Авторизация

Туркиялда бугеб магIарул Ортатепе росдал тарих

Ортатепе росу гIуцIана 1862 соналда Дагъистаналдаса гIусманиязул ракьалде гочарал магIарул мугьажирзабаз. ТIоцебе росулъ 16 цIараки барал хъизамал ккола: ГIабдулкаримал, Давутилал, ГIалилал, ХIажиахмадилал, Рамазанилал, ИсмагIилилал, МухIамадилал, Шамсулал ва цогидалги. Чанго хъизан гьеб росулъе гочун буго 1877 соналдаса хадубги.

Гьанже росулъ буго байбихьул школаги, кIиго мажгитги, щибаб рокъобе бачун буго токги, хIалтIула Интернет, нухазда тIун буго хъил. Росдал гIадамазда гьоркьоса 95%-да лъала хъвазе-цIализе. 1980-абилел соназде щвезегIан росдал гIадамазул аслияб магIишат букIана боцIухъанлъиги ракьерухъанлъи. Ахираб заманада росдал гIадамал цIалуда хадур чIолел руго, машгъуллъана бизнесалдеги. Росулъ мухIканго цIунун руго умумузул гIадат-гIамал, миллиял махщелал, кванил тайпаби ва гь.ц.

Ортатепе росдал хIакъалъулъ жеги лъицаниги кибниги хъван букIинчIо. Искендер Дагъистанли ккола жиндирго росдал хIакъалъулъ хъварав тIоцевесев автор. Гьесда лъикI лъала рахьдал мацI, жинцаго лъазабуна магIарул (кириллица) хъвай-хъвагIай, гьединлъидал цIалула магIарул басмаги тIахьалги. Живгоги гьев ккола педагог (турк мацIалъул ва адабияталъул мугIалим). Турк ва магIарул мацIазда хъвала шигIраби. ГIумру гьабун вуго Кушадаси шагьаралда. ГIагараб росдал хIакъалъулъ Искендерица ракIалдещвеял руго кIудияб рокьигун, рекIел хинлъигун ва хIасратгун хъварал. Нахъа тараб, тIокалъ тIадбуссунареб лъимерлъиялъул ва балугълъиялъул хIакъалъулъ бицунаго, авторас жигар бахъулеб буго гьелъул сурат цIалулесда мухIканго цебечIезабизе, щибаб хIужаялде, щибаб лъугьа-бахъиналде кIвар кьезе. Жидерго чагIазейилан хъварал гьел ракIалдещвеязул кIварги къиматги буго нилъееги, Дагъистаналъул магIарулазеги. Щайгурелъул гьез нилъеда цебечIезабулеб буго церего ватIан тун арал магIарул миллаталъул вакилзабаз чияр ракьалда гIуцIараб росдал тарихги, гьезул бигьаяб гуреб, захIматаб гIумруялъул, рукIа-рахъиналъул, гIадат-гIамалалъул суратги.

АхIмад МуртазагIалиев



ОРТАТЕПЕ РОСУ. ТАРИХАЛЪУЛ ТIАНЧАЛ


Искандер Дагъистанли


Дир лъимерлъи

Дун гьавуна 1940 соналда. Щуго сон бараб мехалда, инсуца дун вачана авлахъалде. Гьакида ролъул гулал сокIкIулеб мехалда, инсуца дун чIезавулаан доб мехалда гьакил моторлъун рукIарал оцазда цеве, гьез цогидазул хурзабазе зарал гьабичIого букIине гIоло. Гьабуралдасаго кIичIараб лълъарги  букIараб Япруялъул магIарзукъалазда бугеб гучалъ кьабуниги, гьелъ мадугьаласул бекьараб жо квинчIого толароан. ХIалал-хIарам лъалароан гавур Япруда.

Анлъго сон бараб мехалда, дун ана цIализе росдал гIадамаз жидерго ресалда рекъон кирпичалъул гьабураб байбихьул школалде. ЦIализе-хъвазе ругьун гьавулев чи вукIана дир эмен ГIиса. Гьес сагIат малъулеб букIана. Дун хъорщоде вахъинавуна. «ЦIале цо, балагьизин», – илан абуна гьес. «СагIат анцIгоялдаса анцIгоялде инеб буго», – ян абуна дица. Цо релъи байбихьанаха классалда. Гьелдаса нахъе дир цIар лъугьана «АнцIгоялдаса анцIгоялде инеб буго» абураб.

Дол соназда росулъ бищун церетIурал рекьарухъаби рукIана дир имгIал ГIабдурахIман, Шамсул ГIабдурахIман, Шамсул ГIумар, Бадри, ХIайбулла, Абакар, гьесул вац ИсмагIил, Улубий, Буракъил СалихI, СагIадулал васал ХIамидги, Мурадги, ГIазизги, ХIажиги, ХъахIаязул АхIмадги МухIамадги, ХIанапи, Муса, Кумахъа Закария ва ц. Росдал чагIаз бекьулеб жо букIана лъим бугел хурзабахъ багIаргьоло, лъим къанагIатал хурзабахъ ролъ, ахиниб абуни – помидор, охцер, гурччинлъи, пуч, ражипер, пер ва ц.

Хурухъанлъи тун цогидаб хIалтIи гьабулелги рукIана. Сайпудин Жошкун вукIана гIарац-меседалъул къебед. Гьелдаго цадахъ гьес гъалай биччалаан, гъармахъалъ ччугIа кколаан. Дида лъала гьес магIарул лалабиги гьарулел рукIараблъи, амма гьезул цониги нахъе хутIичIо. Гьес гIарцул гьарурал ччут, кIалкIуч, квер жеги цIунун руго дица. Цоги вукIана Юсуп-апанди. Росулъ бищунго чIухIараб рукъ гьесул букIана. ЦIаларав чи вукIана гьев. Гьединго ракIалда вуго ХIажихъахIазул Зубаирги. Гьес цIакъ берцин пандур хъвалаан бертабалъ. ГIумар-михъич, вукIана росдал устарлъун. Росдал щибаб рокъор хутIун руго ГIумар-устарил лъалкIал. Гьеб гуребги росулъ ругелщинал иццалги пурцалги гьес гьарурал рукIана. Къали ХIасан вукIана хьитазул устар. Гьес гьарурал хьитал рукIунаан гъоркьа цIулал, тIаса тIомол. Гьелдаго цадахъ гьес гьарулаан нах бахъулел алатал (машинаби). Дихъ гьанжеги буго гьеб.

Найихъанлъийин абуни гIицIго Буракъил иш букIана. Хаслихъе, гьоцIо бахъараб заманалда, киналго лъимал гьесухъе ракIарулаан ва лъагIалида жаниб цо нухалъ Аминат-адаца нижер кIалдир лъолел гьацIил кескал кунаан.

Росу бакIана гьенисан чвахулеб «Комур су» («ТIурччол лъим») абураб лъарал бакътIерхьул рагIалда. Гьелъул цогидаб, дандбитIараб рахъалда гIицIго школалъул мина, СагIадуллагь-дацил рукъ ва тIорщел жаниб бугел цагърал рукIана. Дандияб рахъалдехун рахине гIоло, ихуца батIи-батIиял бакIазде бехъерхъулеб цIулал кьодасан унаан.

Росдал гьоболлъи

Дица анцIго сон бараб мехалда, ай лъабабилеб класс лъугIарабго, байбихьул школа бачана щуго соналде. Нижер школалде учительлъун вачIана Чардахъалдаса чачанав Эмин Бозкур абулев цо чи. Школалда букIана квералъ кьабулеб цо цIумур. Дарсал байбихьилалдеги, гьоркьоркъотIазул заманалдаги, дарсал лъугIулеб мехалъги гьелъул букIунаан цIакъ кIудияб гьаракь. Дир даци Абакарица, цIумур кьабурабщинахъе, абулаан шайтIаби ахIулел ругилан ва  палгъаллъулаан.

Абакар ва ИсмагIил дациязул рукъзал рукIана лъим баккулеб, школа букIараб гохIда аскIор. Гьанжеги гьенир руго гьел минаби.

Байбхьул школа лъугIарабго, дун байбихьана хьвадизе Гексуналда (районалъул центр. – Ред.) букIараб гьоркьохъеб школалде. Доб заманалда букIинчIо мотор бугеб транспорт. Росулъ тIоцебе хIатIимашин букIана Мансул-хважал вас Хайрил. Гьев вукIана хIалтIулев росдал магIишаталъул банкалда, кIиабилеб хIатIимашин босана ГIали Кушчул вас МухIамадица.  Гьев чIухIун вукIунаан понцIолел гьакибурдул ругеб хIатIимашин бугилан жиндирилан. Цо-цо мехалда нижги рохизарулаан гьес, нахъа рекIинарун.

1952 сон. Нижер минаялъул бакъбаккул рахъалда хасаб цо рукъ букIана. Росулъе вачIаравщинав гьобол гьеб рокъов рещтIулаан. Гьеб букIана нацIал гIемераб заман. Мунагьал чураяй дир эбел Асилаца гьалбадирие квен кьолаан, гьалбалгиха нацIаца кунел рукIунаан. Щивав гьобол вегарав бусен, юргъан ва  шаршавал гьализарулаан ратIлил хьагин абураб хьагинир. Сапун букIана багьаяб, гьединлъидал гIемерисеб мехалда рахъу хIалтIизабулаан рацIцIалъиялъул ишазулъ.

Цоги, нижер рукъалда аскIоб букIана Бурак Чавушил мина. Гьенир цо рокъор жанир гъасде ракIарулаан ва халатал харбал рицунаан. Хабарчи вукIана Гёксуналдаса Макъсут. Цо сордоялъ харбил бакьулъ кьижун ккарав росдал имамасул кьай борчIун буго. Лъилниги сас бахъинчIеб мехалда имамас, абун буго: «Дур рагIи гьацIица  бикьана», – ян. Гьеб каламалъул сверел санаца лъугьана имамасул цIарлъун. Лъималазул адаб гьабун, гьесул цIар бицинарин гьаниб.

ТIоцебесеб техникияб алат

«Отегече» абулеб, ай росу бакьулъан чвахулеб лъарал бакъбаккул рахъалда рукъзал гьаризегIан, басрияб росу бугеб бакIалда букIана 55 мина. Мискинал гIадиназул гьел рукIана цотIалаял. Дагьалго ресалда ругезул минаби, гъоркь хIайванал, тIад гIадамал ругел, кIитIалаял рукIана. Гьобол къабул гьавизе кIолеб, дагьабго санагIатаб мина Юсуп Сайгилил букIана. Цоги, гьанже мажгит бугеб бакIалда лъабтIалаяб мина букIана. Гьеб букIана СагIадуллагьил вас Мурад Жейханил мина. КIудияб ах букIана гьесул. Росдал гIолохъаби, гьеб аханир ракIарун, росулъе тIоцебе Мурадица бачIараб «грамофон» абулеб музыкалияб алаталъухъ гIинтIамун рукIунаан. Лъил гьаракь букIарабали гьабсагIат ракIалда гьечIо, амма цIакъ асар гьабулеб «Лилияби» абураб кочIол гьаракь жеги дир гIундузда жаниб буго. Гьеб алаталда жаниб цо щайтIан бугин, кечIги гьелъ ахIулеб бугин абулел рукIарал гIадамал жеги дир беразда цере руго. Гьедин батани, лъимераб заманалда къабул гьабураб жо ботIролъ абадиялъ хутIулеб буго. Гьеб букIана нижер росулъе бачIараб тIоцебесеб техникияб алат. 

Мурадил минаялда аскIор рукIана росдал тIоцебесеб мажгитги хIужраги. Доб заманалда дун кутакалда динияв чи вукIана. ТIехIав Рамазанин тIокIцIар бугев Рамазан Сюслен-дибирица щибаб рогьалида какда хадуб  «Ясин» цIалулаан. Гьев мунагьал чураясул гьаракь дие гIемер цIакъ бокьиялъ, лъимадул макьуги къурбан гьабулаго, рогьалил какде унаан дун.

Бищунго кIвар бугеблъун букIана росдае чIаголъи босун бачIунеб «тIорччол лъим». Гьеб лъел букIана кIиго кIвар бугеб хIор: ГIисал хIорги Якул хIорги. Росдал гIолохъаби чвердолаан гьенир. Гьекъолеб лъимги гьебго лъарал лъим букIана. Гьеб лъарал рагIалда рукIана Кавшут (басрияб цIар Котукой) ва Аличлибучак абурал росаби. Гьел росабалъ канализация букIинчIолъиялда бан, хIажатхъанабазул кинабго чороклъи чвахулаан гьеб лъаралъе. Нижецаги, бищунго гIодобегIан чвахулеб лъеца чороклъи кквеларилан абун, махил, накIкIигъотIол гьарурал русбузулъе гIертаз баччун, цIезабураб гьеб лъим гьекъолаан. Квачанги букIунаан, амма нижер унтабазул эбеллъун букIана чороклъи кколареб гьеб лъим. ХIажи-дибирицаги абулаан: «Анкьго гамачI тараб лъеца какичуризеги бегьула», – ян.

Цогидал махщелалги рукIана. Ихдал гIазу биине байбихьараб мехалда, их бачIунаан. Ихгун цадахъ рачIунаан багIараб ордекул тIанчIиги. Нижеца, лъималаз, хIаракат гьабулаан гьел тIанчIи кквезе. Цо нухалда, жеги цIализе инчIев дун ккана ихулъе. ГIиса хIорил тIиналде тIерхьана. Лъималазул гьаркьал рагIарал ГIабдурахIман Оздемирги ГIумар Оздемирги, нахъбахъичIого хIорилъе кIанцIун, лъавудаса арав дун вахъун вуго къватIиве. Лъавуде вачIарав дун, битIерахунисаги гьавун, кIовокIулев вукIана гьез. Дир кIалдиса лъим бачIинеб букIун буго. Дир гIумруялъ гIоло гьел кIиязего налъулав вуго дун.

Цо-цо мехалда кIудияб ихуца  цIул бачIунаан. Гьебмехалда кIудиял, хIалтIиги тун, гьеб цIул бахъизе лъугьунаан. Зама-заманалда хIинкъи бугел лъугьа-бахъинал кканиги, гъанкъун хварав чи ккечIо цониги. Гьелдаса хадуб гIодобиччараб лъелъ ниже кьолаан ччугIа. СагIидил Айкан, Мансур Йилмаз, ГIабдусалам Дагъистанли, Къадир Унсал, ГIабдурахIман Гувен рукIана бищунго машгьурал ччугIихъаби.

1965 соналда, ХIажимирза абураб росдал ракьал лъалъазиян абун, Хараб абураб бакIалда дир берцинаб лъарада галан къана. 1979 соналдаги, Курудере абулеб ракь лъалъазеян абун, Деве магъара абураб бакIалдаги галан къана гьелда. Чвердеял кIочон тана, багIарал ордеказул тIанчIи барщана, ччугIил радал салам къотIана,  ва дир гьайбатаб чIагояб бакI рокьукъаб хъархъилаб бакIалде сверана.

Къваридаб заман

Кванил рахъалдасан ахIвал-хIал лъикI букIинчIо росулъ. Кунеб жо бичун босизе щолареб гIадин, бичулеб бакIалги рукIинIчо. Басрияб росдал бакъбаккул рахъалда гIемерисезул гьитIи-гьитIинал хурзал рукIана. Гьениб гIезабулаан помидор, охцер, картошка, пуч, пер, ражипер, хъабахъ, чIакIулдан гIадал кванил нигIматал. Пихъил гъутIби: гIеч, багIли, кокан – цIакъ дагьал рукIана. Бугебги цIакъ мукъсанаб пихъ букIана. Буракъ Уналил рукъалда цебе букIана цо куракул гъветI. КьижичIого, гьеб цIунун, нижеда гIисинал ганчIал речIаниги, гьесухъа гьеб бажарулароан. Сайиттинил ахиниб букIана мокьрол гъветI. Гьебги барщизегIан хутIулароан.  Киназего гIурал рукIана карул гъутIби. Дарман щвачIого, кокамул гъутIбуда пихъ букIунаан кьерукъаб. Рес къотIиялъ нижее жеги цIикIкIун бокьулаан кьерукъаб кокан. Басрияб росдал бакътIерхьул рахъалда, жо бижулареб ракьалда рукIана мукъсанал генул гъутIби. МагIарул мацIалда гьезул пихъил цIар букIана «хIамагъанкъ». Нахъа гьел гъутIби рацIана Карча МухIамадин тIокIцIар букIарав МухIамад Гювенчица. Гьесул гьеб лъикIаб хIалтIи реццалъе мустахIикъаб букIана. Цо гъветI букIана миндалалъулги. Ахаздаги рукIана гьел миндал гъутIби. Абакарил, Бадригил, Калиматил, АхIмадил рукIана ахал. 

Аслиял лъалъелел гIатIидал хурзал рукIана лъар бахун  цояб рахъалда. Гьел хурзабахъ аслияб куцалда бекьулаан гьоло, хъахIаб багIаргьоло, ролъ, пурчIина, огоб, нохут, цIоросаролъ, хIайваназе гIоло лъабгIин. Нижеца, лъималаз, бищунго кIвар кьолаан цIоросаролъидеги нохуталдеги. Гьеб бикъулаан нижеца. Ракги бакIарун, цIа гъолаан, бежулаан, кунаан. 30-40 цIоросаролъ кварал гIолохъабиги рукIунаан. Гьезул бетIергьабаздаса изну босулеб къагIида букIинчIо нижер. Хадусан щибниги жо абуни, гьеб мехалда кIалъалаан ниж. Ролъ баччулаан росдал северияб рахъалда букIараб тIасияб гьоцIибе. Гьениб лалги тIамун, гьорода ккун, ролъул мугьги наккуги батIа гьабулаан. Ролъул гъунал рикъичIого рукIине гIолойилан, гьенир хъорщол мугьру чIвалаан. Гьеб ишалъулъ бищунго кIвахIалавлъун вукIун, ахиралда хутIарасул лал тIамураб гъонода тIад хIамил бетIер чIвалаан. Гьеб ролъ руччабаз цIалкIун, бацIцIад гьабурабго, Ремзи Озденил гьабихъе баччулаан, хенолаан ва ханжо гьабулаан. Хадубги гьеб ханждал росдал корохъ режулаан гургинал чадал. Нижер росдал северияб рахъалда рукIараз нижер чадазда «комбе» абулаан. Гьез, ресукъал рукIиналъ ракъун ругел чагIаз, Гёскуналде ун, нахъруссун рачIунеб мехалда, нижер рукъалда цересан унаго: «Асила-хатун, кIиго «комбе» къватIибе рехун балайзабе цо», – ян ахIулаан. Доб заманалъул гIадамазул квешаб нигат букIунароан, букIунаан бацIцIадаб, рекIелаб гIамал.

Гьанал кванил бицани, къасабалдаса гьан босулеб гIадат букIинчIо. Кинха гьеб босилеб, гIарац букIинчIеб мехалда. Бугебщинаб гIарац унаан хурзабахъ багIаргьоло бекьизе босизе. ХутIаралъухъ босулаан унтараб мехалда хъвезе букIунеб гIиялъажо. Оцбай, цояв хвани, хъолеб хIакъикъ, бертин, суннат, мавлид гIадатал рукIана нижер Аллагьас кьурал. Цоги, рес букIараз ихдал босулаан ращдал цаби рортараб, жибго тIомги рукьбиги гурони гьечIеб оц, ялъуни гIака. КьарлъизегIан хьихьулаан гьеб, цинги хъун, гьанги бакъвазабун, хасел лъугIизегIан кунаан. Гьелда хъухъариян абулаан. Жеги хIайран вуго дун гьеб гьанаде. Кьарияб гьан чIоло чIоло гьабун квиналъ кьолаан бищунго кIудияб лазат.

МагIарул квен

Беччараб чедги букIана нижер. Гьеб гьабулаан бачIараб хамуралъул. БачIинчIеб хамуралъул гьабуралда абулаан мухIурго чедилан. ТIоцебесеб букIунаан тамахаб, кIиабилеб – къвакIараб. Цоги букIана картулалъул (картошкадул) чед. Гьеб букIана гIаммаб куцалда магIарде цIатIарида хадур, ялъуни авлахъалде унезе гIоло гьабулеб букIараб чед. ЦIоросаролъулги нохуталъулги гьарурал чадалги рукIунаан. Гьеб гуребги хамуралда нахги бахун, кьурулаги, чIинтизабун бежулеб хъарлъамаги букIана щивас бокьулеб чед. ЦIоросаролъул ханждал гьабулеб мучарийин абуни букIана къанагIат гьарулел чадазул цояб. Нижер росулъ бакI-бакIазда гьел чадал режизе гIоло рукIана корал. Улбуз, жидерго къадиялда ирга гьабун, хIалтIизарулаан гъол корал. Гьел коразул цоги пайдаяб рахъ букIана гьенир харбал рицунел рукIиналъ. Росулъ лъугьарабщинаб жо гьениса  битIахъе щибаб рокъо-рокъобе щолаан. ХIатта рукIине ругел лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъцин бицунаан гьениб.

Нижер аслияб квен букIан хинкIал. Гьарулаан кIудиял, чIахIиял, гIисинал, ханазул, гьанал, картошкадул, нисдал хинкIал. Гьел киналго кунаан ражигун цадахъ. Гьезул цонигияб гьеб ражи гьечIого къабул гьабулароан. Гьел хинкIазул тIоцебесебги ахирисебги хIинкъуч букIана. Цадахъ къалия, ялъуни гIанкIудул гьан гьечIого, чохьонире унароан. ХинкIазда цадахъ чара гьечIого букIунаан гьагIуги, рокъоб бугони, жанибе лимонги къенцIолаан.

Гьале дол карщал… Ролъул ялъуни цIоросаролъул гьарурал гьел, сурпаялъул бакьулъ лъун, биараб нахгун жубараб пекмезги (гьализабун, цIолбол лъел гьабураб гьацIо. – Ред.) тIун, кунел карщал. Дие карщ цIакъ бокьулаан, хасго тIидул карщ.

КIвар бугеб ва бищунго къиматаб кванил тайпабазул цоял рукIана цIурачадал (панкъал). ГIакдал нахги бахунаан гьезда.

Бищунго машгьурал рукIана тIеренал цIурачадал. Гьебго къагIидаялда бежараб, жаниб мичIчI, ялъуни сагIан, ялъуни хъабахъ лъун гьабураб, дагьабго биццатазда пурщинайилан абулаан. Гьебги кунаан нах бахун. Гургинаб, бакьулъ хоно тIун, корохъ яги цIада гьабураб хонотIурабжо букIана лъималазе улбуз гьабураб бищунго цIакъаб сайгъат. Нисдал, картошкадул, гьанал гьарурал, нахуда режарал «локум» абулел кунел жалаца берцин гьабулаан радалквен. Дир хIисабалда, гьел локумал нижехъе чергесаздасан рачIун рукIана.

ВачIинин оцбай байрамалда бук1араб, ниж гIорцIулареб, цIакъ бокьулеб квенде: хъухъанчедалде. Гургинаб, кин гьабулебали дида лъалареб цо квен букIана гьеб. Кьуризеги кьурун, нахулъ яги пекмезалъул гьабураб лъамада ччун, кунаан гьеб. Жибго бокьизабизе лъалеб цо квен букIана хъухъанчед. Нахул, ханждал ва чакрал гьабулеб бахъухъ. Габанидул ва пекмезалъул гьабулеб букIараб натIухъ букIана нижер хасаб гьуинлъилъун. «Хьон» абураб, габаниги хенон гьабураб, гёксуналдасез «чIегIераб пекмезилан» абулеб цо кунеб жоги букIана нижер. ГIага-шагарго тахин жубараб цо квен букIана. Гьебги аслияб куцалда байрамалъул сурпаялда букIунаан. Байрамалъул сурпаби рукIунаан цIакъ бечедал. Цоги оцбай байрамалда гьабулаан гурга. Гьеб лъицаниги кунароан. КIудияб, горбода ххолеб гьелда анкьго, микьго хоно букIунаан. Гьеб ххолаан нахъисеб соналда байрам борхизе тIаде босарасул горбода.

ТIадехун рехсараб квен гIицIго нижер росулъги Киреч росулъги (Кагьраманмараш вилаяталда бугеб цоги магIарул росу. – А.М.) букIараб хасааб квен кколаан. Гьеб тун, цогидаб, гIаммаб квенги букIана: долма, багIаргьалил чурпа, котлетал, гьекъолел жал ва гь. ц.

Росдал гIамал-гIадатал

ВачIинин нижер гIадатазде:

1) Нижер росу гIуцIаралдаса нахъе, дун, цIализе ине гIоло, росдадаса ватIалъизегIан гьенир гьаруралщинал киналго рукъзал руго гвай бан, тIолабго халкъ гIахьаллъун гьарурал.  Гьениб гIахьаллъизе гIоло, халкъ рукъ балев чиясул ахIиялъухъ балагьун букIунароан. ГамачI гIадамаз жидеего бокьун баччулаан. ГIумар-устар, Михъич устар, Мурад-устар гIедегIулаан кумакалъе. ГIарцул хIакъалъулъ киданиги рагIичIо дида. Рукъ лъугIарабго, ирга щолаан хIарщ чIваялде. ГIолохъаби жалго рачIун, рехулаан тIохде хIарщ. ГIолохъабазе кьолаан корохъ бежараб картошка, чIакIулдан, ялъуни бежараб нохут. ТIохде ракь рехун лъугIараб мехалда, гьеб михир бачун битIизабулаан. Цо-цо мехалда гьеб михир  гIолохъабаз,  жидерго гуч бихьизабизе гIоло, къец бан, борхулаан. Гьел къецазда михир борхулаго, жанисел органал сакъатлъун, хварав, тIолабго росдаца хIурмат гьабулев вукIарав Амадо кIочон толаро дида киданиги.

2) Гвай балаан, ролъ бекьулеб мехалъги. Пуланасул ирга бугилан абулаан. Оцал рараб пурцида хадув вилълъунес жиндирго хъулухъ тIубалев гьесул ракьалда.

3) ГIаммаб кумек халат бахъунаан ролъ бакIарулагоги цIоросаролъ чIучIунагоги. Гьай-гьай, кинабго кумек гьабулаан хадуб бецIизелъун. Пайда, рокьи, гьудуллъи, аваданлъи ва амру тIалаб гьабичIого, цоцазухъе рекеризе кколеблъи лъалаан щивасда. Щайгурелъул магIарул жамагIат буго амру гIемер рекIее  гIолареб жамагIат. Киналго командирзабилъун рукIунеб жамагIат. Толстоясги гьедин гурищ абун бугеб?

4) Цо ч1ужуг1аданалда, пуланаб бакIалде унеб мехалда, рикIкIадасан нух бахунев бихьинчи вихьани, гьей нух къотIун унаро, ялагьун чIола, бихьинчи ун хадуй гурони унароан. Ялагьун чIечIони, квешаб гIамаллъун рикIкIунаан.

5) Рукъалда йигей нус, росасул эбел, эмен, имгIал, ада ругеб бакIазда, гьезда цее кIалъалароан, гьезул хIурмат гьабун. Гьел кIудияз, нусалъе кIалъазе изну кьезе гIоло, гьелъул хIалалъух балагьун, цо сайгъат босулаан, нусалъе баркалаги кьун, гьей кIалъазаюлаан.

6) ЧIужу ячарав бихьинчияс, кIудиял ругеб бакIалда кодобе лъимер босулароан, гьелдехун рокьи бихьизабулароан, гьебгун васандулароан. Гьеб гIадат жакъасел гIолохъабазда бичIчIичIого букIине бегьула, амма цоги нухалъ гьелъул пайдаялъулги заралалъулги хIакъалъулъ хIисаб гьабизе ккола.

7) Бертабалъ киназго кумек гьабулаан бертадул бетIергьанасе. Кванил суал мадугьалзабаз тIубалаан, гIадамалги гьез ахIулаан, байрахъцин  гьез чIвалаан. Бертин бачунев, бертадул бетIергьан гурев, цогидав чи вукIунаан. ГIунгутIабазул тIириги  гьесде щолаан. Бертабиги гьарулаан, магIарул миллиял алатал лалуги жергъенги хIалтIизарун гуреб, аргъан, къали ва зурнагун.

8) Хвел ккараб хъизамги жиндирго къварилъиялъул гьиралда гъоркь рехун толароан. Мажгиталда кинабго жо гьабулаан росдал гIадамазул кумекалдалъун ва гьезул бербалагьиялда гъоркь. Хварав чи кIудияб рокьигун вукъулаан гIолохъабаз бухъараб хабалъ, дугIабигун витIулаан доб дунялалде. ТIоцебесеб лъабго къоялъ, гIисин хIайван хъун, квен гьабулаан, къулгьу цIалулаан. Къуръаналъул жузал рикьун, лъабго къоялда жаниб гьеб цIалун лъугIизабулаан. Гьелда абулаан хатма рещтIинабизейилан. Цо-цо рес бугел хъизамаз, гьеб кинабгоялдаса хадуб, хварасул хабада аскIоб чадирги чIван, цо чиги ккун, гьесда Къуръан цIализабулаан. Хварав чиясда хадуб мавлид бачунелги рукIунаан. Амма, бокьани бечедав вукIа, бокьани мискинав вукIа, щивав хварав чиясда хадуб хъолаан кIудияб хIайван ва, квенги гьабун, росуго кваназабулаан, ялъуни гьан, бутIаби гьарун, щибаб рокъобе щвезабулаан. ХIакъикъ абулеб гьеб гIадаталъ, барщарав чи вугонигицин, гъоркьоса вахъулароан.

9) Росулъе вачIарав щив вукIаниги, гьесул гIумруялъе гIоло жаваб росдал халкъалъ кьолаан. Нагагь, кватIараб мехалда, росу тезе бокьаниги, гьесие изну кьолароан, гьес гьоболлъи бараз гьев цинги нухарегIулаан. Гьоболасда хурхарабщинаб тIубазе нижер росулъ букIана хасаб гьалбадерил рукъ.

10) КъватIисеб хIинкъиялде дандечIейги букIана росдал цIакъаб. Дун гьитIинаб мехалда, цо машгьурав хъачагъ вукIана. Гёксуналъул югалда рукIарал росабазул гIадамал хIинкъизарун, гьел жиндие гIоло хIалтIизарун, мугIрузда аскIоб цо гьин бан букIана гьес. Гьелде тIадеги гIадамазухъа гIарацги бакIарулаан гьес. Нижер росулъе гIарац тIалаб гьабун вачIарав гьесул вакил, живго вачIун, босеян абейилан жавабги кьун, нахъе къотIарав. Росдал жамагIат бакIарун, гIарац тIалаб гьабулеб букIараб рукъ сверун хъаравуллъи гIуцIун букIана ва хъачагъ чIвазейилан анкьаца гъорчIелги гIуцIана. Масъала бичIчIарав хъачагъ, вачIинчIо. Цинги «муфраза» абураб пачалихъияб цо къуват бачIана гьев хъачагъ валагьизе гIоло. Гьесие кумек гьабурал, гIарац кьурал киналго гIадамал къакъана гьез. Нижер росулъе жанирецин лъугьинчIо гьел. Цоги цо гьадинаб лъугьа-бахъин ккана. Гёксуналда нижехъа цояв вухун вуго, чанго чиги тIаделъун. Росдал жамагIат къватIибеги бахъун,  гьев  вухаралги ратун, гьезие кколеб гIадлу гьабун буго. Гьелдаса нахъе нижер халкъалда хъвалев чи ккечIо.

11) Аскаралде унел г1олохъаби рокъоре ахIулеб цо гIадатги букIана. БатIи-батIияб квенги гьабун, гьалмагъзабигун цадахъ аскаралде унев г1олохъанчи ахIулаан рокъове. Квандаса хадуб, хIалалда рекъон, нухда гIарацги кьолаан гьесие.

12) КIалбиччан къоялъ щибаб рокъоб, тIад батIи-батIияб квенги лъун, гIуцIулаан сурпа. Росдал щивав инсанасда тIадаб букIана, щибаб рокъовеги лъугьун, гьеб квандаса дагьа-макъабго жо кIалдибе лъезе. Рукъалъул руччабаз хIисаб гьабулаан рачIинчIезул, хадусеб соналда гьезда цIехолаан рачIинчIого чIеялъул гIилла. Ццинбахъанилан, барщун вукIанилан абун, гьеб къоялъ рокъове лъугьинчIони, кIудияб гIайиб букIана. Бихьинал барщун рукIаниги, рукъгун ва рукъалъул руччабигун барщун чIани, гIодорегIан гьарулаан. Щайгурелъул гIидалъул какдаса хадур, мажгиталъул азбаралда цоцазда байрам баркулаго, гIадатаб къагIидаялда, барщарал рекъолаан.

13) Оцбай байрам. Араб соналъ байрахъ босарав ва горбода гурга хурав чияс, жиндирго ресалда рекъон, цо, ялъуни чанго хIайванги хьихьун, гьелги кьара гьарун, квание къваригIунебщинаб хIадурги гьабун, иш росал жамагIаталда дандбалаан. Щивас, жиндаго тIаде цо суалги босун, гьеб гьабизе лъугьунаан. Цояз хIайванал хъолаан, цояз  гьел ччукIулаан, цогияз, цIаги бакун, квен гьабизе гIоло кIудиял хьагал хIадур гьарулаан, ункъабилез сурпа къачIалаан, щуабилез официантлъи гьабулаан, анлъабилез сверухъ ругел росабалъа рачIарал гьалбал дандчIвалаан, анкьабилез нухмалъи гьабулаан, микьабилез майданал хIадур гьарулаан, ичIабилез гугариял, рекериял гIуцIулаан. Байбихьудаго кинаб букIаниги хъвавулаб тIадкъаялъул бикьи букIунгутIиялъ, щивас  жиндаго тIаде хъулухъ босиялъул букIана цо гугьараб, бахIарчияб камиллъи. Цоги, балагьараб мехалда, гьеб кIудияб тадбир лъугIулаан  берцин гIуцIараб къагIидаялда, гъалмагъир-жо ккечIого.

  

 

      

 

 


Автор: Искандер Дагъистанли

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook