Авторизация

ХIасанилав-дибирасул «Имам ГъазимухIамад» къиса. ТIоцебесеб басмаялда рорчiарал гъалатiал ритiизари


(Байбихьи – цебесеб номералда) 

 

Гь. 32-33. "Гендерил бетIербахъи" хабаралде бакI гурелъубе жубан буго 29 гьумералда камурал баяназул бутIа.

Гь. 34. "Дибирлъи гьабеян абидал ГъазимухIамадица кьураб жаваб" хабар къокъ гьабун, хисизабун буго.

Гь. 35. ЧIикIаса руччабаз гIадатго ретIа-къарав ГъазимухIамад жидерго гIачивехьасда релълъинави гьоркьоб биччан буго.

Гь. 36. ва хадубги. Кибго Шамхал, цIар гIадин, кIудияб хIарпалдасан хъван буго, гьев шамхал, ханго гIадин, тIадчи магIнаялда ХIасанилас хъвалеб букIаниги.

Гь. 37. "Ахакьдарил хъерендеридаса цIунеян бахъараб ахIи " хабар лъабго батIияб харбиде бикьун кьун буго. ХIатта, ахир жеги хадуселдецин  рехун буго.

Гь. 38. Хъараниб ишги тIубан, Эрпелире ГъазимухIамадил бо иналъул  бицунаго кьун буго «Гьеб мехалъ кагъат битIун буго ас Эрпелибе...» абун. ХIакъикъаталда "гьеб мехалъ" гуреб, "гъове Хъараниве унаго....", кумекалъе нужги рахъаян битIараб ахIиялъе гъоз жаваб гьабичIелъул, ана имамасул бо эрпелдериде тIадеги.

Гь. 39. Гьениб Эрпелиб карал лъугьа-бахъиналги хабар бакьулъе щвараб бакIалдаса росун лъун руго тIехьалда.

Гь. 40. «ГъазимухIамад ГьаракIуниве богун иналъул къиса» харбида лъун буго «ГIадусамад дибирлъун вачун вукIун вуго Генуве» абун. ХIакъикъаталда гьерекIдерил "ГIадусамад дибир вачIун вуго Генуве". Жидерго «лъугьараб жо гIадин» бицанин бихьизабиялъ, ГъазимухIамадил рагIиги гьереси гьабулеб буго гьенибго. ГъазимухIамадица бицун буго гъосда жидерго лъугьараб жо, гьадин Хъаранире Эрпелире ун рукIанин ниж, гъоба шаригIатги лъун танин нижецаян. Хадуб, гьаб цо пуланаб къоялъул радалиса дунялалда бакъ чIвалалде рихьундерил къварилъул кIалтIе щвайилан кагътал ритIиялъул бицунаго, Ахакьеги битIи гьоркьоб биччан буго.

Гь. 41. Рихьундерил гIорхъоде кколеб гьерекIдерил КIанзуб бакIалъул цIар лъун гьечIо. ГьаракIунире ин батIияб бакIалде босун, къакьал рачIин, гьерекI имамасде руссин гьоркьор риччан руго. СагIидил вас ХIажидададе гIолохъанчи абун хъван буго, гIалимчи хисизабун.

Гь. 41-42. Гьоркьор риччан руго чагъир гIодобе тIеялда, СагIидил хIужраялъуса нахъе росарал тIахьазда, ХIажидадада кодоре киналго тIахьал кьеялда хурхарал баянал.

Гь. 42. Хьиндаллъиялда рилълъанхъизарулел рукIарал ГьаракIуниса Асиядаса рачIарал гIадатазул хъвараб бакI нахъе рехун буго.

Гь. 44. ГъазимухIамадица Унсоколо гьабураб кIалъай къокъ гьабун буго. Гьенибго гьоркьоб биччан буго чи чIварал ва лъутутIа ругел Генуса ШихгIамирилги цо гIободасесулги бицунеб бакI. 

Гь. 45. «Жамалудин устарас ГъазимухIамад ахIи» харбилъ бакьулъ лъун буго ахиралда букIараб предложение: «ГъазимухIамадица абун битIанила ЖамалудинастIе, хIакъаб бугин эб, дуца абухъеги бугин, кигIанго бугониги, дун вачIинарилан».

Гь. 45. «Ххам босизе ГъазимухIамадица гIарац битIи» харбилъ рехсарав чи                                                                                                                                                 Гьабитил гурев, ГIабидатил МухIамадсултан вуго.

Гь. 45-46. «ГъазимухIамадил ххам бикъи» харбида цIар нахъе рехун, гьеб хабар цебесебгун цолъизабун буго.

Гь. 47. «ГъазимухIамадица Жамалудинасдасан тарикъат боси» харбилъ гьоркьоб биччан буго муридзаби Аслан ханасухъе ГъазимухIамадгун цадахъ ин.

Гьенир ГъазимухIамадил рагIаби хисизарун руго.

Гь. 47. «Аслан ханас ГъазимухIамад ахIи ва ккараб гара-чIвари»  харбилъги гьоркьор риччан руго муридзаби рилълъин ва ханасухъе щведал букIараб гаргаралъул авал. Хисизарун руго цо-цо рагIаби.

Гь. 50. Жамалудинасда абураб цIар хисизабун буго Гъумекъиясда абун. Гъумекъия… такрарлъулеб буго цоги бакIаздаги. МагIарул мацIалда устарасде цебе гьедин абулароан, Гъумукъи гурони, амма росдаде Гъумеки абулаан (къ гьечIого). ТIехьалда ХIасаниласул батухъе хъвазе ккола.

Гь. 50. «Ярагъиясул канлъи ин» ва «Гъумукъиясул мацI кквей» харбал цолъизарун руго цо цIаралда гъоркь, «Ярагъиясул канлъи инги Гъумекъиясул мацI кквейги» абун.

Гь. 52. «Жамалудинасги Апандиясги абун букIун буго гъос…». Жидедасан цIияб хабар байихьулел гьел рагIабазулъ магIна хутIун гьечIо, «Жамалудинасдаги Апандиясдаги абун букIун буго ГъазимухIамадица…», - ялъул букIараб. Гьединаб гьитIинаб, цо абзацалъул хабарцин тун гьечIо тIехьалда авторас хъвавухъе. 

Гь. 53. Цоги рагIабазул бицинаро, амма «ХIариколоса чи» абун лъураб бакIалда, чIванкъотIун «ХIариколоса ХIасанилав» рехсезе кколаан.

Гь. 54. Харбил ахиралда, лъарагIалде гIеч бичизеги бугелъуб, цадахъго, жа бичизеги хъвазе кколаан.

Гь. 54. Ансал болъ рукIин бихьизабулеб мисал ва унсоколосесул рагIаби нахъе рехун руго.

Гь. 54. ТIехьалда буго: «…Бекьилъа тIаде Игьалире раккун, чармабигун,…, гьарун гIемерал байрахъалгун…». БукIине кколаан: «…Бекьилъа тIаде Игьалире. Рухьун чармабигун, …, гьарун кIикъого-лъабкъогогIан байрахъалгун…». 

Гь. 55. ТIехьалда: «…тIилал гIунтIун хечгун…». ХIакъикъаталда: «…тIилае гIунтIун байрахъал, хучдулги рукIун руго…».

Гь. 55. Шамилил хечалъул хIакъалъулъ баян гьоркьоб биччан буго.

Гь. 55. ТIехьалда: «Гьелдаса хадуб ГъазимухIамад кидаго лъелго…». ХIакъикъаталда, гьелде щвезегIан «живго ГъазимухIамадги гIемерисеб мехалъ лъелго вукIун вуго, кинго чуги бачунароанила».

Гь. 55. Колоб росдаца гьабураб дандечIей гьоркьоб биччан буго.

Гь. 55. Кьохъа (тIехьалда хъван гьечIо) Бугъалав.

Гь. 56. Мекъи, «…мугIруда макариги бан» абун кьун буго, «…могIрода бакариги бан» абурал рагIаби.

Гь. 56. «ГIандал, Гъагъал, гьезул къиса» харбилъ «ГIандадерил, Гъагъадерил ва РикIкIвани …» кьун бугелъуб, «ГIандадерил Гъагъалъ… ва РикIкIвани…» абун, гIандадерил Гъагъалъ росу буго рехсолеб. Гьел «гъагъал», «гъагъадерил», «гIандадерил» гIадал рагIаби кIудияб хIарпаздасан хъвазеги кколаро.

Гь. 56. Сагитиласул ХIасанил вас (гьоркьор риччан руго) Сагитилав лъукъи къокъго кьун ва генусес гъагъалъесда хеч къазабиялъул бицен нахъе рехун буго.

Гь. 56. ГIандиб как ахIулеб рагIи ва ГъазимухIамадил рагIаби кьун гьечIо.

Гь. 57. ТIехьалда буго: ГIандиса рачIунаго «…анила Кьохъе, Мунире…» абун. БукIине ккола: «…анила гъоркье Мунире…». Муниса Кьохъе ин, Кьохъе Ахбердилав вачIин бихьизабулел баянал хиса-сверизарун руго..

Гь. 58. ГъазимухIамадилин авторас кьурал рагIаби хисизарун, «рекъезарун» лъун руго. Ахиралда, 40-50 ругелъуб рихьизарун руго 60 чи.

Гь. 58. «ГIахьалчIи вукIаго вачIанила …витIун чи» Баху бикаца. Гьесул цIар ХIажи нахъе рехун буго. Хабарги, къокъ гьабун, авторасул гурел рагIабаздалъун кьун буго.

Гь. 59. «ГъазимухIамад Хунзахъе богун ин» хабар кьун буго додинго къокъ гьабун ва гьоркьоса камизабун. Масала, лъун гьечIо гьаб баян: «Гьеб къоялъ шамхаласул вас Абумуслимги вукIун вуго Бахул лъова. Бахул яс абун йикIун йиго лъосие. Гъов вачIун вукIун вуго лъове, гъой жиндирго абурайги йихьизе, цо дагьаб мехалъ лъораги рукIун, кепги гьабун, руссине, цодагьал гьалмагъзабигун».

Гь. 60. ХIадиятилги гуро, ХIадисилги. «Дарвиш» хъвазе ккола  «дарвиш» абун, гьитIинаб хIарпалдасан, «макари» - «бакари» абунги.

Гь. 60. «Шамилие бакълъулаз гьабураб къварилъи» хабар къокъ гьабун буго.

Гь. 61. «ХIамзатида хундерица абураб жо» хабаралда ХIариколоса ХIасанилав имамгун Генуве жидирго дибирлъи гьабизе вилълъине вачIун вукIин бихьизабун гьечIо. Гьижрияб 1265 сон хъвачIого, 1830 абилеб сон лъун буго. Хъаранире, Эрпелире унел ва цоги гьоркьор риччаялги руго.

Гь.61. ЦIураб гьан гуро, букIуна цIураб бакь. ХIасанилас хъван буго цIурабжо (цIуражо) абун, гендерил къагIидаялда.

Гь. 62. Бо биххиялдалъун ккараб ахIвал-хIалалъул баян гьоркьоб биччан буго.

Гь. 62. «ГохIда хIужраби рай» хабар къокъ гьабун буго. Ракь тухумалъухъа бичун боси букIинчIо. Гьеб тIаде ургъун бахъараб буго.

Гь. 63. «Хъалияналъул хIакъалъулъ ккараб гаргар» къокъ гьабун буго. ХъалиянчагIазул разилъунгутIи ва дандечIей гъорлъ ругел баянал гьоркьор риччан руго. ЧIикIаса Таймасхан дибирас гьезие гьабураб жавабги кьун гьечIо.

Гь. 63. «ГъазимухIамадиде гIадамазул гIарзал» хабар, тIубан нахъе босун, батIияб бакIалда кьун буго.

Гь. 63-67. Гьал гьурмазда харбал, цере-нахъе ккезарун, тIехь биччаразда берцин бихьахъе лъун руго.

Гь. 66. Ракьбагъариялъул бицен къокъго кьун буго. Давудиласул кIалъай. ГъазимухIамад Давудиласда тIасалъугьин, гьесул квер боси гIадал баянал кьун гьечIо.

Гь. 66-67. ГъазикI ЦIобокь вукIин ва гьениб ккараб ракьбагъари гьес бицин нахъе рехун буго.

Гь. 67. Гьенибго, магьари хIалал гьабиялъул баян бичIчIилареб куцалъ камун кьун буго.

Гь. 63-68. Гьел гьурмазда кьурал киналго харбалги къокъ гьарун руго.

Гь. 68. «Къварилъухъ сангар къай» хабаралда ваккун вачIун вуго вукIинего вукIинчIев «ВацгIал Набуз». Гьеб буго «вацгIалзабаз» абураб рагIи мекъи цIалиялъул хIасил.

Гь. 69. ЧIезе бакI балагьиялъул баянги къокъ гьабун, хисизабун кьун буго. СахIибуласул ХIожоги МухIамадсултанил МуртазагIалиги цадахъ рачин кьун гьечIо.

Гь. 70-71. «ГъазимухIамадица росабалъе хъвараб кагъат» хабар къокъ гьабун буго. Ахиралдаги кьун гьечIо ГъазимухIамадги геналги рузмаралде росулъе рачIиналъул хIужжа.

Гь. 72. Хабар «ХвахитIаса Гъазиясул лъугьараб» тIубан нахъе рехун буго.

Гь. 72. «Шамхалас магIарухъе кагътал хъвай» (Шамхалас ахIи) къокъго кьун буго.

Гь. 72. Руччабаз гьениса тIадруссунел бихьиназде ахIарал рагIабазул бицин къокъ гьабун, Шамил росулъго вукIин гьоркьоб биччан буго.

Гь. 73. «ГъазимухIамадил чIужу ПатIиматил жавабалъул къвакIи» хабарги къокъ гьабун буго. Шамил унтун танин аби, ПатIиматида кодой СалихIат йикIин ва цогидабги кьунго гьечIо.

Гь. 74-76. «Агъачхъалаялде ин» хабарги гьединго кьун буго. ГъотIода байрахъ барав чиясул цIар - Ханучакарил Нурил Герей букIин, нуцалчи Айдемир чIвай, бегавуласул боцIи хъвей, гьесда цIар Гьакичу букIин гIадал баянал рихьизарун гьечIо. «СахIибуласул вас» абун хъван буго Ургъабекиса ГIумариде «сахIибул вас-вас»-ан абунин ГъазимухIамадицаян бихьизабураб бакIалда («вас-васалъул бетIергьан» абураб магIнаялда). МухIамад къадийилан, къади вугев чилъун кьун буго, МухIамадкъадийилан бугеб цIар.

Гь. 77.  «ГъазимухIамадил тIабигIат» бетIералда гъоркь «рачIа-рачIа» гуреб, «рахъа-рахъа» кьезе кколаан.

Гь. 78. ТIехьалда буго: «СалахIбегил бетIерги босун рилълъанила къечан (?) ругел гьалмагъзабазда аскIоре».  Къечан гуро, кьижун буго гьеб рагIи. 

Гь. 78. Кьун гьечIо ахаде щвечIеб ахирисеб предложение: «Гьенире щварал мехалъ…».


Автор: МухIамаднаби Ибрагьимов, Генуб росу

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook