого, щибаб къоялъе 7 кг цIоросаролъ кьуна.

1933 сон букIана колхозалъул председательзаби хисиялъе бищун бечедаб сонлъун. Росулъ байбихьана гIадамаз цоцада тIасан гIарзаби хъвазе, группаби гьарун, цоцада тIасан хъвадаризе къацандизе байбихьана хIакимзаби. Гьелъул хIасилалда, Хъазами нахъе гьавуна ва, гьев хисун, вачIана ХIасанмухIаммадин абулев чи. Гьев хисана гьебго 33-абилеб соналъ нижерго росулъа багIарав партизан МухIамадов Мирзадибирас. Гьесги мехго бахъичIо, витIун вачIана Гелбахъалдаса Девлетмурзаев ХIосен. Гьесулги бажаричIо. ТIамуна Ражабиласул гьитIиинав вац МухIамадов ГIабдулхIамид. Гьевги халат хутIичIо, колхозазде бетIерлъи гьабулел хIалтIуде ритIизе гьабураб хIукмуялда рекъон, председательлъун вачIана Генуса Буйнакскиялда чIарав инсул вас МухIамадов ХIажи. ХIажи хIалтIана I936 соналде щвезегIан. Гьес колхозалъул хIалтIи лъикI гIуцIана: босана гIи, гIуцIана цIияб гIиял ферма, щвана гIи гочине Гъизляралъул мугIрузда хъутан, НахъбакIалъул мугIрузда риидал гIи гочине мегIер. ЦIакъго дагьлъун рукIарал око оцал, гьел рукIалиде ккезе гьаруна. Хасавюрталдаса бусбиги росун, гьезул оцал гIезарун, росулъ къебедухъ гьаруна гьакал. Колхоз бетIергьан гьабун, бичун босана молотилка, магъилъ гIезабуна ва консервзаводалде кьуна гIемераб роол гени, цогидаб пихъ.

Колхозниказе тIощалидаса батIа къоязде хадуб щвана цIулакьо, гIеч, хасалил гении ва гIи бечIчIун гьабураб гIиялхIан. Гьениве щвезегIан заманалда гьоркьоб колхозал гIуцIиялда жанир гIемерал захIматал ишал данде ккана. Цогидал росабалъ жеги гIуцIичIеб гьеб магIишат, чанцIулго биххана, чанцIулго гIуцIана. Гьеб биххизе церерахъунел рукIана руччаби, хасго херал руччаби, гьез чанго сапар гьабуна Буйнакский райисполкомалде, райкомалде, росулъе колхоз гIуцIиялъул хIалтIи гьабизе ритIарал уполномоченазде тIаде къукъаби гьарун, гьеб биххи тIалаб гьабулеб букIана. Гьез инкар гьабулеб букIана жидер рукIарал ахазда хурзабахъ колхозалъул хIалтIаби гьаризе ва жалго гьенир хIалтIизе. ЦIакъ захIмат букIана бецIал гIадамазда гьезда жеги кинабали лъалареб цIияб магIишаталъул хIакъалъулъ бичIчIизабизе. Гьелде тIадеги росабалъ, масала, Гъадаралда чIвана областалъул комитет партиялъ гьезие бичIчIиялъул хIалтIи гьабизе витIарав вакил. Гьединал лъугьа-бахъинал ккун рукIана цогидал росабалъги.

Колхозалда хIалтIарал членазе захIматкъоязда хаду цIикIкIараб тIощелпихъ кьеялъ гьеб багъа-бачари гIодоцинабизе кумек гьабуна, ва колхоз къоялдаса-къоялде щулалъулеб букIана.

Атланваулалда 1931 соналъул хаслихъе гIуцIун букIана районалъул колхозазул сельхоз выставка. Гьеб букIана цебего бараб, гьеб росдал тIоцебесеб ханжу гьабулеб гьабил кIудияб минаялда жаниб. Гьениве вачIун вукIарав обкомалъул хIалтIухъанас, кIудияб кIалъайги гьабун, хадуб кьуна Гъадаралда чIварав чиясул хъизаналъе 10 азарго гъурущ страхованиялъул пособие.

1936 соналъ, МухIамадов ХIажи хисун, председательлъун тIамуна росулъаго чи Зубайиров МухIамад. ХIажи витIун ана ТIасияб Хъараниве колхозалде председательлъун.

Нижер хъизан

ХIажимухIаммад – дун, гьавуна 15.09.1914.

МухIаммад – вац, 10.11.1917, хвана 17.03.1933 с.

ПатIимат – яц, 1923. Хвана 17.11.1947.

ГIабдула – вац, 1926. Хвана 1944 с.

ХIасан – вац. 1929. Хвана 3.08.1982.

1935 соналъул ихдал дие абуна Залпа. Гьеб ригьнал гьитIинго бицунеб букIана нижер гIагарайги колей, Сабигатазул гьоболлъунги кколей Хъараниса Умуца. Гьелъ, нижер дое ячIанщинахъе, дие махсараде гIадин абулаан лъадилъун Залпа ячинин дуейилан. Залпа йикIана гьитIинго эменги хун, эбелалъул эбел Аруги хун, хадуй эбелдахъан жиндир яцгIаллъун кколей Сабигатида аскIой. Сабигатил бетIергьанчи цевехъанчи вукIана, Залпал эмен Садикъбегил гьитIинав вац. Гьелъ батизе ккола гьей гьесул ракIалда йикIана, ва гьениса дица лъадилъунги ячана.

НикIалайил заманалдасаго инсудахъан Залпал умумул наслу бацIцIадал гIадамалин абулеб батана  росулъ. Залпал инсул эмен Алхилав чIункIбузул чиян бицунаан, ва хисичIого, 25 соналъ росдал старшиналъун вукIанин бицуна. Эмен Садикъбег хIурият бахъулеб мехалда, партизаназул къокъагун цадахъ вукIарав ва хIурият бергьун халдусел соназда чанго соналъ росдал Советалда председательлъун хIалтIулев вукIана. Живго гъов щибго хъвай-цIали гьечIев чи вукIана.

Дие Залпа ячунеб заманалда, Залпал эмен Садикъбег рокъов вукIинчIо. Гьев вукIана туснахъалда, Советалда хIалтIулаго ккараб кинабалиго мекъаб ишалъе гIоло. Гьедин, дица гьей ячана Цевехъанилги Сабигатилги рокъоса. Ригьин гьабуна 1935 соналъул 25 июлалда.

Дунги, гьеб заманалда колхозалда хIалтIулев вукIаниги, гьанжего гьанже магIишат гьабизе байбихьарав чи вукIана. Гьелъ, ниж данделъана рукъ бакIалда гIемер жого гьечIел мискинал чагIи. ГIемерго гьуинаб букIана нижер рос-лъадиялъул байбихьи. Цоязул цогидазда абулеб жого букIинчIо, кIиябго рахъалъул умумулго гьелдаса рохун гурони, щибго пашманлъи лъалеб букIинчIо. ТIоцересел къояздаго нижерго гIумруялъул, букIинеселъул кинабго бицун букIана. КIиязулго лъикIаб таваккал букIана, цо чиясул бугеб магIишат букIинабизе, цоцазул умумузул адаб-хIурмат гьабизе.

Базаралдаса инсуца нижее босун бачIана гIака, гьеб, нижер кIалтIаги чIезабун, инсуца Залпа ахIана балагьизе, гьелда жий разияй йигищан гьикъизе. ТIокъодасанги балагьун, батIалъи щиб гIакаялъул кинаб бугониги, жий разияй йигин абидал, инсуца гьеб гIака жидерго добе, жалго бетIергьанаб гIака нижер азбаралъубе гъуна.

Дир эбелалъулгун Залпал гьоркьоблъи кигIан кIваниги лъикIаб букIана. Гьеб заманалда эбел гьединаб жоялъул бицен гьабулеб даражаялда йикIинчIо. Дир вац МухIаммад хвана 17 марталда 1933 соналъ. Гьелъ эбелалъул щибго жоялъул бицен-ургъел гьабиялде рагIиго букIинчIо, гьей, рокъой жанийги чIун, хварав васасул ретIелги цебе бан, тIокIай чIечIого гIодилей йикIунаан.

МухIаммад вукIана щвалде щвараб борхатаб черхалъул, сундасаниги хIинкъулареб ракIалъул, лебалав гIолохъанчи. КвегъичIеб гIалаялдаги рекIунунаго, тIурараб гьелъ гIодове рехун, гьесул хьибил кIудияб ганчIида кьабун букIана. Гьелъ унти ккарав гьев, тIокIав сахлъичIого, хвана. Гьеб лъугьа-бахъиналъ эбелалъул ракI чIунтизабуна.

1936 сон колхозалъул магIишатияб рахъалъ бечедаб букIана. ЛъарагIалда бакIарана гIемераб тIощел, росулъ гIемераб пихъ букIана. Гьеб соналъ нижее захIматкъоязда хадуб щвараб 1 тонна ролъул, Ахъайталаялдаса кIиго гьокоги ккун, рехана рокъобе. ЦIоросаролъил цIураб кIиго айгъиз лъун букIана: цояб нижерго тIохда, цоябги, Залпахъа изнуги босун, инсуца лъуна жидерго тIохда, нижер тIохда лъезе бакI гьечIого.

Бикъун щвараб 18 пут хасалил гIечул, херги тIибитIун, бан букIана нижер азбаралда бугеб рокъобе, 5 пут хасалил генул нижго ругеб рокъоб гъансиниб букIана. Гьединго букIана кIудияб щагIил гиби цIураб гIиял хIан. Хадусеб лъугьа-бахъин ккелелде цебе гьаб магIишат букIана нижер къавулъ.

Залпа йикIана гIамал-хасият бацIцIадай, ракI лъикIай, гьебго заманалда, жиндир гIолилаздехун цIакъ цогидал хIалхъублъи бугей гIадан. Гьей толарого йикIана цогидал ясазул рокъоб бугеб къай-матахI жиндиралдаса лъикIаб бугин, жиндир хварай эбелалъул хутIараб къай жиндие щвечIин абураб пикруялъ. Гьелъ бицунаан, эмен туснахъалдаса вачIаравго, жиндир кинабго унти жинца гьесда цебе лъелилан ва жиндие гьабуралъул рецIел босилилан. Амма хвалда цебе гьелда эмен вихьичIо. Эмен тIадвуссиналде лъикIаланго цебе гьелде тIаде гIасияб гIажал щвана.

1936 соналъул декабрь моцIалда 20-абилеб къоялъ гьавуна Залпаца вас. Доб заманалда лъимал гьарулеб рукъ букIинчIо ва лъимаде йигей гIадамалъе тохтурасул кинаб бугониги кумек щолароан. Лъимер гьаби гьелъул цIакъго захIматаб букIана: кIигониги мехел бахъана лъимер гьабуларого. Гьеб заманалда гьабулеб жо букIана, гьелдаги лъазе течIого, нуцIил кIалтIа туманкI кьвагьи, гьелдаса хIинкъарай гьелъ хехго лъимер гьабизелъ, Залпае гьеб кIицIулги кьвагьана, гьедин, хвалдаса жийго хвасарлъун, гьавуна гьев вас.

Нижер хъизамалъе вас гьави цIакъ рохараб лъугьа-бахъинлъун букIана, щайгурелъул дир вац МухIаммад хун букIана 8 моцI. Жакъа васги гьавун, гьесда вац МухIаммадин цIарги лъун, хъизамалъул кIирекIараб рохел букIана.

Байбихьуда лъидаго щибго жо лъалеб букIинчIо, дунин абуни, Залпа унтаралдасаго чияр дове арав васги гьавун, вас баркизе рачIарал гIадамалги тIуран лъугIун хадув гурони рокъовего вуссинчIо. Гьединаб букIана доб заманалъул гIадат.

РакIалдаго гьечIелъуса, лъимадул чороклъи чурулаго, гьитIинай дир яц ПатIиматида рихьун руго, лъим тIолей йикIарай гIаданалда, васасул хIатIал цоцазда релълъарал гьечIолъи ва квегIаб хIетIе, эгъеялъул щинкIилалдасанго гьетIараб, жанибехун буссараб букIин. Гьеб хабаралъ цIакъ ракIбакъвазабун буго дир эбел-инсул. Залпайин абуни, гьаглъарай гIадин лъугьун йиго, кин бугониги гьез хIукму гьабун буго, гьеб хабар, лъидаго лъазе течIого, бахчизе ва васги гIадамазул берзукьа вахчун хьихьизе, гьеб лъалеб букIун буго Залпал инсул яц Бахайида, Сабигатида, дир эбел-инсуда ва дир яцалда. Цогидал чагIазда васасул хIетIе гьетIараб букIин лъалеб букIун гьечIо.

Киналго гIадамал тIаса рихьараб, Залпаги васги жалго рокъор хутIараб мехалъ, вачIана дун рокъове, гьебмехалъ бихьана дида одеялалда жаниб кьуршан вугев васасул гьумер. Дун вачIараб мехалъ, Залпаца щибго хIал лъазе течIо. БукIаниги дида гьей ятана бадиб гьими гьечIеб букIараб гьумергун, кодов васги ккун.

Дица гьелда абуна нилъее вас гьавун вукIин рагIун, росабалъ учительзабилъун ругел вацгIалзаби, гIадамал рачIине ругин вас вихьизе, гьединлъидал дуца рукъ-бакIги бацIцIун хIадурлъи гьабизе ккелилан. Дица гьедин абурабго, гьелъ, васги къандалъоялда лъолагун, абуна, дуда лъалищ нилъер васасе бугеб жоян. Дица щиб гьесие бугебан гьикъидал, гьелъ, квер кIичIизабун, бихьизабуна хIетIе гьетIараб букIин. ГьебсагIаталъ дица вас вичана ва хIакъикъаталда квегIаб хIетIе бугоан ахадасан гьетIарав. Дун эхеде ворхун балагьидал, дида бихьана Залпал бадисан гирулел магIил гарал. Диргойин абуни магIуги бачIинчIо, амма черх цIорон ана лъалаго.

Дун дагьав вихха-хочун лъугьиндал, Залпаца, магIуги бацIцIунаго, Аллагьасул цIар бахъун, дида гьарана васасе бугеб гIузру лъиданиги бицунгеян. Ва гьелъ дие рикIкIана хIетIе гьетIараб букIин лъалел, дица церехун рехсарал гIадамал. ХIетIе гьетIараб букIин бахчун хутIана, амма нижер рукъзабазда тIад лъуна тIоцебесеб чIегIераб накIкIул кварча, ва рокъоб жаниб лъугьана вахъунарев унтиялъ унтарав хьул къотIарав гIагарав чиясде тIаде къулун кидадай хвеладаян балагьаразулъ букIунеб согIаб гIодобебиччай.

Нижее бугеб къварилъи цогидал чагIазда лъалароан, щайгурелъул гьезда нижер вас вукIин гуреб жо лъалеб букIинчIелъул. Залпайин абуни, гьабилеб жо тIагIун, кодов ккун васгун, васасда тIадеги къулун, чвахун магIилъ йикIунаан. Дидаги гьеб цIакъго захIмалъун букIана, букIаниги дица ракIбатулаан, гьев дагьав кIодолъигун тохтурасухъеги вачун, операцияги гьабун, хIетIе сах гьабилилан. Гьеб рагIуца гьелъие щибго асар гьабулеб букIинчIо, гьелъ тIубан квен, макьу тана, къо бахъанагIан, гьей загIиплъулей, нахълъулей йикIана. Цо сордоялъ дун къватIиве арав чи, хабар-маргьу бицунел гIолохъабазде гьоркьове ккун, рокъове кватIана. Азбаралъуве щварав дида, тIасаминаялъул гордалги къан, нахъаса нуцIаги рахан батана, ва лъимадул ракI унтараб гIодиги рагIана. Дица тункун нуцIа рагьизабидал, кодоб чирахъги ккун, дир эбелги, васасул хIатIида рекъараб цIулал хIетIеги гьабун, жаниб квасквасги лъун гьеб бухьунев эменги ратана. Цин тамахлъун, цин вуссун лъимерги гIодилей Залпаги ругоан. Дун гьездаги гаргадун, дица вас живго тезавуна, Аллагьгун къацандун хIетIе битIизе гьабизе бегьуларин. Гьев тохтурасухъе вачинилан абун гьел рокъоре ритIун ана.

Нахъияб къоялъ, Залпа унтун йигин рагIун, гьелъие кумек гьабизеян ячIана Залпал эбелалъул яц ГIаишат (Арул ГIаишат).

Гьеб сордоялъа хIалтIудаса щварав дунги вукIана рокъов, печалда хинкIал гьарулей ПатIиматги йикIана, ГIаишатида аскIой гIодойкIун гьелъул Ару абулей гьитIинай ясги йикIана. Гьадабго къагIидаялда одеялалда кьуршан кодов ккун васгун Залпаги йикIана. Гьеб заманалда гьение ячIана Залпал цойги гIагарай гIадан. Ниж хабар-кIалалда рукIана. ГIаишат хинкIал руцулей йикIана. Дой гIаданалъ, рецц-бакъги гьабун, Залпахъа вас кодове вачине хиял гьабуна. Залпаца вас гьелъухъе кьечIо, гьев гIодулин багьанаги батун, тIирун гьевги ккун чIана.

ХинкIал рахъана, дида абуна кваназе вахъаян. Дица, дир къасд гьечIин, нужго кванаян абуна. Гьез тIад-тIад руссун дида вахъаян абидал, Залпаца гьезда абуна, гьев руччаби ругеб бакIалда кваналарин, нужго цере ралагьун кванаян. Хадуб гьез Залпада абуна кванаян, гьелъги жиндир хиял гьечIин, кваназе инкар гьабуна. Гьебмехалъ дой гIадан, тирщун тIаде яхъун, дваргъин къан нуцIагун, къватIие кIанцIун ана. Гьеб лахIзаталда къандалъоялда тIад васги лъун, ригь араб сардилъ тIокъоде кIанцIун Залпаги ана. Цодагьаб мехалдасан Залпа, гьаркьалги гьарулаго, жание кIанцIун ячIана, ва чIичIидилаго ячIун ГIаишатида аскIой йикIарай ясалда, щиб-щибниги жоги абулаго, кьабуна. Яс гIодана. Вахъун дица Залпа ккуна, гьелъ гIодулаго, хинкIал къалаго жиндица дой гIаданалъухъе вас кьоларого вугелъул, гъоркьан васасул хIетIе гьетIараб бугелъул, гьелъ вас вихьизе кьоларин ГIаишатица ишан гьабун, бихьизе гьабунилан абуна ва рурудилаго инсуде ахIи бана. Эмен туснахъалде аралдаса жинда каранзул унти ккезе гьабулеб бугилан чIичIидана. ГIаишатги, цоцин кIалъачIо, дунги хаган хутIана.

Заманго балелде жание лъугьун ячIана нижер эбел. Гьей щаклъана нижер гIунун чIеялъухъ, ва Залпахъхги балагьун, гьелъ абуна, щиб нужее ккараб, мун гIодун йигогуриян. Гьеб абун бахъиналде, Залпаца руруй бахъинабуна гIодун ва ккараб жо кинабго бицана. Гьебмехалъ эбел ГIаишатидехун юссун гаргадана, гьалъул хутIарабги ракIбакъвазабизе гьединаб хIалтIи гьабизе бегьилищин дуцаян. ГIаишат цоцин кIалъачIо.

Залпаги юссине гьаюн, эбел рокъое ана. Нижги, бусенги тIамичIого, кара-ккаралъур кьижун хутIана.

ХIелеко борчIараб мехалъ, дун ворчIана, дида гьагъабго хIалалда ятана Залпа, кодов васги ккун, гIодойкIун. ГIаишатги, ясги ячун, ун ятана. Дица Залпада, гъой киярайин цIехедал, Залпаца абуна дой рокъое анин.

Гьеб къоялъ радал эменги эбелги Ишкарталире ана, дунги радал вахъун хIалтуде ана. Дун къоялъго къватIив хутIана. Складалда Бейболатил ШапигI вукIана хоцIоросаролъ бикьулев, гьесие кумек гьабулеб хутIана, бакъанил мех щвезегIан. Бакъанида, Буйнакскиялдаса Ражабилавги вачIун, годекIаниб колхозниказул гIаммаб ракIари гьабуна, гьелъул секретарьлъун дун вищана. РакIари лъугIана дунял рукIкIараб мехалъ, гьелъ протокол хъван лъугIинчIо. Ражабилас абуна, жив радал хехго нахъвуссине кколин, протокол къаси рокъоб хъван хIадур гьабеян. Гьедин дун, хъвазе жалги росун, маркIачIуда азбаралъуве щвана.

Чирахъ бакичIеб рокъойги гIодойкIун, васги кодов ккун, гIодилей ятана дида Залпа, дица гьелда гьикъана, гьаниве чиго вачIинчIищ, чирахъ щай бакичIебан. Чирахъ бакизе нартги гьечIин, гьаниве чиги вачIинчIин абуна гьелъ. Дун, къалиги босун, складалде ана, гьениса нартги босун, чирахъги бакун, печалда цIа бакулаго, ячIана дир яцалдасаги гьитIинай Сабигатил Жугьарат. Дица гьелда гьикъана, мун кий, щибизе ячIарай, эбел кие арайилан. Гьелъ абуна жий гьание эбелалъ йитIанилан. Гьебмехалъ дица гьелда абуна, дуда гьалъие щибниги кумек гьабизе кIоларин, мун рокъое ун, эбелалда гьание ахIулей йигин абеян.

Жугьарат ине лъугьиндал, Залпаца абуна, цо гали бахъугеяин, дица рачIине гьарилин гьел гьаниреян. Дица дой нуцIихъе ячуней йикIана, гьалъухъ гIенеккичIого, мун эбел ахIизе аян. Уней йикIарай гьей, гIодойкIаралъуса эхедеги гьункьун, Залпаца туркIун гордегун, гIодой речIчIизе гьаюна. Дица дуда унгейин гурищ абулеб бугеб, дица рачIинарила гъол гьаниреян. Кин бугониги Жугьарат дица, нуцIихъан ячун, къватIие лъугьине гьаюн ана. Залпаги синкъиялда гIодизе лъугьана. ЛъикIалан мех бана Сабигатихъ балагьун. Ахир гьелдаса хьул къотIун, дун Бахайида хадув вахъана. КъваригIун букIана радал вухьарав вас вичизе, чуризе, гьелъиейин абуни Залпал гьунар букIинчIо. Гьеб букIана гьелъул гIумруялъул тIарамагъадисеб сордо. Рокъойги ятичIого, дида Бахай ятана РахIматил корохъ. Цодагьаб заман ингун, Бахай ячIана. Чедги бугоан ва, суркIиниб тIун, чурпаги бугоан Залпае босун. Гьей жание лъугьарайго, Залпаца гIодун гьаракь биччана.

Гьелъ добго, эмен аралдаса жинда унти ккезабулеб бугин, дица нуж гьанире рачIине гьарилин абун, гIодилаго абулеб букIана Бахайида.

Цебе лъураб кваниде гьелъ, кигIан гьараниги, квер бегьичIо. Нахъаса къотIичIого гьелъ Бахайида абулеб букIана, яхъа, мун рокъое а, дица нуж рачIинарила гьаниреян. Доб заманалда гIумруялъулъ гьитIинав дида гьеб рагIул магIна бичIчIулеб букIинчIо ва гьелъул согIал хиялазда дун хадув гъечIо. Сордо бащалъулеб мехалъ, Бахай рокъое ана, хъвазе букIараб протоколги хъван бажаричIо, цо кинабалиго къагIидаялда теркIезе черхалъул саналги лъугьун, гIодовкIараб бакIалда дун кьижун ватана.

Радакье Залпаца дида тункана, дунги ворчIизе гьавун, гьелъ дида гьарана, жиндие гьекъезе лъим кьеян. ТIадеги вахъун, бакун печгун, дица гьелъие чулпаги хинлъизе гьабуна, чайги гьализабуна. Гьебги цебе лъун, дица гьелда гьарана дур рухIги тIагIун бугин, васасе рахьги букIине, кигIан бокьичIониги дагьаб квен кванаян. Гьелъ, гIемер инкарго гьабичIого, кваназе байбихьана. Нолъ хъвачIого хутIараб протокол хехго хъван, Ражабиласухъе кьезеян, кодоб гьебги ккун, Залпа кванан лъугIизегIан гьелда тIаде балагьун вукIана. ЛъикIаланго квенги квана, тIаде чайги гьекъана гьелъ. Дица цIакъ вохун Залпада цебеса квен бакIарана.

Кинабалиго цо лъугьа-бахъиналда цебе дунялалъул хIал хисулин абула. Сордо лъикIго цIорораб букIаниги гIодобиччараб букIана. Залпа кванан яхъиналде, гьури багъарана, ва, заманго инчIого, дунял цоцахъ базе лъугьана, цIорораб буран гьури пуялъ. ХъахIлъи бан, дунял рогьана. Дун, Залпаги рокъой тун, канцеляралде вилълъана. Гьеб букIана цIакъго цудунаб радал гIуж. ГIусманил МухIамал кIалтIа дида данде ккана нижер доре унел Сабигатги Гъурмагъизги. Дие гьезда цадахъ нахъвуссине заман букIинчIо, протокол хъвазе кколан. Дун канцеляралдеги щун, бащдаб протокол хъвалелде, кьураби данде рараб руччабазул чIичIи бахъана, Залпа кьурдаса кIанцIун анилан. Гьедин, 1936 соналъул 27 декабралда, гIасияб хвелалъ гIумруялъул 19 сон балелде, гьавурав васас 10 къо балелде, хвана дир тIоцеесей лъади Залпа.

Тамашаяб жо буго гьаб дунял, макьилъ бихьани, дун хIинкъулеб иш лъугьана дир берда цебе диего. Гьелъ тIубан хъубухъана дир къавуда тIад доб чIегIераб балагьалъул согIаб накIкI. Бер къанщизегIан заманалда гьоркьоб щущахъ рихун ана дир киналго анищал. Нижер мина букIана кьурул рагIалда. Нижеда кьурдехунисеб рахъалда гьоркьоб СагIид абулев чиясул мина гурони букIинчIо. Сабигатги Гъурмагъизги гьенире щун хадуб гьезул гьениб ккараб гара-чIвари дида лъаларо. Гьей, гьелги васасда аскIор тун, жиндирго ретIелги ретIун, тIагIараталъ инеян гьездаги абун, гьениса къватIие лъугьун йиго ва, молодасан азбаралдеги рещтIун, къадада квералги чIвалаго азбаралъуса къватIие лъугьун йиго. ГIаздада гьелъул лъалкIал лъалел рукIана. Гьебго хIалалда къадалда квералги чIвалаго гьей щун йигоан СагIидил азбаралде. Азбар къотIун, кьурул рагIалдеги ун, гьениб букIараб къадал ракьанда тIагIараталъе босараб гулгунги лъун, къадалдасан рещтIун йигоан кьурул рагIалда бугеб гьитIинабго къасиялде. Гьеб бакIалдасан кIанцIарайани, гьей кколаан битIун СагIдулал гьабиде тIаде. Гьелъул хIисабги гьабун, къасиялъул ракьандасан эхеегIанги ун, гьей хъурщун йигоан кьурул рагIалде. Гъоркье йортун унеб мехалда, нахъюссун, кьурул рагIалда квералги чIвалаго, ун йигоан 70–80 метра борхалъиялъул манзилалда гъоркье. Гьелда тIад чIван букIараб явлухъалъ, гъоркье гьуриги бан, парашюталъ гIадин йиччан йигоан. Гьелъ батизе кола, гьелъул черхалда гIемерал ругьнал гьечIоан.

Кинаб ракIго букIунеб гIадамасул, жиндир ботIрода жаниб гьабгощинаб жо сахаб гIакълуги букIаго, гьабизе кIолеб киналго рахъал хIисабалде босулеб, жий гъоркь речIизе кколеб бакIалъулцин пикру гьабулеб, амма жий хвезе ине йикIиналъул хиялго гьабичIеб. Ккараб жоялъул хIакъалъулъ щибго гьелъ хъвараб кагъат батичIо, я абураб жо лъачIо. Залпа кьурулъа эхеде йосун ячIана, бусниса гIадамал тIубан тIаде рахъиналде. Дир рокъоб лъуна магIирукъ, рагьда гIодобкIана тазият.

ТIохдеги рахъун, рагьда бугеб тазияталдеги балагьун, гьумер бетIун гIодулел гIагаразда гьоркьойги чIун, гьелъул кIияб гIагарлъиго гьечIей, лъугьараб жоялдаса йохун гурони, гьедигIан къварилъиго ккечIей цо кIудияй гIаданалъ, дида бералги речIчIизарулаго, киназдаго рагIизабун абулеб букIана: «Бежун, борохь ракIалдещун букIарабани дуда, МуртазгIали, гьаб ригьин ракIалдещвезегIан» абун. Гьелъул магIна букIана, дица кинаб бугониги къварилъиги гьабун, гьей хванин абулеб.

Къадеялде Ишкарталиса хадув чиги витIун ахIун, дир эбел-эменги тIаде щвана ва бакъаниялде Залпаги хабалъ лъуна.

Нахъияб къоялъ радал Буйнакскиялдаса следовательги вачIун, мадугьалихъ бугеб цо рокъоре магIирокъоса руччаби, тазияталдаса бихьинал ахIун унел рукIана. Гьез щиб гьениб бицунеб бугеб, щиб гьабулеб бугебали диде ургъел букIинчIо, дие гIурабги тIокIабги ургъел букIана сон ккараб жоялъул. Къаденахъеялде, хабалъ лъураб Залпал жаназа къватIибе бахъана. ГIачи унеб нухда чIезабун букIараб чол гьакидаги лъун, гьеб Буйнакскиялде босун ана. Гьединаб лъугьа-бахъиналдаса хадуб магIирукъ биххана, гьеб харбиде буссана, руччаби шуршудизе лъугьана, тазият биххана, гьенив хутIана дунго цохIо. Залпал гIагарлъи тазият тун нахъе ана. Сордо Шурабги бан, Залпа нахъе йосун ячIана. Нижер бакIалдеги ячIинчIого, МуртазгIалил рокъоеги йосун, гьенисан сардилъ хабалъ лъуна. Радал дун ккуна. Дунго хIалтIулев вукIараб канцеляралде кIулалги ран, жанив чIезе гьавун, къадеялде ячун ячIана эбел, эмен ва гьитIинай дир яц ПатIимат. Бакъанида, нуцIаги рагьун, жаниве вачIана следователь. Гьес абуна, эбелги дунги Буйнакскиялде рачине кколин ва, хьихьизе чи гьечIолъиялда бан, васги детдомалде кьезе цадахъ вачине кколин.

Бакъанида росулъа рахъун ниж къаси Ишкарталире щвана. Вас хахизе эшкиртдирил лъимал ругел руччабиги ахIун, гьалбадерил доба бахъана сордо. Радал цудунго рахъун, Шураре милициялде щвезаруна, дунги гьенив тун, васги вачун, эбел ана вас кьезе детдомалде ячун. Гьей нахъе ячIарайго ниж кIиялго туснахъалде щвезаруна.

1937 соналъул январалда туснахъалда вугев дун къаси ахIана сурав босулес рокъове. Гьенив дида ватана росулъе вачIун вукIарав следователь. Гьес бицана, операция гьабурал тохтурзабаз хIасилаб хIукму кьун букIанила, Залпа, цин чIвазеги чIван, хун хадуй рехун йигин кьурдасаилан. Гьелъ нужер сурав босизе кватIанилан. Киналго нугIзабаз, жийго кIанцIи чIезабун хадуб гурони, сурав босизе рес щвечIин. Гьанже нужеде гIунтIизабулеб бугила гIайиб, нужеца гIакъуба кьун, гьеб хIехьезе кIвечIого, кьурдаса кIанцIун йигин гьеян.

Делоялда бугебщинаб жо дида бихьизе гьабичIониги, гьес бицана, киналго нугIзабаз гIайиб чIезабулеб бугила эбелалда, гьелъ квен кьечIого, гIакъуба кьун кканин гьеб хIалтIиян, дунги гьелда тIад рекъон чIун вугилан. Гьес абуна, суд гьабизегIан, дун къватIиве виччазе вугила, эбел жаний хутIизе кколилан.

Дица абуна, гьедигIан кIудияб хIалтIи Залпада гьабизе кIведал, гьелъие гIоло хвезегIан туснахъалъув дун тезе кколин, расги мунагь гьечIей дир херай эбел рокъое йиччаян. Гьес гьеб инкар гьабуна. Дида нахъа лъана эбелалда тIасан делоялда жаниб бугеб бакIаб такъсиралъул хIакъалъулъ нугIзабазул бихьизабеял.

Радал дун къватIиве виччана. Гьев следователас пропускги кьун, дун, вас вихьизе, детдом балагьизе ана. Гьелъул заведующая мгIурусалъ дида вас вихьизе течIо, дур вас хванин, гьечIин гьанив гьеван, дун гьеб азбаралдаса къватIиве гъуна. Дида цадахъ дир гIолилав Ибрагьимов Лабазанги вукIана. Гьеб хабарги босун, ниж кIиялго къасиялде Ахакье рилълъана.

27–28 февралалда гьабуна нижее суд. Судалда дица Залпа чIагоял ахирал сардаз ккараб жоги бахчун, Залпае букIараб захIмалъи васасул хIетIе гьетIараб букIиналъулъ букIин бицана ва гьелъ абураб рагIи судалда рагьун абуна. Гьелъ абун батун букIана, гьав рекъав васги кодов ккун, жий росдал къватIазда хьвадуларин.

Судалда дир эбел квешай йигин абун гурони, чIванкъотIун гьелъ Залпае гьабураб къварилъиялъул бицинчIо. Сельсоветалъул председательлъун вукIарав МуртазгIалиев Хучбарие судияс, эбелалъул квешлъиялъул дуда щиб лъалебан чанцIулго сурав кьуниги, гьесги щибго жо жинда лъалеб гьечIин абуна. Амма гьес абуна, дир эбелалъ Залпада абулеб рагIанин гIадамаздасанилан, дица 5–6 лъимер гьабуниги, цониги рекъаб лъимер гьабичIин, дуцайин абуни, тIоцеве гьавурав вас хIетIе гьетIарав гьавунин. Суд халат бахъичIо, нижееги кIиязего щу-щу сон туснахъ кьуна.

Гьаб тIадехун рехсараб лъугьа-бахъин ккана цо моцIалдаса дагьабго цIикIкIараб заманалда жаниб. Ригьин гьабун, цо лъагIелгун бащдаб балелде, кьурдаса кIанцIун, хвана лъади, цевесаго тIагIана жиндаса ниж цIакъго гIорхъодаса ун рохун вукIарав вас. Рокъов хутIана щивго чи балагьизе гьечIев херав эмен лъабго гIисинал лъималгун. Росулъа ниж туснахъалде рачун унеб бакъанил гIужалда дида бихьана нижер рукъалъул нуцIби-гордал, магIалги кьабун, кидагоялъе щула гьарулел.

Бищунго захIматаб букIана гIадамал, хасго цересел гIагарал чагIи нижедехун гурхIиялъул гурел, ццидалал, рокьукъал бераздалъун балагьи. Гьелъ батизе ккола мехелалъе гIагарун эбелги дунги канцеляриялда жанир тIамун чIезарун ругеб мехалъ, нижее квен-лъим босун нуцIил кIалтIе цониги чи вачIунгутIи. Бакъанида, Шураре рачIиналде, цере ниже цIоросролъул хинкIалги режун, хоноги босун ячIана жинде иргаго щоларей ТIагьирил Умужат, Юсупил чIужу.

Бокьилаан лахIзаталъ чIаго гьайизе Залпа. Гьелда бихьизабизе кинабго лъугьа-бахъин, щиб гьелъ абулебали. Яги кIалъалейани Бахай, Залпае сордо лъикIги гьабун, гьелъие бугеб унтиялъ керенги цIун, тIарамагъадисеб нухалъ Залпада берги речIчIизабун, рокъоса къватIие яхъун арай.

Дун гIемер рикIкIаде витIичIо. КIиго сон бана Ставрополалъул лагералда. Дун этапалъ витIулеб къоялъ, йихьана дида эбел МахIачхъалаялъул кIудияб туснахъалъул азбаралда бугеб ицда гъоркь шишаги лъун, лъел цIолей. Дун гьелда аскIове ана ва дун этапалъ витIун унев вукIин бицана. Жиндирго ургъел гьечIоан пакъиралъе. Гьей гьаракь биччан гIодана, дун унев вукIин лъайдал. Гьений гIумруялъего ятIалъана дидаса эбел.

Дица гIемерал кагътал хъвалел рукIана рокъоре, эбелалъул хабар цIехон, цонигиялде данде жаваб бачIинчIо. Рокъове виччан вачIун хадуб лъана дида, эбел, гIемер заман дун ун балелде, этапалъ Карело-Финская ССРалде йитIун йикIин. Гьеб заманалда нилъерги Финляндиялъулги рагъ букIана, гьелъ, гьелда хадув чияли кин гурин, кагъатгицин дагь гурони гьенибе биччалароан. Гьеб букIана гьукъараб зона.

1943 соналъ бачIана извещение. Гьелда хъвалеб букIана, кинабалиго станциялда немцазул бомбаялде гъоркье ккун, хванин гьеян абун. КигIан талихI къарал рукIун руго дир эбелги эменги, жидее васин абун дун гьавурал. Дун сабаблъун, дунялалъул цояб рагIалда кин хвараяли лъачIогун тагIана херай эбел, инсудаги, дун сабалъун, бихьичIеб къо хутIичIо.

Дун рокъове щведал, колхозалъул председательлъун дида ватана Буйнакскиялда милициялъул начальниклъун вукIарав ГIалиев ХIайбула ва бухгалтерлъун Кашкаев МухIамадин абулев тумав (лакав). Гьеб букIана 1933 соналъул октябрь моцI.

ГьебсагIаталъго нахъе анна Кашкаев МухIамад, хадувго ХIайбуллагьги. Колхозалъул председательлъун ккана ГIабдулбегов ГIабдулкарим. Гьесги гIемер заман бахъичIо. ТIадвуссун председательлъун тIамуна цевеги вукIарав МухIамадов ХIажи. Колхозалъул хIалтIиги гьедигIан беццилеб хIалалда гьечIоан. Пихъил бачIин цIакъго дагь бугоан. Колхозалде рехизегIан, бетIергьабаз къадалги ран, лъалъан, рухъун хIалтIизе гьарулел рукIарал ахал, колхозалъ кинабго хIалтIиги лъарагIалда гьабизе ккун, ахал чIунтулел рукIана. Гьелда рекъон, бачIинги цIакъго дагьлъун бугоан.

1939–40 соназ председательлъун хIалтIана ХIажи. КIикъоабилеб соналъул декабрь моцIалда росулъе гочун рачIана ЧIарада районалъул Магъариса 45 хозяйство. Гьел гочинаризе ЧIараде ана росулъ парторглъун хIалтIулев вукIарав ХIабщиса ГIалиев Жамилги дунги. 14 къо бахъана нижеца Магъарир. Гьелго гIадамалги рачун, гьезие бикьун щвараб бутIа боцIулги бачун, рачIана ниж росулъе.

Гьеб соналъ хисана колхозалъул председатель ХIажиги. Гьениве витIун вачIана нижерго росуцояв МухIамаев Ражабилав.

1941 соналъул рагъ ккараб моцIалдаги Ражабилав вукIана председательлъун. Гьеб соналъул хаслихъе, гьевги нахъе ун, гьениве нахъеги тIамуна Зубайиров МухIамад.

Рагъ байбихьарабго, росулъа гIолохъаби армиялде ине байбихьана. ЗахIмат армиялде ана Шагидов Хъазанби, МухIамадов Абусултан, рагъде ана ХIосейнов Хайрула, церего арал рукIана МуртазгIалиев Мансур, Хъарабудагъов МухIамад, МухIамадов Шарапудин, Ибрагьимов Лабазан.

Дун вукIана комиссиялъ нестроевой хъулухъалъе гурони бегьуларевлъун чIезавун, дир бохда букIана  рокьол туберкулёз ккун.

1941 соналъул 29 декабралда, райвоенкоматалъул буйрухъалда рекъон, ниж ахIана Буйнакскиялде. Гьенир кинабго районалдасаго рагъул хъулухъ тIадал гIадамал ракIарун ругоан, нижер росулъа 14 чи вукIана. Командаялде хъвазе нижее нахъа гурони ирга щвечIо. Диде ирга щведал, дир билеталъухъги балагьун, гьез абуна дун строевой армиялде вачине бегьуларин, комиссия гьабун гурони. Комиссия кида букIунебин гьикъидал, гьес абуна метер букIунилан. Гьебмехалъ дица хIисаб гьабуна, росулъа киналго сахал чагIиги къаси ритIун, дун метер киналалиго лъаларел гIадамазда цадахъ ине кколебан. Гьелъ дица начальникасда абуна, дун къаси унеб командаялда цадахъ витIеян. Гьес дир гьари къабул гьабуна, дунги гьеб командагун цадахъ армиялде ана.

1942 соналъул ЦIияб сонгун нижеца дандчIвай гьабуна МахIачхъалаялъул маххул нухалъул станциялда. Нижер поезд ана Бакуялдехун балагьун. Эшелоналъул начальниклъун тIамун вукIана нилъехъа ГIалибегов МухIамад. КIиго мехалги нухда бан, ниж щвана Гуржи ССРалъул Гориялда бугеб лагералде. Нижер командаялда гьоркьоса росуцоязул 12 чиясдаса тIоцебесеб къоялъго ана пулемётный ротаялде Айгумов ГIабдулбасир, хадувго командир отделениялъунги гьавун ана витIун Жамалдинов Пирбудагъ. Сталинградалде цIализе витIун ана ГIалибегов МухIамад. Ниж рукIана 120 абилеб миномёталъул батальоналда.

1942-абилеб соналъул ихдал нижер полк гочинабуна Типлисалда гIагарда бугеб Авчала лагералде. Гьенире щун мехго бахъилелде, фронталде ана.

МухIамадханов ХIажи, ГIабдулаев Шамсудин, ТIалхIатов МухIамад ва Кивалов ГIабдурашидин абулев Магъариса васги, гъоркь хутIана Зубайиров МухIамад, Жамалдинов МухIамад ва дун.

Зубайиров МухIамадги ана гьеб соналъул хаслихъе, Жамалдинов МухIамалдги ана батIа-батIаго. Дун хутIана нижер батальоналда кIудияв писарлъун. Кин лъугьаниги, дир бох унтараб бугин абун, цонигиязул командаялда цадахъ дун виччачIо. 1943 соналъ бохалъул ругъунги багъарун, июналде щвезегIан Тбилисалда госпиталалда вегун, дун комиссиялъ рокъове витIана.

Нижер часть букIана 38-абилеб запстрелковый бригада, 106 запстр. полк, 120 минбат. Закавказский военный округ.

Нижер гIолохъабазул, дун армиялда вукIаго, добе кагъат бачIана МухIамадханов ХIажи чIванилан. ГIабудлаев Шамсудин ва Кивалов ГIабдурашид тIагIана, Айгумов ГIабдулбасирги ТIалхIатов МухIамадги лъукъизеги лъукъун, дида рокъоре рачIун ратана, Зубаиров МухIамадил извещение бачIана. Батумиялдаса Севастополалъул рахъалде унеб гамида унаго, немцазул бомбаялъ гамаги тIерхьинабун, хванилан. Жамалудинов Пирбудагъ немцазухъ асирлъудеги ккун, 1946-абилеб соналъ гьениса тIадвуссун вачIана. ГIалибегов МухIамадги унтун, рокъове вачIун ватана.

Дун тIадвуссун рокъове щвараб 1943 соналъул июналда колхозалда председательлъун ватана МухIамадханов Шамсудин. Колхозалъул хIалтIи батана рагIа-ракьанде ккун, квешго. Росулъ хIалтIизе гIадамалги гьечIого, хур-хералдаса гIураб къадаралда пайда босизе кIун гьечIоан. ГIи-боцIул къадар цIакъ дагьлъун бугоан, кинабго буссинабун бугоан фронталъе кумек гьабиялде. Нахъаса къотIичIого,  пачалихъалъе кьолеб букIана гьан, нах, тIощел. ХIадурулел рукIана хинаб ратIлил посылкаби, гIадамаз жал бетIергьанаб боцIудаса, жидер буголъиялдаса, сундаго барахщичIого, фронталъе кумек гьабун хъвалеб букIана заем, бакIарулеб букIана танкабазул частал гIуцIизе гIарац. ЦIикIкIараб кумек гьабулеб букIана фронталда чIваразул тIагIаразул хъизамазе, гьезул умумузе.

1939 соналъул 21 июлалда ячана дица Зумрат, гьей йикIана ригьнадаса ятIалъун йигей гIадан. Дун туснахъалдаса вуссиналде, нижер рукъалъул магIишат цIакъго нахъе ккун бугоан. Кинабго росдалго магIишатги колхозалда хIалтIун гIадамазе цIакъго араб-хвараб жо гурони захIматкъоялда хадуб щолеб жо гьечIоан.

Росдал гIадамаз бетIербахъи гьабулеб бугоан, цIоко тIом лъугьун, гьеб бичиялдалъун. Гьеб, цIакал лъугьиналъул хIалтIи, росдал руччабазул цебегунисеб махщел букIана. Узухъда, гIезегIан захIматаб хIалтIиги букIана.

Риидал, росдада сверун рохьазде хьвадун, гьенир сардалги ран, хIадурулаан тIа абулеб гъотIол тIамах. Ругел рохьазда цIакъго дагь гурони букIунареб тIамах букIана. Гьеб бакIаризе унаан бихьиналги руччабиги, ишкардирил сунталде, Къурушалде Чимавулалъул ракьазда сардал ран, гьениса бачIунаан, гьакал цIун тIадал тIамах. Гьеб, тIохазда тIад, тIокъазда гъоркь бакъвазе гьабун, бухун, буссун хIадурулаан. Гьанже жидергоги, мадугьалихъ ругелги росабалъаги ракIарулаан цIакал, тIахьал, тIомал. Цин гьел лъолаан, гIанкIодул гъвесги бакIарун, русбузда жанир гьелда гъорлъ. Гьелъ гьезул рас хIулизе гьабулаан, цинги лъолаан, доб тIадалги цIун, лъеда жанир. Гьелъ гьел тамах гьарулаан. Цинги гьел релъине, гьезул кьер чIегIер гьабизе чIекъдерил бакъда, Уркиб абулеб бакIалдеги ун, гьениса нохъаздаса бикIун, данде гьабулаан рикIкI. Гьеб рикIкIил лъеда жанир тIамидал, гьезул лъугьунаан тамахаб берцинаб накай (хром), тIомазул лъугьунаан тIукъби. Заводалги гьечIеб накай-тIукъаги къанагIатаб доб заманалда, цогидал росабалъ тIомол хьитал гурони ретIине щолареб мехалъ, нилъер гIадамазул рукIана кIалал халатал чакмабиги, угъдул рорхатал ясазул туплабиги, гуржи мачуялги, бахIаразе гьарурал тIеренал расен гIемерал тIад чалу букъарал мачуялги. Гьеб махщел хIалтIизе гьабулароан руччаби, росулъ цIакъ дагьал рукIана ва гIадамазул магIишаталъе гьелдалъун цIикIкIараб хайир щолаан. Дица бицен гьабулел 1941-42 соназдаги, хIукуматалъ гьабизе гьукъун бугониги, бикъа-хъамун гьабулеб цIоко-тIомал лъугьиналъ, гIадамазул рукIа-рахъиналъе кIудияб кумек гьабулеб букIана.

Туснахъалдаса рокъове щвейгун, дун дирго букIараб бухгалтериялъул хIалтIуде лъугьана. Бугониги дун вукIана цIакъго хвараб ретIел-тIехгун. Рокъоб букIарабщинаб жо хвалицаги туснахъалъги чурараб нижер къаялъе, бачIинахъего, лъикIабщиналда анищ гьабизецин рес букIинчIо.

Доб заманалда гIолохъабаз бухаритIагърал лъолаан. Гьанжего гьанже раккун рукIана шапка тIагърал лъезе. Дир шапка тIагъур гурони тIокIаб тIагъур букIинчIо. Умахайир абулей гIадан хун, гьей юкъизе хабаде унелъул, дун, хабал рагIалде щвезегIан молол бетIер ккунги ун, гьениве щваравго хабаде вахинчIого, нахъе рокъове вилълъана. Щайгурелъул шапкаги лъун, хабаде унев цо дун гурев чи вукIинчIо, гIадамал дида релъанхъилилан абун, дун рокъове вилълъана. Гьединаб ахIвал-хIалалда дун вугеб мехалъ ячана дица Зумрат. Гьей йикIана бечедаб, бищун росулъ ресалда бугеб хъизамалда гIурай яс. Гьелъул эмен Хъарадагъ районалдаго рагIарав, лъалев, гIорхъодаса ун лебалав, гIакълуялъулъ камилав чи вукIана. Школазда цIаличIониги, битIараб гIурус мацIалда хъвазеги цIализеги лъалев, цIодорав чи вукIана. Гьединав инсуца ва росулъго лъикIал, тIокIалан абулел гьесул умумул ХIажимурадил МухIамадица, эбел Бикабайица добгощинаб жо ккарав, кьурдасан кIанцIун, чIужу хварав дие Зумрат лъадилъун кьей цIакъ тамашалъи гьабизе ккараб лъугьа-бахъин букIана. Гьеб ригьин гьабун хадуб ТIаса Хъаранив жиндирго гIагарал чагIазде гьоболлъухъ араб бакIалда Хъарадагъида гьикъун буго, дуца яс гьагъав якъун кьурдаса кIанцIун чIужу хварав чиясейищ кьураян.

Кинниги хадубккунги гIезегIан жо лъугьине хъван бугелъул батила, дие Зумрат кьуна. Нижги цIидасан дунял гьабизе лъугьана. Дун армиялде инелде нижер кIиго яс йикIана Айлипатин Илмугьатин абун. Зумрат ятана, хIакъирлъиги пакъирлъиги лъалей, гIакъилай, хIалимай, гIадатияй магIарул чIужугIадан. Гьелъ бикьана дир гIумруялъул халалъиялда диргун ургъелги рохелги. ГIумруялъул нухда чанго нухалда дир тIадагьаб пикруго гьечIого, гьабулеб хIалтIиги, ургъизего ургъичIого, бицунеб ахIмакъаб хабар-рагIиги Зумратил гъваридаб, гIакъилаб, сабураб, хIеренаб рагIиялъ, тIаде лъим тIураб цIа гIадин, свине гьабулаан. Дида гьимулеб батана рохелалъе гьабулеб гьимиги, къварилъиялъе гьабулеб сабурги, гIадамаздехун гьуинаб рагIиги, росасдехун адабги ва лъималаздехун бергьараб рокьиги.


БачIана 1944 сон

Гьеб соналъул байбихьуда колхозалъул председательлъун вукIана Шагидов Хъазами, парторглъун МухIамадханов Шамсудин, росдал советлъун СагIидов Жамалдин. Рагъ жеги инеб букIана, Кавказалдаса немцазул аскарал нахъе кьабулел рукIана. Колхозалъул хIалтIиги лъикI букIинчIо, букIинчIо техника, транспорталда хIалтIизе гIадамал, кинабго хIалтIи руччабазул кверде балагьун букIана, рагъдаса руссаралги киналго инвалидал рукIана.

Февраль моцIалда хабар бахъана чачанал жидер республикаялдаса Казахистаналде гочинарулел ругилан. Гьел гочинаризе Дагъистаналдаса гIадамал ритIулел рукIана, гьезул рукъзал, боцIи хьихьизеян, нижер росулъа гьезда гьоркьове чиги ккечIелъул, нижеда гьелъул тIубан бичIчIулеб жого букIинчIо. Росдал гIадамал жидерго участкабазде рак баччулел, къадал ралел, хурзал-ахал рухъизе хIадурлъулел рукIана. ЦIакъ берцинаб, хинаб их бачIунеб букIана гьеб соналъ. ГIадамал цIакъ гъирагун тIаделъулел рукIана жидерго участкабазда хIалтIизе.

РакIалдаго гьечIого, зоб гъугъараб гIадаб гьаракь бахъана – кинабго росу  Чачаналъе гочинабизехъин бугилан. ТIоцебе гьеб букIана цIакъго гIорхъолъа арав чияс гьабулеб хъачIаб махсаралъун. Кинан бугониги рекIелъе цо батIияб, букIинчIеб хIинкъи загьирлъулеб букIана. Ва цодагьал къояздасан гьеб суал хIакъикъаталдаги уяб жолъун чIана ва росу гочинабизе районалдаса вакилзаби рачIана. Росулъа цо чи туснахъалде, армиялде яги гочун цогидаб росулъе унев мехалъ, къварилъахъдилел рукIунел гIадамазул чIезе бакI тIагIана, бицине рагIи лъугIана, къварилъи чучизе ине бакI тIагIана. ГIадамазда рагъ кIочана, рагъда чIварал лъимал кIочана. Къват-къватIазда бащдаб гIадалаб, бащдаб гIакъилаб бицунаго, гIодилаго, сородизе лъугьана. ХIакъикъаталдаги, тIаде бачIараб жо букIана кIудияб балагь. Росулъ ругел унтарал, руснир ругел кьагIи, рилъине кIоларел херал чагIи, киниязда гIисинал, каранда ругел лъимал, рукъалъул хIайванал, гIанкIу-хIелеко, рукъалъул къай-матахI, кумекалъе росулъ гьечIел бихьинал. Гьеб ахIвал-хIалалда росуги тун, Чачаналъе гочине кколин абураб суал букIана битIахъе хвалда бащадаб.

Дирго хIалалъул бицани, дир гьитIинав вац вукIана ГIабдуллагь абун, 17–18 сон барав, росдал анкьго сонил школалда завучлъун хIалтIулев вукIарав. Гьеб заманалда ГIабдуллагь, каранзул унтиялъ унтун бусаде ккун вукIана. Гьев вукIана цIакъ загIиплъун тIеренлъун, бусада жиндирго черхалъул къуваталдалъун гIодовкIине, цояб рахъалдаса цогидаб рахъалде сверизе кIолареб хIалалде ккун. Дида росдал чIахIиял гIадамаз жидер цIаралдасан ЦКялде Сталинихъе гIарза хъвайилан, жал Чачаналъе гочизариялдаса хвасар гьареян. Дида тIубан лъалареб гIурус мацIалъ хъвана гIарза. Гьевги вачун Буйнакскиялде ва МахIачхъалаялде ине 2 чиясдасан гIуцIарабделегация битIана. Гьел рукIана ГIисахIажиев ГъазимухIамаги, Жувайратги. Гьединабго гIарзаги босун ЧIикIаса рачIарал чагIи жанир тIамун ругин хабарги рагIун, гьел МахIачхъалаялдеги инчIого, росулъе тIадруссун рачIана. 1944 соналъул 8 апрелалъа росулъе рачIана райкомалъул секретарь МухIамадовги, райисполкомалъул председатель Шихсаидов ГIисаги, автоматги барав  цо рагъулав чиги. Бакъанил гIужалда ГIисагайил азбаралда бакIарана росдал жамагIат, гьоркьов чи течIого

Гьез бицине бугебги, хадуб букIине бугебги цониги чиясда лъалеб букIинчIо. Азбаралда букIараб оцазул гьакида цояб хIетIеги базабун МухIамадовас кIалъазе байбихьана. Гьес я гочиналъул, ялъуни гочинчIого теялъул щибго жоги абичIого, цIакъ ццидалаб кьер-куцгун ракIарараздехунги вуссун абуна: «Нуж Чачаналъе ритIизе райкомпартиялъ ва райисполкомалъ хIукму гьабун буго, нуж метер радал росу тун къватIире лугьине кола. Нужер гьанив вугила колхозалъул бухгалтерлъун хIалтIулев чи. Гьев чи райкомалъул хIукмуялде данде чIун, Москваялде гIарзаби хъвалев рагIана, дица гьесда къверкъ квине гьабила, дица гьесул лъади къорол гьайила, лъимал бесдал гьарила, дида гьев щивалиги лъаларо, гьев гьанив ватани, цеве вахъа» - ян. ХIобода вахъун чIун вукIарав дица, дун гьанив вугилан абидал, гьес, дидехун валагьун, килщал гьесизарун, дие хIинкъи кьуна. Руччаби гIодизе лъугьана, бихьинал гIодоре къулун чIана.

Руччабазда гьоркьоса яхъун Умасапиятица абуна жиндир бетIергьанчи рагъда вугила, гьесул кагъат бачIинчIого 6 моцI тIубанила, гьав чIаго вугищ-гьечIищали жинда лъаларила, гьитIинаб кIиго лъимерги бугила. Аллагьасе гIоло, гьаб чIужугIадамалъул кIазие гIоло, ниж Чачаналъе ритIугеян, гIодилаго, бахъун бетIералдаса кIаз гьесда цебе тIибитIана. Гьебмехалъ руччабазул гIодун гьаракь бахъана. Гьелъ МухIамадовасул дагьабги ццим бахъинабуна ва Умасапиятидехунги вуссун, абуна, гьеб кIиябго лъимерги хIатIикь лъун, гьезда тIасанги яхун, инин мун Чачаналъеян. Метер сагIат ичIгоялде гьаб росулъ цо гIадан ватани, гьев живго-жиндаго гурхIаян.

Автомат барав чияс, дида цевеги вачIун, мун тIаде вилълъаян абун, дун тIаде канцеляриялде вачана ва щай Москваялде гIарза хъварабин, дихъа бухгалтериялъул кIулалги нахъе рахъун, дун туснахъ вугин лъазабуна. Гьебго заманалда азбаралда рукIарал МухIамадовги Шихсаидовги, колхозалъул председатель Шагидов Хъазами, парторг МухIамадханов Шамсудин ва росдал Советалъул председатель СагIидов Жамалгун цадахъ тIаде, нижеда аскIоре рачIана. Гьенив росдал хIакимзабазде квешго МухIамадовги вагъун, дунги жанив тIамун, гьел киналго къватIире лъугьун ана.

КIиго сагIатгIанасеб замана ун хадуб, нуцIаги рагьун жаниве лъугьун вачIана Шихсаидов, ва гьес абуна нуж кинго Чачаналъе ритIиIчого толарин ва дир унтарав вац больницаялде вачине метер радал жинца райисполкомалъул грузовой машина битIилин. Мунги, Буйнакский туберкулёзный больницаялда вац ГIабдулаги щвезавун, Чачаналъе ине хIадурлъеян. Дихъе кIулалги кьун, нуцIаги рагьухъе тун, дир кверги босун, гьев ана. Гьебмехалъ бичIчIана гIадамазда жал росулъ толареблъи, букIаниги инкар ккун чIун рукIана. Росулъ гIумруялъул бищун кIудияв чорхолъе унтиги ккун, 2-3соналъ  бусаде ккун вукIарав Алхиласде аскIореги рачIун, росо цадахъ Чачаналъе гочинабизехъин бугин бициндал, Алхиласица гьезда абун бугоан, дун нужеда цадахъ гьениве вилълъинарин, нужее нухал ритIагиян. ХIакъикъаталдаги, метер Чачаналъе унин абидал, Алхилав жакъа хвана ва, росу гочиналде, росдал хабалалъ лъурав ахирисев гьев вукIана.

Радал Буйнакскиялдаса росабалъе ракIарарал гьаказ росу цIуна. Гьезда тIад къайги лъун, гIодилаго гIадамаз росу тана. Дунги, Шихсаидовас полуторка машинаги бачIун, гьелда тIад туртида восун гурони вилълъине вахъине кIоларев вацги лъун, бакъанида Буйнакскиялде щвана.

Росу рещтIинабун бугоан Буйнакскиялъул маххул нуахлъул станциялде. Вац гьениве вачине рес букIинчIо. Гьев вукIана захIматго унтарав чи. Гьединлъидал нижер росулъа Чачаналъе гочине кколев Буйнакскиялда рукъав чIарав Мансуров МуртазагIалил рокъове восана ва къаси сордо гьениб бана.

Нахъисеб къоялъ радал дун райисполкомалде Шихсаидов ГIисахъе ана, вац больницаялда лъезе кагъат босизе. ГIисаца кьураб кагъат райздравотделас къабул гьабичIо, больницаялда бакI гьечIин абун. Гьев больницаялде восаралъухъ райздравасе кьезе ккана цо таргьа цIоросаролъил ханжу. Узухъда, ракъараб рагъул заманалда азарго гъурщиде базаралда цо пут ханждал бичулеб мехалъ, гьеб гIунги тIокIаб мухь букIана. Росдал гIолохъабиги рачун, тахил сеткаялда тIадги лъун, I8-20 сон барав ГIабдула восизе ккана станциялъул рагIалдаса Дахадаев къотIноб бугеб больницаялде. Гьеб букIана цIакъ захIматаб ва къваридаб къо. Гьеб къоялъ дица, лъикIго вукIаян, квер босун тана, тIокIав дида вихьизе къотIи гьечIев, дир багьаяб цо рагIи бугев, гIурав гIолохъанчи, дир гьитIинав вацасул.

Станциялда цойги къо бахъана, вагонал рачIунарого. Росуйин абуни, жинди-жиндир къайги бухьун, хIадур гьабун чIезабун букIана, состав гочиналъухъ балагьун. Хадусеб къоялъ къалъуда вагонал рачIана, ва къайги гIадамалги вагоназде рахинаруна.

Унтун, больницаялда вугев ГIабдула живго тезе бегьулев вукIинчIо. Гьесухъ балагьизе эмен тана Буйнакскиялда. Нижер поезд багъарун унаго, станциялда, хадув валагьун тана херав эмен. Росуго гочунги ун, унтарав васасда аскIов живго хутIулев вугев инсуца жиндир рекIел къварилъи лъидасаго бахчулеб букIинчIо, гьев гIодулев вукIана. Гьединаб гочана ахакьел Чачаналъе, немцазул фашизмалде данде БагIараб Армиялъул бахIарчиял аскараз кьварарал рагъал гьарулеб I944 соналъул I2 апрелалда.

Къаси кватIараб мехалъ нижер эшалон щвана Хасавюрталде, фронталде ине вагонал хIажат ругилан, сардилъго къайи вагоналдаса чIехьезабуна. Гьениб гIисинккун цIад балеб бугоан. Радал, партал-къайги битIабишизабун, гьениб станциялда гIагарлъухъ бакIалда цIадае тIадхъелал гIадинал жалги гьарун, гьенир чIана. ЦIад чIолеб букIинчIо. Кинабго партал, лъимал риччулел рукIана. 2-3 къо бахъана гьеб хIалалда, ахир гьенир бегьичIо. Лъимал риххизе, унтизе лъугьана. Доб заманалда Обком партиялъул секретарьлъун хIалтIулев вукIарав ФатагIалиевги вачIун, ниж гьениса гочине гьаруна консервозаводалъул минабахъе ва клубалде гIадамазе чед бачIана. Чай, квен гьабизе рес щвана, регизе бакъвараб, хинаб бакI щвана.

ЦIад чIолеб букIинчIо. Ниж цIияб росулъе рачун ине транспортги бачIунеб букIинчIо. Лъимал унтизе байбихьана. Гьелдаса батIаги, дунго гIедегIун вукIана, росу-хъизан, лъимал, къай-матахIги щвезе гьабун, Шурагьир тарал инсухъеги вацасухъеги щвезе. Гьелъ хIукму ккана, мухьдахъ машинаги ккун, лъимал-хъизан Чачаналъе рехизе. Гьебго пикру букIана Мансурилги Дациев ХIажиясулги. Бакъанил гIужалда балеб цIадакь нижеца лъабасго, 1800 гъурущ гIарацги кьун, ккуна доб заманалда нилъер гьанир хIултIулел рукIарал америкаялъул студебекир абулеб машина, ва гьелда тIад къай-матахIги лъун, тIад нижгоги рекIун, рагъарана. Нижеда кире унел ругелали лъалароан. ТIупан тIун балеб цIадакь машина унеб букIана. Пири пирхараб мехалъ бихьулаан, щварал чIахIил лъаралги рахунаго Хасавюрталдаса бакътIерхьуде балагьун унеб машина. Ахир, цо бакIалде щведал, шофёрас машина чIезабуна ва къай бахъеян буюрана. Гьеб бугоан кIкIалахъ бакI. ГIурул гIадаб гьаракь бугоан аскIосанго гIадин унеб щвараб лъарал гьениб. Къайги бахъун, ниж аскIобго батараб минаялъуре лъугьана. Гьеб букIун буго ниж рещтIине бугеб росдал гIачиязул фермаялъул мина.

РогьинегIан машинабазул гьаракь къотIичIо. Радалалде Хасавюрталда букIарав нижер росу гьеб фермаялде рехун батана, хIукуматалъ машинабиги кьун. Радалалде цIадги лъалхъана, ниж фермаялдаса росулъе рахана. Гьеб бугоан райцентралдаса 3 км гъоркьехун бугеб цо кIкIал, гвенд гIадинаб бакIалда бараб Балансуян Чачаназ абулеб гьитIинабго росу. Цогидал чачаназул росабалъго гIадин, тIад щегI ккурал минаби, щивав чиясул азбаралда цебе 020–050 гектар цIулакьодул ахал жанир ругеб, квешалго къватIазул цоцадаса цIакъго рикIкIад рукъзал ругеб росу.

Ахакь цоцада цун рукъзал рараб гьитIинабго росдал нижер гIадамал, гIатIидаб бакIалда, цояб кIкIалахъ, цояб гохIда – цоцаздаса рикIкIад рарал рукъзабазул росу бараб бакIалъул къадар 55 гектаралде бахунеб цIияб росулъе рокьиго гьечIого рещтIана. Нижер росдал гIурхъи бугоан Чачаналъулги Дагъистаналъулги ракьалъул гIорхъода. Росдада тIад бугоан бекьулеб авлахъ, гьениб кинабго ракь дандекъан 200 гектар бекьулеб ракьалъул 50 гектаргIанасеб харибакI, росдал гъоркь бугеб кIкIалахъ гьава, цебе гIачиязул ферма ва гьенибго 2 гектаргIанасеб  гIечул генул гъутIби ругеб колхозалъул ахги. Росулъе рещтIун лъабго къоги бан, дун Буйнакскиялде инсухъеги ГIабдулахъеги щвезе тIадвуссана. Дун тIаде щвелелде, ГIабдулаги вукъун ватана эмен. ГIагарлъини щиб гурин, росулъа чицин аскIовги гьечIого, шагьаралда больницаялда хун гIолохъанчи васгун, гьесда щиб гьабилеб, лъида аскIове кумек гьарун иневали лъаларев инсуе вас хвеялдасаги захIмалъун бугоан живго цохIо хутIи. Сверухъ ургъел бикьизе чи гьечIолъи. ГIисагай абурав чияс хоб бухъизе гIадамалги ралагьун, нижерго росулъ вукъун ватана вац. Сордо гьенибги бахъун, эменги вачун, дун тIадвуссана Чачаналъе.

Киналго гIадамал гочун тIураралго, районалъул рнухмалъиги бачIун, райкомалъул тIоцевесев секретарь Мачиев ГIали, райисполкомалъул председатель ГIалиев Асадула, росулъ гIаммаб ракIариги ахIун, росдада цIар лъуна Ахакь росуйилан ва, Ножай-юртги бахъун, районалда цIар лъуна ГIандалал абун. Нижер районалда рукIана нилъер росдадаса батIа ЦIияб ЧIикIаб, Сталинаул, ИпутIа, Ракьуб, Сивухъ, ИчичIалиб, МелъелтIа, Гергентала, Хьиндахъ, Дагъбаш, ГIуриб, Улубий росабиги. Риидал гIи бахине кьуна гIандадерил ТIамухъ мегIер, хасалоялде кьуна Бабаюрт районалъул Гъазиюрт хъутан.

ЗахIматаб рагъул 1944 соналъул ихдал рекьиялде байбихьана. Щибго гьелъие хIадурлъи букIинчIо, тракторал думалъго рукIинчIо. Гьеб соналъул ихдаде цIоросаролъалъе бекьизе кколеб букIана I60 гектар ракьалъул. Кутабазда оцазул бакIалда ралел рукIана гIачи. Кваназе квен букIинчIо. Белалъ хурзал рухъизе рахъине гьарулел рукIана росулъ ругелщинал гIадамал. Норма букIана цо чиясе 500 квадратияб метр, ай щуго сотых. Щибаб бухъараб сотыхалъухъ бакъанида гьезие кваназе кьолеб букIана 100 грамм хенечIеб тIощалил – цIоросаролъ, ролъ, пурчIина. Гьеб хенолаан гIадамаз хIалтIудаса рачIун хадуб къаси, кверзул гьабаз. Норма гьабун щварал тIощалил мугьал гIолароан рокъор ругел лъималазеги жидеегоги кваназе. ГIадамал рукIана ракъун, кин бугониги хIалтIи гьабулеб букIана, гьабизе кколебги букIана. ГIемерал гIадамаз, руччабаз ихдал белалъ 4–5 гектар ракьул бухъун букIана. МуртазагIалиев МухIамадил хъизанлъун йигей Жариятица 7 гектар ракьалъул белалъ бухъун букIана. Узухъда, белалъ бухъун бекьараб кватIараб ихдал ракьалъ пайда кьечIо, гьеб соналъ I60 гектар бекьараб цIоросаролъул хуриса хаслихъе бакIарана гIицIго 400 кг хIокIида цIоросаролъ. Гьелъ хутIаралги язихълъана гIадамал. Колхозалда захIматкъоязда хадув щибго жо бикьичIо, гьелъул хIасилалда, росулъ баккана гIадамазда бакъул унти.

1944-1946 соназда росулъ тIибитIараб ракъул унтиялъ бегизабуна росдал киналго гIадамазул 80-85 %. Байбихьана хвезе росдал чIахIияб гIелалъул ялъуни цебе кинаб бугониги чорхолъ унти букIарал гIадамал. Гьел соназда гьитIинабго нижер росдал 110–120 гIанав чи хвана. Хъизаналъул киналго хваралги ккана, гьединаздаса ккола Жамалат, Садикъбек, Цевехъан ва гьезул яц Бахай. ГIайизайи тухумалул жийго, ясал: Жувайрат, Рубайдат, Балкъис, Баил МуртазагIалил вас ШапигI, яс ПатIимат, МаллахIусен, чIужу, кIиго яс, Ажайил МухIамад, Парзулав, гьесул вас МухIамад, Айгунил МухIамад, гьесул вас, Асадуллагь, ГIабдулкарим, Рукъигат, Баил Жамалдин, ХIожолабазанил ГIабдула, Бейболатил МухIамад ва гьел гурелги цогидалги. ГIемерав чи вукъана бакъул унтуца хварал. Гьединаб язихъаб ва унтараб гIумруялда ругоиниги росдал гIадамаз цIикIкIараб кумек гьабулеб букIана немцазул фашизмаялде данде багъулеб БагIараб Армиялъе, ярагъ гьабизе гIарац бакIариялъе, кьолеб букIана хIалкIварас хIалкIвараб: цIулакьо, гьан, нах, хинаб ретIел гьабизе тIахьал, хъвалаан цIикIкIараб къадаралда рагъуе кумекалъе унеб заём кинабго рахъалъул квербакъи гьабулаан, росулъ ругел васал, вацал, умумул рагъда чIваразул хъизамазе ва гьеб гуребги тушбабазда тIад бергьенлъи босизе.

Рагъ лъугIиялъул хабар дида лъана колхозалъул конторалда хIалтIулаго. ГIандалал райкомалдаса телефоналъ ахIана, жакъа рагъ лъугIанилан, ва немцазул армиялда тIад Совет Армиялъ бергьенлъи босанилан. Гьеб букIана роцIараб, бакъ щвараб ихдалил къо. ГIадамал хIалтIуда, авлахъазда рукIана. Росу гIадамазул цIун бугеб гIадин, дица дир бугеб гьаракьалъ ахIулеб букIана, жакъа, 1945 соналъул щуабилеб маялъ немцазул фашизма щущахъ биххизабунилан. Гьеб заманалда дун векерана колхозалъул председательлъун хIалтIулев вукIарав Шагидов Хъазамида рохел бицине. Дида гьев рокъов ватичIо, хIалтIухъабазда аскIове авлахъалде ун ватана. Гьениб ватана нижер райкомалъ вакиллъун витIун вачIарав ГIандалал райкомпартиялъул лъабабилев секретарь Мусаев МухIамад. Дица гьеб хабар бициндал, гьес дир горбода къвал бана ва къочана. Гьесул бадиб магIу хулана, дидагоги яхI гьабизе кIвечIо. Гьеб букIана гьелде щвезегIан араб дир гIумруялда жаниб лъугьарал, рагIарал, рихьарал рохелазул бищунго кIудияб рохеллъун 

ГьебсагIаталда хIалтIудаса халкъ росулъе ахIана. Данделъана кинабго росу. АхIичIониги, рачIана хараби ва бусаде ккарал унтаралги гIисинал лъималги. Рохалил митинг рагьана гьалмагъ Мусаевас. Гьес рагъ бергьиналда лъугIиналъул, БагIараб Армиялъул, бахIарзазае реццалъул, немцазулгун халатаб заманалда гьабураб рагъда Совет халкъалъ ва гьелъул рагъухъабаз рихьизарурал гIурхъи гьечIел чIахIиял гьунаразул хIакъалъулъ бицана. Рагъда чIварал бахIарзазе кидагоялъе рецц кьуна.

Митингалда гIахьаллъарал гIемер рохиялъ гIодулел рукIана, киназулго рекIелъ къараб гулла гIадин букIараб рагъул гьаракь къотIана. ГIадамазул ботIролъе цIиял пикраби, анищал, мурадал рачIана. Жидерго, жидер хъизаназул, росдал, районалъул, улкаялда букIинеселъул рахъалъ ургъизе, дандбазе, хIалтIизе ракълил заман тIаде щвана.

Рагъде арал гIолохъабазул щивасул батIи-батIияб къисмат ккана: цоял чIвана, цоял хвана, цойгидал лъукъун, сакъатлъун тIадруссана, цогидалин абуни, араб бакI лъачIогун тIагIана.

Рокъоре тIадруссана:

  • Айгумов ГIабдулвасир
  • Жамалдинов Пирбудаг
  • Талибов Агъа. БагIар цIва орден.
  • Бияхъаев МухIамадгIали.
  • Абакаров ХIажимухIамад.
  • Дациев Пирбудагъ.
  • МуртазагIалиев Мансур.
  • Бектимиров МухIамад. Капитан-лейтенант. БагIараб цIва орден.
  • ГIалибеков МухIамад.
  • МухIамадов Шарапудин.
  • ТIагьиров МухIамад.
  • ГIабдулаев ГъазимухIамад.
  • Хъарабудагъов МухIамад.
  • Алхасов Алхас.
  • Ибрагьимов Лабазан.

Рагъда тIагIана, чIвана, хвана:

  • МухIамадов Абусултан. Хвана.
  • ГIабасов ГIумахан. Лъукъун госпит. Хвана.
  • МухIамадханов ХIажи. ЧIвана.
  • ГIабдулаев Шамсудин. ТIагIана.
  • Умалатов МухIамад. Хвана.
  • Жамалдинов Анварбек. ТIагIана.
  • Тимиров Сурхай. ТIагIана.
  • ГIалиев Дайтбек. ТIагIана.
  • НурахIмаев ХIамзат. ТIагIана.
  • Темиров Таймасхан. ТIагIана.
  • Бектимиров Набигула. ТIагIана.
  • МухIамадов Мажид. ТIагIана.
  • ИсмагIилов Хасаймуса. ТIагIана.
  • Бейболатов ШапигI. ТIагIана.
  • Зубайиров МухIамад. ЧIегIераб ралъдалъ гамагун тIерхьана.
  • ХIосенов Хайрула. ТIагIана.

Рагъдаса хадуб росдал колхозалъул магIишатги цебетIезе байбихьана. 1946 соналъ колхозалъул председательлъун тIамуна рагъдаса вуссарав росуцояв ТIагьиров МухIамад. Колхозалъул авлахъалда хIалтIизе тракторал, молотилкаби, цогидабги росдал магIишаталъул техника щвана. ЛъикIлъана хурул бачIин, гIи-боцIиялъул къадар дагь-дагьккун цIикIкIине байбихьана, цIикIкIана боцIул пайда кьей. Колхозалъул гIиязе кьуна Гъазиюрт хъутан, балъхъадерил мугIрул, цIикIкIине байбихьана колхозниказул з/къоязда хадуб кьолеб мухьги.

1947 соналъул ихдал ТIагьиров МухIамад тIамуна мадугьалихъ букIараб ЦIияб ЧIикIаб росдал колхозалде председательлъун. Гьесул бакIалде тIамуна гьелде щвезегIан гIиял фермаялъул заведующийлъун вукIарав Дациев Даци.

Гьеб заманалда гIумруялъ гьитIинав, гьединаб хIалтIиялъе жиндир хIалбихьи гьечIев чи вукIаниги, Дацица хIалтIуде байбихьана гъирагун, жиндаго божилъигун. Гьес хехго лъазабуна, бетIерасе хьвадизе гьаризе кколел хасиятал, гIамалал, гьесда лъана колхозчагIазул лъил, кинаб гьунар, махщел бугебали, щивасул бажари, пикраби, гьезул щивасул кинаб бербалагьи бугебали хIалтIуде гьесие гьесул председательлъиялъул хIалтIиялъе гIадамаз цIакъго цIикIкIараб кумекги гьабуна. Лъаледухъ хисана колхозалъул экономика, хурул хIалтIаби тIуразариялъул рахъалъ колхоз лъугьана церетIурал колхозазул мухъилъе, гIи-боцIиялъул къадарги лъаледухъ цIикIкIана.

1954–1955 соназде колхоз лъугьана районалда бищун цебетIураб магIишатлъун. ГIиял фермаялъул хIалтIи цIакъго цебетIун ана, нижер гьитIинабго росдал гIиял къадар анцIазаргоялдаса цIикIкIана. Хасалил хъутаби гIоларого рукIиналда бан, колхозалъе тIаде хъутабиги, ХIасанай, Шава ва цоги совхозалдаса ракьги кьуна. 1955 соналда колхозал кIодо гьарулелъул, нижер колхозалде тIаде жувана Гергентала росдал колхозги. ХIасил, колхоз лъугьана магIишаталъулъ цебетIураб, экономиялъул рахъалъ щулияб колхозлъун. Гьел соназда гIиял фермаялда хIалтIулев вукIана жинда гIиял хIалтIи лъикI лъалев Дацил эбелалъул вац МухIамадов Хъарадагъ. Гьесги цIикIкIараб квербакъи гьабуна гIиязул ферма цебетIезабиялъе. Гьелдаго цадахъ колхозалъул рукIана 150 гIака бугеб рахьдал ферма, 135 хьвади бугеб чуязул ялхъи, гIанкIабазул ферма, наязул ферма ва цогидабги.

1946 соналъ колхозалъул председательлъиялдаса рещтIаралдаса гIиял фермаялда заведующийлъун хIалтIана Шагидов Хъазанби. ГIиял фермаялъул хIалтIи цебетIеялъе цо къадаралъул хIалтIи гьабуна гIемерал соназ колхозалда нухмалъул хIалтIуда вукIиналъ махщел щварав, Шагьидов Хъазанбицаги.

Ниж гочинарун рукIараб чачаназул Ножайюот район бугоан Хасавюрталдаса 35 км. рикIкIад, бакътIерхьудехун бугеб мугIрузул район. Гьениб, нижер Ахакьан цIар лъурав Балансу росу районалдаса Хасавюрталдехун 2 км. рикIкIадаб бакIалда бугоан.

Дун, колхозалъул системаялда лъикIаланго хIалтIунги вукIун, ва Буйнакский районалда учёталъул хIалтIи, цогидал магIарул кватIун гIуцIарал колхозазде дандеккун, лъикI ва берцинго гIуцIунги букIун, ниж гьенире гочарал соназ дун райкомпартиялъ, прокуратураялъ гIемерав хьвадизавуна районалъул колхозазде, ревизия ва лъагIалил хIисабал гьаризе. Районалъул киналго росабалъе щвана дун чанго нухалда. Цо-цо гьениве араб мехалда моцI-кIигоги бахъизе кколаан. Гьелъ дие рес щвана нижер районалде гочун рачIарал, батIи-батIиял районазул гIадамазул гIадатал, гIамал-хасиятал лъазе. Абуни, магIарулалин аби гурони, магIарул мацIалдаса батIияб, жидерго хасаб мацI букIаралги рукIана. Сахъадерил, хъиндалазул, ракьусезул, гIадаталин абуни, щибаб росдал жиде-жидер хасал цоцаздаса тIубанго батIиял рукIана.

1944–1945 соназда районалда баккун букIана бакъул унти. Рагъул заманги букIун, гIадамазул язихъаб рукIа-рахъиналъ, тохтурзабазул кумекги даруги тIубан щунгутIиялъ, кинабго районго унтуца тIатIала ккун букIана.

РакIалда буго, Чарахъ росулъ хварал гIадамал рукъизе захIматкъоялги хъван, гIуцIараб бригада цадахъ ун, гьезие хабал рухъулаан.

Уллубий росулъ, херал гIадамазул яслиян цIарги лъун, цо мина цIурал гIадамал ракIарун рукIана. Гьезда тIад ретIел букIинчIо, кинаб бугониги гъоркь партал букIинчIо. Щибаб къойил бакъул унтуца гьезул цо-цо, кIи-кIи чи холаан, кунеб жоги гьезул цIакъго унтуде дандекколареб букIана. Цо нухалда Дагъбаш росулъе ревизиялде ун рукIана районалдаса дкнги дунго гIадал бухгелтерзабиги. РУКIАНА ЦАДАХЪ РИТIАРАЛ. Хасел букIана цIакъ квачараб, бан букIана борхатаб гIазу. Цо къоялъ радал ниж хIалтIулел рокъове вачIана цо кIудияв чи. Почалда цеве гIодов чIун, гьес гIемераб мех бана. Хъулухъалъ нижехъе рачIарал цогидал чагIи, хъулухъ тIубан, нахъе индалги, гьев чи гьенив гIодов вукIаралъувго чIун вукIана. Ахир, дица гьесда гьикъана, мун щиб ишалъ вачIарав чиян. Нижеде бахъизе гIарза жо щиб дур бугебан. Гьес бетIер эхеде борхана, жив нужехъе вачIарав гурин, росдал советалде вачIун вукIанилан бицана. Жиндир чIужу йигила хвезеги хун, юкъичIого. Жидеца цойгидаб рокъоехун йосун, гьений лъун, кIиябго къо бугила. Гьелъие хоб бухъизе кумек щоларила, гьеб бицине вачIун вукIанила росдал Советалдеян. Дидаго гьединаб жоги цебеккун бихьун букIинчIого, дица гьелда гIажаиблъи гьабуна.

Росдал советалда председательлъун вукIана ригьалдаса арав дирго цIаргIахьал ХIажимухIаммад. Дун гьесухъе вилълъана гьеб хабаргун. Гьес абуна, валлагь, вац, цIаргIахьалила, гIолохъабаздаги чIалгIун бугила гIемер хоб бухъизе хьвадун. Дирго рокъоб щибго турут-таргьацин хутIичIила, хварал гIадамазда мусруялъе балагоян. Кин бугониги жинца хIаракат бахъилила гьей чIужу ракьулъ лъезе кIоларищан. Гьес дида абурабги бицун, дица херавги рокъове витIана, ва дида гьебги кIочана. Гьеб сордоялъ бахъана кутакаб буран, пуна, бана гIазу, лъабго мехелъалъ гьоркьоб къоичIого. ГIазул гIансиязул кутакалъ росулъ цоцаде чи къотIана. Дагъбашдерил гIачиязул ферма букIана росдадаса 6–7 километраялъ рикIкIад. Щиб гьабуниги, гьури пуй гIодобцинчIого, гьенибе нух бахъизе кIвечIо. Лъабабилеб къоялъ дунял роцIцIана, гIадамал къватIире рахъана, фермаялде нух бахъизе росабалъа киналго гIолохъаби рахъинаруна. Гьез рухнуз гIазулъан сухъмахъ гьабулеб букIана, хадур руччаби рукIана, магьал цIун рагIи-бугIаги босун, фермаялде унел. Фермаялде щведал, гьенир ракъуца хун батана 15 гIака, цоги гIемер гIодорккаралги ратана. Гьеб къоялъ къаде вачIун, печалда цеве гIодов чIана довго херав чи. Дица, мун гьанжеги гьаниве щибизе вачIаравин гьикъидал, гьес абуна жеги хварай лъадул жаназа добго рокъоб жаниб бугилан.

Дун, дидаго цадахъ ругел гьалмагъзабиги рачун, гьей гIаданалъе хоб бухъизе къватIиве вахъана. Конторалда цун, тIадехун рукIана хабал. Ниж гьенире унел рукIин лъайдал, росдал гIолохъабаз, хадур рачIун, ниж гьенире риччачIо. Кин бугониги, гьез, цIорараб ракьалда хобги бухъун, йосун ячIун, гьей гIадан ракьулъ яхчизаюна.

Нижер росулъги, гьедигIанго гьечIониги, цо къадаралъул гIунгутIи букIана хварал чагIи рукъиялъулъ. Чачаназул кIиго бакIалда буго нижер Ахакь росдал хабал агьлу. Бакъул унтуца гIадамал хвезе лъугьараб мехалда, гьел рукъизе байбихьана санагIат ккаралъур. ТIаса авалалъ лъолел рукIана тIасияб хабалалъ, гъоркьияб авалалъ росурагIалда бугеб гъоркьияб хабалалъ. Гьедин гIадлуги гьечIого, рукъана нижер хварал. Дир эмен Абубакар, доб заманалда гIадамазул хвалил рукъиялъул иш тIубалев чилъунги вукIун, гьес щибаб нухалъ жамагIаталъул чагIазда абулеб букIана, гьеб гIадлу гьечIолъиги хвезабун, цо багъилаб бакIалда хабал кквезе бугилан. Гьедин абуниги, жидерго гIагарав чи хведал гIадамал кинго разилъулел рукIинчIо гIаданго вукъичIеб бакIалда жидерго чиясул янгъизаб хоб гьабизе. Гьедин ана 1947 соналде щвезегIан. Гьеб соналъул ноябрь моцIалда хвана дир яц ПатIимат, цо лъагIелцин бачIев вас ХIамзатов ХIамзатги нахъе тун (ГIумаханил ХIамзат). Гьебмехалда тIубазабуна инсуца жиндирго мурадлъун букIараб хабал гIуцIиял суал. Гьес, живго инеги ун, хобалъе бакI ккуна росулъа районалде унеб нухда квегIаб рахъалда бугеб лабаллъиялда. Гьелдаса хадур хварал гIадамал гьенир лъуна ва гьениб гьитIинабго Ахакьдерил хабал агьлу хутIана.

Хадусел соназда нижер районалъул чагIи, дагь-дагьккун, цого гIамал-хасияталъул цого гIадаталъул гIадамаллъун лъугьана. ГIемерал гIадамал цоцазул ракI-ракIалъул гьудул-гьалмагъзабилъун лъугьана, хасго нижер росдал гIадамалгун. Гьелъие кIудияб квербакъи гьабуна росу районалде цIакъго гIагараб букIиналъ. Цоги рахъалдасан Ахакь рукIана Буйнакск шагьаралда гIагарда росулъа рачIарал, культура-лъаялъул рахъалъ гочун рачIаразе росабазул гIадамаздаса церетIуралги.

Росулъа гIемерал гIолохъаби хIалтIана районалъул учреждениязда жавабиял ишазда. ГIемерал чагIи хIалтIана учительзабилъун ва цогидал хIукуматалъул хIалтIабазда, хIатта мадугьалихъ ругел Рикьабин цIар тараб районалдагицин рукIана нижехъа гIолохъаби.

Район мугIрузулаблъун бугониги, гIадамазул магIишаталъе квешаб бакI букIинчIо. Гьенир рукIана ахал, хасго гIемераб букIана цIулакьо, киналго ахалго ва гIемерал рохьил тулбигицин цIулакьодул рукIана. ГIемераб гIарац босулаан цIулакьодухъ. Гьеб бичизе районалъул гIадамал, гьездаго цадахъ нижералги, рикIкIаде шагьаразде унаан ва гIемераб гIарацгун тIадруссунаан. РакIалде кколаан, гьанже гьаб районги гьенир ругел гIадамалги гIумруялъго гьедин вацлъиялда гьенир хутIилилан, амма гьеб гьелда лъугIичIо.

1955 соналъул сентябрь моцIалда дунги нижехъа ГIабасов ХIажиги ритIана районалдаса Москваялде сельхозвыставкаялде, гьанжесеб ВДНХялде. Гьеб букIана, рагъдаса хадуб с/х выставка рагьун 2-3 сон араб заман. Дагъистаналъул къукъаялъул бетIерлъун витIун вукIана дун. Кинабго республикаялъул вукIана 23 чи. Дун Москваялде щолев вукIана тIоцеве. Киданиги гьениве щвечIев дие цIакъ кIудияб асар гьабуна цохIого Москва бихьиялъ. Нижеца гьениб бахъана I0 къо. Хьвадана выставкаялъул киналго павильоназда. Росдал магIишаталъул дол соназда букIараб кинабго цебетIей бихьана. ЦIакъго берцинал рукIана гьанжего-гьанже гIун рачIунел выставкаялъул пихъил ахал, площадал, рукъалъул хIайваназул фермаби, гIалхул хIайванал, роржунел жал хьихьулел бакIал, чуязул, болъоназул, гIачиязул батIи-батIиял тайпаби, гьабзазул рикIкIен гIемерал тайпабазул, кьеразул, лугбузул кIудияб къватI. ХIасил: гьениб кинабго гIажаибабги берцинабги бугоан.

Ахираб къоялда ниж рачана хасаб автобусгун Москваялда сверизе. Ниж щвана Кремлялде жанире. Гьениб бихьана гIурус пачазабазул доб заманалъул рукIа-рахъин, гьезул хобал ругеб мавзолей, батIи-батIиял роценалъул гIарадаби: царь-гIарада, цIарь-цIумур, нилъер хIукуматалъул бутIрул жанир хIалтIулеб мина, гьезул щибав хIалтIулел кабинетал. КьучIдасанго цадахъ лъикIаланго манзилалъ нахъеги цIан ункъо тIалаялъул кIудияб минагун тIад нахъеги ункъо мина бараб Моссоветалъул рукъ, дол соназ бан лъугIараб Ломоносовасул цIаралда бугеб университеталъул борхатаб мина, цогидаги, дол соназ гIадамал рихьизе рачунел рукIарал Москваялъул киналго гIажаибал бакIал.

Цо къоялъ дие хIажатаб-тараб босизеян дунги вахъана Москваялъул тукабазде. Дове-гьаниве свердулаго дун лъугьана ГУМалде. Гьениб кидаго гIалам гIемераб букIуна. Хасго гьенир гIемер дандчIвала улкаялъул рикIкIадаса къваригIараб-тараб босизе рачIарал гIадамал. Цо павильоналда цевесан унаго, дида цо гьаракь рагIана. Дун нахъе валагьидал, дида хадур рачIунел ругоан лъабго чи. Гьез дида чачан мацI бицунеб букIана. Дица гьезда гIурус мацIалъ, дун чачанав гурин, дагъистанияв вугин абидал, гьез гьикъана щиб миллаталъул, кинаб районалдасайин. Дица абуна дун магIарулав вугин Буйнакск  районалдаса, чIараб бакI бугин ГIандалал район. Гьедин дица абидал, гьел цуцахъ ралагьана, ва мун Нажиюрталдаса вугин абун, релъана. Жалго гьел чагIи Ножайюрт районалъул чагIи гуроан, гьел ругоан Гудермесалдаса, амма ниж ругеб район гьезда жидерго район гIадин лъалеб бугоан. Диргун гьезул лъикIалан хабар ккана. Ахир, гьез абуна, жал ругила жидерго ватIаналде тIадруссине ихтияр гьарун, Москваялде гIарзалъ рачIарал чагIи. Жидер кинавниги 30 чи вугила гьанивго чIун, гьеб суалалда тIад хIалтIулев. КватIичIого жидер ишалде цIидасан халгьабизе бугила ва мухIканго жал, гочун, жидерго Чачаналъе тIадруссине ругила. Гьез бицунеб хабаралъ дун тамашалъизавуна, ва дида гьеб макьилъ бихьулеб жолъун ккана. Дица хIисаб гьабуна, кин гьединаб жо лъугьунебилан. Чачаналги Казахстаналде гочинарун, гьезул бакIалде дагъистаниялги гочинарун II сон араб мехалъ, кинабго жоги жинди-жиндир рукIалиде ккезабун, парахалъун хадуб, гьанже ургъун рахъун, цIидасан гьел тIадруссинари дунялалда лъугьунеб букIунеб жо гурилан.

Дагъистаналдаса Чачаналъе гочинарурал росабазул гьениб гIуцIун букIана щуго район: ГIандалал, Рикьабский, Новолак, Веденс ва Курчалой. Гьел гьенире гочинарун хадур, гьел жанир чIарал росабиги, нижер Ахакь росу гIадин, риххун щущан рукIиндал, гьел кире нахъруссунелилан Дагъистаналде ккана дида. Дир пикруялъ гьеб хабар рекъечIо. Дица гьезда абуна, гьел чIорогоял анищал, хиялал ругин нужеран. Дунги гьездаса ватIалъана.

1954 соналъ, ЗухIу хварай бакIалдаса рокъове вачIунаго, цIородасан квешго гIодовречIун, унтун, гIодов ккана дир эмен Абубакар. Гьелде щвезегIан гIумруялъул 84 сон букIаниги, гIумруялда жаниб жиндирго къаркъалаялда бихьараб гIакъубаялъги хIехьарал рухIиязги къуркьизавизе кIвечIев гьев, гьаб нухалда, ккараб унтуца тIуванго буснив лъуна. Гьелде тIадеги, ботIролъанги жагъаллъана. 6 моцI бана инсуца, тIагIарат гьабизе бугилан абизе гIакълу гьечIого, бусада лъун. Дир хъизан Зумрат гурого цIобалъе цIуяб жо рокъов гьечIев гьесиеги гьесие хъулухъ гьаби тIубанго бетIералде ккарав диеги цIакъ захIмат букIана инсухъ валагьизе. ХIасан (дир гьитIинав вац) гьеб заманалда ГIандалал прокуратураялда следовательлъун хIалтIулев вукIана. Гьелъ инсул кинабго хъулухъ дир бетIералде ккана. Гьесие гьабулеб хъулухъ дица лъидениги божун течIо. Инсуе рацIцIалъи гьабиялъул иш дица дирго хъизан Зумратиегицин гъукъун букIана. Дица хIисаб гьабуна, кин бугониги дир эмен гьелъие чир чи вугин, гIумруялъулъ гьитIинай гьелъие гьесул чороклъи бацIцIине расги бигьа букIинарин.

ЗахIматаб унтиялдаса хадув, 1954 соналъул 13 июналда, гIумруялъул 84 сонги бан, хвана дир эмен.

Чачанал тIадруссун рокъоре риччалел рукIиналъул доб дида Москваялда рагIараб хабар нижер районалда ва Хасавюрталда дагь-дагьккун гIадамаз бицине лъугьана. 1956 соналде гьеб уяб жолъун гIадамазда гьоркьоб тIибитIана. Гьел риччаялъул загьираб хIукму газетазда къватIиб хъвачIониги, цере-цересел чачанал жидерго хъизабигун рукъалъул къай-матахIгун Хасавюрталъул маххул нухалъул станциялде рещтIине байбихьана. ТIоцере гьел, гьадинго, ихтиярго гьечIого рачIунел чагIи ругин бицунаго-толаго, къокъаб заманалда жаниб Хасавюрт чачаназул хъизаназул цIуна, ва дагь-дагьккун гьел районалъул росабазде гочине байбихьана. Гьеб заманалда нижер росдадалги районалъул цогидалги росабазул гIадамаздаги цебе чIана цIакхго захIматаб суал. Ниж, 13 сонги чачаназул росабалъ бан, росдал сахалщиналин абулелги гьенирги рукъун, гьениса къватIире рахъине кколел руго. 1956 соналъул ахиралде, 57 соналъул байбихьуда росулъе гочун рачIана чачаназул гIезегIан хъизанал. Кинниги ниж гьез тарал рукъзабахълъидал рукIарал, нахъруссун рачIарал чачаназул хъизанал, цо рукъги эркен гьабун, гьенир тезе ккана. Гьеб заманалда нижеда хIукуматалъ абулеб жо букIинчIо. Бицен букIана, нижги гьелги журан, гьел росабалъ чIезе кколилан. Амма гьеб букIана лъугьине рес гьечIеб жо, щайгурелъул, цо бугони, ракь букIана Дагъистаналъул гуреб ЧИАССралъул. Ниж кколаан, нижеего бокьун, Дагъистан тун арал чагIилъун. КIиабизе, нижеда абулеб букIана, гьабсагIат нужго жанир ругел минабазда бетIербахъиги гьабун рукIинин, чачаназин абуни, хIукуматалъул ссудаялъул кумекалдалъун жидеего цIиял рукъзал разе ругилан. Гьел бетIергьанал минабиги гьезул участкабазда тIощелги гъутIбуздаса пихъги бакIарун, гьенир хадурккун чIей сунданиги релълъенчIеб жо букIана. Гьелъ, жамагIаталъ хIукму гьабуна, кирехун гочаниги. чачаназул ракьалдаса Дагъистаналъул ракьалде гочине.

ГIемерал данделъаби, кIалъаял ккана нахъруссун гочиналда тIасан. Росуцоязул кинго рагIи дандекколеб букIинчIо. Росдал херал чагIазе бокьун букIана чIунтараб, бихараб, жаниб киналго гъутби ракъвараб Ахакье тIадруссине. ГIисинаб гIелалъейин абуни бокьун букIана кирехун ругониги, авлахъалъул ракьалде гочине.

Ахакье гочиналъул суал цебе бахъидал, гьелде дандечIолеб букIана республикаялъул нухмалъулелги. Гьез абулеб букIана, ЧIикIаб ГЭС къайдал, лъел хIор бахине бугин Ахакье, ва гьеб тIубанго хIориде гъоркье ккезе бугин. Чанго нухалда МахIачхъалаялде араб делегация, гьеб хабарги бицун, гьениса нахъбуссун бачIунеб букIана.

Нижер росу гочине бихьизабун букIана Пельтиевский станция. Гьенире балагьизе кIиго машина цIурал чагIи рилълъана. Гьелгун дунги вукIана. БакIалда щабго багьана букIинчIо. Кин бугониги, гIадамазул ракIал цоцалъ ритIун рукIинчIолъиялъ, гьенире гочинги лъугьинчIо. Ахир, росу кIийиде бикьана. 30–40 гIанаб хъизан, жалго бокьун, Хасавюрт районалъул Питомникияб совхозалде гочун ана, хутIараз гьенире гочине къабул гьабичIо.

Гьеб заманалда нижер чачаназул Ахакь букIана кIиго колхоз: цояб – нижер, цоябги нижер колхозалъул цIарги лъураб, чачаназул. I957 соналъул хасел тIаде гIунтIулеб букIана. Хадубккун добаго чIезе рес букIинчIо колхозалъул гIемераб гIи-боцIиялъе ва членазул хIайванал-гIиязеги кваназе жоги чIезе бакIги балагьизе кколеб букIана. Гьелъ хIукму ккана росу гочиналъул суал чIванкъотIун тIубазегIан, киналго Бабаюрталда букIараб Гъазиюрт гъутаналде гочинабе. Гьедин гьабизеги гьабуна. Росулъа цодагьал хъизанал, жалго ратIалъун, Буйнакскиялдеги ун, хутIараб росу колхозалъул машинабазда гочинабуна Гъазиюрталде.

Колхозалъул гIи-боцIуе хъулухъ гьабулел гIадамазе рарал дагьалго минабахъе гочинабуна нусгогIан цIараки. Гьенир кIи-кIи, лъаб-лъаб хъизан цо рокъор ва гIияздаса тIокIал сараязда, бокьазда жанире рещтIинаруна. Колхозалъул председательлъун вукIарав Дацица цIакъ кIудияб хIалтIи гьабуна росуцоязул хъизанал-рукъзал парахат гьариялъе. Гьезул гIи-боцIуе колхозалъул рагIи-хералдасан гьабуна кумек.

Гьеб соналъул колхозалъул лъагIалил хIисаб кьуна Бабаюрт районалде. Гьелда цIарги букIана Бабаюрт районалъул Гъазиюрт росдал М. Горькиясул цIаралда бугеб колхоз.

Колхозалъ лъикIаб бачIин кьуна колхозниказул хIалтIул къоязда хадуб, щибаб захIматкъоялъе кьуна цо-цо килограмм гIиял чIагояб гьанги, 10 гърущ гIарацги, гьелдаса батIа тIощелги. Киналго колхозниказе бикьизе батIа гьабун букIана азарго гIиялъажо. Цо-цо хъизаназе захIматкъоязда хадур щвана 50–60 гIанаб гIиялъажо. Гьедин нижер колхозалъ хасел-их тIамуна Гъазиюрталда. Кин бугониги, росу чIолеб бакIалъул суал цебеса бахъун букIинчIо. Щибаб къойилин абуниги ракIариялда, къецал, бахIсал рукIунаан чIолеб бакIалда тIасан. Щиб жо гьабизе кканиги, гьелъие квалквал гьабулеб букIана гIадамазул рагIи дандеккунгутIиялъ. Цо хъизаналъул чагIазулги рагIи дандекколеб букIинчIо, цояз абулеб букIана Ахакье тIадруссинилан, цоялин абуни чIолел рукIана, кирхун ругониги авлахъалда чIелин абураб пикруялда. Гьелъ гIаммаб пикруялда росдал хIалтIи тIубазабизе гьанжеги квалквал гьабулеб букIана.

1958 соналъул ихдалалде, гIадамал цоцалъ къацандулаго, рекъолаго, хIукму ккана гьеб нижерго гъутаналда росуги бан, гьенир чIезе. Гьелда разилъана киналго гIадамалги. Ахир, данделъун, хIукму гьабуна республикаялъул органазда гьаризе Гъазиюрт гъутаналда ниже росу ккун, чIезе ихтиярги кьеян ва росу базе къарзалъ гIарацI, тIагIел биччаян. Нижер гьеб хIукму МахIачхъалаялде щвелелде, ниж жанир ругеб гъутан кьун батана ГIахьвахъ районалъул росабазе, ва вачIун вакилгун, нижеда лъазабуна хехаб заманалда жаниб нижеца гъутан эркен гьабизе кколилан. Гьеб хабаралъ ракIал унтараб жамагIаталъул делегация нахъеги къокъана МахIачхъалаялде. Гьеб нухалда гьезда я гIадлу ялъуни намус лъачIо. Обкомпартиялъул минаялда гъоркьги чIун, гьез жидерго бугеб унти ахIдон, хъуйдун бицунеб букIана. Гьез тIалаб гьабулеб букIана, Гъазиюрт лъиего кьечIого жидее росу базе тейилан, гуреб батани, жал хIукмуги гьабун, нижерго росулъе Ахакье риччаян.

Гьеб заманалда Совет министралда Чачаналъа росаби Дагъистаналде гочинариялъул ишалъул жавабиявлъун вукIана Азиеван абурав лакав. Гьесде гIемер ккун букIана нижер ахакьдерил суалги. Ахирги, рес къотIарав гьес, Данияловасда дандги бан, ниж Ахакье риччаялъул суал ниже бокьухъе тIубазабизе ккана. Колхозалъул председатель Дациевасда, жамагIаталъул вакиллъун гьениве вилълъарав Шагидов Хъазамида ва гьелгун цадахъ гьениве ахIун вукIарав колхозалъул кIудияв бухгалтер дидаги абуна, ниж Ахакье риччазе хIукмуялъул проект хъваян. Нижеца гьеб хъвана. ХIукумуялда бихьизе гьабуна М.Горькиясул цIаралда бугеб нижер колхоз Ахакь росулъе гочинабизе, гьелъул ихтияралда кьезе 1944 соналъ гьезда кодор рукIарал киналго ракьал, гIурхъиялда рекъон ва росдае ссуда, тIагIел биччазе, ниж гочинаризе транспорт битIеян ва ниже къваригIунеб кинабго жоялъул тIалаб гьабеян гьеб хIалтIи. Буйнакск райисполкомалда гьеб заманалда председательлъун вукIарав ШихсагIидов ГIисада тIадаблъунги гьабизе. Гьеб хIукмуги босун, ниж гьебго къоялъ Буйнакск исполкомалде щвана. ШихсагIидовасе хIукмуялъ лъикIаб асар гьабичIо. Гьесул кьер хисана, ва гьес рагьун абуна, жинца нижее гочине машинабиги кьелила, минаби разе гIарацги кьелила, амма я лъим, я квен кьеларила. Гьелъие гIилла букIана, ниж гочунеб росулъ букIинчIо лъим. Росу гочун бачIун рещтIунеб бакIалда, росуги базе ккараб мехалда дагьаб лъимищ хIажалъизе букIараб. Кинго рес букIинчIо, хIукму къабул гьабун букIана ва чара гьечIого ниж росулъе гочине кколин рукIана I3 июналда I958 соналда. Буйнакскиялдаса гIемераб машинаги битIун, ниж Гъазиюрталдаса нижерго умумузул росулъе чIунталие буссараб Ахакье гочана.

Дир хъизанги дунги къай тIад лъураб кIиябго машинагун бакъанил гIужалъ Ахакь рещтIана ва биххичIого хутIун батараб росдал мажгиталъул къадал ракьанде нижеца къай бахъана. Гьеб къоялъго гьениб лъимал чIезе къадада гIордулги разарун, тIад турталги ригъун, хъошги бан ниж гьенир парахалъана, росулъ рихичIого ратана ГIисагайил кIитIала мина, Шагьидасул Хъазамил, ЗухIуязул, Алиханил, Садикъбегил Алхасил Гъайирбегил, ГIабдулбасирил, Алхасил Шайихил гIадинал минаби. Росуги санагIат ккара-ккаралъур – цоял рукъзабахъ, цоял бокьахъ, фермабазухъ, азбаралъур жидеего санагIатал бакIалги гьарун, гьенибе къай-матахIги бахъун гочун тIубана. Гьесдасан байбихьана Ахакьдерил цIияб чIаголъи-гIумру.

Чачаналъа гочиналъул суал цебелъурабго росуцояз хIукму гьабун букIана, нагагь Ахакье гочине ккани, росу базе, чачаназул росу гIадин магъилъ жаниб щивав чиясул участкаги рукъалда сверухъ ккезе гьабун. Гьанже гочун росулъе щведал, гьеб суал рагIалде бахъинаби бищун цебечIараб букIана. Гьелда хадур МахIачхъалаялде хьвадана, ва ахирги, росу магъилъ базе генплан тасдикъ гьабун бачIана.

Киб щиб гьабизе кканиги, росулъ ялъуни сверухъ гIагарлъуда лъим букIинчIо. Гьекъезе лъим босизе ине кколаан МагIанил гьаба бараб, нахъа лъаралъул кIкIалал ахаде. Гьениса цо нухалда гIеретIгун лъел цIун рачIинеги къваригIунеб букIана 3 сагIат заманалъул.

Ишкарталиса сунца бугониги лъим баччизе росулъе нух букIана квешго. 14 соналъ рехун тарал нухал цIадал иххаз тIуранго пайдаялдаса рахъизарун рукIана. Гьеб кинабго дандебосараб мехалда, ниж, росуго цадахъ, чIунтарав, бакъвараб, жанибе нух гьечIеб бакIалде гочун рачIин цIакъго кIудияб ахIмакълъилъун рикIкIине кколаан. Гьедин абулаан нижеда, нуж щиб жоялде хиял-пикругун гьанире рачIирал чагIиян. Нижер колхозалъул гочун цадахъ бачIана 320 чIегIархIайван, гьелдасан 70 гIака, 6400 гIи, 2 трактор, 3 автомашина ва цогидабги. Гьеб кинабго бачIинахъего рещтIинабун букIана нижер гъутан Гъангъалиялда. Гьеб соналъ колхозалъул кибго щибго бекьараб жоги букIинчIо.

Колхозалъул бетIерлъуда председатель Дацида цере рукIана тIуразаризе колел цоялдаса цоял захIматал чанго суал. ХIажатаб букIана, хасел тIаде щвелалде, гIадамазе жанир чIезе минаби разе, гIи-боцIиялъе цIидасан хъутаби гьаризе, гьезие рагIи-хер хIадуризе, росулъе машинабазул нухал рахъизе, лъел ургъел гьабизе. Кинал захIмалъаби цере ругониги, росуцояз гъуждул гурана: дун хIаким, дун вакил, дун херавин, унтаравин абичIого, киналго цебе бата-батараб хIалтIи гьабизе журана. ЖамагIатго цадахъ рахъун, 3-4 къоялъ субботникал гьарун, Ишкарталире щвезегIан нухал къачIана, минабазе гамачI хIадуризе журана. ГIисинал чагIи лъарагIалде боцIуе хер бецизе ана.

Балагьарал чагIаз, гьал киналго тIурарал гIабдалзаби ругин абилеб хIал букIана гочун бачIараб росдал. Щайгурелъул гIадамасулги хIайваназулги гIумруялъе бищун цебе хIажалъулеб лъим росулъ киб гурин росдада сверун 3-4 километраялъгицин букIинчIо. Кин ургъаниги, гьенибе гьеб цIалел, бачIунел ресалги рукIинчIо, амма гIадамал, щаялиго, гьелъухъ ралагьулел рукIинчIо. Гьез, сундеялиго божилъиги гьабун, росу базе къасд гьабуна магъилъ. Республикаялдаса вачIарав чияс росдае планал гьаруна, щибаб рукъалъе 0,I5 га хIисабалда участкаби кьуна ва гьениб жаниб мина базе бакIалъул гIурхъи гьаруна. Магъил кIкIалал бетIералдаса байбихьун, лъар халаса, басрияб росу букIараб бакIалде гIагарлъизегIан, 120 рукъалъе планал къотIана. Ахираб къоялъ, киналго гIадамазул цIарал хъварал можралги шишаялде жанире ран, байбихьана можрал рахъизе. Кьварун бакъвараб ганчIил чархил, зазил цIурал ракьул кескал, ахIун цIаргун, гьаб дуе, гьаб дуейилан, кепалъего гIадин, релъанхъилаго, рикьана росдал гIадамазе. Щаяли лъаларо, гьединаб чIунтелалда жиндие можрица щвараб участокалда кIудияб хазинадул бетIергьанлъун вахъарав гIадин, рекIелъ рохелгун балагьулел рукIана киналго.

ХIасил: росдае бакI бикьана, щивас жиндирго участокалъул дазаби (гIурхъаби), рукIинесел мадугьалзаби лъазаруна.

1944-абилеб соналъ, росу тун унел нижеда, тIадруссун рачIараб мехалъ батана кинабниги 5-6 рукъги, биххичIеб росдал мажгитги. Гьезда гьоркьоб бищунго цIунун бугоан ГIисагайил мина, цойгидалщиназул кьучIалгицин хутIун гьечIоан.

Хасалоялде заманги гIагарлъулеб букIун, гIадамал минаби разе журана. Цояз тIубан минаго базе, цойгидаз заманалъул базе кьучIал лъун хIадурана. Гочун рачIарал чагIи абун, нижер щибаб рукъалъе доб гIарцул I5 азарго гъурущ кьуна минаби разе. Гьеб гIарцудаса колхозалъ росана Буйнакскиялдаса 25 хъорщол финский мина. Гьел минаби рай лъикIаланго хехлъизабуна ва, I958 соналъул хасел тIаде щвелалде, чанго берцинал цIорол рагъаби ругел минабиги жанир рараб Ахакь росу цIидасан бахъун чIана.

Ниж росулъе гочун кIиго моцI иналде, июль, август моцIаз радал чвахун цIадазда хадуб бачIана росдада гьоркьосан унеб лъар. Гьелъ букIана росдае бищун хIажатаб жоги. Дица цебе бицараб хIалалда, сверухъ 4-5 километраялъул манзилалда хIайваназе гьекъезе лъим гьечIеб бакIалда гочун росдае лъим щвана. Гьелдаса хадуб гIадамазул хIалтIуде цIакъ гъира бахъана, минаби рай, жиндир участкаялда ах гIезаби цIакъго бергьун цебетIуна.

1961 соналде Ахакь росу лъугьана тамашаго берцинаб ва чIухIараб бакIлъун. Гьенир рукIана гьанжесеб заманалда цIакъго цIияблъун кколеб букIараб, чIахIиял, берцинал цере цIорол рагъабиги ругел, цо гъатал ва кIигъатал минаби. Керчал цIулакьодул, гIечул, ахбазаналъул ва хасго риидал барщулеб ахакьдерил гениян цIар букIараб генул гъутIбуз берцин гьабун букIана росу. Гьелдасаги берцинго букIана росу бакьулъан унеб бацIцIадаб берцинаб лъар. Гьеб лъарал бетIералдаса басриял рахъалги къачIан, кIиябго магъилъе бачана лъим. Гьелъ росдал киналго участкаби ва колхозалъул пихъил ахал лъалъалел рукIана. Колхозалъ хIалтIи гьабулеб букIана ЛъагIриб ва Шаваялда. Гъангъалиялда рукIана гIиял ва гIачиязул фермаби, Шаваялда рукIана ролъул ва пиринчIалъул хурзал. гIемераб тIощел бачIунаан колхозалъе гьениса.

1963–65-абилел соназда хаслихъе колхозалъе цо соналъ 850 тонна ролъул, гьединго 130-160 тонна пиричIалъул бачIунеб букIана. ГIемераб букIана харбуз, гьеб бичизе рехулеб букIуна Буйнакскиялде ва цогидал росабалъе. ГIадамазул магIишат лъикIго цебе туркIун ана. Щибаб захIматкъоялда хадуб кьолеб букIана 5–6 кг ролъул, гьединго гIарацги дояркабазе, механизаторазе лъагIалие 5 тонна ролъул ва 300–600 гъуруш гIарацги щолеб букIана. Участкабаздасан босулеб букIана лъикIаб бачIин роол гени, цIулакьо бичун, цо-цо хъизамалъе (лъикIал гъутIби ругел) 15–20 хъап цIулакьодул щолеб букIана. Гьединго 500–I000 кг роол гениги бичулеб букIана.

ГIадамаз хIаракат бахъулеб букIана жидее хурзабахъ гьанжесеб стайпаялъул гIечул гъутIби гIезаризе. Кинавго чияс чIун рукIана «звезда», «шафран» ва цогидалги сортазул гIечул гъутIби. РакIалде кколеб букIана, гьанже нижер росдадаса берцинаб бакIги ва бечедаб колхозги Буйнакскиялда батиларилан. Гьеб битIарабги букIана. Нижер колхозалъ пачалихъалъе тIощел бичиялъул план 150-200 % тIубазе гьабулеб букIана. Гьедин, рахь, гьан, квас бичиялъул планалги цIикIкIун тIуразарулаан.

1965 соналъул лъагIалил хIисабалда нижер колхозалъул хайирбукIин бахун букIана 68 проценталде. Цогидал колхозазе зарал кколеб мехалда, нижер колхоз букIана хайираб.

КигIанго гIадамазул магIишат лъикI бугониги, гIоларел рахъалги росдае гIемерал рукIана. Росу сверухъ букIинчIо бекьулеб ракь, гIачиязул гIиязул фермаби ругеб Гъангъалиялде букIана 35 км, Шаваялдейин абуни – I50 км. Гьелъ хIалтIи захIмат гьабулеб букIана. Кидаго гьенире, росуги тун, хIалтIизе ине кколаан.

1964 соналъ росулъе бачана ток. ГIадамазул рукъзабахъ раккана радио, приёмникал, холодильникал, телевизорал ва цогидалги электрикалъул тIагIелал. Гьелдаса хадусеб соналда колхозалда хвезаруна захIматкъоял, хIалтIарал гIадамазе (колхозчагIазе) чIезабуна, тарифалъул ставкаялда рекъон кьолеб гIарцул мухь, гьелъ хIалтIуде гъираги цIикIкIинабуна, лъикIаланго магIишатги борхана.

Гьебго соналъул риидал бараб чваххун цIадал хIасилалда рачIана киданиги дир гIумруялда бихьичIеб кIодолъиялъул иххал, лъарал. Гьел кIанцIана рукъзабахъе, ахазде, хурзабазде. Лъаралда гIагарлъухъ рукъ бан вукIарав Хучбар рукъгун цадахъ лъаралъ восун ана. ГIемерал хадурги хьвадун, Хучбарил къаркъала, Чирюрталда гIурул рагIалде рехун батун, росулъе босун букъана.

1969 сон колхозалъул магIишаталъе санагIат гьечIеб бачIана. Гьеб сон букIана ракъдалаб. Гьелъул хIасилалда кIвечIо колхозалда рагIихер хIадур гьабиялъул планал цIезаризе дагь бечIчIана гIачияздаса рахь, дагьго бачIана хуриса тIощелги. Гьел ва цогидал гIиллабазул хIасилалда колхозалъ сон лъугIизе гьабуна заралгун. Росдал лъар тIарадасанго къан, росдае бищунго чара гьечIеб лъел суал тIубазаби цебесеб иргаялда чIана. Гьеб суал тIубазелъун росдаса гIарацги бакIарун росана 7 км лъим бачине ротIрал, рухъана Ишкарталиса рахъарал росулъе щвезегIан трубаби рахъал. КIиго моцIалда жаниб Ишкарталиса лъим росдал бетIералде чвахизабуна. Гьекъезе лъим щваниги, участкаби лъалъазе лъим букIинчIо.

Хажалтала (Хажил бакълъи) абун цIар букIана дие можрица щвараб, дица рукъ бараб бакIалда. Дицаги гьениб 58-аб. соналъ бана финский рукъ. Гьелда аскIобго бана гьитIинабго ганчIил минаги. Мина бан букIана борхатаб мегIералъул ракьанда. Цебесан унеб лъаралъги нахъа бугеб мегIералъги мина букIана гьоркьоб къазабун. Дир хуралда тIад букIана миккил рохьалъул лъикIаб кIудияб участок. Гьелда абулаан ТIагьирил рохьилан. Дун гьитIинав чи вугеб мехалда, дица гьанже рукъ бан бугеб бакIалда аскIоб, бакъда, букIана гьитIинабго рукъги. Гьений йикIана Хажай абулей, хур-рукъгун чIарай гIадан. Гьей цеего хун йикIана. Гьеб, минаги ниж росу тун инелдего, биххун букIана. Дир рукъалдаса 5-10 метраялъул манзилалда букIана лъар. Гьениб лъималаз бан букIан хIор. ЦIакъ берцинаб, гъутIбузул рагIдукь гьогьомараб гьеб хIорихъ чверделел рукIанан лъимал. Хасалихъе цIулакьо барщараб мехалда, гIадамаз, жиде-жидер участкабазда дандбитIун лъаралда жаниб тахил сеткабиги лъун, лъим сверизе гьабулаан ва, гьури бахъараб мехалъ, лъар халаса ругел чIахIиял цIулакьодул гъутIбуздаса гъун, лъеца бачIунеб цIулакьо гьениб чIезабулаан.

Цебе заманалда гьеб талаялъул бетIергьаби (дида цIарал лъаларо), ГIарабиялъ магIишат лъикI бугин, бетIербахъи гьабизе бигьаяб бугин, гIадамаз бицараб харбидаги божун, бичун гьеб талагун, гочун ун руго гIараб ракьалде. Гьенире щведал, гъоб, бицунеб букIараб жоги гьересияб батун, гьел гьенир унтун руго ва мискинлъун руго. Хасало, цIадаб лъезе цIул щоларого, руччаби унел рукIун руго турпиги росун, цо гъваридаб кIкIалахъе, гьениса гьез рищулел рукIун руго хварал милъиршаби, гьезул турпиги цIун, рачIунел рукIун руго цIадар лъезе. Жидеца гьабураб гIантаб жоялда ракIбухIухун, жидерго язихълъи загьир гьабун, гьей чIужуялъ Ахакьа гIагарал чагIаз бачIараб кагътиде данде гьадин хъван буго:

         Дирго талаялда дун тарайани,

         Таргьа биххун горде гьабилароан.

         Миккил цIулал цIадахъ йикIарайани,

         ЦIадар лъезе хIанчIи рищилароан.

Гьединаб къварилъи загьир гьабун буго Ахакь росу тун талихI балагьун ГIарабиялъе арал рос-лъадиялъ. ХIакъикъаталдаги, гьединаб бакI букIана Ахакь росу.

Кин бугониги, колхозалъул магIишат нахъе ккеялъ, районалъул рахъалдасан росдадехун балагьи лъикIаб букIинчIо. Байбихьана колхозалъул бутIрузда гIайибал чIвазе ва гьел данделъабазда какизе. Гьединаб, рокьи гьечIеб, бачIана нижер росдае 1970 соналъул их.

1970 соналъул апредалда В.И. Ленин гьавун 100 сон тIубаялъул пбайрам букIана. Гьениб колхозалда лъикI хIалтIарал хIалтIухъабазе кьуна юбилеялъул медалал. Гьезда гьоркьоб бугоан дир цIарги. КIудияб сракIариги гьабун районалъул вакилас кьуна гьел медалал.

Росуцоял, сундухъго балагьичIого, жидерго ахакь, хурзабахъ гьабулеб хIалтIуде машгъуллъун рукIана, ва нахъа бачIине бугеб жо лъидаго лъалеб букIинчIо.

Цебеккун бицарабго гIадин, гьеб их ракъдалаб, цудунго хинаб, щибго жо гьабизе квер-ракI билълъунареб гIадаб, тамашаяб букIана.

14-абилеб маялъул къаде мехалъ, конторалда хIалтIулаго, цо кинабалиго гъугъаб гьаракьги гьабун, лъикIаб гучалда ракь кIобокIана ва таманабго мехалъ гьаргьадилеб букIана. Ниж рокъоса къватIире кIанцIана, кьурабазул, мегIералъул жакъалал бакIал тIутIун рачIунел рукIана. Дида гIумруялда жаниб гIезегIанго ракьбагъари бихьун букIана, гьабин абуни цонигиялда релълъараб букIинчIо. Къадемех букIиналъ, гIадамаз гьелъул кIудияб ургъелго гьабичIо, гьалъул-долъул бицунаго, къаси мех щвана. Бакъанида, накIкI-цIаги бачIун, цIад базе гIадин букIана. Ихдалил сордо къокъаб букIунелъул, гIадамал цоял кьижун, цогиялги кьижизе хIадурулел рукIана. Гьеб заманалда цойидасанго гIасияб гьаракьги гьабун, ралъдада тIад бугеб гама гIадин, ракь хьвагIдезе лъугьана. ТIоцебесеб туркIиялдаго къотIана токалъул канлъи, зоб гъугъазе ва перхезе лъугьана, базе лъугьана цIад. Ракьин абуни, лъалхьичIого, кIибикIахъдулеб букIана. ТIад ретIелго гьечIого регарал лъимал, гIодилаго, чIичIчIидилаго, къватIире кIанцIана. Нахъияб рокъой егун йикIарай яс Ирайгьанатиде тIаде шифоньерги бегун, гъоркье ккун ятун, гьебги нахъе гьабун, хехго рокъоса къватIие лъугьине гьаюна. ЧIегIераб сардилъ балеб цIадакь росу халаса ругел ракъзабазул азбараздасан рагIулеб букIана руччабазул чIичIи-гIоди. МагIардасан, нахъаса къотIичIого, рукъзабазде, гIадамазде тIаде гирулел рукIана кьурул гIусал, ганчIал. ТIоцебе, щиб гьабилебали лъаларого, цIадакь лъималазде тIаде юргъабиги ран, эхетун хутIарав диде цо кинабалиго пикру бачIана. Кинида вугев ясалъул вас (ХIажи) вегун вукIараб киниги кодобе босун, лъималги рачун, лъар бахун добехун бугеб майданалда бугеб клубалдехун дица хазабуна ва мадугьалзабаздеги ахIана: киналго, рукъзалги жалго тун, клубалда сверухъ бугеб майданалде ракIареян. Гьеб букIана щибго тIаде жоги бачIунареб, эркенаб майдан, щиб кканиги руччаби, лъимал парахат рукIине бегьулеб бакI. Гьеб мурадалда, росдал ахада ругел гIадамалги, хадур гIолохъабиги ритIун, руччаби, лъимал – киналго гьеб майданалде ракIарана. АскIоб бугеб складалдаса чадралги росун, тIад-гъоркь гьелги гьарун, киналго гьенир паракъалъана. Ракьин абуни, нахъаса къотIичIого кIибикIулеб букIана, кьураби тIулел, риххулел гьаркьазул зоб гъугъалеб гIадаб гьаракь рагIулеб букIана.

ГIолохъабаз, сверухъ ругел гъутIбиги къотIун, гьениб кIудияб цIа бакана. Киналго бихьиназ, гьеб цIаялда сверун гIодоркIун сордо борчIана.

10-13 соналъ цебе цIияб тIагIелалъ цIигьабун бараб росдаца тIабигIаталъул гIасияб багъариялде дандечIей гьабуна. Гьабин абизе росулъ биххараб бакI ккечIо. Сверухъ ругел мугIрул, кьураби тIутIун рачIун, нухал къотIизарун рукIаниги, минаби гIемер риххун рукIинчIо. ХъахIлъи балеб мехалда росдада тIасан роржун унел рукIана вертолётал. Хадусан лъана: нижер росдада гIагарлъухъ кIудияб кьуру тIун бачIун, гIор нахъбуссинабун букIун буго. Гьелъин абуни, хIинкъи кьолеб букIун буго ЧIикIаб ГЭС балезул «Гьудуллъи» посёлокалде тIаде кIанцIун гьеб гъанкъиялъе. Гьениб щиб жо гьабураб батаниги, нахъсверараб гIурул хIор, кIодолъизе течIого биххизабун, биччан буго, хIинкъиги тIаса ун буго.

«Гьудуллъи» посёлокалъул гIадамаз, росу тун къватIире рахъун сордо рогьун буго гIор щвеялда хIинкъи гьечIеб борхалъиялда.

Дунял рогьараб мехалда нижеда аскIоб букIараб Аччиян абулеб чIикIасдерил мархьида вукIарав цо чи вачIун, гIадамазда гьоркьов вихьана. Гьес, дида аскIовеги вачIун, жиндие телефоналъ ЧIикIаве кIалъазе бокьун бугила, канцеляралъул кIулал кьеян гьарана. Дица гьесда гьикъана, щиб лъугьун бугебин, мун ЧIикIаве кIалъазеян. Гьениб ракь багъаранин бицинехъин мун ватани, гьеб ЧIикIабги багъарун батилагуриян абуна дица. Аччиялда ккараб-тараб жо бугищин абуна гьесда. Гьес абуна жинда гьениб ккараб жо гьабин абун бицине лъаларин, цо тамашаяб лъугьа-бахъин ккун бугилан. Дидаго гIураб ургъел бугев дица, гъосул рагIиялъе гьедигIанго кIварги кьечIого, рекун, гъурун ругел телалъул хIубалги, тIутIурал кваралги рихьизаруна, телефонал хIалтIуларин, мунго хабар босун росулъе ани гурониян.

Гьеб сордоляъ дида аскIор дир лъимал-хъизаналъул бащадал гурони рукIинчIо. Гьелъ дида гIадамаз бицунеб жо эхебе унеб букIинчIо. КIиго яс, ПатIиматги Зубайнатги Буйнакскиялда Педучилищеялда цIалулел рукIана, вац ХIасан хъизангун Буйнакскиялда рукъалъ вукIана, яс Чакар хъизан-лъималгун ЦIияб ЧIикIар рукIана, гьенивго I0-абилеб классалда цIалулев вукIана вас МухIаммадги. Гьезухъе щвезе арай хъизан Зумрат тIадюссун йикIинчIо. Дида аскIор ругел лъималги цогидал росуцоялги сахго хутIун ругониги, дир ракI букIана ЦIияб ЧIикIаб ва Буйнакскиялда. РакI сасунеб букIинчIого, дица Дацида гьарана дихъе кинаб бугониги машина кьеян, гьелдаги рекIун, Буйнакскиялдеги ЦIияб ЧIикIавеги ине. Дацица машинаги кьуна, гьеб бачунги колхозалда механиклъун хIалтIулев Абусултанил МухIаммадги витIана. Ниж росулъа хIалалъго гIадин рахана магIарде. ТIун рачIарал кьурабазул гIусал ругоан нухда. ХIонсал гьецIокъалгун росулъа гIолохъабаз нухдаса таризарун ругоан. Ниж магIарде рахана. Ишкартали росулъе щвараб мехалъ, бихьана хъерендерил росу тIатIала ккун, биххун. Ишкарталиселги росуги жибго тун, колхозалъул азбаралда, жидеего чIезе гIадинаб бакIги балагьун, гьенире руссун ругоан.

Буйнакскиялда басриял минаби риххун ругоан, рукъзабахъ щивго чи гьечIоан, киналго, жидерго партал-къайги босун, къотIнор регун-рахъун ругоан. КIияйго ясги сах ятана, рокъосаги рахъун, къватIиб сордо рогьун бугоан гез.

Ниж шагьар тун къватIире лъугьана. Нух босана Чирюрталде. Шагьар тун унаго, нухал ругоан бакI-бакIаздасан машина бачине захIматаб хIалалда, асфальт кьватIун, тIутIун ун. ЧIикIасел, росу бан тIубалеб бугониги, жеги гьенире гочун рукIинчIо. Гьезул цIиял минабиги тIутIун, риххун, тIохал тIун ругоан. Чемагулалъул бакълъиялда, церего тIун рачIун, кьер чIегIерлъарал залимал кьурабазда аскIор эхетун ругоан цIиял, гьанже тIун рачIарал гьездаса гIемерал чIахIиял хъиру-кьураби. Къалъилелдего щвана ЦIияб ЧIикIаре. Аллагьасул талихIалъ, гьениб доба гIадаб гучги батичIо, хъизан-лъималги сах-саламат ратана. Нижги, хантIан, тIадруссана росулъе.

ГIадамал, конторалда, клубалда сверухъ чадралги чIван, гьенире гочана. Ракьин абуни, нахъаса къотIичIого, багъарулеб букIана.

Нахъияб къоялъ рагIана, нижер росдада нахъа бугеб мугIрул ахада букIараб Агъийин абулеб утар тIубанго гочун ун бугилан. Ниж машинагун гьенире щвана. Гьеб букIана нижер гIадамал лъарагIалде унеб нухда букIараб жанир цIолбол ахал, пихъил гъутIбиги ругеб, цIаназул, боцIул машинаги бугеб бакI. Гьелъие лъугьараб - жо бихьараб мехалъ, бетIер сверизабулаан, доб машинаги, утарги, ахалги гьезего гьечIоан. Гьенир лъугьун ругоан ракьул, ганчIил чIахIиял мугIрул ва гъваридал кIкIалал. Гьениб букIараб хъизан ва гIисинал лъимал, рукъгун, ракьул мегIергун цадахъ гочун ун ругоан. Нахъаса къотIичIого багъарулеб ракьгун цадахъ балеб цIадгун, лахIчIегIераб сардилъ, гьеб хъизаналъул инсуца, рищун, данде гьарун ругоан гьенир рукIарал цIани, хIайванал. ХIамул, гьаби, кире аралали лъачIого, тIагIун ругоан, гьеб хъизамалъул бищун кIудияв васги кодовего щвечIого, гьенив ракьул кьурул чIваххиялда жанив ккун тIагIана.

Аччиялда ккараб жоялъул хIакъалъулъ хехаб хабар тIибитIана районалдаги республикаялдаги. Гьениса рачIана хIакимзаби, гIалимзаби, суратал ва кино бахъулел чагIи. Гьеб лъугьа-бахъиналъ росдал гIадамазул рекIее хIинкъи ккезабуна. Радал балагьидал, росулъ гьединан абизе биххараб минаги батичIо, амма ракьбагъари лъалхъулеб букIинчIо.

Цо чанго къо ун хадуб хабар ккана росаби гочинаризе ругин. Нижер росу, гъоркьияб-тIасияб Хъеренгун жубан Чабчахъин абулеб бакIалде гочинабизе хIукму гьабун бугилан рагIана. Нижер росулъ цо рукъцин биххун букIинчIо, бакI-бакIалда къадал жагъаллъун гурони, ккараб жо букIинчIо. Районалъул росабалъ ккараб бихха-хочиялъул хIисабалдайин абуни Ахакь росу I00 проценталъ биххун бугин хъван бугоан. Гьелъ бицунеб букIана ниж гочинаризе чагъана хъвалеб букIин, гьедин ккезеги ккана.

Районалъул газеталда бахъун букIана, кинаб росу кинабгун жубан, кибе гочине бугебали. Гьелда бихьизабун букIана ниж Чабчахъалде гочине кколилан, амма, тIасахъерендерил гIадамазул кIиго машина цIурал чагIи райкомалъул азбаралдеги рачIун, ниж кирениги гочинарин, я тIаде чи восиларин чIванкъотIараб лъазабиялъ гьеб суал къана.

Хадуб лъуна масъала, ниж, ишкертерил гIечул ахикь росу бан гьелгун журазе ругилан. Гьебги ишкартдерил хIакимзабаз къабул гьабичIо, гьелъ гьебги хвана.

Гьанже суал лъуна чIванкъотIун нижеда цебе, бокьараб бакIалде гочейин, росу теян. Гьабгощинаб жоги бихьун, ахир, жидерго ватIанин абун росуги бан, ахалги гьарун, парахалъанин ругеб заманалда, цIидасан гочине кколин абураб хабар букIана цIакъ ракIбакъвараб.

Доб, балагьаб 1970-абилеб соналъ районалъул бетIерлъуда рукIарал хIакимзабаз, хасго районалъул секретарлъун вукIарав Даидов Дайицица цIакъ хIаракат бахъана, росулъ рукIине бегьуларилан, ниж хIинкъизеги гьарун, дурахъа гочинаризе. Райисполкомалъул председательлъун вукIарав Ибрагьимов Абсалудиница бажарараб хIалтIи гьабуна, ниж росу тун къватIире гъезе.

Нижее гочине бокьиларин, гочинарин чIарал гIадамазда гьез абулеб букIана, жидеца нужеда экономикияб блокада лъазабизе бугилан. Дица Абсалудинида абуна, нижер гIадамазе гьал ахалги, минабиги, хваразул хобалги рехун, гьанжеги росу тун, рахъине бокьуларин, дуца абулеб блокадаялъул магIна щибин. Гьес абуна, гьаниб колхозги тезе гьечIин, школа, тукенги нахъе бахъизе бугин, щибго жо гьаниб тезеги гьечIин, щивго чиги гьанив толарин. Гьанже нижеда цебе лъуна цIияб масъала: ниж, Экибулахъгун журан, Алмалоялде (Учкенталде) гочине кколин. Гьедин гьабизеги гьабуна. Хадуб ккараб ахIвал-хIал нужеда лъалеб буго, гьединлъидал дица гьаниб хабар къокъ гьабуна. Вассалам.

ХIажимухIаммад, Абубакарил вас.

Чачаналъ хвана 1944–1958 соназда: 1. Пирбудагъов МуртазгIали, 2. МуртазгIалиев ШапигI, 3. МуртазгIалиева ПатIимат, 4. Зубайрова Айзай, 5. Зубайирова Балкъис, 6. ТIащал Меседо, 7. МикагIилов Юсуп, 8. Наситов Ибрагьим, 9. ГIабдулаев ГIабдулкерим, 10. Асадула, 11. Пирбудагъов Жамалдин, 12. Пирбудагъова Рукъият, 13. Пирбудагъов Анварбег, 14. Темирова Месей, 15. Нуриев ГIалибег, 15. Бейболатов МухIамад, 16. Бейболатов ХIабиб, 17. НурахIмаева Жугьарат, 18. ГIалхилаев Жанболат, 19. ГIалхилаев Садикъбег, 20. ГIалхилаева Килъилай, 21. ГIалхилаев Цевехъан, 22. ГIалхилаева Бахай, 23. МуртазгIалиева ПатIимат, 24. ГIалибегов Парзулав, 25. ГIалибегов Мухамад, 26. МаламухIамадов Лабазан, 27. Малачиев ХIажимурад, 28. Ажайил МухIамад, 29. МухIамадова Ибнухалун, 30. ИсахIажиев МалахIосейн, 31. ИсахIажиева ПатIимат, 32. ИсахIажиева Сакинат, 33. ИсахIажиева Умукусум, 34. Темиров Игунбек, 35. Темирова Таибат, 36. МухIамадханова ПатIа, 37. Айгунов МухIамад, 38. Айгунов Айгун, 39. Сурхаев Абубакар, 40. Абакарова ПатIимат, 41. Абакаров ГIабдула, 42. МухIамаев Хъазами, 43. МухIамаева Кишбика, 44. МухIамадов Уцуми, 45. Османова Баги, 46. ЖахIбаров ГIалисултан, 47. Сайпулаева Капи, 48. Сайпулаев НурахIма, 49. МухIамадов Шарапудин, 50. ИсмагIилова Зулху, 51. ИсмагIилов ИсмагIил, 52. Пирбудагъов ГIалихан, 53. ГIабдусаламов МухIамад, 54. ГIабдусаламов Сани, 55. ИсмагIилов Нажмудин, 56. ТIагьирова Салимат, 57. ГьитIинова ПатIимат, 58. ГьитIинов МухIамад, 59. ХIайбулаев МухIамад, 60. ТIагьиров ХIожо, 6I. Генуса ГIабдула, 62. МухIамадов Хъарадаг, 63. Ахъаева ГIашабика, 64. Жугьаратил ПатIимат, 65. Мирзадибирасул Жугьарат, 66. Ахъаева Рубайдат, 67. Сайпулаев НурахIама, 68. Муил яс ГIунайзат, 69. Мирзабегил ПатIимат.

Гьанже бицинин нижер бечелъиялъул.

1929, колхоз гIуцIараб, соналъ колхозалде рехана гIага-шагарго: оцал – 60, чуял – 25, гIачи – 15, цIани – 1500-1800.

Ахакьа Чачаналъе бачана (8 апрель 1944 с.): гIиял – 2000, гIачи – 10, чуял – 5, оцал – 40.

Чачаналъа Ахакье тIадруссана (21 июнь 1958 с.): гIиял – 3500, гIачи – 100, чIегIербоцIи – 200, наял – 5, чуял – 35, автомашина – 4.

Ахакьа Алмалоялде гочана (20 июнь 1970 с.): гIиял – 2000, чIегIерхIайван – 350 (гьездаса гIака – 100), чуял – 40, наял – 50, автомашина – 7, трактор – 8, прессподвод –1, ва цойги гIемераб тIагIел.


Автор: ХIажимухIамад Абакаров

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook