Авторизация

Сверун, хисун, мекъи буссун инеб бугеб имамзабазул тарихалъул хIакъалъулъ


 



Исанасеб сон бечедаб буго имамзабазул заманалда хурхарал батIи-батIиял гургинал тарихазе. Гьезда гъорлъги бищунго чIахIияздаса руго ГъазимухIамад имам гьавуралдаса 225 сон  ва АхIулгохIтIа рагъал ккаралдаса I80 сон тIубай. Бугониги, гьел чIахIиял лъугьа-бахъинал дандчIвазе жеги заман щун гьечIо, амма тIаде гIагарлъарабги буго цоги нилъер халкъалда кIочонареб къо.  

ТIаде щолеб буго иргадулаб Шамил имам ракIалде щвезавиялъул къо – 4 февраль. Гьеб ккола гьалдаса I48 соналъ цебе дунялалда цIар рагIарав нилъер лъабабилев имам хирияб Мадина шагьаралда ракьалдаса арав къо. 

 


КIал бугевщинавги кIалъан, тарихчагIиги рагIуларого…


Гьале, цебесеб гьединабго къоялдаса хадуб сверана цоги лъагIел. Гьеб лъагIалида жанибги дагьлъичIо Шамилил хIакъалъулъ бицунел ва хъвалел чагIиги, гьесул цIаралда сверухъ гьабулеб шура-хъуриги. Хасго жигараб гаргар гьеб рахъалъ букIана интернеталда социалиял гьиназда. РукIана гьел гаргаразде дандеккун чIахIиял лъугьа-бахъиналги. Рохизесеб сипат гьеб киналдаго букIинчIо ва лъугьинчIо.

Сверун, хисун, мекъи буссун инеб буго лъабго имамасул тарих. Бищунго тIибитIараб пикруги буго, гьеб хиса-свериялъе гIайибияллъун «гIалимзаби гурел пикручагIи», ай хъвадарухъабиги, журналисталги, краеведалги, жидерго пикру загьир гьабулел гIадатиял гIадамалги ругин абураб. Батизе бегьула щивасул гIайиб, амма хадусеб иргаялда. Гьеб киналдаго цере-цере ругезда тIад хIур чIолеб гьечIо нилъер гьаб тамашаяб заманалда. Я хIукмаби къотIулезда, я гIелму кодосезда.


РагIулезда рагIун, бичIчIулезда бичIчIун, рукIун ратила цересел саназда гIумруялде рахъарал, Шамил имамасул хобалда цIияб зани лъеялдаса байбихьун, АхIулгохIда рагъаразул «гьудуллъиялъе» сиял раялде щвезегIан тадбирал. Гьеб кинабго ругьунаблъун ккана халкъалда жаниб. Гьел тадбиразул бицунеб гьечIо гьаниб, амма гьединал ишаз байбихьуда лъун букIараб къваридаб сухъмахъ гьересиялъул гIатIидаб шагьраялде сверизабун букIин бихьичIого жакъа рес гьечIо. Ахирисеб лъагIалидаги, жеги цIикIкIун гурони, дагьлъизе ракIалдецин ккечIо гьеб гьереси-шагьраялдаса пайда босулезул къадар.


«ЛъикIлъиялъе гьабураб, кидаго гIадин ккана», - ян машгьурав политикас абухъего буго иш. Гьеб киналъулго гIайиб, тIадехун абухъе, «нухлулазда» ва «гьоко бачунезда» тIаде рехун, иш лъугIиларо. «Гаишникалги» «шагьра лъолелги» добго ишалда церехун инел ругебгIан мехалда, хиса-басиги гIадлуги гьеб суалалъулъги ккезе рес гьечIо. Мисалал гIемерал ратила ахираб заманалдаги, гьаниб гIемер рачинаро, рехсон тела ахIвал-хIал бихьизабулеб кIиго-лъабго мисал.


Соцсетазда, хасго имам Шамилил цIаралда сверухъ, бокьа-бокьараб хъвалеб букIин балъголъи батиларо. Имамасулги цоги тIадегIанал цIаралги лъун, щвара-щвараб къватIибе кьабулел къокъабиги гьурмалги гIемерлъун руго гьенир. Гъоба хъван бихьарабщинаб уябин лъугьарал гIадамаз ва щиб гьениб хъваниги ургъел гьечIел «хIаракатчагIаз», гьай-гьай, квекIен гьабулеб буго битIараб тарих халкъалда жаниб цIунун хутIиялъе. Хвезабулеб буго халкъалъул тарихалда божи.

Гьенир кIал бугев кинавниги чи кIалъалев вугин ккараб хIисаб бугониги, кинго рагIулеб гьечIо тарихчагIи, гIалимзабазул гьаракь, хасго аслияб куцалда жал Шамил имамасда хурхараб тарихалда тIад хIалтIулел тIадегIанал гIелмиял цIаралги даражаги бугел гIалимзабазул. Интернеталда унел бахIсазда гурелги, цоги батIиял Шамилил цIаралда сверухъ унел ишазда хурхунги пикру бицине хIинкъараб бакIалде ккун ругин абизе бегьула гьел.



... ахираб заманалда цIакъго тIадчIун тIибитIизабулеб бугелъул Шамил имам ГIашилтIа гьавиялъул хIакъалъулъ «хIужжа». Гьелда тIадеги, кутакалда жигаралда тIаделъун руго гьел «хIаракатчагIи» Шамил  жанив «гьавурал» «имамасул рукъзал» къачIаялде. БитIун абуни, цIидасан ралел руго гьел, багIараб кирпичги хIалтIизабун. Ралелги руго, дагьал цере соназда гIешдерил чIахIиял чагIаз имамасул гIагарлъиялъул букIарабин абун бихьизарулеб букIараб бакIалда гуреб, гIешдерил нухлул доб цояб рагIалда, ай, данде битIараб рахъалда, санагIатаб бакIалда. Гьеб кинабго лъалеб букIун батиларо нилъер профессоразда, букIарабани «Генув гьавунин» абурал рагIабиги абилареб букIун батила гьез.



«Эбел – гIашилтIасей, эмен – «юрист»


ГIемер анкьал-моцIал инчIо дагьаб цебе нилъер цIакъго машгьурав кIиго тарихчиясе, кIиго профессорасе журналистаз цого суал кьуралдаса. Шамилил инсул аслуялъул хIакъалъулъ, ай эменги инсул эменги киса щал рукIарал абун букIана цIехолеб. Цоясе магIарул республикаялъул казияталъе интервьюялда, цогиясе республикаялъул цо телеканалалъе интервьюялда. КIиясго гьеб суалалъе жаваб кьуна машгьураб Жириновскиясул къагIидаялда, гIага-шагарго, «эбел – гIашилтIасей, эмен – «юрист» абун. Цого-цо бичIчIизе бегьулеб пикру букIана кIиясулго, эмен Генув гьавунин абураб. Гьевги Генуса вукIанин гуреб, Генув гьавунин.


Гьебги дица квешаб гьечIеб пикрулъун рикIкIуна, кIигогIун профессорас жиб тасдикъ гьабураб. Щайгурони, ахираб заманалда цIакъго тIадчIун тIибитIизабулеб бугелъул Шамил имам ГIашилтIа гьавиялъул хIакъалъулъ «хIужжа». Гьелда тIадеги, кутакалда жигаралда тIаделъун руго гьел «хIаракатчагIи» Шамил  жанив «гьавурал» «имамасул рукъзал» къачIаялде. БитIун абуни, цIидасан ралел руго гьел, багIараб кирпичги хIалтIизабун. Ралелги руго, дагьал цере соназда гIешдерил чIахIиял чагIаз имамасул гIагарлъиялъул букIарабин абун бихьизарулеб букIараб бакIалда гуреб, гIешдерил нухлул доб цояб рагIалда, ай, данде битIараб рахъалда, санагIатаб бакIалда. Гьеб кинабго лъалеб букIун батиларо нилъер профессоразда, букIарабани «Генув гьавунин» абурал рагIабиги абилареб букIун батила гьез.

Гьединал ишалги гьединал гаргаралги цIакъ гIемерлъун руго Дагъистаналда. Квеш ккараб жо буго, гьеб кинабго, ишалги гьерсалги тIиритIиялъе квербакъи гьабулел, жигаралда гьелъул рахъкколел хIаракатчагIи муниципалиялги республикаялъулги даражаялда цIакъго гIемерлъун рукIин. ХIакимзаби рукIа, гIалимзаби рукIа, цоги батIиял хIаракатчагIи рукIа, аслияб жо буго, гьезда жалгоги кIочон толареблъи, гьеб киналдаго сверухъ жалго рихьизаризеги жидеего цIар-рецц гьабизеги ресалги ратулеллъи. Шамил имамасулги, хутIаразулги, тарихияб ритIухълъиялъулги ургъел гьезие ахирисеб иргаялда батизеги бегьула, бугизего бугеб батани.


Имамасул эбелалъул хоб Чачаналъ гуребги, ГIашилтIаги бугин чIезабила гьанже цо-цояз


Араб лъагIалида жаниб жагьилаб куцалда цебе рехун бачIараб цоги суаллъун ккана Шамил имамасул эбелалъул хобалъул суал. Гьеб кидаго букIана Генуб росулъ. Чачаназул цо-цо гIадамаз ГIалисанжи росулъ бугеб Шамилил лъади ПатIиматил хобалда тIад чIван буго мекъаб хъвай-хъвагIай гьабураб зани ва рикIкIунеб буго гьеб хоб имамасул эбелалъул хоб бугилан.



Гьенире араб соналда нилъер гIалимзаби щваралдаса хадуб дол чачанал жалго ритIухъ гьаризе лъугьин, цо къадаралда, бичIчIизе бегьила. Кин бичIчIилеб Генуб бугеб хоб жидеда лъалел цо-цо магIарулал дозда тIад рекъей?


«ГIор щун букIаго цIул бахъе», - ян абухъего, Шамилил эбелалъул хоб ГIашилтIа бугин бихьизабизе хIаракат гьабулелги камичIо. ГIажаиблъи гьабизе бакI гьечIо гьенибги, Бахумеседол хоб батанин абун, цо кинав вугониги жигарав хIаракатчияс, цIияб заниги гьениб лъун, живго вихьизавуни. 


Нилъер умумузул гIакъилаб абиялда батана гIайиб кидаго кIудиясда, гIакъиласда, гIелму цIикIкIарасда букIунин абун. Тарих хиса-сверун инеб букIиналъул гIайиб тIолабго халкъалда бугин таниги, лъида щиб гIунгутIи нилъеца гIунтIизабуниги, гIалимзабаздаса жавабчилъи тIаса ккеларо. Дагъистаналда тарихалда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъе, тIоцебесеб иргаялда, гIайибиял гьелги руго. Гьездасан байбихьана тарих жидерго «черхалде тIаде» цIаялъул унти. ГIагараб ракь лъазабулезул (краеведазул) ва хутIарал хъвадарулел авторазул хIалтIи рукIалиде бачинги гьезда бараб буго гIемерисеб. ГIалимчиясул рагIиялдаги ишалдаги бараб букIуна хадусел кьеразул хIаракатчагIазулги пикрабиги ишалги.


Мисалалги руго, цIакъго къанагIатал ругониги, нилъеда цере. Масала, фейсбукалда гIалимчи ШагIбан Хапизовас рачунел къокъабазда бугеб гIадлу-низамги хъвалелъул магIнаги цогидал гьединалго къокъабазда ругезда дадеккуни бихьула кинабго. Цоги гIалим-тарихчIужу ПатIимат ТахIнаевалъ хъвараб гIелмияб макъалаялъ АхIулгохIда рихьдае рарал сияздехун гIемерав чиясул бербалагьи рукIалиде бачана. КамичIо цоги гьединал мисалал.


АхIи-хъуй, гьарулел ишал тIасан рорчIун гIемер ругониги, хIакъикъаталда къиматал, унго-унголъун пайдаял ишал имамазул тарихалда сверухъ къо анагIан къанагIалъулел руго. ГIицIго гьоркьо-гьоркьосел автораз гурони, хIакъикъаталдаги къиматал гIелмиял ва цоги хIалтIаби тарихалъул гьеб къотIелалда хурхун хъвалелги гьечIин абуни мекъаб букIинаро. Тарих бокьулезеги цIалдолезеги заман щун буго, бихьа-бихьаралъе ва рагIа-рагIаралъе «гьура» бачинчIого, жидецагоги дандекквеял гьаризе, батIи-батIиял автораз хъваралде раккизе, лъай гIатIид гьабизе. Хасго, мекъаб букIин лъалеб пикруялъулги ишалъулги рахъ кквечIого тезе ва, лъалареб жоялде лъаларин абун, руцIцIун чIезе.


Фондалъул цIияв нухмалъулесде бугеб хьул


Гьеб сверараб лъагIалил ахиралда Шамилил фондалъул председательлъун жив вищанин рагIизабуна ГIалиасхIаб Хархачаевас. Рохизе ккарал ишал гIемер рукIинчIел гьеб лъагIалил ишазда цIияб гьогьен чIвазабиялъул свери бахъана фондалъул цIияв председателас Унсоколо районалда. Ва, районалъул нухмалъигун цадахъ лъугьун, Шамил имам ракIалде щвеялъул къоялда 4 февралалъ Шамилхъалаялда тадбир тIобитIизе бугилан лъазабуна. ГIемерав чияс лъикIал хьулал гьаруна ГIалиасхIабиде. Хьулал ритIухъ гьаризе тавпикъ кьеги гьесие.

ТIадехун рехсарал хIалтIабазул гIуцIарухъан «АхIулгохI» фондалъ хьуцIилъе хъамун букIараб Шамилил фонд чIаго гьабизе бигьаго букIинаро. Амма, додиналго пайда гьечIел, рихьдае гьарулел, гьереси тIибитIизабиялъе квербакъулел тадбиразде машгъуллъизегIан, хьуцIилъ тIерхьунго лъикIги букIина гьеб фондалъе.


Гьаниб бицараб хабар жидеда хъатIулел гIадамал руго киналго дир гьудул-гьалмагъзаби ва лъикIал гIадамал. Гьезие бокьун, лъан гьабулеб мекъаб ишги гьезул батиялда божизе захIмат буго. Дирги ратила гьезда рихьулел мекъал ишалги пикрабиги. КIалъачIого чIаразулги камиларо. Заман щун буго нилъее киназего абураб хIакъаб рагIиги сахаб пикруги гIадахъ босизе. Гьеб хIакъаб рагIи абизеги. «Гьве хIапдолеб букIина, сапарчагIи нухда ина», - ян абухъе, имамзабазул тарих биччан тани, хIакъ батила ва нагIана щвела, тIоцебесеб иргаялда, тарихчагIазе гIалимзабазе, гьезда цадахъ хутIарал хIаракатчагIазеги.


Шамил ГIашилтIа гьавичIо

 

Ахиралда цо къокъаб баянги кьела. Шамил имам ГIашилтIа гьавичIо. ГIашилтIа гьечIо имам жанив вукIарав минаги. АхIулгохIтIа жийго шагьидлъилалде цебе Шамилие эбелалъул яцалъ васигат гьабун тарал рукъзалин абулеб бакIги доб 1839 соналдаго чIвадназде сверизабун букIана, Шамил киданиги гьениве вуссинчIо ва жиндие щвараб рател хIисабалда гьеб бакIги гьес цIи гьабичIо. Жеги цебе, ГIашилтIеги гочун, имамлъи гьениб гьабулеб мехалдаги Шамил вукIинчIо гьеб бакIалда минаялъув. Гьеб росулъ букIана, хас гьабун, имамасе къачIараб кIудияб мина-азбар. Гьеб букIараб бакI лъалев чиги ГIашилтIа гьечIо ва хутIун вукIинчIо цебесеб гIасруялъул авалалдасанго. Гьеб имамасул «кIалгIа» жеги I837 соналдаго генерал Фезил бетIерлъиялда гъоркь росу бахъарал гIурусаз, букIараб сипат лъалареб куцалда, ганчIида гамачI течIого, щущахъ биххизабун букIана. 


Автор: МухIамаднаби Ибрагьимов, Генуб

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook