Авторизация

Титаласул МухIамад ал-КIаратIи ал-Авари - цIакъав гIалим ва къадру бугев факъигь

Цересел гIасрабазул гIалимзабазе къимат кьолаго кIочон тезе бегьуларо, гIадамаз гьезие къимат кьолеб букIин гьезул гIелмуялъул гъварилъуде раккун гуреб, жиндир заманалда гьеб гIелмуялъ халкъалъул гIумруялда, гьезул ракIазулъ ва пикрабалъ тараб лъалкIалъухъ балагьун. Цо-цо мехалъ гIалимчиясе къимат кьола гьесул киналго хIалтIабазухъ балагьичIого, цохIо бищунго кIвар бугеб хIалтIухъ балагьун.

Дагъистаниял кидаго рукIана динияб рахъалъ цере тIурал гIадамаллъун, гьезул гIумруялъулъ кидаго кIудияб бакI кколаан исламалъ. Ва бищунго кIвар бугеблъун, щибаб къоялъ пайдаялъе хIалтIизабизе кколеб гIелму букIана исламияб юриспруденция (фикъгьи). Гьеб гIелму цIакъ цебетIураблъун букIана Дагъистаналда ва Х-ХII абилел гIасрабазго гьеб рахъалъ дагъистаниял-гIалимзаби рукIана исламияб дунялалда цIар рагIраллъун. Гьелъие гIиллалъунги букIана киналго гIадин мадрасабазда аслияб гIелмулъун фикъгьи букIин. Фикъгьиялъул мугIалим вукIана гьенив вищунго кIвар бугев чилъун. 

Исламияб юриспруденциялъул гъварилъабазда хъвалел гIелмиял хIалтIабаздаса, гIадамаз лъикI къабул гьарулел рукIана суалаздалъун ва жавабаздалъун гIуцIарал хIалтIаби. Гьезул гIемерисел рукIана фатва (гIалимзабаз кинаб бугониги суалалда хурхун, Къуръаналдагун хIадисазда кьучIги гьабун къотIараб хIукму) кьурал. ГIалимзабаз фатва кагътиде босулаан ва гьединал хIукмабазул мажмугIал ракIарулаан. Гьединал мажмугIал ратулаан кумекалъе къадиязе ва дибирзабазе, гьединго гьел хIалтIизарулал цIалул идарабазда. ГIемерисел фатваби рукIана цоги хIалтIабазулъ дандчIваларел, Дагъистаналъе хасиятал диниял масъалабазда хурхарал. Аслияб къагIидаялъ иманалда, хъизамалъул гьоркьорлъабазда, ирсалда хурхарал суалазда, дармида ялъуни батIи-батIиял такъсиразда тIасан къотIулаан хIукмаби.

Гьединал хIалтIабазда жаниб бищунго халкъалъ лъикI къабул гьаруразул цояб букIана КIаратIаса Титалас (гьесда цIар букIана МухIамад, амма халкъалда лъалаан инсул цIаралда гъоркь Титалав хIисабалда, цо-цо бакIазда Татилав абунги дандчIвала) ва Усишаялдаса Давудица цоцахъе хъварал кагътал. Хадув гьеб хъвай-хъвагIаялда гIахьаллъана ГIурадаса Ибрагьим-хIажиги. Усишаялдаса Давудил гIелмуялъул цIех-рех гьабурай Д. Алхасовалъ хъвавухъе, «гьел кагътал гIемер тIиритIун рукIана халкъалда гьоркьор, гьезул копиял гьарулел рукIана.

ТIубанго кагътал цохIо бакIалда гурони ратичIониги, цо-цо суалал дандчIвалел руго киса-кирего, батIи-батIиял темабазул, батIи-батIияб заманалъул ва бакIалъул документазда. Халкъалда гьоркьор тIиритIарал гьел хъвай-хъвагIаязе хадубккун баян кьуна фикъгьиялъул рахъалъ цеветIурав гIалим ГIурадаса Ибрагьим-хIажица». Цоги гIалимчияс хъвавухъе, суалал кьолел рукIун руго КIаратIаса Титалас, жаваб кьолеб букIун буго Усишаялдаса Давудица.

Руго гьединго МухIамад Титаласе Ибрагьим хIажияс суалал кьурал кагъталги.
ХIасил, гьел суалал-жавабазулъ гIумруялъул батIи-батIиял, дагъистаниязе бищунго кIвар бугел рахъазе гIелмияб баян кьолеб буго. Аслияб къагIидаялъ хъвалел суалал руго: чи чIваялъухъ къотIулеб тамихI, цIогь, рос-лъадуда гьоркьоб магIишат бикьи, имамзабазе ва къадиязе кьезе кколеб мухьдал къадар, ракь, рукъялъуни боцIи ирсалъе кьей, заманаялъ цIунизе ялъуни хIалтIизабизе буголъи ялъуни ракь кьей, мискинчиясда налъи бецIизаби, нугIлъи гьаби, ригьин гьаби вагьеб биххи, батIи-батIиял къотIа-къаял тIурай, жаназа букъиялъул, закагIаталъул къадаралъул ялъуни капурзабазда тIаде кIанцIизе бегьи ялъуни бегьунгутIи ва гьел гурел цогидалги кIвар бугел масъалаби.

 
Чабхъада хурхун фатва


Доб заманалда бищунго кIвар бугезул цояблъун букIана ЦIоралде гьарулел чабхъеназул диналде дандеккей. ГIемерисел гъазизабиян цIарги босун, багьанаде гъазаватги бахъун гъарачилъи гьабизе унаан. Гьеб суалалъул бугеб кIварги бичIчIун, Титалас суал кьун буго доб заманалъул факъигьазе (юрист – фикъгьиялъул гIалим): «бегьулищ гьанжесел чабхъадулазда гъазизабиян абизе, нилъеда лъалеб бугони гьел Аллагьасул рагIи билълъинабизе ва садакъа гьабизе гурел, буголъи бахъизе унеллъи?».
Гьеб суалалъе Усишаялдаса Давудица кьураб жаваб гьаниб тIубанго кьолеб буго:«Аллагьасе гIоло къеркьолел гъазибазул ишал ритIарал руго кидаго, гьединал гъазизаби гьабсагIаталда ратани. Дир пикруялда рекъон, унго-унгоял гъазизаби гьабсагIаталда гьечIо, щайгурелъул гьез нилъ сверун ругел халкъал нилъеца рагъ гьабизе кколел капурзабилъун рикIкIунел руго. Гуржиялда хурхун гьеб пикру мекъаб букIин бихьулеб буго къаси мугIрул тIогьиб бакараб цIа гIадин якъинго. Гуржиял ккола турказул ялъуни персазул пачалихъалда гъоркь ругел гIадамал ва гьез джизья ва харадж (бусурбанаб пачалихъалда ругел капурзабаз кьолеб магъало) кьолеб буго бусурбабазул пачалихъалъе. Исламияб пачалихъалда жанив гIумру гьабун вугев чиясул би тIезе, гьесул магIишат бахъизе ялъуни асир гьаризе гьукъун буго».

Давуд-хIажияс чIезабуна ЦIоралде чабхъенал гьари исламалда данде кколареблъун. «Дар ал-хIарб» абураб рагIи хIалтIизабизе бегьуларо рехсараб бакIалда хурхун фикъгьиялъул гIелмуялда рекъон. ШаригIаталда рекъон, «дар ал-хIарб» ккола исламги гьечIеб, шаригIатги хIалтIулареб бакI ва гьединаб бакIалде чабхъенал гьаризе бегьула. Киналдего гIагарун ЦIор бусурбанал пачалихъазе магъало кьолеб бакI бугебгIан мехалъ, гьенир ругел гIадамал бусурбанаб пачалихъалда жанире кколел руго. Гьединлъидал гьенире чабхъеналги гьаризе бегьуларо. Гьел хъвай-хъвагIаязулъ ратулел руго цоги гIажаибал суалалги. Мисалалъе, Титалас Давудида цIехолеб буго, цо чи вукъараб бакIалда тIадехун цогидав вукъизе бегьулищ абун. Гьелъие жаваб кьолеб буго Давудица, бегьулин гIезегIан заман ун хадуб, гурони бегьуларин. РакIалде кколеб буго щай гьединаб суал бижараб абун. Амма магIарулазе кидаго дагьаб букIана ракь, гьелъул къимат гьабизе кколеб букIана. Гьединлъидал, гIемер дандчIвала доб заманаялъул чанго гъат бугел хобал.

 
ГIелмияб ва политикияб хIалтIи

 

ЖамгIияб гIумруялъулъ Титалас тараб лъалкIалъул нилъеца бицана, рехсезе бегьула гьесул гIелмияб рахъалъулги. ЛъикIаб къимат гьесие кьолеб буго ХIХ – ХХ гIасруялъул байбихьуда рукIарал гIалимзабаз. Мисалалъе, Гъазигъумекиса ГIабдурахIманица жиндирго хIалтIулъ хъвалеб буго «Дагъистаналъул цере тIурал гIалимзабаздаса цояв вукIана лъикIав факъигь КIаратIаса Титалав, дица цIалана гьесул чанго хъвай-хъвагIаял, гIелмиял хIалтIаби» - абун.

Дагъистаналъул гIалимзабазул биографикияб баянтIехьалъул авторас Титаласе гьадинаб къимат кьолеб буго: «МухIамад б. Титалав ал-КIаратIи ал-Авари вукIана цIакъав гIалим, жиндир заманалъул къадру бугев факъигь, Усишаялдаса Давуд-шайихасул заманаялъ гIумру гьабун вукIарав, Аллагь гурхIаги гьесда».
ГIалимчи Амри ШихсагIидовас гьесул рахъалъ хъвалеб буго гьадин: «КIаратIаса Татиласул вас МухIамад (XVII гIасруялъул ахир – XVIII гIасруялъул кIиабилеб бащалъи) – факъигь, мадрасалъул мугIалим, Дагъистаналда цIар арал фикъгьиялда хурхарал, ГIурадаса Ибрагьим-хIажияс ва Усишаялдаса Давудица мухIканал жавабал кьурал суалазул автор».

Титаласе аслияб лъай щвана машгьураб Къудукьа Мусал МухIамадил мадрасалда. Гьенир цIалулаан Дагъистаналдаса, Хьунал Кавказалдаса ва гьединго татарал башкирал. Къудукьа Мусал МухIамадил мадрасаялдаса арал гIемерисел хадурккун рахъана цIар арал гIалимзабилъун ва лъайкьеялъул хIаракатчагIилъун.
Гьелдаго цадахъ Титалав вукIана ХVIII гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда Аваристаналда гIезегIан асар бугев сиясатчилъунги. Лъалеб буго гьев вукIана «КIаралазул ва тIиндисезул къотIи-къай» гIуцIаразул цоявлъун вукIин. Гьеб кколеб буго ХVIII гIасруялъул байбихьуда гьеб кIиго жамагIаталъул гьоркьорлъаби ва Ункъракьалда политикияб ахIвал-хIал рекъезабураб документ. Гьенив Титалав вихьизавун вуго кIаралазул къадилъун, ай гьев кколев вуго гьеб мухъалъул бищунго цIикIун ихтиярал кодор ругев чилъун.
 
Биография
 
МухIканго абизе кIоларо Титалав гьавурав ва хвараб сон ялъуни къо-моцI. Нилъеца гьеб чIезабизе бегьула гIага-шагарго гьес гьарурал хъвай-хъвагIаязда рекъон, ялъуни гьесул хIалтIабазда ругел тарихазда балагьун. Цоги баянал ратула гьесул заманаялъ рукIарал гIалимзабазул хIалтIабазухъ балагьун. Мисалалъе, лъалеб буго Титаласул МухIамадица КIаратIа мажгиталда дарсал кьолел рукIин 1748 соналъ. Гьенив гьесухъ цIалун вукIаго гьесул тIехьалъул копия гьабун буго МелъелтIаса МухIамадгIалил вас МухIамадица. КIаратIа росдал ТIасияб мажгиталда буго Титаласул МухIамадица жиндир квералъ 1744 соналъ хъвараб Къуръан.

Гьесул гьудул ва цIар арав гIалим Усишаса Давуд хвана 1757 соналъул сентябралда. Титаласул гIумруялъул хIакъалъулъ бищунго цебегосеб баян буго гьес 1700 соналъ кинабалиго мажмугI хъваялъул хIакъалъулъ лъазаби. Гьединго Дагъистаналъул гIелмияб централда буго гьес 1687-88 соназда «Сайди Шариф» абураб тIехьалъул копия хъваялъул хIакъалъулъ баян. Гьев чи Титалав абураб цIаралда гъоркь халкъалда лъалев Титаласул МухIамад ватани (Къудукьа Мусал МухIамадги халкъалда лъалаан Мусалав абураб цIаралда гъоркь), гьеб баян кколеб буго гьесул хIакъалъулъ гьабураб бищунго цебегосеб. Гьедин абизе бегьула гьев 1660 соназ гьавун вугилан. Хун вуго гIага-шагарго 1750-лел соназул ахиралда ялъуни 60-лел соназул байбихьуда, 90-го гIан соналъул гIумруги гьабун.
ГIемерисез гьесул цIар мекъи хъвалеб буго, цояз Титалав абун, цогидаз Татилавабун, лъабабилез Таталавилан. Гьелъие гIилла буго гIараб мацIалда рагьарал гьаркьал хъвангутIи. ГьабсагIаталдаги КIаратIа тIибитIун буго Титалав абураб цIар, гьединлъидал абизе бегьула гIалимчиясул битIараб цIарги гьединаб букIанилан.
Титалав вукIана КIаратIа рагIи билъараб ХIекъилал абураб кьибилалдаса (гьезда гъорлъе уна Хириевал, Азайновал, Патхудиновал, Насрудиновал, Баланучевал ва Чуриевал). ГьабсагIат гьесул наслуялъул буго "Хириев" абураб памилия. Гьезул тIоцересул умумузул цояв вукIун вуго ХIекъилав абурав чи, бицунеб буго гьев кIаралазул жамагIаталъул цевехъан вукIаниланги. Руго цоги баянал, Титаласул ГIалидибир абурав вас вукIанилан ва гьев хадувккун КIаратIа къади вукIанин. Гьесда хадув къадилъун ккана МухIамадил вас КасагIали. Хадуб, ХVIII-ХIХ гIасрабазул гIорхъода къадилъун вукIана Мусал Къурбан. 


Автор: ШагIбан ХIапизов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьединал г1алимчаг1азул зарраго хут1ун гьеч1о Дагъистаналда,классикияб мактабалъул муг1алимзаби т1аг1изарун хадуб(
Машаллагь. Ц1акъ лик1аб макъала буго. Баракаллагь. Сахлъи кьеги хъварасе.
Цо т1ад жубазе бокьун буго.
Х1екьилазул хъвалеб мехалъ Халилил Ах1маднабил Мух1амад рехсеч1ого бегьиларо. Гьеб тухум к1одо гьабизе г1емер х1аракат  бахъана гьес. Мунагьал чураги гьесул.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook