Авторизация

ТIадруссарал миллиардал, толохIочорал актерал ва цIияб «гъазават»



ХIалил анкь


ТIадруссарал миллиардал, толохIочорал актерал ва цIияб «гъазават»


Гьаб анкьалъ саламатал кIудиялги кIвар бугелги лъугьа-бахъинал рукIана республикаялда. Масала, питнаялдалъун машгьурлъарай мал-мулкалъул министр Екатерина Тостикова ятIа гьаюна  мал-мулкалъул министралъул хъулухъалдаса. Щаялиго гьеб хъулухъалда цадахъго букIараб вице-премьералъул тахбакI цIунана Катяца. 


Толстиковалъул «балъголъи»


Гьалъ сундул бицунеб бугеб? Гьалъул магIна буго министралъул хъулухъалдаса гьей ятIа гьаюнин, иш бажаричIого, яхъичIого гIоларого, амма вице-премьерлъун танин, гьений Москваялдаса бачIараб цо рагIи билълъарав чиясул амруялъ яги гьариялъ. Гьей хъулухъалда тана Рамазан ГIабдулатIипов вугеб мехалдаго. Айгун пишацоял Лефортоваялда гъуд-гIучIгун туснахъазул кашаялда хадур иргаялда чIун ругеб мехалда алъие кин щвараб тIадегIанай хъулухъчIужуялъул тахбакI ва ресал? Гьей цIунулел чагIи рукIун тIасан. Гьеб якъинлъана хамиз къоялъул В.Васильевасул указалъ.  БукIана цоги указ. Мал-мулкалъул министрлъун цевехун Толстиковалъул заместителлъун вукIарав Агарагим КагирхIажиев абурав чи тIамиялъул. Гьев рагIула кадровияб резервалдаса вачIарав чи.


ЛъагIалица кватIун тIадбуссараб 10 миллиард 


Хамиз къоялъ тIобитIана иргадулаб Халкъияб Собраниялъул сессияги. Аслияб докладгун цеве вахъана Дагъистаналъул ХIукуматалъул председатель Артем Здунов. Дун лъугьинаро рагIи-рагIи ккун Здуновасул докладалъул нужее бицине. РакIалде щвезабила гьениб гьес рехсараб кIиго тамашаяб суалалъул. ТIоцебесеб, араб соналъул ахиралда харж гьабичIого республикаялъул бюджеталдаса нахъе араб 10 миллиардгун 200 миллион гъурущалъул.


 Гьеб гIарац исана хIалтIизабизе бугила, цо копек нахъе араблъун рикIкIине бегьуларила, журналистаз мекъаб информация тIибитIизабун бугилан абуна А.Здуновас. Гьеб нахъе иналъе гIиллалъунги кканила араб соналъ хIисабалда букIаралдасаги цIикIкIун бакIарараб 3 миллиардгун 300 миллион гъурущ магъалабиги, пачалихъалъул идарабаца гьабураб экономияги, нухазул тендераздаса тIокI гьабураб гIарацги, гьеб киналъго рес щванила 10 миллиардгун 200 миллион гъурущ тIокI гьабизе. Лъалеб букIахъе, бюджеталъул кодексалда рекъон, лъагIалил ахиралде щвезегIан харж гьабичIеб гIарац нахъе бахъун уна федералияб централъ ва гьедигIанабго гIарцул къадар тIаса къотIула хадусеб соналъ.


Здуновас абуралдасан дида бичIчIана гьеб гIарац гьаб бюджеталъул лъагIалие тIаса къотIичIого кьолеб бугин ва исана харж гьабизе бугин. КIудияб гьунар гьес гьабураб гIадин бетIер гьанкIезабулел ва хъат чIвалел рукIана депутатал. Бугищха гIилла хъат чIвазе? ГьечIо. Щайгурелъул гьеб 10 миллиардгун 200 миллион жинца нахъе тIалаб гьабурабин Здуновас рикIкIунеб гIарац исана гуро харж гьабизе кколеб букIараб, араб соналъ гьабизе кколаан. Разе кколаан объектал, рахъизе кколаан нухал, рагьизе кколаан хIалтIизе бакIал. Араб соналъ харж гьабизе кколеб исана гьабурабго, исана гьабизе кколеб бачIунеб соналде уна. Кин абуниги, гьеб ккола республикаялъе ккараб заралги, рачIел объекталги, рагьичIел хIалтIизе бакIалги. Гьеб бичIчIунгутIизегIан гIадалаб батиларо Дагъистан.


Цоги А.Здуновасул докладалда жаниб цо гIажаибаб цIияб хабар рагIана дида. МагIарухъе араб соналъ гьарурал нухазулги рарал кьоязулги бицунаго, рехсана «Тляратинский район» абураб бакIги. Гьенибин абуни Анцухъа тIаде цо километр нух гьабичIо, гьабулеб букIарабги чIана, 210 миллионалъул нух гьабизе бергьун букIараб тендерги нахъе бахъана. Кинаб нух гьениб гьез гьабураб? Лъица кьурал премьерасухъе гьересидокладалъул баянал? Дица нухазул министр Ширухан ХIажимурадовасда гьикъун букIана, сессиялда ватун, гьев Р.ГIабдулатIипов нахъе анин гьабулеб нух тезе ЛъаратIа район батIияб пачалихъалдейищ кколебин. Гурила, доба цIикIкIун гIарац бихьизабун бугила букIине кколелдаса, цIиял тендерал рукIине ругин.


Гьале кIиго лъагIел сверана, цо метр нухлул гьабичIо. ТIадежоялъе В.Васильевас рецц гьабуна Ширухание : 1миллиардгун бащдаб гIарцул экономия гьабунила. Тамашаяб экономия, гьарулел рукIарал нухал гьаричIого тун, гьабулеб. Щай гьеб экономия букIунеб? Гьеб буго хIалтIи гьабичIого тей. Гьединаб буго, гьудулзаби, ахIвал-хIал. Магъалаби рахъулел руго, харж гьабулеб гIарац нилъеда тIад дагьлъулеб буго, хIалтIул бакIал къо бахъанагIан къалел руго, шагьаралда транспорт ва цIатари хиралъулеб буго, киналго кванил нигIматазул багьаял рорхулел руго. ГIадамал нилъер цIакъ сабурал чагIи руго, шаргI гьабулелилан ратила, цIакъ мутIигIлъун руго тIад тарал чагIазе. Цере-цере кодор лъундулгун ХъахIаб рокъоре ине къачIан рукIана. Гьанже, исламалъул нухда рилълъун, цIакъ сабруялда руго.


РечIчIухъаби ва театраз пасат гьабулеб гIалам


 Руго суалал, кутакалда жамгIият цолъун, тIаде рахъине хIадурун чIаралги. Масала, араб анкьалъ МахIачхъалаялъул Дом Дружбы абураб бакIалда гастролазде рачIарал гIурусаца театр бихьизабулеб бакIалда, цоцазда къвалал ран, къочарун, санагIат гьечIел жал гьарун рагIула. У, ле, гьедин гьабун буго. Гьел къвалал ралел суратал нилъер ХIабиб НурмухIамадовасухъеги щун, гьес интернеталда пост хъвана гьеб хIалихьалъи хIехьезе бегьуларин, кибе балагьун бугеб хIукумат, шагьар бакьулъ сценаялда къвалал рай ва къочари гIадаб хъублъи бихьизабулеб мехалдаян абун. Гьеб хитIабалъ, чамалиго нус-нус азараз ХIабибил рахъги ккун, жужахI гьабун букIана интернеталда. ГIолохъаби рукIана хIадурун чIун культураялъул министерствоялда тIаде кIанцIизе. Гьеб рагIана дунялалда.


 Щибха кьураб нилъее ХIабибил гьаб хитIабалъ? Республика тун къватIир ругел бусурбабазда рагIана нилъер гьаниб шагьар бакьулъ хъахIбалъиялде бачIараб чороклъи бихьизабун букIин. Гьеб цо. КIиабилеб, республика тун къватIир ругел бусурбаби гурел батIияб диналъул, культураялъул чагIазда рагIана нилъер гьанир театралда актераз къвалал ранин министерствоялда тIаде кIанцIизе хIадурараб, жагьилаб халкъ букIин. Гьеле кьураб хIасил. КигIан лъикI букIинаан гьевго ХIабибги, ХIабибие гIоло гIадамал чIвазе къачIарал киналгоги гьебго цолъигун къватIир рахъулелани, Гьоор-Хьиндахъ гIайиб гьечIел лъимал чIван гIодулаго щибаб къоялъ МахIачхъалаялъул 

майданалда ругел эбел-инсул рахъ ккун. Чачаназулгун лъица ва кин чIезабулеб лъалареб гIорхъиялъул баян тIалаб гьабун, тIадбуссинабун араб 10 миллиард бюджеталъул тIалаб гьабун, гьадингоги мискинаб шагьаралъе цIикIкIинабулеб транспорталъул багьа чIезабун, магъалабазда хурхун, гIайиб гьечIого чIварал, рикъарал, риларал дагъистаниязул рахъ ккун. Гьел рехсарал масъалабазда хурхун цере рахъиналъул цониги хIужа гьечIо. Кутакалда кIудияб кIвар кьолеб буго, хIатта Аллагьасе гIоло гIенеккичIел чIвазе къачIан руго театралда къочардулел гIурус ясал ва васал сабаблъун. Гьел рагIула жакъасеб Дагъистаналъул бищунго кIудияб ва кIвар бугеб масъала. Власталъул гьелде бугеб тIаса-масагояб бербалагьи бихьидал, цо-цо мехалда кколеб буго ургъунгогIаги риччан тун гьечIодай гьал гIолохъаби иргадулаб Кавказ конституциялъул нухде бачиналъул сценариялъе гIоло. БичIчIулеб бугодай гьал барщичIеб гъазаваталъул нухде рахъарал гъалбацIазда сунде рачине рес бугеб гьеб ургъичIеб къеркьеялъали. Хабар лъикIаб рагIаги.


МухIамад БисавгIалиев


Автор: МухIамад БисавгIалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook